5 маялда райадминистрациялда
т1обит1ана районалъул терроризмалда данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК)
иргадулаб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер, комиссиялъул
председатель Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместитель Х1амид Гьит1иновас,
республикаялъул УФСБялъул Хунзахъ бугеб районазда гьоркьосеб отделалъул
нухмалъулев Шамил Г1умаровас, РЭСалъул ц1ияв начальник Г1умар Г1исаевас, муниципалитеталда
ругел МЧСалъул, къуваталъулалгун ихтиярал ц1унулел идарабазул вакилзабаз ва
цогидазги.
Киназего саламги кьун, данделъи
рагьана районалъул нухмалъулес. Гьес рак1алде щвезабуна терроризмалда данде
къеркьеялъул бут1аялда т1обит1улеб х1алт1и чучлъизе тезе бегьунгут1и ва т1аде
щолел ругел байрамкъоязул заманалда х1инкъи гьеч1олъиялде кьолеб к1вар
ц1ик1к1инабизе ккей. Гьединго кинабго х1алт1и цох1о хасал идарабазде рехун
теч1ого, жалго г1адамазги ц1одорлъи гьабизе кколилан т1адеги жубана.
К1удияб Ват1анияб рагъда бергьенлъи
босаралдаса 81 сон т1убаялда хурхун районалда т1орит1изе ругел тадбиразда
жамг1ияб г1адлу-низам ва х1инкъи гьеч1олъи ц1униялда хурхун гьабизе бугеб
х1алт1ул бицана заманаялъ районалъул полициялъул начальникасул ишал т1уралев Шамил Маликовас. Гьес абуна г1иц1го
райотделалъул къуватазде г1ей гьабун ч1еч1ого, тадбиразул заманалда
г1адлу-низам ц1унизе кумекалъе сверухъ ругел районазул полициялъул х1алт1ухъабиги
ах1ун ругилан.
Ахирисеб ц1урмил, экзаменазул ва
выпускалъулал вечеразул заманалда х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе гьабулеб бугеб х1адурлъиялъул
бицана райадминистрациялъул лъай кьеялъул отделалъул начальникалъул заместитель
Мурад Мух1умаевас. Гьес абуна
рехсарал тадбирал т1адег1анаб даражаялда т1орит1иялъул мурадалда
райадминистрациялъул, лъай кьеялъул ва ихтияралгун сахлъи ц1унулел идарабазул
вакилзабиги г1ахьал гьарун, муниципалияб даражаялда хасаб х1алт1улаб къокъа
г1уц1ун бугилан. Экзаменал т1орит1изе ругел пунктазул х1адурлъиялда хурхун
рехсараб х1алт1улаб къокъаялъ зама-заманалдасан т1обит1улеб буго мониторинг.
Халгьабулеб буго гьел пунктазда охрана, х1алт1улел видеокамераби ва ц1а
ккеялдаса ц1униялъул системаби ругищали. Хасаб к1вар кьолеб буго экзаменал
т1орит1изе ругел школал терроризмалъул х1инкъиялдаса ц1униялде. Гьединго
экзаменазул заманазда гьенир рук1ине руго медицинаялъул х1алт1ухъабиги.
Выпускниказда ва гьезул эбел-инсуда экзаменазда ц1унизе кколеб
г1адлу-низамалъулги, хасго мобильниял телефонал х1алт1изаризе
бегьунгут1иялъулги бицун, гьабулеб буго бич1ч1икьеялъулаб х1алт1иги. Г1аммаб
къаг1идаялъ, исана районалда ЕГЭ кьезе буго 115 выпускникас, ОГЭ кьезе
х1адурулев вуго 324 выпускник. Ахирисеб ц1урмил байрам т1обит1изе буго 26
маялда, выпускалъулал вечерал – 27 июналда. Жиндирго докладалъул ахиралда гьес
т1аде жубана х1инкъи гьеч1олъи ц1униялда хурхун гьабулеб х1алт1и г1иц1го
тадбирал т1орит1иялдаги ва гьезде х1адурлъиялдаги лъуг1уларин, ц1ик1к1араб
к1вар кьезе кколин профилактикияб бут1аялдеги. Ай, жалго ц1алдохъабазулъ куцазе
кколин жидерго х1инкъи гьеч1олъиялда хурхун жавабчилъи.
Данделъиялда гьоркьор лъун рук1арал
киналго суалазухъги г1енеккун, ахиралда комиссиялъ къабул гьаруна дандрекъон
кколел х1укмабиги.
И. Мух1амадов.
|