Главная » Архив материалов
Автор.С.Патах1ова.Ц1ада росу.Март 2012г.
Дагьаб цебе Ц1ада росдал спортивияб залалда т1орит1ана
росдал ясазда гьоркьор волейбол х1аялъул къецал. Къецазда г1ахьаллъана
школалъул ясазул команда «СОШ», каникулаз рокъоре рач1арал студенткабазул
команда «ВУЗ» ва росдал ясли-ахалъул ва учительзабазул «ЗОЖ».
|
Автор.Г1абасил Мах1амад.Март 2012г.
Поэзиялде жиде-жидер хат1гун рач1уна шаг1ирзаби. Жидерго
«система образов» бугилан абула гьезде. Г1адатго бицани, цояз пикрабазе кунч1и
кьун хъвала, цояз раг1абазул маг1на цоцада бухьинабун хъвала, цо-цояз коч1ол
чвахиялде, аллитерациялде к1вар кьун хъвала. Лъик1ав поэтасул темаго бат1ияб
бук1ине бегьула. Инхоса Г1али-Х1ажияс х1алт1изабуна философияб къаг1ида,
Мах1мудица рокьул лирика, Ц1адаса Х1амзатица-сатирагун юмор. Мисалал г1емерал
росизе бегьула, гьелдалъун сапарги кват1ун ккела, аслияб ц1аралде щвезе
нилълъги кват1ун ккела.
|
Автор.Написат Г1алиева.Март 2012г.
Дагьаб цебег1ан «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялде
вач1ун вук1ана Мах1ачхъалаялда бугеб теологиялъул ва халкъазда гьоркьосел
бухьеназул институталъул проректор Мух1идинов Шамил Мух1амадович. Ш. Мух1амадович восун вуго Россиялъул хъвадарухъабазул
союзалъул членлъун восун ва гьесухъе кьун буго гьеб тасдикъ гьабулеб книжка.
Шамил Мух1амадовичасда щвараб ц1арги баркун, нижеца гьесда гьаранацо чанго
суалалъе жаваб кьеян. Гъоркьехун бахъулеб буго гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккараб
гара-ч1вари.
|
Автор.Г1исаева Саг1идат, Г1арани росу.Март 2012г.
Лъик1ав тохтур-гьев ккола г1иц1го унтарасул унти
лъалев ва гьесие данде кколеб дару-сабаб гьабулев чи гуревги, х1еренаб
раг1удалъун, недегьаб, адаб бугеб балагьиялдалъун, т1алаб-агъазалдалъун
унтарасул рек1ел х1ал борхизабизе, сахлъиялде, г1умруялде гьесул божилъи ва
рек1елч1ей ц1ик1к1инабизе к1олев тохтур. Гьединаллъун ругилан тана дица Хунзахъ
больницаялъул Шейхов Мух1амадица нухмалъи гьабулеб коллективалда ругелщинал
х1алт1ухъабиги. Чорхол сахлъи гьеч1олъиялдалъун ккана дун райбольницаялде ва
бит1ахъего абуни, асир гьаюна райбольницаялъулазул унтараздехун бугеб
бербалагьиялъ.
|
Салам нужеде, хирияб «Росдал Зах1матчи» газеталъул редакция!
Гьале т1аде г1унт1улеб буго ихги, ихдалил байрамги. Гьебги х1исабалде босун,
дие бокьун буго т1олалго руччабазда баркизе иргадулаб марталъул къо. Хасго
баркизе бокьун буго дир г1агараб школалъул руччабазул коллективалда дир
эбелалда, ва якьад-эбелалда.
|
ХIурматиял руччаби!Лъик1абщинабги нужее рак1-рак1алъ загьир гьабулаго, баркула нужеда Халкъазда гьоркьосеб байрам - Руччабазул къо! ТIолалго гIасрабазда руччабаз гвангъизабун букIана инсаният. Нилъер халкъалъ кидаго хIурмат гьабулаан чIужугIаданалъул, жакъаги гьеб гIадат цIунун буго МугIрузул улкаялъул бихьиназ. ЖамгIияталда жаниб цолъи, чIара-хьараб хIал нужеца кидаго цIунулаан. Гьарула нужее сахлъи, икъбал ва талихI.
РАЙОНАЛЪУЛ АДМИНИСТРАЦИЯ. РЕДАКЦИЯ РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
23 февралалъул байрамалде рач1унаго щибаб соналъ гьелъул
х1урматалда районалъул лъай кьеялъул г1уц1абазда т1орит1ула бат1и-бат1иял
тадбирал. Гьездалъун бечедаблъун бук1ана Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда
т1олабго февраль моц1. Бицинин гьезул чангоязул х1акъалъулъ.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
25 февралалда Хунзахъ № 1 гьоркьохъеб школалда 9-11
классазул васазда гьоркьоб т1обит1ана «Годен к строевой» рагъулабгун спортивияб
х1ай.
|
Автор.Расулова Шагьзанат, БакьагьечIи росу.Март 2012г.
