Хунзахская Газета "Сельский труженик, Росдал захIматчи"
АКАДЕМИКАСУЛ ДАРСАЛ
дир лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда МахIачхъалаялда. Гьесул
кабинеталъуве дун вачана дир мугIалим, доцент (гьанже филологиял гIелмабазул
доктор, профессор) МухIума ЧIегIерчиевас. Дица лъугIизабун букIана филологияб
факультет ва кодоб букIана дун аспирантураялде витIараб ва ДГПИялъул ректор АхIмад
МухIамадовас гъулбасараб кагъат. Нижехъги гIенеккун, ХIажи ХIамзатовичас абуна
институталда лъикIал ресал ругила гIелмуялда тIад хIалтIизе бокьарав чиясе,
Дагъистаналда
гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, ХIажи ХIамзатовичас Дагъистаналъул гIелму
бечелъизабуна адабият ва мацIал лъазариялъул, фольклор ва искусство
цебетIезабиялъул цIиял пикрабаздеги масъалабаздеги кIвар кьун, гъваридал
цIех-рехал гьариялдалъун. Гьес жиндирго хIаракатчилъиялъулъ пайда босулаан гIурусазул,
европаялъулазул ва бакъбаккул рахъалда ругел халкъазул культураялъул
лъикIабщиналдаса ва цебетIурабщиналдаса.
ХIамзатов вукIана Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул гIемерал гIолохъанал
гIалимзабазе мугIалимлъунги, насихIатчилъунги, гIелмияв нухмалъулевлъунги. 2003
соналда гьес гIуцIана гIелмияб школа «Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул
миллиял литературабазул ва халкъалъул кIалзул гьунаралъул асаразул тарих ва
теория» абураб цIарги лъун. Гьеб рикIкIана кIвар бугеб гIелмияб школалъун ва
гьелъие щвана Россиялъул Федерациялъул Президентасул грант. ХIамзатовасул
гIелмияб школалъ ралагьулел рукIана гIолохъанал гIалимзабазул жигарчилъи
борхизабиялъе ва гIелмиял цIех-рехазде гьезул рокьи бижизабиялъе квербакъулел
батIи-батIиял къагIидаби, кIвар кьолаан гьезул гIелмияб даража борхизабиялде,
кумек гьабулаан кандидатлъиялъулал ва докторлъия-
лъулал
диссертациязде хIадурлъизе. Гьеб школалъ аслияб кIвар кьолаан ИЯЛИялда ХI.
ХIамзатовасул жигараб байбихьиялдалъун конференциял, сессиял, симпозиумал тIоритIиялде.
Гьел рукIунаан Россиялъул миллиял художественниял культурабазул къисматалда
хурхарал батIи-батIиял темабазул.
бицине мустахIикъаблъун рикIкIуна халкъазда гьоркьосеб гIелмияб
хIаракатчилъиялъулъ ХIажи ХIамзатовичас кIудияб бутIа лъуниланги. Гьесул
байбихьиялдалъун ва хIаракатчилъиялдалъун тIобитIана тарихалъул, культураялъул,
политикаялъул тIолабго дуниялалъего гIелмияб кIвар бугеб халкъазда гьоркьосеб
чанго конференция, къватIисел улкабазул гIелмиял центразгун цадахъ. Гьесулъ
бессун ва цолъун букIанин абизе бегьула БакътIерхьул ва Бакъбаккул рахъалъул
культураялъул бищунго лъикIабщинаб. Гьайгьай, гьелъ гIемерго цIикIкIараб асар
гьабулаан гьесда сверухъ ругезеги.
цIех-рехазул батIи-батIиял ва кIвар цIикIкIарал гIелмиял суалаздасан
кIалъаялгун ва макъалабигун гьев цеве вахъана дуниялалъул батIи-батIиял
улкабазда: Германиялда, Франциялда, Англиялда, Австриялда, Испаниялда, Венгриялда,
Турциялда, Сириялда, Япониялда, Китаялда, Америкаялда, Канадаялда, Швециялда,
Индиялда, Болгариялда. Халкъазда гьоркьосеб гIелмияб хIаракатчилъиялъулъ ХIажи
ХIамзатовичас кIудияб бутIа лъеялъе нугIлъи гьабула Дагъистаналъул ва
Америкаялъул гIалимзабигун цадахъаб археологиялъулаб экспедиция Дагъистаналда
гьабиялъул проект гIуцIиялъ ва гIумруялде бахъинабиялъ. Гьединго Дагъистаналъулги
Швециялъулги цадахъаб программа букIана Библия дагъистаниязул миллиял мацIазде буссинабиялъул.
Дагъистаналъул археологиялъулал ва этнографиялъулал, халкъалъул кверзул
махщелалъулал ва хъвай-хъвагIаялъулал памятниказул выставкаби гIуцIана Япониялда,
ХIажи
ХIамзатов вукIана жигарав жамгIияв хIаракатчиги. Гьев вукIана Россиялъул Хъвадарухъабазул,
Журналистазул ва Театралиял хIаракатчагIазул союзазул член.
соназ гьев вукIана Россиялъул халкъазул культураялъул хасго къиматал бакIал
цIуниялъул рахъалъ Россиялъул Федерациялъул Президентасда цебе бугеб Пачалихъияб
эксперталъулаб советалъул член, ЮНЕСКОялъул ишазул рахъалъ Россиялъул
Федерациялъул Комиссиялъул член, «ВатIаналъулаб ва дунялалъулаб адабият ва
фольклор» абураб тарихиялгун филологиял гIелмабазул Отделениялъул гIелмияб
советалъул член, халкъалъул тIабигIияб ва культурияб ирс лъазабиялъул ва
цIуниялъул рахъалъ РАНалъул гIелмияб советалъул член, РАНалда цебе бугеб
Востоковедазул обществоялъул президиумалъул член, Европаялъул Кавказоведазулаб
обществоялъул член. Гьединго вищун вукIана «РАНалъул Известия. Адабияталъул ва
мацIалъул серия», «Северияб Кавказалъул тIадегIанаб школалъул гIелмияб централъул
Известия» журналазул ва цогидалги чанго къадруяб журналалъул редколлегиязул
членлъун. Гьесул хIаракатчилъиялдалъун гIуцIараблъун лъугьана РАНалъул ДНЦялъул
«Вестник» журнал. ХIалбихьи бугев гIелмияв цIех-рехчи ва гIуцIарухъан ХI. ХI.
ХIамзатовас
бетIерлъи гьабуна «Россиялъул Федерациялъул халкъазул адабият», «Фольклористика»,
«Россиялъул Федерациялъул халкъазул мацIал» гIелмиял бутIабазда филологиял
гIелмабазул докторасул цIар кьеялъе РАНалъул ДНЦялъул МацIалъул, адабияталъул
ва искусствоялъул институталда цебе гIуцIараб диссертациялъулаб советалъе.
Лъеберго соналъ академик ХI. ХI. ХIамзатовас бетIерлъи гьабураб диссертациялъулаб
совет лъугьана гIицIго Дагъистаналъул гуребги Северияб Кавказалъулги гIелмиял кадраби
лъадариялъе къебелъилъун. Гьев гьединго вищун вукIана РАНалъул М. Горькиясул
цIаралда бугеб Дуниялалъулго адабияталъул институталъул диссертациялъулаб
советалъул членлъунги. Гьесул гIелмияб нухмалъиялда гъоркь хIадурана 8
гIелмабазул кандидат ва 13 гIелмабазул доктор.
ХIамзатовас цIикIкIараб хIалтIи гьабуна халкъазда гьоркьосеб гIелмияб иш цадахъ
рекъон, гьудуллъиялда гIуцIиялъе, батIи-батIиял улкабазул гIалимзаби цолъарал
проектал ва программаби тIуразариялъе, нилъер Дагъистаналъул гIелму къватIисел пачалихъазул
гIелмуялъе асар гьабулеблъун, пайдаяблъун, гьениб машгьураблъун лъугьинабиялъе.
Гьев вищун вукIана Грузиялъул Миллияб гIелмабазул академиялъул членлъун, жамгIияллъун
рикIкIунел гIемерал гIелмиял академиязул хIакъикъияв членлъун, Россиялъул
тIабигIиял гIелмабазул академиялъул (РАЕН) академиклъун.
ХIамзатов вукIана жиндирго эмен – ЦIадаса ХIамзатил, вац – Расул ХIамзатовасул
цIар тIадегIанаб даражаялда цIунаравлъун. Инсулги васазулги пагьму-гьунаралъул цIвабзазул
кунчIиги ва каламалъул пасихIлъиялъул гъотIол пихъазул гьуинлъиги лъугьана
Дагъистаналъул рухIияб культураялъул ва гIелмуялъул гIаламатлъун.
вукIаниги, ахирал соназда ХIажи ХIамзатович гъираялда гIахьаллъулаан киналго гIелмиял
форумазда. Жиндаго цадахъ хIалтIулезул ва жиндир цIалдохъабилъун рикIкIунезул ракIазулъе
бачIунеб бугин кколаан гьесул жигар-шавкъалъул ва гIелмуялдехун бугеб
рокьиялъул гучаб асар. Гьесда цадахъ хIалтIизе, гьесухъ гIенеккизе рес ккей,
лаборантасдаса байбихьун, гIелмабазул докторасде щвезегIан, киналго гIелазул гIалимзабаз
Цоги
дие бицине бокьун буго ХIажи ХIамзатовичасул хIикматаб, цIакъго къанагIат
гурони гIемерисев чиясул букIунареб гIамал-хасияталъул хIакъалъулъ. Дида гьев
вихьана гIемерал гIелмиял конференциязда ва цогидалги тадбиразда. Жинда цадахъ
хIалтIулел гьес кидаго сверун ккун рукIунаан гIажаибаб хинлъиялдалъун ва
хIикматаб хIурмат-адабалдалъун. Гьесда аскIор ругеб мехалъ цого заманалда
киназулго ракIазулъе лъугьунаан цо кинабалиго квегIенлъи,
рахIат, ракIчIей ва жавабчилъи.
кутакалда бокьулаан жиндирго халкъ, лъалаан гьелъул тарих, культура ва
цогидабги. Гьесда бацIцIадго ва камилго лъалаан магIарул мацI ва рахьдал
мацIалда цIакъ берцинго хъвадарулаан.
ХIамзатовасе цIакъ бокьулеб букIараб Институталъул хIалтIухъабазул ва
гьудул-гьалмагъзабазул рекIелъ даималъего хутIизе буго гIелмуялъе сайгъат
гьабураб гьесул гIумруялъул мисал. Нижеда киданиги кIочене гьечIо гьесул
гIаданлъи ва гIадатлъи, гIадамаздехун гIорхъи гьечIеб рокьи, рекIел бацIцIалъи
ва сахаватлъи. Нижеца хадубккунги гIумруялъулъ хIалтIизаризе руго гIасрабаз
халатбахъараб ва щулалъараб Дагъистаналъул ва Северияб Кавказалъул халкъазул,
гьезул гIелмуялъулги культураялдаги лъикIал гIадатал, щай гурелъул гьел нижер
ракIазулъе лъугьинарун рукIиндал ХIажи ХIамзатовичас.
сверухъ ругезул ракIазулъе ритIухълъиялъул асар лъугьинабизе гьунар бугев,
гIакъилав, камилав ва, гьебго заманалда, цIакъго гIадатияв, гIаданлъи кIудияв, гIадамал
хирияв гIалимчи вукIана академик ХI. ХIамзатов. Гьесул цIар дагъистаниязул
рекIелъ хутIана Дагъистаналда тIоцевесев академик вукIиналъ гуребги,
гIелмуялъул унго-унгояв, хIаракатав гIуцIарухъан хIисабалдаги. Гьес
Дагъистаналъул гIелмияб централъе бетIерлъи гьабуна гьелъул тарихалъулъ бищунго
нухмалъи гьабуна ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб МацIалъул, адабияталъул ва
искусствоялъул институталъе, дол соназда гьеб сверана Россиялъул Югалда бищунго
кIудияб гуманитарияб гIелмияб идараялде.
ХIамзатов вукIана къанагIатаб гьунаралъул гIалимчи, гьесда кIолаан сверухъ
ругезул гIакълу -пикруялъе, гIамал-хасияталъе лъикIаб асар гьабизе.
ХlАЖИМУРАД: ХlАКЪИКЪИЯВ ВА ЛИТЕРАТУРИЯВ
апрелалда, цебеккун лъазабун бук1ахъе, райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда
бугеб маданияталъул к1алг1аялда т1обит1ана т1адехун рехсараб темаялда тарихияб
лекция. Гьеб бачине яч1ун йик1ана машгьурай тарихч1ужу, тарихиял г1елмабазул
кандидат, Россиялъул г1елмабазул академиялъул (РАН) Москваялда бугеб
Тарихч1ужуялъул г1умруялъул ва г1елмияб х1аракатчилъиялъул
х1акъалъулъ къокъго бицана республикаялъул Тахо-Годил ц1аралда бугеб Миллияб
музеялъул Хунзахъ бугеб филиалалъул г1елмияв х1алт1ухъан ва юридикиял
г1елмабазул кандидат Мух1амад
баркала буго жакъа гьаб тадбир г1уц1изе х1аракат бахъанщиназе. Гьадинабго
лекция т1обит1изе рак1алда буго Мах1ачхъалаялдаги. Амма гьелдасаги цебе гьаб
данделъи цин т1оцебе Хунзахъ т1обит1иялъул дие к1вар ц1ик1к1араб бук1ана. Жакъа
г1емерал бугьтанал лъолел ва ц1арал ч1валел руго Х1ажимурадида. Г1умрудул
г1иц1го 36 сон гурони бач1ониги, гьес нахъе тараб тарихияб ирс ц1акъго к1удияб
буго. Гьединлъидал наибасул ц1аралда сверухъ унеб бугеб даг1ба-раг1и жеги
г1одоцунеб гьеч1о. Цо-цояз гьеб х1алт1изабулеб буго халкъалъул жидерго тарихияб
бич1ч1и хисизабиялъе квег1енаб т1аг1еллъун. Дунялалда наиб машгьурлъана Лев
Толстоясул «Х1ажимурад» повесть къват1ибе бач1ун хадуб. Гьелъул маг1на кколаро
рехсараб асар басмаялде бахъизег1анги наибасул ц1ар халкъалда жеги раг1ун бук1инч1ин
абураб. Щайгурелъул, Кавказалъул рагъдаса хадуб гьесул х1акъалъулъ хъвана
г1емерал мемуаразда. Амма х1акъикъияв Х1ажимурад г1емер бат1ияв вук1ана
литературияв героясдаса. Гьединго наиб г1емер рехсон вуго халкъияб к1алзул
гьунаразулъ. Гьеб ккола кутакалда к1вар бугеб х1ужа. Щайгурелъул, жакъа рес
буго, заказги кьун, пуланав чиясул х1акъалъулъ бокьараб кеч1 яги цогидаб асар
х1адуризе. Амма доб заманалда, узухъда, гьединал ресал рук1инч1о, гьединлъидал,
халкъияб к1алзул гьунаралъулъ рехсезе ккани, халкъалда живго вихьизавизе
кколаан. Гьединлъидал фолькор ккола доб заманалда г1умру гьабун рук1арал, ай,
Гьелдаса хадуб 4 саг1аталъ халат бахъараб лекциялда
тарихч1ужуялъ, рик1к1ен тун г1емерал тарихиял х1ужабазде мугъч1вайги гьабун,
г1ат1идго бицана х1акъикъиявги литературиявги Х1ажимурадида гьоркьоб бугеб
бат1алъиялъул. Ахиралда г1одор ч1араз кьуна жидерго суалалги.
ЦlИЯЛ НУХМАЛЪУЛЕЗУЛ ХlАЛТlУДАСА РАЗИ ХУТlАНА
анкьалда райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевгун, гьесул заместитель
Х1усен Г1умаровгун ва отделалъул
цогидал специалисталгун цадахъ районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас сапар бухьана районалъул гъутабазда ругел
нухмалъулезул предприятиязул хlалтlухъ. Т1оцере гьел щвана Г1обода росдал Ленинил
ц1аралда бугеб СПКялде. Рехсарасаб маг1ишаталда х1алт1и г1уц1ун буго
г1олохъанав ва бажари бугев нухмалъулев Х1ажимурад
Нажмудиновасул нухмалъиялда гъоркь. Гьев председательлъун ккедал, бук1ун
буго 83 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул, гьанже г1ун буго 150 бет1ер, гьездасан 109
беч1ч1улеб г1ака. 320 бет1ер г1и-боц1ул бук1араб бак1алда лъугьун буго 615.
Исана 40 гектаралда гьабун буго хаслихъе рекьи, гьанже х1адурулел руго ихдал 90
гектаралда суданка бекьизеги. Босун буго х1ажатаб техника, гьединго капиталияб
ремонтги гьабун къач1ан буго гъоркьго бук1араб техникаги. Жакъа къоялде
маг1ишаталда х1алт1улев вуго 14 чи ва гьел киназего ригьда кьолеб буго мухьги.
Гьединго СПКялъул х1алт1ухъабазе бан буго офисалъулаб къайи-къоноялдалъун
хьезабураб ц1ияб минаги. Х1аракат бахъулеб буго росдада квер ч1вазеги. Жигараб
г1ахьаллъи гьабулеб буго росулъ т1орит1улел спортивиял, гурх1ел-рах1муялъулал
жамг1иял ва цогидалги тадбиразда. Гьедин, араб соналъ росдал х1ажалъабазе биччан
буго 400 азарго гъурущ г1арцул. Жамаг1аталда цебе кьун буго гъоркьисала гьабураб
х1алт1улаб къокъа рещт1ана «Гъоркьоло» СПКялда. Гьенибги хъулухъалде т1амун цо
даражаялда. Маг1ишаталда буго 25 ч1ег1ерх1айван, гьездасан 10 г1ака, 1400
бет1ер г1и-ц1ц1аназул, гьездасан 1100 чахъу. Х1алт1илев вуго 5-6 чи ва 2
спецтехника. Ц1акъго лъик1 т1обит1ун буго исана г1и къинлъиялъул компания.
Унго-унголъун жиндирго х1алт1иги бокьулев, рак1 унтун жинда т1ад къараб
Х1алт1уде
«Гьамишт1а» СПКялъги. Хьихьун буго 200 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул, гьездасан
130 г1ака, къокъаб заманалда жаниб к1иц1ул ц1ик1к1ун буго гьоркьохъеб
къаг1идаялъ х1исаб гьабун цо г1акдадаса беч1ч1улеб рахьдал къадар. 35
гектаралда гьабун буго хаслихъе рекьи, гьебго 30-35 гектаралда люцерна
бекьизеги х1адурулел руго. Гьезул вуго 10-15 х1алт1ухъан ва 8 едицица
Специалистал
щвана районалъул бищун лъик1ал маг1ишатазда гъорлъ рехсезе бегьулеб сахъадерил
х1аракаталдалъун маг1ишаталъул г1умру лъик1аб рахъалдехун хисун буго. 77 бет1ер
ч1ег1ерх1айвалдасан г1ун буго 170, гьездасан 70 г1ака. 350 бет1ер гурони
бук1инч1еб г1и-ц1ц1аназул къадарги бахинабун буго 700 бет1ералде. Маг1ишаталда
вуго 9-10 х1алт1ухъан ва 4-5 единица техникадул. Араб соналъ росдалъ х1ажатал
т1уразе предприятиялъ кьун буго 3 млн гъурущги.
Рехсарал
маг1ишатаздеги щун, гьениб бихьаралъул х1исабги гьабун, росдал маг1ишаталъул
отделалъул специалистаз лъик1аб къимат кьуна ц1иял нухмалъулезул
СУНДУХЪХА ДАГЪИСТАНИЯЛ РОКЬИЛЕЛ?
Дагъистан, 05.
Къого соналъ цебег1анго дадал г1арцуца къват1исеб
х1укуматалда г1умру гьабизе ворч1арав «ц1ияв дагъистанияс» хъван бук1ана «Щай
дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ват1аналде «лаг1араб» макъала.
Гьелда ничгьеч1ица жужах1алъул къавмалъулг1анги рехсеч1еб г1унгут1и тун
Амма дагъистанияз щибаб къойил (СВОялда, ракълилаб
г1умруялда т1абиг1ияб балагьалъул къох1ехьеялда…) рихьизарулел бах1арчиял
гьунараз, ях1 бугел ишаз кьарияб килас лъола дов хиянатчияс къираралъул
г1аксалда иш бук1иналда т1ад.
х1албихьилъун-107 соналъ бук1инч1еб г1адаб гучаб т1абиг1ияб балагьалъул
асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мац1 лъалареб боц1и. Метеорологаз
моц1ие бегьулеблъун бихьизабураб ц1адал къадаралдаса 417 % ц1ик1к1ун бана гьеб
Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб. Ралъад т1ун бараб ц1адал
гучал иххаз риххизаруна кьоял, нухал, маххул нухал, лъелги токилги мухъал. 800
хъизам хут1ана г1умруялъ данде гьабураб г1арцухъ бараб мина картги гьеч1ого,
гъанкъана 1200 ах-хур, рик1к1ен къосинебг1ан г1емер рукъалъул боц1и-панз.
Канлъигун бухьен гьеч1ого хут1ана бащдаб миллионалдасаги ц1ик1к1ун чи. Дир
Амма дие жакъа гьелъул гуро бицине бокьун бугеб. Ц1об
Г1ат1идав Аллагьасде жидерго бугеб мут1иг1лъигун, рак1разилъи-имангун къулч1ана
ват1анцояз т1аде бач1араб къварилъи. Гьале, машинабиги ричун гумузда хьвадизе,
лъеда т1ад г1умру гьабизе ругьун гьарилилан махсараби гьарулелцин дир аваданал ват1анцоязул
цо-цоял….
