Лъик1аб г1адаталде сверун буго районалда февраль моц1алъ
Ват1ан ц1унулезул къоялде райадминистрациялъул бет1ерасул призалъе г1оло
волейболалъул турнир т1обит1и. Унго-унгояб спорталъул байрамалде сверула гьеб
тадбир райцентралда. Росабалъа рач1арал командаби, щибалда цадахъ жиде-жидер
болельщикал, гьез цоцаздехун бикьулеб ургъел, щал къолел, щал бергьинел, х1атта
чемпионлъун кинаб команда бахъинеян цебеккунго гьарулел прогнозал, бергьаразе
щвезе ругел сайигъатазул, турниралъе спонсорлъи гьабулел сахаватал районцоязул
х1акъалъулъ биценалцин раг1изе бегьула гьеб къоялъ хабаралда ругезул руккалида
аск1осан унаго гьезухъ г1енеккаразда.
23 февралалде щвелалде цебеккун зонабазда т1орит1арал
х1аязда бергьарал командаби г1ахьаллъула турниралда. Исана гьелде рач1ана
Г1оч1ло, Г1орут1а, Лъаг1илухъ, Г1ахьалч1и, Гьац1алухъ, Т1ануси, Гъонохъ ва
Хунзахъ росабазул командаби. Росабазул вакилзабаз рач1арал заявкабиги къабул
гьарун, судьябазул коллегиялъ жидерго ишалде байбихьана. Бахъана можоро, командабиги
к1иго подгруппаялде рикьун ч1езабуна х1аязул низам. Цеве спорткомитеталъул
председателасул заместитель Ш. Малачиевгун рач1ун, командаби залалда кьералъ
ч1ана. Цере рахъана Дагъистаналъул культураялъул х1аракат ч1ужу Умакусум
Мух1амадовалъул кьурдухъаби ва Г1амирханов Расулил г1исинал акробатал.
Данделъараздехун баркиялъулаб к1алъай гьабурав райадминистрациялъул бет1ер
Дарбишев Х1ажияс турниралда къуватазе бергьенлъи щвей жиндир мурад бук1ин
загьир гьабуна. Турниралъул г1ахьалчаг1аздехун, киналго волейбол бокьулездехун
баркиялъулал раг1абигун к1алъаял гьаруна райадминистрациялъул бет1ерасул
заместитель А. Г1абдуразакъовас, волейболалъул ветеранал Т1анусиса Г1.
Мух1амадовас ва К1ахъа хвалчен Мух1амадица. Спорткомитеталъул председатель
Х1айдарбеков Г1абдулкъадирица х1аял байбихьараллъун лъазабуна, командабазул
капитаназ турниралъул байрахъ борхана.
Можороялда рекъон т1оцебесеб х1ай Гъонохъ ва Г1ахьалч1и
командабазда гьоркьоб бук1ана. 2:0 х1исабгун гьелда г1ехьел къуна. Х1алуцун ва
балагьизе рак1 ц1аледухъ ана цогидал командабазда гьоркьор рук1арал
дандч1ваялги. Бихьулеб бук1ана х1адурлъиги киназулго бергьенлъиялде бугеб
таваккалги, амма спорталда къуватги тирилъиги бергьуна. Х1аязул т1оцебесеб
къоялъ цоцазда дандч1валел командаби хут1ич1о. Къурал нахъеги ун, нахъисеб
къоялъ х1азе хут1ана Г1оч1ло, Лъаг1илухъ, Т1ануси ва Хунзахъ росабазул
командаби. Финалалде рорч1изелъун цоцазда данде х1ана ункъабго команда. Хунз
г1еч1ендерикьа къуна 0:2 х1исабгун, лъег1елги къуна гьебго 0:2 х1исабгун
т1анусдерикьа. Байбихьана 3-4 бак1азе г1оло лъег1елдеридаги Хунздеридаги
гьоркьоб х1алуцараб къец ва 2:1 х1исабгун хунз гьеб х1аялдаги къуна. Гьелъул
х1асилалда Лъаг1илухъ командаялъе лъабабилеб бак1 щвана, Хунзахъ команда
ункъабилеб бак1алде ккана. Т1аде щвана турниралъул бищунго х1алуцараб лах1зат.
