Главная » Архив материалов
Автор И. Мух1амадов. Июль 2026 сон. 14 июлалда
Макьасда «Родина» рестораналъул территориялда т1обит1ана исанасел медалистал
к1одо гьариялъул тадбир. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ,
нилъер ракьцояв меценат Загьид Хучбаровас, цо-цо школазул директорзабаз ва
цогидазги.
«Рак1-рак1алъул
баркиялда цадахъго к1удияб баркала кьезе бокьун нужее, нужер муг1алимзабазе ва
эбел-инсуе. Жакъа нужеца рихьизарурал х1асилал рик1к1ине бегьула унго-унгояб
бах1арчилъилъун ва ниж кутакалда рохарал ва ч1ух1арал руго нужедаса.
Х1акъикъаталдаги, нуж ккола районалъул меседилал г1олилаллъун. Дир хьул буго
т1адег1анаб лъайги щун, нуж районалде т1ад руссинин ва нужерго росу-ракь
цебет1еялъе х1алт1илилан. Бицунеб раг1ула жакъа ЕГЭ кьун бажаруларин абун. Амма
нужеца бихьизабуна гьел харбал кьуч1 гьеч1ел рук1ин. Жакъа нижер х1алт1улъ
бищунго аслияб бут1а ккола лъай кьей ва нижеца кинабго къуват рехулеб нужее
лъай босизе х1ажатал шарт1ал г1уц1иялъе. Дун ц1акъго вохана исанасел
медалистазда гъорлъ г1иц1го райцентралъул ва гьелда аск1орго ругел росабазул
школаздаса гурелги, рик1к1адисел росабазул школазул выпускникал рук1иналъги. Гьелъ
бицунеб буго нилъер т1олабго муниципалитеталда лъай кьей цебет1ун бач1инеб
бук1ин», - ян абуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас.
|
Автор Ф. Мух1амадова. Июль 2026 сон. 
Эмен: Дуе кьураб
суал ц1араб г1ужалде Ц1орозе теч1ого
т1убазе гьабе. Т1ад къараб ишалъе
къвал чучич1ого, Къебеллъухъ махх
г1адин баг1аризабе.
Вас: Эмен, дуца
хъвараб гьайбатаб кагъат, Каранда жаниб лъун,
ц1унила дица. Кагътида рехсарал
дур т1адкъаялги, Къот1араб ц1ер
г1адин, т1урала дица. Ц1адаса Х1амзат
Эменги васги… Гьезда
гьоркьоб бугеб бухьен ккола инсанасул г1умруялда бищун гъваридаблъунги к1вар
бугеблъунги. Эмен ккола васасе бихьинчилъиялъулги жавабчилъиялъулги мисаллъунги,
жиндирго г1умрудулаб х1албихьиялдалъунги рух1ияб хазинаялдалъунги гьесулъ
лъик1абщинаб куцалев насих1атчилъунги. Бакьагьеч1и росулъа Т1инч1аев
Мух1амадилгун дир лъай-хъвай ккана вацапалдасан, районалда бугеб «Память гор»
ДРООялъул нухмалъулев, СВОялъул г1ахьалчи, районалъул нухмалъулесул СВОялъул
суалазул рахъалъ кумекчи Г1абдурах1ман Г1абдурах1мановасул кумекалдалъун.
Бит1араб бицани, 1998 соналъ гьабураб «лъимергун» сундул бицинебали ургъел
бук1ана дие. Амма СВОялъул г1ахьалчи, мухъилав Т1инч1аев ватана щвалде щвараб
пикруялъул, ц1убараб бихьинаб г1амалалъул маг1арулав. Сундулъго гьес мисал
босулеб бугоан жиндирго эмен рагъухъан-интернационалист Мухтаридаса. Гьеч1оан
г1олиласулъ ясазда гьоркьов цо, хъизамалда бищун гьит1инав вук1иналдаса
гогьлъи-г1анч1лъиги.
|
Автор И. Мухlамадов. Июль 2026 сон. Районалъул чанго росабалъ, унел руго
бат1и-бат1иял х1алт1аби. Г1иц1го росабазул мукъсанабго бюджеталдаги божун
ч1еч1ого, г1емерисез бегавулзабаз х1аракат бахъулеб буго х1алт1абазе спонсорал
ралагьизе. Жалго жамаг1атазги бак1арулеб буго г1арац росдал х1ажалъабазе.