Гьеб батизе бегьула, къанаг1атаб унтуца хвалил к1ич1икье
ккарал лъимал хвасар гьариялъе анкьида жаниб жидерго мукъсанаб «бищунго
Жидерго г1умруялъе х1инкъигун бехе унеб гьалагаб г1урулъе
Т1абиг1ияб балагьалдаса хадуб жиде-жидер рокъоре,
гостиницабазде гьоболлъи базе г1адамал ах1улел, лъадал балагьалдалъун машинаби,
техника хваразул гьеб къач1азе, бихха-хочи ккараб бак1алдаса кьишни нахъе
босизе, насосалъ лъим ц1узе х1адурал ругин ах1и барал рик1к1ен г1емерал
Хасаб тахбак1 дир рек1елъ гьал г1ажаибал г1адамаз ккун
батила дол ч1ег1ерал къояз рокъоса къват1ире рахъине санаг1ат гьеч1ел
херал-беццазе рокъо-рокъоре къвариг1араб-тараб босун ун бихьизабураб
Узухъда, хъизамалда цог1аги сурукъ гьеч1ого хут1уларин
абухъе, камуларо жал думалъго гьанир хут1изеги ругин, сират1алъул кьоги
ришватги кьун бахинин рак1алде кколел хъант1елалги. Гьединалха доб гьекъолеб
лъел 5 литралъухъ 170-180 гъурущ ах1улел даранчаг1иги, гьадаб г1ала-гъважаялда
гьоркьоб нухлул х1акъ анц1го нухалъ ц1ик1к1ун босарал таксисталги. Гьединазе
Реццалъул хъорщодайин абуни ч1вала «Тооба» рах1муялъулаб
кумек бак1арулеб платформаялда чваххунц1адаздалъун зарал ккаразе 30 млн. гъурущ
ц1арги бахчун садакъа гьабурав «Египетский мангуст» сахаватчи. Ялъуни 1957
соналдаса нахъе Хасавюрт районалде бахъараб нилъер г1адамаздасан г1уц1араб
Шагьада росулъа свак лъаларев экскаваторщик Г1алисканди. Гьев г1олохъанаб гуреб
ригьалъул чи я жиндаго, я жиндирго техникаялда барахщич1ого сордо-къоялъ
х1алт1ун вуго росуцоязул буголъи хвасар гьабизелъун. Шегьдерил росулъ бащдаб
къадар рукъзабазул гъанкъич1ого хут1ун буго гьесул зах1маталдалъун. Жив
халкъалда лъазе мустах1икъав вуго Шодродаса Хат1иб абурав бах1арчиги. Жиндирго
к1ит1алаяб рукъ лъеда гъоркье ун къварилъиялда вугев гьесул къуват г1ун буго
лъабго лъималгун эбелалъул г1умру хвасар гьабун, гъанкъулеб бугеб жидерго
рокъоса, решеткаги хъухъан, гьел къват1ире рахъизе.
г1олохъаби жанир ругеб? Кодор ккун гьанжего гьанже гьарурал бачал-кьаг1игун
риччарал ракъвач1о гьел гьал зах1матал къояз. Боц1удацин гьезул гурх1елалъул
гучалъ лъил рак1ха чучилареб?
саг1аталда жаниб анлъго «Газель» гьекъолеб лъел ц1езабун къварилъи ккаразе
бит1арал Хунзахъ росдал г1адамал…
дагъистаниял рокьулелали, щай дун гьезда гьоркьоса йик1иналдаса ч1ух1улеяли.
Амма щай? Киназдаго бихьидал гьазул гурх1ел бугел рак1алги бах1арчияб г1амалги,
Хьул буго гьезул г1амалалдаги къох1ехьеялдаги рекъараб кумек
пачалихъалдасан Дагъистаналъул халкъалъе щвезе бук1иналде ва жидерго
Расул Х1амзатовас жиндирго ват1аналъул бицунаго абулаан
Дагъистаналъул лъабго хазина: ракь (муг1рул, г1ат1иракьал), лъим (Каспий
Жакъа нахъе вук1аравани, рак1 ч1ун абизе к1ола, шаг1ирас
ЩИБ ЧАРХИДА ККВЕЛЕБ ДИР КОЧlОЛ БАКЪАН
Казиев рак1алде щвезавиялъе г1оло бюст-памятник рагьана республикаялъул
тахшагьаралда, Тахо-Годил ц1аралда бугеб миллияб музеялда. Исана гьес т1убалаан
раг1арав скульптор Мух1амад-Г1али Г1алиевас. Памятник рагьиялъул тадбиралда
г1ахьаллъи гьабуна хъвадарухъанасул г1ага-божараз, гьесул
гьудул-гьалмагълъиялъ, художниказгун архитектораз ва журналистаз.
Данделъараз хъвадарухъан рак1алде щвезавуна сих1къот1иялъул
драматург, публицист, тарихчи Шапи Казиев гьавуна 1956 соналъул 27 марталда
Хунзахъ районалъул Г1обода росулъа офицерасул хъизамалда.
Исана гьев гьавуралдаса тӀубана 70 сон. БитӀун бицани, хӀинкъадго ва нечадго
хъвалеб буго дица гьаб макъала. Гьелъие буго кӀудияб гӀиллаги. Газеталде ячӀаралдаса нахъе дун хӀалтӀулей
йиго адабияталъул отделалда. Гьоркьоса къотӀичӀого хъвала авар адабияталъул классиказул,
шагӀирзабазул хӀакъалъулъ. Хъвала жакъа къоялъ хъвадарулезулги гъез къватӀире
риччарал тӀахьазулги хӀакъалъулъги. Гьеб киналдего тӀадеги - дир эбел кколаан Г1обода
росулъаги. Амма Шапил хӀакъалъулъ хъвазе рак1алдеги ккун, дун яккана интернеталде
- дирго беразда божуларого, чанго нухалда тӀатӀала юссун, цӀалана- Шапи Казиевасе
2016 соналда кьун букӀун буго «Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан» абураб
цӀар. Цинги кинха нечеларей! ТӀоцебе рагӀулеб букӀана гьеб рохалил хабар дида -
Хунзахъ районалдаса халкъиял шаг1ирзаби рехсолелъул, гьесул цӀарго бахъулароан.
Кидаго абулаан анлъго халкъияв вугилан абун. Ва гӀагараб районалъул бечедаб
адабият дагьабги бечед гьабуна цоги цӀаралъ. Районалда вахъарав тӀоцевесев халкъияв
хъвадарухъан. ХӀамзатги, Расулги, Фазуги, Заидги, ГӀабасилавги, Залмуги - шагӀирзаби.
ЦӀакъ йохана гӀицӀго гьев Хунзахъ районалдаса вукӀиналъ гуребха, магӀарулав вукӀиналдасаги.
Г1емерлъаги нилъер миллаталъул адабияталда халкъиял хъвадарухъабиги шагӀирзабиги.
Гьаб хабаралдаса хадуб ракӀалде ккана цоги нухалда Шапил творчествоялде
тӀадюссине. Биччанте гьаб макъалаги букӀине гьелъие хъвараб гьитӀинабго
соналда Шапи Казиев цӀализе лъугьана Москваялде, ВГИКалъул сценариялъул
факультеталде (кинематографиялъул институталде). Москваялъул ва Дагъистаналъул
театразда лъуна 30-ялдасаги цӀикӀкӀун пьеса. Гьезда гьоркьобги бищунго
машгьураблъун рикӀкӀине бегьула «Насрудинил меседил хӀама» («Золотой осел
Насреддина») абураб, улкаялъул гӀемерал театразул сценаялда лъураб спектакль.
1992 соналда Москваялда гьес рагьана «Кавказалъул дандерижи» («Эхо Кавказа») абураб басмахана
ва гьабуна гьелъие нухмалъи. Дагьабги машгьурлъи Шапие щвана, «Имам Шамиль»
абураб тӀехь хъвайдал, «АхӀулгохӀ» абураб тӀехьалъухъ гьесие щвана Дагъистаналъул
Пачалихъияб премия (2015с.) Ш. Казиевасул «Горская азбука» абураб тӀехьалдаса
жакъа къоялъги пайда босизе бегьула учительзабаз школалда. Г1урус мацӀалда хъвараб
тӀеренабго тӀехь бугониги, гьелъул кӀудияб кумек буго рахьдал мац1 цӀуниялъулаб
тарбия кьеялъе. Гьединго гьев ккола ХӀамзатил Расулил хӀакъалъулъ бахъараб «Расул
Гамзатов. Моя дорога» абураб фильмалъ сценарай хъварав чиги. Щулияб бухьен
букӀана гьезул - Расулилги Шапилги. Абула шагӀирасул «Нухалги мехалги» абураб
поэмаги Шапие сайгъат гьабураб бугилан. Шапица, цебераг1иги хъван, гӀурус
мацӀалдеги буссинабун буго гьеб. Шапи Казиев кколаан СССРалъул гӀолохъанал
драматургазул ассоциациялъул президентлъунги СССРалъул Культураялъул министерствоялъул
эксперталъулаб союзалъул членлъунги.
