Машгьурав г1алимчи, литературовед,
фольклорист, филологиял г1елмабазул доктор, бат1и-бат1иял суалазда хурхун 300
ялдасаги ц1ик1к1ун г1елмиял х1алт1абазул автор, филологиялъул бут1аялда Россиялъул
г1елмабазул академиялъул (РАН) Югалъулаб Россиялда вахъарав т1оцевесев
академик, «Х1урматалъул г1аламат», «Халкъазул гьудуллъиялъул» ва цогидалги
г1емерал пачалихъиял шапакъатазул бет1ергьан, нилъер ракьцояв, Ц1адаса
Х1амзатил машгьураб хъизамалда кунч1араб цогиги гвангъараб ц1ва - Х1ажи Х1амзатов
гьавуралдаса 100 сон т1убаялда хурхарал тадбирал т1орит1ана исана лъаг1ел
байбихьаралдаса нахъе цин Москваялда, хадуб Мах1ачхъалаялда. Амма исанасеб сон
районалда г1алимчиясул сонлъун лъазабун бук1инги х1исабалде босун, тахшагьаразда
т1орит1араздаса къеч1еб даражаялда академикасул юбилей к1одо гьабуна 14 маялда
гьесул гьит1инаб Ват1ан – Хунзахъги.
Гьедин,
тадбир байбихьана радал, Ц1ада росулъ рик1к1ен г1емерал гьалбаз районалъул
нухмалъигун цадахъ г1алимчиясе бараб памятникалда цере т1угьдул лъеялдасан.
Хадуб гьел щвана Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музеялде, халгьабуна гьениб г1уц1ун
бук1араб тематикияб цебелъеялъухъги.
«Хъах1ал
къункъраби» мемориалияб комплексалда т1обит1ана «Академик Х1ажи Х1амзатов –
г1елмуялдаги г1умруялдаги инсан» абураб темаялда г1елмиябгун практикияб
конференция. Г1алимчиясул г1умруялъул, г1елмуялда тараб гъваридаб лъалк1алъул ва
гьесул х1акъалъулъ ругел жидерго рак1алдещвеязул бицарал докладалгун цере
рахъана филологиял г1елмабазул доктор, РАНалъул Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда
бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб ц1ех-рехалъул централъул мац1алъулгун,
адабияталъул ва искусствалъул институталъул (ИЯЛИ) бет1ерав г1елмияв
х1алт1ухъан Ах1мад Муртазалиев,
гьебго институталъул т1адег1анал г1елмиял х1алт1ухъаби, филологиял г1елмабазул
кандидатал Мух1амад Мух1амадов ва Пат1имат Г1алибегова, филологиял
г1елмабазул доктор, Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб
педагогикияб университеталъул (ДГПУ) г1аммаб мац1 лъаялъул кафедраялъул
заведующий Мух1амад Мух1амадов, Шотода
гьоркьохъеб школалъул завуч, г1урус мац1алъулгун адабияталъул муг1алим Анжела Мух1идинова ва г1алимчиясул
г1агарай ч1ужу, Тахо-Годил ц1аралда бугеб республикаялъул Миллияб музеялъул
филиал, Ц1адаса Х1амзатил рукъ-музеялъул директор Г1айшат Патах1ова.
Гьелдаса
хадуб Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб маданияталъул к1алг1аялда т1обит1араб
тадбиралъул байрамалъулаб бут1а байбихьана г1алимчиясул х1акъалъулъ бахъараб
документалияб фильм бихьизабиялдасан. Данделъаразе саламги кьун, баркиялъулаб
к1алъай гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад
Задиевас.
«Жакъа нилъ данделъун руго жиндир
ц1ар г1елмуялъеги, жамг1ияталъеги, Ват1аналъеги хъулухъ гьабиялъул мисаллъун
кколев к1удияв г1алимчиясул юбилей к1одо гьабизе. Х1ажи Х1амзатовасул г1умрудул
нух ккола т1аса бищараб ишалъе рит1ухълъиялъул мисаллъун. Гьесул г1елмияб ирс,
г1емерсоназулаб х1аракатчилъи ва ват1анияб г1елму цебет1еялда лъураб к1удияб
бут1а мустах1икълъана цох1о нилъер республикаялдагун улкаялда гуребги, гьеб тун
къват1ибехунги рецц-бакъалъе. Хасго ч1ух1изе бач1уна академикасул к1удияб
нухлул байбихьи гьесул г1агараб районалда бухьараб бук1иналдалъун. Г1емерал
гьунар бугел ва машгьурал г1адамаздалъун бечедаб гьаб ракьалда куцана хадубккун
г1алимзабазулгун муг1алимзабазул ва г1олохъанал специалистазул чанги г1елазе
мисаллъун лъугьарав чиясул т1абиг1ат-г1амал. Гьенибги к1удияб бак1 ккола
Ват1аналде бугеб рокьиги, г1адамазде бугеб адаб-х1урматги, жавабчилъиги г1елаз
г1елазухъе кьун цебе бачараб Х1амзатовазул тухумалъ. Гьедин, хъизамалъулги
нилъер халкъалъул г1адатазулги кьуч1алда кьураб тарбиялъ к1удияб бак1 ккуна
цох1о Дагъистаналъул гуребги т1олабго Россиялъул ч1ух1илъун лъугьарав
г1алимчиясул хадусеб г1умруялъул х1аракатчилъиялда. Гьединлъидал жакъасеб
тадбиралъул маг1наги ккола цох1о бергьарав г1алимчи рак1алде щвезави гуребги,
г1ун бач1унеб г1елалъе рух1иялгун моралиял дарсал росизе рес кьейги. Биччанте
гьесул г1елмиябгун рух1ияб ирс хадусел г1елазги пайда босулеб хазиналъун
бук1ине», - ян
абуна гьес. Гьединго
к1алъаял гьаруна республикаялъул Х1укуматалъул Председателасул заместитель Ризван Гъазимух1амадовас, Халкъияб Собраниялъул
г1елмуялъулгун лъай кьеялъул комитеталъул председателасул заместитель Г1абдулвах1ид Лабазановас,
республикаялъул литературиял журналазул редактор Мурад Ах1мадовас, политикиял г1елмабазул доктор, улкаялъул Президентасда
цебе бугеб Россиялъул халкъияб маг1ишаталъулгун пачалихъияб хъулухъалъул
пачалихъияб управлениялъул (РАНХ и ГС) Институталъул федеративиялгун миллиял
гьоркьолъабазул кафедраялъул профессор Камил
Ландаца ва цогидазги. К1алъаязда гьоркьор куч1дул ах1иялъулгун кьурдул
церерахъинал рихьизаруна ч1арадисезул хоралъ, «Г1акаро-Хунзахъ» кьурдул
ансамблялъ ва цогидалги районалъул ва гьеб тун къват1исел маданияталъул
бут1аялъул х1аракатчаг1аз. Ахиралда киназего баркала кьураб к1алъай гьабуна
г1алимчиясул вас Х1амзат Х1амзатовасги.
И. Мух1амадов.
|