Гьамущи х1ухьбахъиялъул парк Гьал къоязда «Жилье и городская
среда в Республике Дагестан» абураб программаялда рекъон росулъ байбихьана
ц1ияб х1ухьбахъиялъул парк баялда хурхун х1алт1аби. Гьелъул г1ат1илъи бук1ине
буго 250 квадратияб метр. Проекталда рекъон, гьенир рук1ине руго скамейкаби,
лъималазул гьелчерабигун хъещт1ераби, кьишнидул урнаби, лъезе руго
видеокамераби ва паркалъул территория сверун къазе буго маххул решеткабаз. Сметаялда рекъон объекталъул г1аммаб багьа бахунеб буго 1
285 878 гъурщиде. Г1ага-шагарго, рииялъул ахиралдехун киналго х1алт1аби
раг1алде рахъине рак1алда бугилан бицана росдал бегавулас.
Ччук1ун бач1унаредухъ, сверун
бетоналъул къедги гьабун ва жеги г1ат1ид гьабун, къач1алеб буго росдал
хабзалалъе бугеб нух. Бетон т1езе буго жибго нухдеги. Гьеб х1алт1и гьабизе цо
миллионгун к1инусазаргоялдаса ц1ик1к1ун гъурущ бак1арун буго жамаг1аталъ ва
цо-цо хасал спонсораз.
|
Автор М. Гlумаров. Июль 2026 сон. Хъатг1анасеб Байикь росдал 65 хъизамалдаса 35 чи ана К1удияб
Ват1анияб рагъде, гьезул бащадаздаса ц1ик1к1ун-19 ял нахъруссун гьеч1о.
Ват1аналъе г1оло рух1 кьуразул бах1арчилъиялъе нуг1лъун, гьел дуг1адулъ
рехсеялъе сабаблъун бахъун ч1ун буго росдал хабзалалъ гьезул ц1арал т1ад
рек1к1араб зани. Аллагьас мунагьал чураги киналго бах1арзазул.
1849 абилеб соналъ Хьаргаби росдада г1агарлъуда Шамил
имамасул бодул рагъухъан, Байикь росулъа Х1усен, шагьидасул хвелалдалъун
къадаралде щвана. Гьесул хвел раг1изабизе вач1унев чапарги ва гьесие вас
гьавиялъул рохел гьесухъе щвезабизе вач1унев чапарги Аварг1оралъул к1иябго
рахъалда данделъула. Гьавурав васасда рагъда ч1варав инсул ц1ар лъола.
|
Автор Ф. Мух1амадова. Июнь 2026 сон. Мах1муд
Г1абдулхаликъов, Г1агарав
чи, дир гьудул,
Дагъистаналъул
артист, Аваразул
Насрудин!
Исламалда
абула, г1адамазе рохел, гьими бикьиги садакъа кколилан. Г1емерал гьеч1о
районалъул г1адамал жидеца щивасул рек1елъ рокьиялъул, берцинаб бербалагьиялъул
асар тарал.
Гьезда
гьоркьор ц1акъго дагьал руго х1акимлъиялъул сверудаса чаг1и. Дун йохарай йиго
хундерил творчествалъулал г1адамал мат1уг1ан рац1ц1адалги, хун хадургицин
«Лъик1ал рук1анин, х1ал Алжаналъуб батаги» ян рехсолеллъун хут1иялдаса.
Гьединазул цоявлъун вуго «Дагъистаналъул артист, аваразул Насрудин» Мах1муд
Г1абдулхаликъовги. Исана т1убала гьев гьавуралдаса 100 сон. 60 соналдаса
ц1ик1к1ун г1умрудул сонал РСФСРалъул мустах1икъав артистас кьуна театралияб
искусствалъе.
Гьавуна
Мах1муд нилъер районалъул Гъоркьколо росулъ. Школа лъуг1арав 16 сон барав чи
вач1ана гьев Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб музыкалиябгун драмаялъул
Авартеатралде. Рагъде киналго артистал араб 1941 сон бук1уна доб. К1иго моц1ил
х1албихьиялъул болжалгун театралде восарав Г1абдулхаликъовас бихьизабула
жиндирго театралияб бажари-гьунар…. ва заманалдасан гьев лъугьана халкъалда
гьоркьов вокьулев ва машгьурав артистлъун. Россиялъул Халкъиявгун мустах1икъав,
Дагъистаналъул Халкъияв артист, Зах1маталъул Баг1араб Байрахъалъул, Гьудуллъиялъул
ва «Знак Почета» орденазул кавалер, г1емерал грамотабазулгун шапакъатазул
бет1ергьан, гьелда гьоркьоб аслияб-публикаялъ рак1алъ восарав инсан, Артист.
|
Автор И. Мухlамадов. Июнь 2026 сон. Исана 50 сон т1убала машгьурав
г1алимчи, техникиял г1елмабазул доктор, профессор, Дагъистаналъул АССРалъул
мустах1икъав г1елмияв х1аракатчи, ракетабазул яргъилгун космосалъул
технологиязул разработчик, нилъер районцов, Т1анусиса Г1алиевазул ц1ар раг1араб
хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва – Шамил Г1алиевас жиндирго
г1елмиябгун лъай кьеялъул х1аракатчилъи байбихьаралдаса. Гьединго, гьал къоязда
т1аде щола гьев гьавураб къоги. Г1алимчиясда к1иябго байрамги баркун, районалъул
СМИязул къокъа гьесул х1алт1улаб кабинеталде гьоболлъухъе щвейдал, нижеда
гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
- Шамил Гьиматович, т1оцебе кин
рак1алде ккараб г1елмияб нух т1аса бищизе?
- Дие
лъимерлъул заманалдаго ц1акъ интерес бук1унаан бакъ-моц1алъулгун ц1вабзазул.
Къаси-къаси кидаго ц1вабзазухъ валагьун вук1унаан гьит1инав дун. Гьезул
г1емерлъиялъги гвангъиялъги рик1к1алъиялъги г1ажаиблъизавурав дир пикрабазул
кунч1и киса-кибего щолаан. Дица чанго нухалъ х1албихьана гьезул къадар
рик1к1инеги, амма бажаруларон. Г1елмуялде т1амураб т1оцебесеб галилъун
рик1к1ине бегьула Избербашалда бук1араб Интернатги лъималазул рукъги цадахъ
бугеб бак1алде щвей. Инсуца гьениве ц1ализе кьун вук1ана дун. Гьениб дида
т1оцебе бихьана ралъад ва гьелъ жеги ц1ик1к1ун г1ажаиблъизавуна дун. Дида
ч1ах1иял умумуз бицунеб раг1улаан цо лъилалиго т1убараб г1умру ун бугин иццул
бет1ер балагьулаго, амма кинго батун гьеч1илан. Гьеб хабарги рак1алде щун, дица
пикру гьабуна гьадиг1ан к1удияб ралъад г1езег1ан г1емераб лъим гьанибе лъица ва
кинандай т1урабин абун. Амма киг1ан ургъаниги, дида гьелъие жавабги батулеб
бук1инч1о. Дица гьеб ц1ехолеб бук1ана сверухъ ругелщиназдаги.
|
Автор Ш. Хъазанбиева. Июнь 2026 сон. Эбелалъул
кочIол хIайранаб бакъан, МугIрул киниялда байбихьи бугеб. Сабрудал
расеназ куркьбал гъураб гьелъ, Дуниял сверул лъимергун цадахъ. МагIуялъ
лъалъараб, рухIелалъ цIураб, Нуцалай, дур кочIол роцен кинабдай? РекIел
тIегь бекараб къваридал къояз, ЦIидасан угьдичIищ дур кинидахъ кечI? МухIамадханида
цадахъ битIараб Дур кечI пашманго тIад буссун бачIана. Гьев
цIунизе жинхъа бажаричIила, Гьелъул угьди рагIун, сородана мун. Нуцалай,
бахиллъун йиго дун дуда, Дур къохIехьеялда ва къвакIиялда. Аллагьасул
хъвайин, гьесул къадарин, Къадруяб дур кечIалъ ахIулеб буго. -
ЧIаго тIад вуссинин къотIиги гьабун, Ун гурищ вукIарав, МухIамадхан, мун. Кинида
кьучI лъураб бабал кочIое, Кьураб рагIиялъе щай мутIигIлъичIев? -
Эбелалъул кочIол хIайранаб сарин, ВатIаналъул кечIгун цолъана дие. Россиялъул
солдат, улкаялъул вас – ВатIаналъе гIоло къанщана берал. Эбелалъул
кочIой дун хилиплъичIо, Хиянат гьабуна рекIкIаб гуллица. Гьеб
кечIалъ малъана жеги гьитIинго, Эбелги ватIанаги цо даражайин. Эбел,
дур кочIое дун хилиплъичIо – Гьеб гурищ букIараб дур кочIол магIна? Улбузул
кечI цIунун, босана дир рухI – Тарбиялъул дарсал гьедин рукIинчIищ?
|
Автор И. Мухlамадов. Июнь 2026 сон. 13 маялда
Хунзахъ т1обит1ана КПРФалъул районалъул отделениялъул партиялъул
х1исабкьеялъулгун рищиялъулаб конференция.
Т1оцевесев
секретарь Мух1амад Мух1амадовас х1исаб кьуна ахирисеб к1иго соналда жаниб
гьабураб х1алт1ул. Гьедин, районалдаса партиялде лъугьун вуго 12 чи ва жакъа
гьенив г1ун вуго 95 член. Бак1арун буго 17 000 гъурущ взносазул. 2025
соналъ т1орит1арал рищиязда бак1алъулаб отделениялдасан лъабго участокалде
депутатлъиялде рихьизарун рук1ун руго 13 кандидат. Гьездасан анлъго кандидат
вищун вуго бак1алъулаб самоуправлениялде депутатлъун, гьездасанги лъабго
депутат ворч1ана райсобраниялде. Араб соналъул августалда партиялъул
бак1алъулаб отделениялъул командаялъ г1ахьаллъи гьабуна республикаялъул
т1оцевесев президент Мух1у Г1алиевасул
80 сонилаб юбилеялда хурхун т1обит1араб руччабазул волейболалъул турниралда.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. 15
маялда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда
т1обит1ана райцентралъул данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна росдал бегавул
Мух1амад Т1алх1атовас, гьесул заместитель Т1агьир Мух1амадовас, диниялгун
жамг1иял х1аракатчаг1и Ах1мад Абужанатовас,
Малах1усен Х1усеновас ва Къурамух1амад Абух1овас.
Данделъаразе саламги кьун, бегавул Мух1амад
Т1алх1атовас жамаг1аталда цебе х1исаб кьуна жив хъулухъалде вач1аралдаса нахъе
гьабураб х1алт1ул. Гьедин, чабахги бан ва цо-цо бак1аздасан г1ат1идги гьарун
къач1ан руго райцентралдаса Гъонохъ, Хьини ва Нак1к1икь росабалъе унел нухал.
Къач1ан руго Гъонохъ, Байикь, Ч1ондокь ва Гиничукь росабазул жанисел къват1ал.
Ч1ондокь х1адурун буго спортивияб инвентарь лъезе площадка. Гьединго чабахги
баччун ва цо-цо къват1азде хъил ва бетон т1ун къач1ана райцентралъул къват1ал.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. Машгьурав г1алимчи, литературовед,
фольклорист, филологиял г1елмабазул доктор, бат1и-бат1иял суалазда хурхун 300
ялдасаги ц1ик1к1ун г1елмиял х1алт1абазул автор, филологиялъул бут1аялда Россиялъул
г1елмабазул академиялъул (РАН) Югалъулаб Россиялда вахъарав т1оцевесев
академик, «Х1урматалъул г1аламат», «Халкъазул гьудуллъиялъул» ва цогидалги
г1емерал пачалихъиял шапакъатазул бет1ергьан, нилъер ракьцояв, Ц1адаса
Х1амзатил машгьураб хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва - Х1ажи Х1амзатов
гьавуралдаса 100 сон т1убаялда хурхарал тадбирал т1орит1ана исана лъаг1ел
байбихьаралдаса нахъе цин Москваялда, хадуб Мах1ачхъалаялда. Амма исанасеб сон
районалда г1алимчиясул сонлъун лъазабун бук1инги х1исабалде босун, тахшагьаразда
т1орит1араздаса къеч1еб даражаялда академикасул юбилей к1одо гьабуна 14 маялда
гьесул гьит1инаб Ват1ан – Хунзахъги.