Гьаб х1аялда лъала турниралъул чемпион. 9 соналъ т1ат1алаго бергьун кубок
кодоса биччач1еб Т1ануси команда х1азе ккана т1оцебе турниралда г1ахьаллъулеб,
амма къуватаблъун жибго бихьизабураб г1оч1лосезул командагун. Г1езег1анго
х1алуцун ана дандч1ваялъул к1иябго партия. Киг1анго х1аракат бахъаниги
х1албихьи ц1ик1к1араб Т1ануси командаялъ г1еч1ен бергьине теч1о, 2:0 х1исабгун
бергьана цересел турниразул чемпион исанаги дандияздаса. Лъуг1ана ахирисеб х1ай. Турниралъул х1асилал
данде росана судьябазул коллегиялъ. Спорткомитеталъул председатель Г1.
Х1айдарбековас лъазабуна т1оцебесеб бак1 Т1анусдерил, к1иабилеб-Г1оч1ло,
лъабабилеб-Лъаг1илухъ ва ункъабилеб бак1 Хунзахъ росабазул командаялъе
щванилан.
Турниралда щвараб т1оцебесеб бак1ги баркун гьелъул кубок, 20 азарго
гъурущ г1арцулаб сайигъат ва чемпионазул медалалгун т1оцебесеб даражаялъул
дипломал бергьараб командаялъул капитан Мух1амадов Мах1ачихъе кьуна районалъул
нухмалъулес. Г1емерал соназ т1обит1улеб бугеб турниралда 10 нухалъ т1ат1алаго
бергьараб команда х1исабалда, кубок абадиялъе Т1анусибго толеб бугилан
лъазабуна Х1ажияв Мух1амадовичас т1анусдерида бергьенлъиги баркулаго.
Турниралда к1иабилеб бак1 ккураб Г1оч1ло командаялъе кьуна 15 азарго гъурущ
г1арцулаб сайигъат, к1иабилеб даражаялъул дипломал ва медалал. 10 азарго гъурщие, дипломазе ва медалазе мустах1икълъана турниралъул
лъабабилеб призер-лъег1елдерил команда. Г1арцулаб сайигъат кьуна исана къецазда
ункъабилеб бак1алде ккараб хунздерил командаялъеги. Рук1ана сайигъатал ц1акъго
х1аракат бахъарал, лъик1аб х1ай бихьизабурал спортсменазеги. Турниралъул
бищунго лъик1ав игроклъун вихьизавуна Г1оч1ло командаялъул капитан Х1усенов
Шамил, Т1анусиса нападающий Саг1идов Г1алибег, гьезулго пассал кьолев Мух1амадов
Мах1ач ва Хунзахъ командаялъул защитник Мах1мудов Мурад. Киназулго
рец-бакъалъе, г1арцулаб сайигъаталъе мустах1икълъана Г1оч1ло командаялъул тренер
Мух1амадинов Мух1амадсайгид. Т1анусдерил г1олохъабаз хасаб сайигъат кьуна
росуцояв мунагьал чураяв Хъазанбиев
Хъазамил ц1ар лъурав Хунзахъа Малачиев Хъазами Шамиловичасе. Турниралъе
спонсорлъи гьабуна ресалда ругел районцояз, Хунзахъ ва Г1оч1ло росабазул
бегавулзабаз.
Турнир къалаго спорткомитеталъул председатель Х1айдарбеков
Г1абдулкъадирица предложение кьуна районалда волейбол цебет1езабиялъе х1аракат
бахъулев ва гьелъие г1оло г1езег1анго х1алт1и гьабурав Хвалчен Мух1амадил 60
сонил юбилейнияб турнир исана июналда т1обит1изе кколилан. Районалъул
нухмалъулес гьелъул рахъ ккуна ва х1укму гьабуна 45 соналдаса т1аде арал
волейболистазда гьоркьоб турнир т1обит1изе.
Биччана г1одобе турниралъул байрахъ, лъаг1алидасанги
дандч1вазелъун рихана гьелъул г1ахьалчаг1и рокъо-рокъоре.
|