Халкъияв хъвадарухъан Шапи Казиев вукӀана Дагъистан Республикаялъул искусствоялъул
мустах1икъав хӀаракатчиги. Гьев мустахӀикълъана «За заслуги перед Республикой
-«Крах
тирана», «Яхта олигарха», «Горцы Северного Кавказа», «В раю, проездом». Гьединго
суратаздалъун берцин гьарурал «Имам ГъазимухӀамад», «Имам Шамиль» энциклопедиял.
Хъвадарухъанасул асарал руссинарун руго ингилис ва болгаразул мацӀазде.
Жиндагоги лъалаан гьел мацӀал.
мустахӀикълъана Р. ХӀамзатовасул цӀаралда бугеб КӀудияб литературияб премиялъе.
«За профессиональное мастерство», «Лучшие перья России» премиязе ва цогидалги
РУКlИНЕСЕЛ НУХМАЛЪУЛЕЛ ХlАДУРУЛЕБ КЪЕБЕЛЪУХЪ
къоязда байбихьана Дагъистан республикаялъул Бет1ерасулгун Х1укуматалъул
Администрациялъ Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул
г1ахьачаг1аздагун ветераназда гьоркьоса махщел камилал нухмалъиялъул кадрал
х1адуриялъул мурадалда г1умруялде бахъинабулеб бугеб «Доблесть гор» абураб
программаялъул лъабабилеб модуль. Гьелъул модератораллъун ккола улкаялъул
Президентасда цебе бугеб Россиялъул халъкъияб маг1ишаталъулгун пачалихъияб
хъулухъалъул пачалихъияб управлениялъул т1адег1анаб школалъул (РАНХ и ГС)
экспертал, ай программаялъул г1ахьалчаг1азе лъай кьолеб буго улкаялъул бищунго
лъик1ал муг1алимзабаз. Гьедин, к1иго анкьица халат бахъине бугеб модулалда
рекъон гьелъул г1ахьалчаг1аз камил гьабизе буго регионалиябгун муницалияб
Рехсараб
программаялда г1ахьаллъи гьабулеб буго нилъер ракьцояв, Хунзахъ росулъа Т1алх1ат Мух1уевасги. Конкурсалъул
х1асилазда рекъон байбихьудасанго гьелда г1ахьаллъарал 1500 ялдасаги ц1ик1к1ун
чиясда гьоркьосан гьев ворч1ун вуго т1аса рищарал финалистазул 35 чиясдасан
г1уц1араб сиях1алде.
Т1алх1ат
Мух1амадович гьавуна Хунзахъ росулъ 1990 соналда. Г1агараб росдал школалдаса
хадуб, Дагъистаналъул пачалихъияб аграрияб университетги (ДагГау) лъуг1изабун,
гьес жиндирго г1умру бухьинабуна рагъулаб хъулухъалда. Хъулухъ гьабуна
разведкаялъул подразделениялда. СВО байбихьарал т1оцересел къояздаса нахъе
жигараб г1ахьаллъи гьабуна Ват1аналъул х1инкъи гьеч1олъи ва интересал ц1унун
т1обит1улеб къеркьеялъулъ. Г1ахьаллъана Запорожь областалъул территория эркен
гьабиялъулъ ва бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ мустах1икълъана «За отвагу»
медалалъе. Амма рагъулал тунка-г1усиязда ругъунги щун, хадубккун хъулухъ
хъулухъалдаса хадуб Т1алх1атица жиндирго профессионалияб х1аракатчилъи
бихьизабулеб буго гражданазулаб бут1аялда. Гьабсаг1аталда х1алт1илев вуго
республикаялъул Ралел бак1азулгун, архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялде
гъорлъе унеб «Дирекция единого государственного заказчика-застройщика»
х1алт1улев вук1ана министерствоялъул г1уц1иялда. Конкурсалда анкета ц1олаго,
рак1алде ккун бук1инч1о гьелъул программа гьадиг1ан г1ат1идаб батилилан. 1500
г1ахьалчиясда гьоркьоса т1аса вищарав 35 финалистазул сиях1алде ворч1изеги
расги бигьа бук1инч1о. Х1акъикъаталдаги, программа буго г1ат1идаб ва г1емер
рахъал жанире рачараб. Гьеб г1уц1ун буго 4 модулалдасан ва гъорлъе рачун руго
пачалихъияб нухмалъиялъул киналго рахъал. Модулазда гьоркьобин абуни,
теориялъулаб бут1аялда щвараб махщелгун лъай щула гьабула практикаялда. Ц1али
г1уц1ун буго Дагъистаналъул бат1и-бат1иял территориязе хасиятал х1акъикъиял
кейсазул гьабураб анализалъул кьуч1алда. Руго ц1акъ лъик1ал шарт1ал ва жидер
бечедаб х1албихьи бугел республикаялъулгун т1олабго улкаялъул бищунго лъик1ал
экспертаздасан лъай босизе ч1езарун руго киналго ресал. Щивасда хадув
вухьинавун вуго республикаялъул Бет1ерасулгун Х1укуматалъул администрациялъул
ТlАЛХlАТ АХЪБЕРДИЕВ
къадаралде щвана гьаб хирияб Рамазан моц1алъул ахиралда.
Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович гьавуна 1938 соналъул 24
августалда Хунзахъ росулъ рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда. Инсуца рагъулаб
хъулухъ гьабулеб Украинаялъул Львов областалда бук1уна Ахъбердиевазул хъизам
рагъ байбихьараб заманалда. Кодов ккун Т1алх1атгун, ургьиб цойги лъимергун,
г1емераб зах1малъи-г1акъубаги бихьун т1адюссуна гьезул эбел 1941 соналъ
Хунзахъе. Цин Хунзахъ анкьгосонилаб, 1952-1955 соназ Г1арани гьоркьохъеб
школаги лъуг1ун Т1алх1атица т1убазабуна гьит1инаб къоялдаса нахъе жиндирго
бук1араб анищ-гьев ц1ализе лъугьуна Мах1ачхъалаялъул Дагъистаналъул
Училищеги лъуг1изабун, г1олохъанав фельдшер 3 соналъ
х1алт1ула Хунзахъ районалъул сахлъи ц1униялъул цолъиялъул фельдшерлъун. Хадув
х1алт1ула Хунзахъ росдал участкаялъул больницаялъул заведующийлъун.
Рак1бац1ц1адаб хъулухъалъе г1оло Т1алх1ат мустах1икълъула СССРалъул Баг1араб
Доб мехалъ райбольницаялъул бет1ерав тохтурлъун х1алт1улев
вук1арав Дибирчуев Сахуца кьураб лъик1аб характеристикагун 1961 соналъ
Ахъбердиев ц1ализе лъугьуна Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул
1967 соналъ гьебги лъуг1изабун, х1алт1изе вит1ула Гъизилюрт
районалъул больницаялде гьоркьобе унеб бук1араб Гъулгъутаналъул участкаялъулаб
больницаялъул бет1ерав тохтурлъун. Гьенив х1алт1улаго, ц1алун лъуг1изарула
1969 соналда Ахъбердиев х1алт1изе вит1ула хъутабазда ругезе
хъулухъ гьабулеб амбулаториялъул заведующийлъун. Гьелдаса хадуб х1алт1изе
вачуна Гъизилюрталъул ЦРБялъул терапиялъул отделениялъул тохтур-ординаторлъун,
рехсараб отделениялъул нухмалъулевлъун.