7 февралалда нилъедаса ят1алъана районалъул
больницаялда х1алт1илей йик1арай руччабазул тохтур Г1умарова Издага. Гьей
йик1ана Бет1ергьанас к1удияб махщел-гьунар кьей гуребги, ч1ух1и гьеч1ей лъиего
кумек, гурх1ел бугей г1адан.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
23 февралалъ Г1арани рагъулабгун спортивияб
лицеялда байрамалъул х1урматалда т1орит1ана г1ужда туманк1 реч1ч1иялъул,
турникалда ц1аялъул (военрук М. Мух1амадинов) ва волейболалъул (физрук М.
Ах1мадов) ч1ах1иял классазул васазда гьоркьор къецал.
|
Автор.ГI. Дибирх1ажиева, ГIорутIа школалъул учительница.Март 2012г.
23 февралалда лъик1аб х1адурлъиялъул праздник т1обит1ана Г1орут1а росулъги. Гьеб ана рохалилаб ах1вал-х1алалда.Киназдаго лъалеб жо буго, нилъер улкаялъул г1орхъаби ц1унулел рагъухъаби г1емерал г1елазе бах1арчилъиялъул гвангъараб мисаллъун хут1ун рук1ин. Киналго васал х1айранлъула гьезул бах1арчилъиялда. Гьезде хъвала ва ах1ула г1емерал куч1дул. Гьезул х1акъалъулъ хъвала къисаби ва романал, рахъула кинофильмал.
|
Лъик1аб г1адаталде сверун буго районалда февраль моц1алъ
Ват1ан ц1унулезул къоялде райадминистрациялъул бет1ерасул призалъе г1оло
волейболалъул турнир т1обит1и. Унго-унгояб спорталъул байрамалде сверула гьеб
тадбир райцентралда. Росабалъа рач1арал командаби, щибалда цадахъ жиде-жидер
болельщикал, гьез цоцаздехун бикьулеб ургъел, щал къолел, щал бергьинел, х1атта
чемпионлъун кинаб команда бахъинеян цебеккунго гьарулел прогнозал, бергьаразе
щвезе ругел сайигъатазул, турниралъе спонсорлъи гьабулел сахаватал районцоязул
х1акъалъулъ биценалцин раг1изе бегьула гьеб къоялъ хабаралда ругезул руккалида
аск1осан унаго гьезухъ г1енеккаразда.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова.Март 2012г.
Россиялъул киналго регионаздаса 500-ялдасаги ц1ик1к1ун
СМИязул вакилзаби рак1арун рук1ана 20 аб. февралалда Москваялъул «Измайлово»
гостиницаялде. Гьенире журналистал ах1арав ва гьеб дандч1ваялъе киналъулго харж
гьабурав чи ккола Россиялъул Президентлъуде ругел кандидатазул бищун
г1олохъанав-бизнесмен Михаил Прохоров. Ц1ар раг1арал ва къо-ас бугел
газет-журналазулги телеканалазулги къапилаялде гьоркьое, дидаго рак1алдаго
гьеч1ого, ккана дунги (баркала нилъер ракьцояй, махщел камилай мухбир Зульфия
Х1ажиевалъе). Дидаго конференциялда бихьараб-таралъулги рек1елъ хут1араб
асаралъулги гьаб репортажалда нужееги бицинин, х1урматиял газета ц1алулел!
|
28 февралалъ районалъул нухмалъулел, г1уц1абазул
х1алт1ухъаби, интеллигенция ва т1аде рач1арал гьалбалги г1ахьаллъун
райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана 4 марталъ улкаялда
т1орит1изе ругел Россиялъул президент вищиялъул рищиязда «Единая Россия»
партиялдасан президентлъиялде кандидат Владимир Путинил рахъ кквезе районцоял
ах1араб данделъи.
|
Автор.Ибрагьимова ГIабидат, ГьоцIалъ гьоркьохъеб школа.Февраль 2012 г.
Инсанасул гIумру, икъбал, битIккей бараб буго хасаб тIабигIияб, рухIияб нухмалъиялда, цо хасав багьадурасдаса мисал босун бажариялда, умумуздасанго ирсалъе щвараб гIакълу-лъаялда. ГIумруялда жаниб гьединаб къисматалъул гIадан вугин абизе бегьула ГьоцIалъ росулъа Сиражудинов МухIамадгIалил вас МухIамадги. Сиражудинов МухIамадил гьитIинго математиклъун вахъине букIараб анищ тIубана. ТIадегIанал къиматазда университетги лъугIизабун, МухIамад гIагараб ГьоцIалъ школалда математикаялъул учительлъун хIалтIана. Лъабго соналъ школалдаги хIалтIун МухIамад тIадеги лъай борхизабизе уна Москваялъул Ломоносовасул цIаралда бугеб пачалихъияб университеталде. I980 соналъ МухIамад вахъуна Владимиралда бугеб политехникияб институталъул гIелмияв хIалтIухъанлъун. ГьабсагIат ккола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул математикаялъул кафедраялъул кIудияв гIалимчи-профессор, 2002 соналдаса нахъе гьебго кафедраялъул нухмалъулевги. МухIамадица цIалула гIемерал лекциял, тIоритIула гIелмиял семинарал, жиндицаго ургъун рахъун руго хасал программаби, тIахьал.
|
« 1 2 ... 79 80 81 82 83 ... 87 88 » |