Гьедин,
тадбир байбихьана радал, Ц1ада росулъ рик1к1ен г1емерал гьалбаз районалъул
нухмалъигун цадахъ г1алимчиясе бараб памятникалда цере т1угьдул лъеялдасан.
Хадуб гьел щвана Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музеялде, халгьабуна гьениб г1уц1ун
бук1араб тематикияб цебелъеялъухъги.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2026 сон. 5 маялда райадминистрациялда
т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК)
иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер, комиссиялъул
председатель Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместитель Х1амид Гьит1иновас,
республикаялъул УФСБялъул Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб отделалъул
нухмалъулев Шамил Г1умаровас, РЭСалъул ц1ияв начальник Г1умар Г1исаевас, муниципалитеталда
ругел МЧСалъул, къуваталъулалгун ихтиярал ц1унулел идарабазул вакилзабаз ва
цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи
рагьана районалъул нухмалъулес. Гьес рак1алде щвезабуна терроризмалда данде
къеркьеялъул бут1аялда т1обит1улеб х1алт1и чучлъизе тезе бегьунгут1и ва т1аде
щолел ругел байрамкъоязул заманалда х1инкъи гьеч1олъиялде кьолеб к1вар
ц1ик1к1инабизе ккей. Гьединго кинабго х1алт1и цох1о хасал идарабазде рехун
теч1ого, жалго г1адамазги ц1одорлъи гьабизе кколилан т1адеги жубана.
|
Автор П. Шамилова. Май 2026 сон. 22 июнь 1941 сон. Сардилъ г1ужалъ г1асияб хъудиялъ макьидаса
борч1изабураб советияб халкъ. Соролеб гьаракьалъ Левитаница лъазабулеб буго,
фашистазулаб Германия божут1а рек1к1 гьабун нилъер улкаялде рагъгун т1аде
к1анц1анилан.
Байдабазде бак1арараб халкъ, г1одулел руччаби, рукъун
заралгун къерщезарулаго цабигун ццидалъ ч1арал бихьинал, щибго бич1ч1уларого
улбузул гвердазул квенч1елалги ккун иргадал гьезухъ балагьун хаган хут1арал лъимал. Школа лъуг1иялъул
сух1маталдаса къват1ире рач1унаго, балугълъиялъул аттестат кодобе щвелалде
ярагъ кодоб кквезе ккарал, сух1маталде рет1ераб хъах1аб рет1ел биялъ белъараб,
мусруялде сверараб аза-азар улкаялъул г1олилал.
Гьедин байбихьана 4-го соналдасаги ц1ик1к1ун халат бахъараб
К1удияб Ват1анияб рагъ.
Г1емер г1олилал ана рагъде эбел-инсулгун, г1агарлъиялъулгун
къо-мех лъик1 гьабич1ого. Дир росулъаги ун руго гьединго бат1и-бат1иял
районазда х1алт1илел рук1аралги, гьенисанго т1адги руссинч1о г1емерисел.
|
Автор Мухlу Гlалиев. Апрель 2026 сон. Залму Батировалъул икъбаллъун дица рик1к1уна гьей
Хунзахъ росулъ, адабияталъул рахъалъ бечедаб, художествияб раг1ул г1асрабазго
къимат гьабулеб, машгьурал хъвадарухъабигун шаг1ирзабазул ват1анлъун кколеб
Хунзахъ районалда гьаюрай йик1ин. Рехселин район машгьурлъизабурал халкъиял
хъвадарухъабазулгун шаг1ирзабазул ц1арал: Мух1амад Сулиманов, Загьид Х1ажиев,
Ц1адаса Х1амзат, Расул Х1амзатов, Фазу Г1алиева, Г1абасил Мух1амад. Шаг1ир
гьеч1еб росуго батиларо гьениб. Рак1алде рач1уна Бестужев-Марлинскиясул раг1аби:
«Кавказалъухъ валагьидал, шаг1ирлъун вахъинч1ищ мун, щайгурелъул гьадиг1ан
зобалазде г1агарлъидал, гьевлъун вахъинч1олъи буго адаб тей».