Бат1и-бат1иял соназ ц1алана лъай борхизабиялъул курсазда: 2
нухалъ Ростовалда, Москваялда, Тбилисиялда ва чанц1улго Мах1ачхъалаялда.
Иманшапиг1ович мустах1икълъана «СССРалъул сахлъи ц1униялъул отличник»,
«Дагъистаналъул мустах1икъав тохтур» абураб т1адег1анал ц1аразе, рик1к1ен
г1емерал Х1урматалъул грамотабазегун дипломазе. 2008 соналдаса нахъе кколаан
2012 соналда мунагьал чурадие кьуна «Дагъистаналъул
г1олилазул насих1атчи» абураб цойги х1урматияб ц1ар, кколаан Россиялъул
Гьит1инго рагъалъ эменги вахъун хут1арав бесдалав вук1аниги,
Т1алх1ат гъираялда г1ахьаллъулаан киналго жамг1иял тадбиразулъ, дандч1валаан
г1олилалгун, г1емерго хъвадарулаан г1агараб районалъул газеталде, рак1 унтулаан
2016 соналъ къват1ибе бач1ана Т1алх1атил шиг1риял асаразул
Пагьму-гьунар бугев хъвадарухъан, журналист, ц1ик1к1арав
насих1атчи, лъик1ав тохтур, рак1 разияв, аваданав инсан Т1алх1ат Иманшапиг1ович
киданиги рак1алдаса инаро гьев лъалев вук1анщиназул.
зигара балеб буго мунагьал чурадил яц Умужатида, хъизамалъул чаг1азда, т1олабго
г1агарлъиялда, гьудул-гьалмагъзабазда. Аллагьасда цевеги
АБУЕВАСУЛ ХlАЛАЛАЛ ТlАГlАМАЛ
Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (жинда салат-салам лъеяв) абулеб
буго: «Бищунго лъик1аблъун ккола: «Гъорлъ х1илла-рек1к1, х1арамлъи гьеч1еб
даранги, чияс жиндирго квералъ гьабураб х1алт1иги»ян. Гьелда хадув вилълъун
х1алт1и г1уц1арав бизнесмен ккола нилъер районалъул К1ахъ росулъа Абуев Х1амза
Салманович. Гьесул бажариялъулги, сахал ишазулги, росдае гьабулеб кумекалъулги,
г1умругун х1ежалде унезухъе кодоре кьолел жидецаго риччалел ниг1матазул ц1урал
къуч1бузулги цебе-цебеги г1емерго бицунаан дие к1ахъияз. Гьале жакъа диего рес
щвана гьит1инаб хъизамалъулаб ишалъул к1удияб дармил рукъ г1уц1иялъул,
халкъалъул рак1ал х1айран гьарулел ниг1матал (х1айваналъулгун г1анк1уялъул
гьаналдаса байбихьун гьелъул гьарурал колбасабигун сосискаби, рулетал,
тушенкаби ва гь.ц.) къват1ире риччаялъул х1акъалъулъ балъголъаби машгьураб,
«Абуев» ан ц1ар тараб дармил рукъалъул генералияв директорасухъа росун, нужее
-Х1амзат
Салманович, щибаб ишалда гьоркьоб бук1ине ккола рух1ияб къанун (кредо). Дуца
-Дица
гьаб ишалде байбихьарал 2015-17 соназ, гьаб бук1ана хъизамалъулаб бизнес,
т1оцересел х1алт1ухъабиги рук1ана хъизамалъул цересел чаг1и, дунго. Х1алт1ул
мурадги бук1ана х1арамаб, болъонил гьанги, гьелдасан гьарулел т1адежуралел
т1аг1амалги, бегьуларел специялги гъорлъе журан колбасабиги, г1анк1удал гьанал
цойгидал ниг1маталги гьарулел к1арчамал пишачаг1и даран-базаралдаса нахъе цуй,
бусурбабазул республикаялда г1адатал г1адамазухъе жидерго напсалъе къабулаб
ниг1мат т1аса бищизе ихтияр кьей.
Гьелъие
г1оло нижеда т1адаб бук1ана свак тун ва жеги лъик1аб даражаялда х1алт1изе,
ассортимент ц1ик1к1инабизе, ниг1матазул т1аг1ам нижерго хаслъигун
гьуинлъизабизе. Абизе к1ола, дол соназ х1алалал гьанал ниг1матал риччазелъун
х1алт1изе лъугьарал дунгун мурадцоязда к1ванин 80-90 % якъинго болъонил гьангун
х1алт1улел комбинатазул («Сочинский», «Царицыно» г1адал) х1алт1и нахъе цузеян.
Рецц Аллагьасе буго. Гьеб умматалъе пайдаяб ишалъулъ квербакъараб «Абуев»
дармил рукъалъул аслияб къанунги буго: т1оцебесеб иргаялда къват1ире риччалел
ниг1матазул х1алаллъи, к1иабизе-качество. Г1адатаб мац1алъ абуни, нилъеда
мух1канго лъазе ккола щиб нилъецаго кваналеб бугебали, цо. Щиб нилъеца лъималазе
-Гьабсаг1ат
г1емер руго гьанал лавкабигун тукаби, дур Гьанал Рукъалъул ниг1матал г1адамазе
къабуллъиялъулъ бугищ кинаб бук1аниги балъголъи?
пикруялда, г1адамазда бич1ч1улеб буго нижеца даран гьабиялда ч1обого хут1ун
бук1араб х1алал-х1арам ц1ехеялъул, гьеб х1алт1и дурусго лъазабиялъул бак1 ккун
бук1ин. Нижеца лъазабула щивав боц1и хъолесул, нижее гьан бичулесул иман
буголъи, как-к1ал. «Бисмилляh» бахъун гурого гьез
х1айваналъул гарбида нус лъоларо. Гьединал рак1ч1арал, Аллагьасукьа х1инкъарал
г1адамалгун гурого къот1и-къайги гьабуларо нижер комбинаталъ.
исламияв г1алимчи, медицинаялъул г1елмабазул доктор, Ливаналдаса
Мух1амад-Х1амидгун кин дур лъай-хъвай ккараб? Досул кинаб къиматаб г1ахьаллъи
машгьурав тохтур, хъизамалъулав психолог, шайих Мух1амад-Х1амидгун дир
лъай-хъвай ккана х1ежалда, к1иго соналъ цебе. Гьев вуго кутакалда г1елмуги
гъваридав, Аллагьасул нухги ккурав, иман ц1ик1к1арав, т1аде рак1 ц1алев инсан.
Ниж жеги г1агарлъана гъоркьисалаги добго хирияб х1ежалъул ракьалда данделъидал.
