Воскресенье, 09.08.2026, 22:19 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам день учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери подкачаться ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
-->
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2026 » Июль » 20 » НИЛЪ-БАРАБ АХlУЛЪГИ, АХlАРАБ БОЛЪГИ
16:26
НИЛЪ-БАРАБ АХlУЛЪГИ, АХlАРАБ БОЛЪГИ

Эмен: Дуе кьураб суал ц1араб г1ужалде                        Ц1орозе теч1ого т1убазе гьабе. Т1ад къараб ишалъе къвал чучич1ого,                    Къебеллъухъ махх г1адин баг1аризабе.

Вас: Эмен, дуца хъвараб гьайбатаб кагъат,                    Каранда жаниб лъун, ц1унила дица.                                    Кагътида рехсарал дур т1адкъаялги,                      Къот1араб ц1ер г1адин, т1урала дица.                              Ц1адаса Х1амзат

Эменги васги… Гьезда гьоркьоб бугеб бухьен ккола инсанасул г1умруялда бищун гъваридаблъунги к1вар бугеблъунги. Эмен ккола васасе бихьинчилъиялъулги жавабчилъиялъулги мисаллъунги, жиндирго г1умрудулаб х1албихьиялдалъунги рух1ияб хазинаялдалъунги гьесулъ лъик1абщинаб куцалев насих1атчилъунги. Бакьагьеч1и росулъа Т1инч1аев Мух1амадилгун дир лъай-хъвай ккана вацапалдасан, районалда бугеб «Память гор» ДРООялъул нухмалъулев, СВОялъул г1ахьалчи, районалъул нухмалъулесул СВОялъул суалазул рахъалъ кумекчи Г1абдурах1ман Г1абдурах1мановасул кумекалдалъун. Бит1араб бицани, 1998 соналъ гьабураб «лъимергун» сундул бицинебали ургъел бук1ана дие. Амма СВОялъул г1ахьалчи, мухъилав Т1инч1аев ватана щвалде щвараб пикруялъул, ц1убараб бихьинаб г1амалалъул маг1арулав. Сундулъго гьес мисал босулеб бугоан жиндирго эмен рагъухъан-интернационалист Мухтаридаса. Гьеч1оан г1олиласулъ ясазда гьоркьов цо, хъизамалда бищун гьит1инав вук1иналдаса гогьлъи-г1анч1лъиги.

-Мух1амад, бице кин мунги эменги СВОялде ккарал, ракълилаб г1умруялда щиб х1алт1и-пишаялда рук1арал?

-Дица байбихьила дирго инсул х1акъалъулъ бициналдалъун. Афгъанистаналда интернационалияб борч т1убазабурав гьесул мисал берцин бихьун, рагъулаб ишалда г1ахьаллъизе бокьун вук1унаан дун. Дир эмен, Т1инч1аев Мухтар Мух1амадович 1982 соналъ, Буйнакскиялъул техникумалда ц1алулев чи, ах1ана Советияб Армиялъул Яргъилал къуватазда хъулухъ гьабизе. 1983-85 соназ гьес хъулухъ гьабуна Афгъанистаналъул Герат шагьаралда, танказул аскаразда. Гьесул руго «Афгъаналъул халкъалъул баркалаялъул» к1иго, «Советиял аскарал Афгъанистаналдаса нахъе рачаралдаса 20 сон т1убаялъул» медалал. 2023 соналдаса нахъе, рагъулаб къот1и-къайги хъван, г1ахьаллъулев вуго СВОялда, ДНРалъул ва ЛНРалъул Херсон ва Запорожье областазда. Дун кутакалда ч1ух1ула, ват1аналде къо ккедал чанц1улго ватарав дирго бах1арчияв инсудаса. -Дургоги бицеха.

-Гьавуна дун 1998 соналъ Бакьагьеч1и росулъ. 2015 соналъ г1агараб росдал школаги лъуг1ун, ц1ализе ана Мах1ачхъалаялъул Автодорожнияб колледжалъул юридикияб факультеталде. Гьеб лъуг1ун хадуб, 2019 соналъ рагъулаб хъулухъ т1убазабуна Алтай краялъул Алейск шагьаралда, 35аб. бат1ат1ураб мотострелковияб гвардиялъул бригадаялда. 2020 соналъ контрактги хъван гьенивго х1алт1улевги ч1ана. Хъулухъ гьабуна минометнияб батареялда, разведкаялда, артиллериялда. Хасаб рагъулаб операция байбихьараб т1оцебесеб къоялдаса нахъе вуго СВОялда-т1уразаруна радиотелефонистасул, стрелокасул, пулеметчикасул, расчеталъул номерасул ишал. Контракталъул болжал лъуг1араб 2023 соналъ рокъове вач1ана, амма рагъулаб иш хиралъиялъ нахъойги Чачаналъ Наурская поселокалда бугеб Россгвардиялъул яргъилал къуватазул рагъулаб часталда контрактги хъван х1алт1улевги вуго. Г1ахьаллъулев вуго СВОялда ДНР ва ЛНР эркен гьарурал ракьазул Херсон ва Запорожье областазда.