Республикаялдаги гьеб тун къват1иехунги рик1к1уней шаг1ирлъун
Залму Батирова яхъана къисматалъ еэдун гуреб, жиндирго пагьмуялъги зах1мат
бокьиялъги куцан. Гьелъул буго г1емеррахъазулаб гьунар. Гьеч1о гьелъ г1оч1ода
ч1вач1еб, гьелъул пикру хъинт1ич1еб цониги тема: тарих, социалияб г1умру,
рек1ел балъгояб асар загьир гьабулеб лирика. Гьелъ хъвана к1иго мухъалъул,
ункъмухъилал, анлъмухъилал, микьго мухъалъул асарал ва к1удиял къисабигун
пьесаби. Гьелъ хъвала бигьаго, эркенго; гъираялда г1енеккула гьелъухъ ва ц1алула
гьелъул асарал. Гьелин абуни, В. Белинскияс абухъе, «чвахун рач1унел ва
т1адагьал» асарал гуро гьел.
|
Автор "Росдал Захlматчи". Май 2026 сон. ХIажи
ХIамзатов гьавуна 1926 соналъул щуабилеб маялда Хунзахъ районалъул ЦIада
росулъ, халкъияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил хъизамалда. 1943 соналда лъугIизабуна
ГIараниб росдал школа, 1948 соналда – Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб
институт ва 1960 соналда – КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Партиялъул тIадегIанаб
школалъул журналистикаялъул отделение.
1949-1952
соназда хIалтIана СССРалъул РАНалъул Дагъистаналъул филиалалда бугеб ЦIадаса
ХIамзатил цIаралда бугеб Тарихалъулгун мацIалъул ва адабияталъул институталда,
цин лаборантлъун, хадуб – гIелмияв хIалтIухъанлъун ва гIелмияв секретарьлъун,
1952-1957 соназда вукIана гьебго институталда кIудияв гIелмияв хIалтIухъанлъун,
КПССалъул ЦКялда цебе бугеб Дунялалъул адабияталъул институталъул Дагъистаналда
бугеб филиалалъул нухмалъулевлъун. 1962-1963 соназда вукIана ИЯЛИялъул гIелмияв
секретарьлъун.
|
Автор М. Мух1амадов. Апрель 2026 сон. Исана 5 маялда нилоъер ракьцояв, Ц1ада росулъа академик Х1амзатов Х1ажи Х1амзатович гьавуралдаса т1убала 100 сон. "Лъаг1алил юбилярал" рубрикаялда гъоркь нижеца газеталда рахъизе руго гьесул г1умрудулги г1елмудалги х1акъалъулъ академикасул гьудул-гьалмагъзабазул ва цадахъ х1алт1аразул рак1алде щвеялгун макъалаби.
ХIажилгун
дир лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда МахIачхъалаялда. Гьесул
кабинеталъуве дун вачана дир мугIалим, доцент (гьанже филологиял гIелмабазул
доктор, профессор) МухIума ЧIегIерчиевас. Дица лъугIизабун букIана филологияб
факультет ва кодоб букIана дун аспирантураялде витIараб ва ДГПИялъул ректор АхIмад
МухIамадовас гъулбасараб кагъат. Нижехъги гIенеккун, ХIажи ХIамзатовичас абуна
институталда лъикIал ресал ругила гIелмуялда тIад хIалтIизе бокьарав чиясе,
амма гIалимчи вахъиналъул иш дудаго бараб бугин.
Дагъистаналда
гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, ХIажи ХIамзатовичас Дагъистаналъул гIелму
бечелъизабуна адабият ва мацIал лъазариялъул, фольклор ва искусство
цебетIезабиялъул цIиял пикрабаздеги масъалабаздеги кIвар кьун, гъваридал
цIех-рехал гьариялдалъун. Гьес жиндирго хIаракатчилъиялъулъ пайда босулаан гIурусазул,
европаялъулазул ва бакъбаккул рахъалда ругел халкъазул культураялъул
лъикIабщиналдаса ва цебетIурабщиналдаса.
|
|