Узухъда,
гьев живго тохтур вук1иналъги, х1алал-х1арам бич1ч1арав муъминчи вук1иналъги
нижер х1алт1уе бит1араб, рит1ухъаб къимат кьезе лъана гьесда. «Абуев» дармил
марка машгьур гьабиялъеги к1удияб кумек ккана гьес жиндирго социалиял
гьиназдасан нижер ниг1матал гьарулеб, исламалъул т1алабал т1уразарураб нухалъул
-Чан
чи цехалда х1алт1улев вугев, харж-мухь х1алт1ухъаби разияб кьолищ, кинал
жакъа къоялда х1алт1улев вуго 65 г1ан чи. Дица х1аракат бахъула гьезие
мустах1икъаб харж-мухь ч1езабизе, гьел щибаб къойил гъираялда х1алт1уде
рач1унел шарт1ал г1уц1изе. Гьедин, щибаб лъаг1алил байбихьуда, кванил
ниг1матазде ва цойгидазде ц1ик1к1унел ругел багьабиги х1исабалде росун,
рахинарула х1алт1ухъабазе харжал. Лъик1ал махщалилал, иман бугел, жидерго иш
бокьулел г1адамал рохизарула багьа-багьана батун. Рак1бац1ц1адго т1ад къараб иш
т1убалев, Аллагь ккурав х1алт1ухъан вуго «Абуев» дармил рукъалъул бищун
-Кин
ц1ик1к1ун даран ккезе байбихьун буго Чачаналъ ва Москваялда, гьенибе уна г1емер
заказ. Ч1ах1иял тукабазда Мах1ачхъалаялдаги руго нижер ниг1матал ричулел,
х1атта, байбихьун буго маг1арухъцин нижерго маркаялъул дармил вакилзаби тезе.
Рецц Аллагьасе, бат1и-бат1иял т1аг1амал риччазе байбихьиялъ нижедехун рак1бай
къо бахъанаг1ан ц1ик1к1унеб буго. Анищ буго щибаб гьит1инаб тукадацин
Г1адамазе
ц1акъ къабуллъана бут1а-рат1а ккун х1адурарал, могьода хьихьарал, г1анк1уязул
гьанал к1унаби, тушенкаби, бат1и-бат1иял тайпабазул ц1урал бакьалгун сосискаби.
Г1емерал
г1адамал рак1арарал, к1удиял дармил центразда ялъуни халкъиял тадбиразда
ч1обого х1ал бихьизе ресги кьола нижеца къват1ибе биччалеб ассортименталъул,
-Гьединал
тадбиразда, социалиял гьиназда г1емерго вихьула нужер производствоялъул бицунев
дур гьит1инав вас Салман. Гьаб, г1олеб г1ел телефоназдегун компьютеразде жанире
араб заманалда, кин к1вараб гьесулъ хъизамалъулаб ишалде рокьигун гъира
х1алт1улъ лъугьунеб лъик1аб-квешалъул рокъоб, хъизамалъулаб гъасдаги г1емерго
бицуна. Гьеб раг1идал, Салмание жиндиего къабуллъана кумек гьабизе вахъине,
гьес гъираялда рахъула «Абуев» дармил рукъалъул цехалдаса бахъараб тукада
тахчаялда лъеялде щвезег1ан х1алт1ул бицунел роликал, лъимадулаб чанк1к1игун,
-Х1амзат,
дур х1алалаб, баракатаб иш рагьаралдаса исана т1убан буго анц1го сон. Кинаб
-Байбихье,
Аллагьасде аманатгун, гьесул кумекалде хьулгун ва кинабго лъик1 ккола гьеб
мехалъ. Г1уц1е Аллагьас ишалъулаб бит1ккей кьезе, церет1езе киналго багьанаби,
хут1араб Х1алк1олес рекъезабула. Дуцаго гьабулеб иш цин дурусго лъазабе, хал
-Х1алалаб
Суратазда:
Исламияв г1алимчи Мух1амад-Х1амид «Абуев» гьанал цехалда,
г1уц1иялъул нухмалъулевгун.
Г1адамазул
церекквеял лъазелъун т1обит1араб иргадулаб цебелъей.
Ракьалда
кьезе х1адурун бахъараб къоялъ т1аде ккана гьукъараб социалияб гьиналдасан
пуланав тохтур Ибрагьимовас г1адамаздехун гьабураб гьадинаб хит1абалде: «Т1олго
дунялалъулаб сахлъи ц1униялъул г1уц1иялъ (ВОЗ) чорхое гьабулеб зияналъул
рахъалъ хъалиманалда ва асбесталда аск1об лъун руго гьанал гьарурал заралиял
жал гъорлъе журарал колбаса, сосискаби г1адал ниг1матал. Х1исаб гьабе, гьедин
х1адурараб, щибаб къойил кванараб цо сосискаялъцин 18 % ц1ик1к1инабулеб буго
чехь-бакьалда рак ккей, кванирукъалъул ва ц1ек1гьаналъул онкологиял лъугьин.
Сахлъиялъе зарал гьабулел жал ккола: берцинаб, баг1арсияб кьер колбасаялъе
кьолел нитритал, бидурихьал хвезарулел трансжирал, ургьисалабазде квешаб асар
гьабулел фосфатал, т1аг1амалъул рецепторал махсароде ккун г1емер кваназе
т1амулел натриялъул глутамат ва гь.ц. Гьединлъидал, колбасагун
сарделька-сосискабазда нужеда Е250, Е252, Е451 хъван бихьани, тукадул
полкаялдаго лъе ниг1мат, нахът1амун теч1ого!»
Ялъуни
т1аса рище х1алаллъи-х1арамлъи ц1ехон гьарурал, х1ал лъалел, рак1бац1ц1адал
нилъерго производителазул ниг1матал. Мисалалъе, Аллагь разилъи кьоч1ое босун
ГlУМРУ ГВАНГЪИЗАБУЛЕЛ
электричество гьеч1ого. Рокъоб канлъиги, хинлъиги, рах1атги-гьеб кинабго нилъее
кьола энергетиказ. Кьварараб хасалил заманалдаги, г1азу бан, ц1ер ч1ван, гьури бахъун,
пири пирхун токалъул кваразе жагъаллъи кканиги, къаси-къад бат1алъи гьеч1ого
гьениреги рортула энергетикал. Нилъер рукъзабахъе канлъигун хинлъи кьей
гуребги, гьезул зах1матаб х1алт1ул х1асилалдалъун, минабазухъе бач1инабула
Жакъа ниж щвана гьеб бигьаяб гуреб х1алт1ул г1уц1иялде
Шамильский электросетазул Хунзахъ бугеб подразделениялде. Гьениб нижеда
дандч1вай гьабуна гьеб г1уц1иялъул начальник хъулухъалъулаб сапаралъ вук1иналда
-Х1амзат Хъазамбиевич, нахъа танин абизе бегьула пуй-ч1вай
г1емерал, квач ц1ик1к1арал хасалил моц1ал. Кин гьел т1орит1арал энергетиказ?
Цебе районалде газ бач1инег1ан г1емерал рук1унаан
трансформаторал рух1ун, авариял ккарал лъугьа-бахъинал. Т1алъиялде газ
бачиналъул х1асилалда, г1емерал бигьалъаби ккана нижер х1алт1уеги, жалго
абонентазеги.
-Бит1араб бицани, киса-кибго улкаялдаго ругел г1адал
зах1малъаби нижедаги дандч1вач1ого хут1ич1о. Гьезухъ балагьич1ого, нижер
32-г1ан чиясдасан г1уц1араб гьит1инабго коллектив къеркьолеб буго нижеда цере
лъурал масъалаби бергьенлъиялда т1уразаризе, х1алт1ул роцен ва жавабчилъи
ц1ик1к1инабизе.
т1уразариялъе г1оло к1вах1 тун х1алт1улеб буго ремонталъулаб бригада, авариял
ккараб бак1алде хехаб къаг1идаялда бекерулеб оперативиябгин выездная бригада,
счетчикал хвараб мехалда гьел къач1алел, хисулел гьелда ругел рихьизариял
рахъулел, базаялде рехулел счетчикал х1алт1изариялъул электромонтеразул
бригада, начальник, заместитель, разноскаялъул оператор, механикал, водителал
ва цогидалги рак1бац1ц1адго х1алт1улел х1алт1ухъаби.
Производствалъул участкаялъ хъулухъ гьабулеб буго районалъул
Энергетиказул щибаб къойилаб бербалагьиялда буго
10-киловольталъул 253 километралъул манзилалда ругел ва 0,4 киловольталъул 270
километралъул манзилалда ругел токалъул мухъал, х1алт1улеб буго 314
трансформатор. Жидер т1алабалде кколел т1олабго халалъиялда ругел токалъул
мухъал гьез т1убараб лъаг1алицаго лъик1аб х1алалда ч1езаруна ва абонентазе
-Зах1матчаг1азе щвалде щвараб хъулухъ гьабиялъе квал-квалал
-Бит1араб буго, цогидал зах1маталъулал коллективазего
г1адин, бигьаго гьеч1о токалъул маг1ишаталъул участкаялъул х1алт1ухъабазеги,
абонентазе лъик1аб даражаялъул хъулухъ гьабизе. Т1алъиялда 10 киловольталъул
мухъалда х1убал хисаниги, газ бачинч1ел 04 киловольталъул мухъазда ругел
Гьоц1алъ ва Харахьи участкабазда руго г1емерал г1унгут1аби. Гьел участкабазда
30-40 соналъ цебе лъурал х1убал басралъун руго. Т1адежоялъе, бух1улеб токалъул
къадар ц1ик1к1ун буго, амма гьелъухъ щолеб г1арац дагьлъун буго. Мисалалъе, 100
гъурущалде ток бух1ун батани, гьелдасан 20 гъурущ гурого щолеб гьеч1о, гьединлъидал,
х1ажаталъе х1алт1изабизе г1арац г1олеб гьеч1о, хиралъун буго токалъул
маг1ишаталъул къайи-къоно. Т1адеялдаса т1аде ц1ик1к1унел руго гьалбал къабул
гьарулел рукъзал. Гьез бух1улеб буго г1емераб ток законияб гуреб къаг1идаялда.
Гьелъул х1асилалда Гьамущи, Г1орут1а, Мущули ва цогидалги росабазул г1адамазул
-Лъала, гьел г1унгут1аби т1аг1инариялъе кинал рук1аниги
г1уц1адго бачине. Гьесул жигарчилъиялдалъун токалъул маг1ишаталде бач1инабуна
ц1ияб, хас гьабураб техника: манипулятор, бурокрановая машина, ц1ияб УАЗ
машина. Дагъэнергоялде ине ккани, гьениве ун, районалъул бет1ерасухъе ине
х1ажалъани, гьесухъе ваккун, г1емерал къвариг1елал т1урала гьес. Юсуп х1алт1уде
-Х1амзат Хъазамбиевич, лъазе бокьилаан цого г1уц1иялда
гъорлъ бугеб электросеталъул энергосбыт цо росулъ, нуж цогидаб росулъ
-Нижер буго 1971 соналъго бан бук1араб басрияб мина. Ц1ияб
базе сурсаталги гьеч1ого руго. Х1алт1ухъабазе г1одор ч1езецин бак1ал
токалъухъ г1арац бак1ариялде ва гьеб жинди-жиндир кколеб бак1алде
-Лъазе бокьилаан ц1иял тарифазда рекъон бух1араб токалъухъ
2025 соналъул 29 декабралда бахъараб буюрухъалда рекъон рихьизарун руго
росабалъ г1умру гьабулел г1адамаз ц1а-кан бакулеб сезоналдаги, бакулареб, газ
минабахъе бачинч1ел бак1аздаги бух1араб токалъухъ кьезе кколел тарифал. Гьелда
рекъон абонентаз 1 кВталдаса бахъараб 2400 кВталде щвезег1ан ток бух1араз цо
киловаталъухъ кьезе кколеб буго-2,80 гъурущ.
бихьизабун буго-3,51 гъурущ;
Печал ракулеб, газги рокъобе бачинч1ел бак1азда цебехун
рехсараб Министерствалъул 2026 соналъул т1оцебесеб ноябралдаса 2027 соналъул 30
щвезег1ан-3,51 гъурущ;
Бихьулеб буго абонентас бух1араб токалъухъ г1арац жиндир
заманалда кьуни, гьесие учузго кколеб бук1ин, киловатал т1аде аралг1ан, 1
г1адин, нужер рокъобе талих1-рохел чвахизе, х1алт1и цебе т1ун ине, риччанте,
нужер щивасе щолел харжал ц1ик1к1ине, премиял г1емерлъизе, токалъул х1убазде
рахунел ругониги, кварал къач1алел ругониги, кибго, сундулъго нуж Аллагьас
ц1унун хут1изе. Щивасе гьарула хинал кабинеталги, авариял ккеч1ого, гьоркьоса
къот1ич1ого бач1унеб токги. Нужеца халкъалъе кьолеб канлъи г1адин, кунч1ун аги
нужер г1умру.
БЮДЖЕТАЛДА ХИСА-БАСИЯЛГУН ТlАДЕЖУРАЯЛГИ ХlИСАБКЬЕЯЛГИ
февралалда райдминистрациялда т1обит1ана районалъул собраниялъул депутатазул
иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ,
администрациялъул х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз ва муниципалитеталда ругел цо-цо
сессия бук1ана гьаб нухалда. Кинабниги гьениб борхана 10 ялдасаги ц1ик1к1ун
Гьездасан аслияллъун рук1ана районалъул бет1ерас ва
заманаялъ полициялъул начальникасул ишал т1уразарулес араб соналъ гьабураб
Исанасеб бюджеталда хиса-басиялгун т1адежураял гьариялъул
Районалъул территориялда муниципалияб халгьаби ч1езабиялъул,
исана районалъул мал-мулкалъул приватизация гьабиялъул прогнозалъулаб план
тасдикъ гьабиялъул, муниципалияб жаниб г1умру гьабиялъул фондалъул (жилой фонд)
минаби х1алт1изаруралъухъ кьолеб мухьалъул къадар ч1езабиялъул низамалда хурхун
положение тасдикъ гьабиялъул ва автомобилалъулаб транспорталда ва нухазулаб
маг1ишаталда хадуб муниципалияб халгьаби ч1езабиялъул положение тасдикъ
гьабиялъул х1акъалъулъ суалазул бицана архитектураялъулгун ракьазул ва
кьуна отделалъ 2025 соналъ гьабураб х1алт1ул х1акъалъулъ. Гьедин, гъоркьисала
районалда хъвай-хъваг1ай гьабун буго 36 такъсиралъул, гьел ккун руго
муниципалитеталъул 13 росулъ. Рагьун буго 31 такъсир. Ккун буго 16 авария,
гьезул х1асилалда хун вуго 1 чи ва лъукъа-къот1ун вуго 7 чи. ОГИБДДялъул
х1алт1ухъабаз г1уц1ун буго 1948 административияб протокол. Гьединго бат1и-бат1иял
лъугьа-бахъиназда ва административиял ихтиярал хвезариязда хурхун гъоркьисала
Цоги депутатазул халгьабиялде босун бук1ана Хунзахъ
кьеялъул суалги. Депутатазул ц1ик1к1унисез рахъги ккун, х1укму гьабуна рехсараб
школалъе официалияб къаг1идаялъ революционерасул ц1ар кьезе.
Бищун ахиралда араб соналъ гьабураб х1алт1ул х1исаб кьуна
Гьеб бицараб х1алалъ х1арп хисизабич1ого кьолеб буго гьаб номералъул жанисел
гьурмазда.