Эбелалъул
кочIол хIайранаб бакъан, МугIрул киниялда байбихьи бугеб. Сабрудал
расеназ куркьбал гъураб гьелъ, Дуниял сверул лъимергун цадахъ. МагIуялъ
лъалъараб, рухIелалъ цIураб, Нуцалай, дур кочIол роцен кинабдай? РекIел
тIегь бекараб къваридал къояз, ЦIидасан угьдичIищ дур кинидахъ кечI? МухIамадханида
цадахъ битIараб Дур кечI пашманго тIад буссун бачIана. Гьев
цIунизе жинхъа бажаричIила, Гьелъул угьди рагIун, сородана мун. Нуцалай,
бахиллъун йиго дун дуда, Дур къохIехьеялда ва къвакIиялда. Аллагьасул
хъвайин, гьесул къадарин, Къадруяб дур кечIалъ ахIулеб буго. -
ЧIаго тIад вуссинин къотIиги гьабун, Ун гурищ вукIарав, МухIамадхан, мун. Кинида
кьучI лъураб бабал кочIое, Кьураб рагIиялъе щай мутIигIлъичIев? -
Эбелалъул кочIол хIайранаб сарин, ВатIаналъул кечIгун цолъана дие. Россиялъул
солдат, улкаялъул вас – ВатIаналъе гIоло къанщана берал. Эбелалъул
кочIой дун хилиплъичIо, Хиянат гьабуна рекIкIаб гуллица. Гьеб
кечIалъ малъана жеги гьитIинго, Эбелги ватIанаги цо даражайин.
Эбел,
дур кочIое дун хилиплъичIо – Гьеб гурищ букIараб дур кочIол магIна? Улбузул
кечI цIунун, босана дир рухI – Тарбиялъул дарсал гьедин рукIинчIищ?
ГIодоеги йиччан бицунеб буго Нуцалалъ
жакъаги васасул къиса.
Берцинаб
гьурмада гьайбатаб гьими, МухIамадхан, гьелъ дуй сайгъат гьабулеб буго.
Россия,
Дагъистан, гIагараб Хунзахъ, ТIадкологун ГIочIло – нужер васасул БахIарчилъиялъул
дарсал гвангъана, умумузул гьунар гьезулъ цIилъидал.
МагIарухълъиялъухъ гIащикъ вукIана
-
Гьадинаб букIун бугоха дир МухIамадханил къисмат, - илан загIипго угьун биччана
Нуцалалъ, - щибха гьабилеб. Аллагьас
бихьаралда рази йиго, вукъизегIаги кодове щведал.
ТIадегIанас
чIужугIаданалъухъе, хасго эбелалъухъе, къварилъиялда цадахъго сабруги битIулеб
батила. Унго-унгоги, гьеб сабруялъул къвакIиги тамахлъиги, хIеренлъиги кьвариги.
- Лъабавго васасул гьев вукIана бищунго
хIеренав-недегьавги. Нилъер магIарул васазул гьединаб неделъги букIунароха.
Гьезулъ цIикIкIун хъачIлъи, согIлъи букIуна. Цо-цо мехалда дунгогицин нечолаан
МухIамадханил хIеренлъиялдаса. Телефоналдас кIалъалев вугониги,
видеобухьеналдаса вугониги, гьес кидаго
абуланан дида:
-
Баба, мун дие цIакъгоха йокьулей, - илан.
АскIов
вугони, къвал балаан, баулаан. МагIаруласул букIине кколеб кьвари кибе дур арабилан бадирчIваялги
гьарулаан дица гьесие. Цинги, велъулаго, жавабги кьолаан:
-
Баба, дун дуда релълъарав вугоха, - йилан. Нижедаса
рикIкIад вукIиналъ батилаха, цIакъ хиралъун рукIана гьесие дунги вацалги. Гьес
гIумру гьабулеб букIана Москваялда. Лъадиги батIияб миллаталъул йикIана. Санайил
лъималгун вачIунаан гьев Дагъистаналде. Щолаан магIарухъе. Жиндие лъимал
магIарул гIадатазда рекIон куцазе бокьун бугилан абулаан кидаго. Ахирисеб
нухалда, СВОялдаса отпускаялъ ваIчараб мехалдаги, гьес чанго нухалда бицана
риидалги отпуск кьезе кколила жиндие, лъималги рачун, дунгун цадахъ магIарухъе
рилълъине ругила. Ахираб заманалда цIакъ гIемер бицунан гьес телефоналдасанги
магIарухълъиялъул берцинлъиялъул. Гьелъухъ кутакалда гIащикъ вукIана.
Абуларищха бихьизе гьечIеб жоялъухъ цIакъго урхъулила, хасго хвалда цебе. Кинай
эбелалъха васасул хвалил пикруги гьабулеб, - иланги абуна, Нуцалалъ магIу
бацIцIана.
ЦохIо ВатIаналъул васал-вацал ниж
СВО
байбихьарал къояздаса нахъе гьенив вукIана МухIамадхан. Гьев ккана Донецкалда
кIиго лъагIелгIан заманалъ вукIана цебесеб кьерда. ЦIакъ рази вукIана гьев жиндасаго ва цадахъ
ругел рагъулал гьудулзабаздаса.
-
Гьезда киназдаго лъалаан дун. Видеобухьеналдаса МухIамадханица диргун
лъай-хъвай гьабизеги тIамулаан гьес гьел. МагIарул хинкIал гьаризеки малъун
букIана дица гьезда. Щиб миллаталъул васал ругел дуда аскIорилан гьикъидал цо
нухалда гьес дие куна гьадинаб жаваб:
-
Эбел, мун дида божаниги, божичIониги,
нижеца жеги цоцазда миллат цIехечIо. Ниж киналго цохIо ВатIаналъул васал-вацал
кколарищ. Лъала, масала, дун Дагъистаналдаса вукIин. Миллатги лъана, дуца
магIарул хинкIал гьаризе малъулеб мехалда.
Васасул
гьеб жавабалъ дир, учителалъул, рекIее кIудияб асар гьабуна. Гьединаб буго
учителасул лъималазулги борч. Щайгурелъул гьес цогидал лъималазда, ай, жиндирго
цIалодхъабаздаги, гьединлъидал малъулеб. ГIемер бицунана МухIамадханица
рагъулаб гьудуллъиялъул хIакъалъулъ.
-
Баба, ккаралъув кьвараравгиха дун вугев. Дуда ккоге, дуе гIадав недегьавин дун
тушманасеги вугевилан, махсараги гьабулаан гьес, - илан нахъеги васаул бицана
Нуцалалъ.
Донецк
областалъул Авдеевка шагьаралъе гIоло унел рагъазулъги гIахьаллъана
МухIамадхан. Холел, чIвалел гьудулзабиги рихьана гьесда. Живгоги чанго нухалда
дандчIвана хвелгун. Амма гьесда бичIчулеб букIана жиндие рухIалдасаги ВатIан
хирияб букIин.
-
Цо нухалда гьедин васас абидал, дун палгъан хутIана. ГьедигIан хIеренав дулъ
гьеб согIлъи кисайилан гьикъидал, гьес абуна, чIварал гьудулзабаз, рухI босулъелъул, щуранилан.
Бокьун букIана, гьевги каранде къан, гIодизе. Амма васасул гьел рагIабаз
магIугицин гIунизабуна дир, - илан абуна Нуцалалъ.
ГIумруялдаса
хиралъана гIагараб ВатIан.
Цо
къоялъ эбелалъухъе кIалъалаго, МухIамадханица бихьизабуна жиндирго формаялда
букъараб хъвай-хъвагIай:
- "Мама
сказала вернуться живым". Гьалеха, эбел, гIицIго дуе гIоло хутIизе вуго чIаго.
Амма
ВатIаналъе дудаса дун къваригIани… ГIайиб гьабугеха. Лъай дуда, дир хирияй,
йокьулей, зхIалимай баба, дие мун ц1акъго йикьула. Гьеб рокьиги кидаго дида
цадахъ букIинеги буго. Хабалъеги цадахъ босизе буго. Доваги гьелъ цIунизе вуго
дун - гьадинаб букIана Нуцалалъулги васасулги ахирисеб кIалъай.
Гьадинаб
бахIарчияб къисаги нахъе тун, ВатIаналъе гIоло рухI кьуна Дагъистаналдаса
гIолилав, Бихьинчилъиялъул орденалъул ва «За отвагу» медалалъул кавалер
Анкалаев МухIамадхан МухIамадовичас. БихьичIо инсуда васул рухIел. Гьесда лъалароан вас Украинаялда вукIинги.
ЗахIматго унтарав гьесда бицинчIо МухIамадханил хабар. Инсухъе кIалъалелъулги, гьес
жив Москваялда вугилан абулаан. ЛъагIел
бана МухIамад гIумруялдаса ватIалъаралдасаги.
ГIажаибго
берцинаб гIамалалъул гIадан йиго Нуцалайги. Гьей хIалтIулей йиго гIатIиракьалда
ругел магIарул росабазул хъутабазул школазул жаваб кьолеб Гъизилюрталда бугеб
лъай кьеялъул управлениялда рахьдал мацIазул методистлъун. Гьадиназда абулеб
букIун батила умумузги чIужуберцинилан, ай, чIужугIаданлъи берцинайилан абун.
Сабруги
къуватги кьеги киналго улбузе, васазул рухIалаби хIехьезе.
Ш. Хъазанбиева
|