Ракълилаб г1умруялда бокьулаан спорт, х1алт1ана «Мостоотряд» г1уц1иялда, бат1и-бат1иял цехазда, г1адатав зах1матчиясул х1алт1и дица рогьолъун рик1к1унаро.

-Кинал рагъулал т1адкъаял дуца т1уразарурал СВОялда, бугищ рагъулаб чин?

-Рагъулал гьалмагъзабигун ниж СВОялъул байбихьудаго Беларусалдасан ана Украинаялъул ракьазде, Чернигов шагьаралде, гьенисан байбихьана кинабго. Г1ахьаллъана ЛНРалъул Сватово, Крименая ва ДНРалъул Красный Лиман шагьарал эркен гьариялда. Бит1араб бицани, дун я рагъулал чиназда, я шапакъатазда хадув лъугьарав чи гуро. Армиялъул мухъилъе лъугьаралдаса нахъе (2019 с.) дун вуго г1адатав мухъилав, дирго ват1аналъул божарав солдат. Рац1ц1адал погонал-бац1ц1адаб намус (велъулаго).

-Бищун зах1матаб лах1зат, лъугьа-бахъин кинаб бук1араб? Щиб рак1алда ч1араб, Мух1амад, дуда?

-Бит1араб бицани, СВОялда бигьаяб заманго бук1инч1о дие. Доре щвеч1ого г1адан-чиясда бич1ч1иларо гьелъул маг1наги к1варги. Дунгун взводалда вук1арав 35-40 чиясул г1иц1го к1игоял руго гьабсаг1ат ч1аголъиялда: бащадал ч1вана, бащадал лъукъа-къот1ун руго. Рагъулал гьалмагъзабигун кидагосеб бухьеналда вук1уна дун. Дирго рек1еда бараб, зах1малъараб лах1зат бук1ана бухьенги гьеч1ого, рокъосан хабар лъалареб мех. Дица Аллагьасда гьарулаан эбелалде дун лъик1 вугилан гьит1инабго хабар бит1изег1аги рес кьеян. Х1инкъа-къайги, рагъулал тунка-г1усияздаса тариги дилъ киданиги бук1инч1о. Гьелъул г1аксалда, цодагьал заг1ипал солдатазе хаба-ч1абар бицун, гьел г1одоре риччазе гьаризе, церехун ине гьесизаризе бокьула дие.

-Мух1амад, как-к1алалъе санаг1алъиг1аги бук1арабищ доба?

-Рак1бац1ц1адго бицани, рек1ее бокьухъе какал ран, к1алал ккун г1ибадат гьабизе санаг1алъи бук1унароан. Амма «щибаб къварилъиялдаса хадуб бигьалъи бук1унин» абухъе, рецц Аллагьасе, Гьес киданиги рехун теч1о, кумек т1амуна.

-Инсуца кинаб малъа-хъвай дуе гьабулеб, бухьен бук1унищ СВОялда цоцазулгун?

-Дир эмен кутакалда намусав, г1адатав инсан вуго. Рагъ-кьалалъул бицун нижер хабарго ккеч1о. Амма гьес гьит1инаб къоялдаса нахъе дида малъулаан дуего бокьулареб чидае гьабугеян, чиясе гьит1инабниги х1алихьалъи дудасан борч1анин, дудаса заг1ипав къварид гьавунилан хабар жинда раг1угеян. Гьеб гьаялъе рит1ухъавлъун вук1ине х1аракат бахъула г1умруялъго дицаги.

-Мун г1адал г1олилазе щиб малъа-хъвай дуца гьабилеб, щиб гьарилеб, Мух1амад?

-Т1оцебесеб иргаялда дица гьезие гьарила сахлъиги рагъ-кьалалдаса ц1унараб г1умруги. Нуж кидаго рук1а эбел-инсуца малъараб гьабулеллъун, гьезул адаб кквезе лъалеллъун.

Кинаб улка-ракьалде, бат1и-бат1иял г1адамазде гьоркьоре кканиги, хут1а унго-унгоял маг1арулаллъун, бихьиназул къадруги ях1-намусги ц1унарал г1адамаллъун. Дир нужеде гьари-рук1унге нилъедаго т1ад цойгидал релъулеллъун, киназдаго нилъедаса мисал босизе мустах1икъаблъун бихьулел муг1рул ц1умаллъун роржа г1умруялда.

-Баркала, Мух1амад, пайдаяб гара-ч1вариялъухъ, Аллагьас ц1унаги ва сах-саламат хехгого рокъоре рачаги нуж киналго. Амин.

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ.

Просмотров: 24 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2026 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz