Главная » Архив материалов
Автор Н. Задиев. Июнь 2024 сон.
Нилъер районцоял машгьурал г1адамазул чит1иралда гъорлъ мустах1икъаб, т1адег1анаб бак1 ккола г1адатаб халкъалъул рек1елъ жиндирго нахъе тарал лъик1ал ишаздалъун хасаб тах ккурав, пачалихъияв ва жамг1ияв х1аракатчи Шагьрудин Мух1амадович Шамхаловас.
Щивха вук1арав гьев, исанисеб сон жиндир ц1аралда районалда т1обит1улеб бугев сахаватав инсан?
Ш. М. Шамхалов гьавуна 1914 соналда нилъер районалъул Т1ануси росулъ. Гьит1инго бесдаллъарав гьесие тарбия щвана Буйнакск шагьаралъул лъималазул рокъоб. Хадув ц1алана г1олохъанал рекьарухъабазул, ралъдал ва рагъулаб школазда. Армиялда хъулухъ гьабун хадув х1алт1ана МВДялъул органазда. Гьениса 1936 соналда ц1ализе вит1ана Грозныялъул т1адег1анаб коммунистияб сельхозшколалде. 1939 соналда гьеб лъуг1ун хадув х1алт1ана республикаялъул партиялъул, советиял ва росдал маг1ишаталъул идарабазда.
1948 соналдаса нахъе Шамхалов х1алт1ана Дагъистаналъул консервазул тресталъул управляющийлъун ва 1950 соналда гьев вищана КПССалъул Дагъистаналъул обкомалъул секретарьлъун.
1953 соналда т1амуна ДАССРалъул Министразабазул Советалъул председателасул заместительлъун.1957 соналдаса нахъе Дагъистаналъул Совнархозалъул председателлъун. 1963 соналда, Совнархозал риххун хадуб, х1алт1ана ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместительлъун, хадув-т1оцевесев заместительлъунги.
1970 соналда Ш. М. Шамхалов вищана ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председательлъун ва гьебго заманалда, хъулухъалда рекъон гьев кколаан РСФСРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председателасул заместительги.
|
Автор И. Мухlамадов. Июнь 2024 сон.
Кlиго сон сверана САХ “Благоустройство” гlуцlияллъул нухмалъулевлъун Сайпула Шамхалов таралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги, жакъасеб хlалтlи гlуцlун бугеб къагlидаялъулги, дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун нижеца гара-чlвари гьабуна гlолохъанав нухмалъулесулгун.
-Сайпула Мухlамадович, кинаб букlаниги хиса-баси кканищ гlуцlиялда даниб мун нухмалъуде вачlаралдаса?
-Дун хъулухъалде вачlараб заманалда жаниб гьабураб аслияб хlалтlул бицани, Хунзахъги Гlаранибги гъоркье бетонги тlун, жанибе хlайван баккиларедухъ сверунги къан хlадурана кьишнидул къалазул 15 площадка. Гьединго сверун къана ва видеокамера лъуна Илълъа магlарда бугеб заманаялъ кьишни-къул цlунулеб бакlги. Босана тlаде цоги кьишни баччулеб машинаги.
- Кинаб къагlидаялъ гlуцlун бугеб нужер хlалтlи?
- Нижер вуго 15 хlалтlухъан ва 5 единица техника. Хlажалъи ккун, тlаде росула сезоналъулал хlалтlухъабиги. Гlаммаб къагlидаялъ, нижеца хъулухъ гьабула тlалъиялда бугеб 16 росдае. Гьездасан Хунзахъги Гlаранибги гурони кьишнидул къалал лъун гьечlо, хутlанщинал росабалъеги анкьида жаниб цоцlул нижер кьишни баччулеб транспорт хьвадула. Цоги нижер тlалабалда букlуна Хунзахъ советалде гъорлъе унел росабазул лъел ишги. Нижер рукlуна гlарцухъ гьарулел хасал хъулухъалги. Мисалалъе, цониги чиясе жиндирго рокъобе лъим къваригlун бугони, нижер лъим баччулеб транспорталъ гьеб хъулухъ тlубала. Амма, жамагlаталъе хlажатал хъулухъал нижеца чlобого тlурала. Гьедин, араб соналъул хасалил заманалда Бакьагьечlи росу лъимги гьечlого хутlидал, нижеца гьенибе росдал гlадамазе хlажалъулеб бищунго дагьаб къадаралданиги лъим баччана. Гьединго хасало районалъул централияб больницаялда лъим цlоройдал, гьеб нижеца лъедалъуе хьезабун букlана. Гьединалго хlажатал тlурала цогидал росабазулги.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Май 2024 сон.
Халкъияб Собраниялде жиндирго санайилаб Хит1абгун цеве вахъана республикаялъул Бет1ер Сергей Меликов 29 маялда.
2023 соналда гьабизе к1варалъул ва цере ч1арал масъалабазул бицана гьес жиндирго к1алъаялда. Халкъалъул г1умру лъик1лъизабизе ккеялъул, промышленияб ва туристазулаб потенциал борхизабиялъул ва гь.ц. суалал рорхана республикаялъул нухмалъулес. Г1емерго бицана СВОялъул г1ахьалчаг1азул ва гьезул хъизамазе бугеб кумекалъул, рехсана хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса рахъарал Россиялъул Федерациялъул анц1ила цоявго дагъистанияв-Бах1арчиясул ц1арал. «Мы вместе» проекталда рекъон, хасаб рагъулаб операциялъул зонаялда ч1варазе ва лъукъаразе гьабун буго 700 млн гъурщил кумек, 400 млн. гьеб мурадалъе бач1ун буго бюджеталъул гуреб г1арцул (сахаватчаг1и, жамг1иял г1уц1аби-авт.).
Хадубккунги СВОялъулазе, гьезул хъизамазде хасаб к1вар кьезе бугилан лъазабуна Меликовас. Хъатч1ваялдалъун къабул гьабуна залалъ гьес СВОялъул г1ахьалчаг1азе ракьул участокал кьезе лъик1аблъун бихьизабиги.
2023 соналъ республикаялъул экономика борхун буго 5 проценталъ, 9 проценталъ борхун буго гьоркьохъеб харжил роцен (дирго хасаб пикру-киг1ан ц1ик1к1араб рахъалдехун харж гьункьаниги, гьеб г1адатав хъулухъчиясда лъазе рес гьеч1о, даранчаг1азул лъилниги т1адк1алъай, хъаравуллъи гьеч1еб хъант1иялъ зодоре рахунел ругел багьаби сабаблъун-ред.).
Ришватчилъи т1ибит1иялъ республикаялъул энергокомплекалда бугеб раг1а-ракьанде щвеч1еб х1алт1улги рехсана бет1ерас. «2024 соналъ федералиял сурсатаздасан 1,9 млрд гъурущалде гьаризе руго токил мухъазул ва трансформаторниял станциязул реконструкциял».
Транспорталъул ва нухазул бугеб х1алуцараб х1алалдаса рорч1изелъун, гьаризесел х1алт1абазда гьоркьор рехсана: Хасавюрт ва Дербент шагьаразде рачунел объездалъулал нухал гьари, тахшагьаралде жанире-къват1ире рачунелги т1аде рай.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2024 сон.
Районалъул бищунго жигарал бегавулзабазул цебесеб кьерда вуго 2015 соналдаса нахъе Хlариколо росдал советалъе нухмалъи гьабулев Хlайбулаев Сагlадулаги. Рехсараб советалда гъорлъ бугеб кlиябго росулъги цо гъутаналдаги буго 427 цlараки ва гlумру гьабун буго ... чияс. Росабалъ ругел гlузрабазулги, ахир заманалда жаниб гьабураб хlалтlулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги хlакъалъулъ бицараб гара-чlвари гьабуна нижеца бегавуласулгун.
- Сагlадула, ракl бухlанищ росдал бегавуласул хъулухъалде вачlиналдаса?
- Аллагьасдаги халкъалдаги цебе жавабчилъи цlикlкlараб иш букlуна бегавуллъи. Гьединлъидал цо-цо рукlуна гьединал пикрабаз кверде восарал лахlзаталги. Амма, кин букlаниги, дирго гlагараб росу-ракьалъе хъулухъ гьабизе рес щвеялдаса ракl бухlанин абизе кинго бегьиларо.
- Кинал хlалтlаби гьарун бажарарал гьаб ахир заманалда?
- Дун хlалтlуде вачlараб мехалъ чlобогояб ва чlунтарал росаби рукlана нижер. Бегавуллъун вугебгlан заманалда жаниб цониги квер щвечlеб бакl хутlичlин абуниги мекъи ккеларо.
Хlариколо росдал бицани, гьабсагlаталда кинабго къуват рехун буго 4 километралъул манзилалда шагьраялдасан Хlариколо росулъе рачlунеб нух къачlаялде. Араб соналъ гьеб гlатlид гьабуна, исана ракlалда буго гьениб хъил тlезе. Гьеб нух гlатlид гьабулаго цо-цо гlадамазул ракьал ва рецаби хвезарурал хlужабиги ккана. Хасго гlезегlан зарал ккана Кlахъ росдал гlадамазе. Амма, цогидал росабалъ гlадин, ракьалги хвезарун, жидеца нух бахъизе теларин, данде рахъун яги ахlи-хlур бахъинабурал хlужаби ккечlо. Гьелъул гlаксалда - цlакъ бичlчlигун къабул гьабуна жамагlаталъ нух гlатlид гьабиялда хурхун гьарулел хlалтlаби. Гьелъухъ кlудияб баркала буго гьезие. Гъоркьисала бетон тlун ва чабах баччун къачlана росдал хабзалалъе унеб нух. 300 гlан метрадул манзилалда сверунги къан къачlана жалго хабзалги. Цlикlкlун тlадецуй хlехьезе кlолездалъун хисулел руго басралъун рукlарал токалъул кварал. Гьединго хисана цlакъго басралъун, турун букlараб токалъул 9-10 хlуби Гьабсагlаталда къачlалеб буго росдал медпункт. Араб соналъ 200-300 метрадул манзилалда хисана централизованнияб канализациялъул мухъал. Гьединго ахирал соназда гьабун бажарараб кlудияб хlалтlул бицани, федералияб программаялда гъорлъеги ккезабун, капиталияб ремонт гьабуна росдал клубалъул минаялда.
Гъоркьисала районалъул администрациялъ гlарцулал сурсаталги риччан, капиталияб ремонтги гьабун къачlана Кlахъ росдал гlаммаб лъай кьеялъул школа. Гьабуна батlаго цlияб пищеблок, котельня ва школалъул минаялда жанирго туалетал. 250 метрадул манзилалда хисана росулъ лъел трубаби. Клубалъул минаялда хисана гордал. Километралъул манзилалда хисана токалъул кварал. Цебесеб трансформаторги кьвагьун, исана цlияб трансформатор босизе росдал жамагlаталъ бакlарараб гlарцуде тlаде сурасатал риччана росдал администрациялъги. Замана-заманалдасан чабах бан ва гвендал рацун къачlала росдал жанисел нухал. Кlахъ росдал къватlахъ буго рекlунеб 35-40 чирахъги. Мини-футболалъул байдан гьабизе букlине, битlа-бишизабун хlадурун буго площадка, исана гьебги рагlалде бахъинабизе ракlалда буго. Гьединго гьабуна лъималазул площадкаги. Киназдаго бихьун батила Кlахъ шагьра нухлул рагlалда эхетун бугеб берцинаб мажгит. ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат, нилъер районцояв Хучбар Хучбаровасдаги гьарун, мажгиталда цебе бугеб территориялде тlуна хъилги.
|
Автор И. Мухlамадов. Май 2024 сон.
Исанаги тlолабго улкаялдагогlадин, нилъер районалдаги кlодо гьабуна Кlудияб Ватlанияб рагъ лъугlаралдаса 79 сон тlубай. Цебеккунго гlуцlараб комитеталъ хlадурараб программаялда рекъон, байрамкъоялде хlадурун букlана чанго тадбир. Апрелалъул ахиралдасан байбихьун, районалда тlоритlана чанго субботникал, рацlцl-ракъалъи гьабун, рукlалиде рачана росабалъ ругелщинал Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазе рарал памятникал, плакаталги ран берцин гьарун рукlана къватlал ва цо-цо учреждениязул минаби. Украинаялда хасаб рагъулаб операция унеб букlиналда бан, исанаги хасаб кlвар кьолеб букlана байрамалъул гlахьалчагlазул хlинкъи гьечlолъиялде.
Байрамалъулал тадбиразде байбихьана 8 маялъго. Тlоцебе райадминистрациялъул жанахlалъуб рагьана СВОялда къадаралде щварал гlолохъабазул стенд. Хадуб, гlадатлъун лъугьахъе, райцентралда бугеб памятникалда лъуна тlугьдул. Гьенисан киназго сапар бухьана СВОялъул къурбанал ракlалде щвеялъул мурадалда росдал рагlалда, “Гъвалдакь” абулеб бакlалда балеб бугеб ахикье. Гьениб, гор сверун 400 метрадул манзилалда сверун къараб территориялда чlун буго 70 цlикlкlун пихъил ва махил гъутlби ва хlадурулеб буго хlохьбахъиялъе гlодор чlезе беседка. Муниципалитеталъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, васал чlварал улбуздехун вуссун абуна, паркалда хурхун гьезул ругел предложениялги къабул гьаризе ругилан. Гьелдаса хадуб киналго ракlарана Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда ДДТялъул хlалтlухъабазул хlаракаталдалъун бахъараб фильмалъухъ балагьизе. Цlакъ рекlелъе бортиледухъ хlадурун бугоан гьез гьеб, гьелъухъги балагьун чангиязда кlолеб букlинчlо магlу кквезе. Муниципалитеталъул нухмалъулес рехсараб гlуцlиялъул директор Мухlамад Раджабовасе кьуна баркалаялъул кагъатги. Гьебго къоялъ, къалъудаса хадуб Тlануси тlобитlана цlигьабун къачlараб памятник рагьи. Кlалъаял гьаруна Нурмухlамад Задиевас, военком Шамил Мухlамадовас, росулъа СВОялъул гlахьалчи Мухlамад Айгубовас ва цогидазги. Росдал школалъул цlалдохъабаз рикlкlана кучlдулги.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2024 сон.
25 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул росдал магlишаталъул предприятазул нухмалъулезулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ ва цо-цо росабазул бегавулзабазги. Аслияб къагlидаялъ гьоркьоб лъураб суал букlана магlишатазда хадур ругел ракьал хlалтlизари.
Данделъиялда бицаралда рекъон, хlакъикъаталдаги нахъе ккун бугоан ракьал хlалтlизариялъул иш. Гlаммаб къагlидаялъ босани, районалъул магlишатаз ракьал хlалтlизарулел руго гlицlго 45 %. Руго цо-цо гьеб рахъалъ лъикlал хlасилал ругел магlишаталги. Мисалалъе, “Гьацlалухъ” ва “Гъоркьколо” СПКяз исана 100% хlалтlизарулел руго жидедаго хадур ругел ракьал. Амма руго гьелъул гlаксалда мисалалги. Ленинил цlаралда бугеб ва “Гиничукь” СПКяз рекьун руго гlицlго 11,5 % ва 10,7 % ракьазул.
“Жакъа киналго магlишатазда цебечlараб суал буго жидедаго хадур ругел ракьал рехун течlого, хlалтlизари. Бегавулзабазги председателазги цоцазде рехи гьабун хутlун буго гьеб суал. Нилъер магlишатал ругьунлъун руго гlицlго бецараб херги бичун, ракьалги ва бугебниги гlи-боцlиги ижараялъеги кьун, тlокlаб щибго хlалтlиги гьабичlого, рахlаталда рукlине. Жакъа къоялдаса нахъе гьеб къагlида лъугlизабизе ккола. Гlагараб 6 моцlида жаниб киназего рес кьезе буго жидедаго хадур ругел ракьаздаса кlвараб пайда босизе. Гьеб болжалалда жаниб ракьал хlалтlизаруларел магlишатазухъа нахъеги росун, гьел кьезе руго пайда босулезухъе. Мисалалъе, Гlочlло гъутаналда бугебщинаб ракьул цо гектарцин бекьулеб гьечlо ва цониги гlиялъажо хьихьун гьечlо жамагlаталъ. Гьебмехалъ щай нилъеца тlубараб магlишаталъул тlалаб гьабизе кколеб? Щай росдал магlишаталъул отделалъ ургъел гьабизе кколеб гьединал магlишатазул? Кинаб букlаниги росдал магlишаталъул хlалтlаби гьарулареб магlишаталъул ракьал росабазул советазухъе кьезе ккелаха эдин батани. Гьебго сурат буго росабазда хадур ругел ракьазулги. Кинха гьез гьел хlалтlизарулел ругел? Щай нужеца ракьал ижараялъе кьоларел? Мисалалъе, Мущули советалда гьечlо садик базе ракь. Нужехъа ракьаздаса пайда босун бажарулеб гьечlони, кье гьел райадминистрациялъухъе. Метер-сезе нилъер ракьал нахъе росун арабго, нилъ гlайибиял рукlине руго нилъер умумузда цебе. Руго цо-цо жидецагоги хlалтlизаруларел, хlалтlизарулезухъеги кьоларел, ккун ракьалгун чlарал чагlиги. Школа базе ракь кьеларилан чlун руго Гlоркlачlи росдал жамагlат. Харахьи участокалъул гlадамазул гlемерал гlарзал рукlана жидее АЗС байилан. Босана контейнералъулаб АЗСги ва рехсараб участокалъул бакьулъгlадин кколеб жибго Харахьи росулъ гьеб лъезеян лъугьиндал, росдал гlадамаз инкар гьабуна АЗСалъе участок кьезе. Гьебищ жамагlат? Цо чанго чиясул хасал интересазе гlоло зарал кколеб буго тlубараб жамагlаталъе.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2024 сон.
25 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, депутатаз, цо-цо бегавулзабаз ва цогидазги.
Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гlатlидаб ва чlаголъиялда араб сессия букlана гьаб нухалда. Гlаммаб къагlидаялъ гьоркьор лъун букlана 11 суал: “Хунзахъ район” МРалъул Уставалъул статьябазда хиса-басиял ва тlадежураял гьариялъул, районалъул 2023 сонил бюджет тlубазабиялъул хlакъалъулъ хlисабкьеялъул, райдминистрациялъул росдал магlишаталъул отделалъ араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабкьеялъул, къайимлъиялъул органалъ гъоркьисала гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабкьей, гlовул гlужде рахинчlел лъималазул ишазул рахъалъ комиссиялъул гlуцlи хисизабиялъул, Гlараниб рагъулабгун спортивияб лицей Гlараниб гьоркьохъеб школа-Интернататгун цолъизабиялда хурхун гьеб росдал жамагlаталда гьоркьоб цlех-рех (опрос) тlобитlиялъул, Хунзахъ советалда кьишни-къулалъул площадкаби хlадуриялъул, Гlоркlачlи росдал генералияб план тасдикъ гьабиялъул, исана районалъул муниципалияб мал-мулкалъул приватизация гьабиялъул план тасдикъ гьабиялъул ва районалъул приватизация гьабулеб мунипалияб буголъиялъул (коммуналиял квартираби ва бесдалазе рихьизарурал рукъзал) сияхl тасдикъ гьабиялъул хlакъалъулъ суалал.
Гьездасан гlицlго районалъе кlвар бугел ва гlадатиял гlадамазда хъатlулел суалазул хlакъалъулъ бицун тела гьаб материалалда.
Мисалалъе, сессиялда бищун хlалуцараб ахlвал-хlалалда анин абизе бегьула Хунзахъ гьоркьохъеб школа-интернат (лицей) Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб Гlарани гьоркьохъеб школагун цолъизабиялда хурхун росдал жамагlаталда гьоркьоб цlех-рех (опрос) тlобитlиялъул хlакъалъулъ суал. Гьелъул хlакъалъулъ баян кьуна лъай кьеялъул отделалъул хlалтlухъан Мурад Мухlумаевас. Гьес бицаралда рекъон, цlех-рех тlобитlизе буго 6-10 маялда, сагlат 9.00 тlубаралдаса 18.00 тlубазегlан Гlараниб росулъ ва гьелда гlахьаллъи гьабизе кколел гlадамазул бищун дагьаб къадар букlине кколеб буго 40 чи. Гьелда хурхун тlасан кlалъай гьабуна лицеялъул директор, Гlочlло росулъан депутат Мухlамадсайгид Мухlамадиновас. Гьев рази гьечlоан учреждение биххизабиялда хурхун гlуцlараб комиссиялъул гlуцlиялдаса ва жибго цlех-рех тlобитlизехъин бугеб къагlидаялдаса.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2024 сон.
Рукlуна гlадамал, жидеца цо гьитlинаб лъикlаб иш гьабуниги гьеб анцlго нухалъ кlодоги гьабун, халкъалда рагlизеги гьабун, жидеего учузаб цlар балагьулел. Гьаб заманалда цlакъго гlемерлъун руго гьединал тайпаби. Амма, гlемер гьечlониги, камуларо цо-цо тlолабго гlумру яги гьелъул цо бутlа жамгlияталъе пайдаял, лъикlал ишазда ва сахаватчилъиялда унел, амма жидерго гlадатлъиялъ ва тlабигlат-гlамал берцинлъиялъ гlадамазул берзукь рукlунарел ва жидеего, кигlан мустахlикъаб бугониги, рецц-бакъ цlехон, цlекlал жал гьаруларел чагlиги. Гьединаздасан цоявлъун ккола Хунзахъ росулъа Хlусенов Малахlусен. Жакъа гъасда хlанчlараб хинкlги, щварал грамотабиги ва цогидабги жидерго гlумруялда жаниб лъугьунебщинаб жо социалиял гьиназдасан цоцазухъе рехун ва статусазда лъун тlибитlизабулеб гьаб заманалда, хlакъикъаталдаги лъикlал ишазул цевехъанасул хlаракатчилъи балъго щайха тезе ккелеб?
Гьедин, Малахlусенил хlаракаталдалъун районалдаго къачlан руго анцl-анцl зияратал, мажгитал ва цогидалги жамгlиял бакlал. Мисалалъе, Хунзахъ “Ччотода” авалалда ругел, нилъее баракат щваяв Абулмуслим шайихасда цадахъ рачlун рукlарал вализабазул зияратал цlакъ чlунтlун рукlун, жамагlатчиясул хlаракаталдалъун къачlан руго. Гьединго къачlан руго гьебго авалалда ругел некlсияб къулгlа, Хlамзат имамасул хоб, Гlумар-хlажиясул ва Гlабдурахlман-хlажиясулги (къ.с.) гьесул хъизан Фатlиматилги зияратал. Республикаялъул Казначействоялъул нухмалъулев, нилъер ракьцояв Гlабдулпатахl Гlамирхановасул кумекалдалъун къачlана кверкьаби лъолеб бакlги.
Самилахъ авалалда гьарурал хlалтlабазул бицани, 2014 соналда цlигьабун къачlана Абулмуслим шайихасул зиярат. 2022-2023 соназда жанисан капиталияб ремонтги гьабуна гьеб мажгиталъеги. 2017-2018 соназда тlубанго къачlана мажгиталда аскlобго бугеб руччабазул мадрасалъул жанисеб рахъ. Гьаруна цlиял санузелалги. Дагьаб цебегlан гьевго Гlабдулпатахl Гlамирхановас руччабазул мадрасаялда аскlоб букlараб мина бичунги босун, кьун буго мадраса гlатlид гьабизе. Тlоцебе гьеб мадраса базе аслияб хlалтlи гьабурал чагlиги рукlун руго гьесул эмен Хlажиги Хочоев Камилги. Мутагlилзаби къватlире рачине азбаралда парк гьабизе букlине, аскlобго бугеб участокалъул суал тlубан буго росдал бегавул Мухlамад Тlалхlатовасги. Гьединго киналго шартlалги гlуцlун къачlана росулъ цохlо гурони гьечlеб жаназа чурулеб бакlги. Нилъер росулъ хоб гьечlел, амма машгьурал росуцоял, Шамил имамасул наибзаби Хириясул Гlалибегил ва Ахбердил Мухlамадил цlаралда, гьел ракlалдещвеялъул мурадалда рехсараб авалалъул кьурул рагlалда сахаватчагlазул кумекалдалъун бана цlияб парк. 2018 соналда жамагlаталъул гьариялда рекъон, басриябги биххизабун, бана кверкьаби лъезе цlияб мина (газ кьолеб бакl). Гьелдаго нахъасан 400 кв метралъ гlатlид гьаруна хабзал. Гьединго гъоркьисала 700 кв метралъ гlатlид гьарун руго вализабазул хабзалги. 2017-2018 соназда гьелго вализабазулги ва УОСалъул минаялда нахъехун ругел хабзалги 600 метрадул манзилалда сверун ганчlил къедги гьабун, тlад маххул заборги ккун ва цlиял нуцlбиги лъун къачlан руго. Гьединго къачlана вализабазул хабзалалъ ругел щуябго ва УОСалда нахъа хабзалалъ ругел лъабабго зияраталги. Къватlисанги жанисанги къачlана росдал мадрасалъул мина. Сверухъ ругел гlуцlабазда хlалтlулел руччабазе хьвадизе санагlалъи букlунедухъ, гьениб жаниб гlуцlана каки чуризе ва как базе хlажатал шартlал. Гьелда тlадеги Малахlусеница “Тlагьалъ” авалалда бугеб жиндирго участок кьуна цlияб мажгит базе ва сахаватчагlазул кумекалдалъун жиндирго нухмалъиялда гъоркь бана 400 чияс цадахъ как базе рес бугеб кlудияб кlитlалаяб мажгит.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Апрель 2024 сон.
Гьале, килщазда гьоркьосан сали г1адин ахиралде чваххун ана, лъиданиги ригьда жиб бихьулареб, амма зодоб баккидал, парт1ан гургинлъун ун жиб рещалъулеб зодоб моц1г1анги г1едег1араб, Аллагьасул баркат-рах1мат жиндилъ г1емераб Рамазан моц1алъул лъеберабго къоги.
Рецц Бет1ергьанасе буго, исанаги к1алал кквезе, г1ибадат гьабизе нилъ ч1аго тарав, гьаб лъаг1алида жаниб жал абадияб рокъоб паракъалъараб хабал агьлуялъе рес щвеч1елъул гьеб хвасарлъиялъе…
Г1ажаиблъи гьабизе бач1уна мажгиталдаса къват1ире рахъинч1ого какалги ралел, гьарзаял ифтаралги г1уц1улел, сундуего къимат кьезеги лъалел нилъеда гьоркьор цо-цо т1екъаб-мекъалде берал къанщун толел г1емер рук1иналъ. Гьабсаг1ат бицина сундул х1акъалъулъ дунали…
Дида цебе лъун буго к1ал кквелалде г1езег1ан цебеги к1ал биччазе анц1го къо хут1идалги росарал кванил ниг1матазул к1иго чек.
Цо-цо жоялде багьа бахун бихьула 10-15 проценталъцин. Февралалъул ахиралда 265 гъурущалде босун бук1араб ц1олбол хьопалъухъ (кило гуро!) гьанже бихьула берцинго 350 гъурущ ах1улеб, гьуинлъабазде т1аде дурусго гирун буго 20-30 гъурущ, ихдаде реч1ан индал багьаб ц1вакун буго цитрусазул, азарго гъурущалда аск1об рекъелин жибилан ххарун ине буго кванил цо ригьг1аги жинца т1убалеб гьанал килограммги…
Тахшагьаралда бичулезул бугин г1айибилан дармихъабаз адрес лъаларезде рехун таниги, гьан бичулезул щибдай багьана гъурщида бахиллъиялъе?! Гъоркьисаго х1адурун тараб раг1и-хер гьороб лъун хиралъийищ, муг1рул-щобал иццал-лъарал къун ун мукъсанлъийищ?
|
Автор Ш. Хъазанбиева. Апрель 2024 сон.
Дагъистаналъул консервазул трестазул нухмалъулев, КПССалъул Дагъобкомалъул секретарь, ДАССРалъул Совминалъул председателасул заместитель, Совнархозалъул председатель, ДАССРалъул хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместитель, ДАССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул председатель – гьеле Шагьрудин Шамхаловасул хIалтIулаб биография. Амма дие жакъа гьелъул хIакъалъулъ гуро хъвазе бокьун бугеб. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер хъвана газетал-журналазда. Бокьун буго рагьизе гьев хIикматав инсанасул гIаданлъиялъулги гIадатлъиялъулги гIамалал. Биччанте дир гьаб гьитIинабго макъала хутIизе кIудияб ракIалъул инсан Шагьрудин Шамхалов ракIалдещвеялъулъ лъураб гьитIинабго бутIалъун.
Исанасеб сон Хунзахъ районалда лъазабун буго Ш. Шамхаловасул ЛъагIеллъун. Бокьун буго гьелде кавуги рагьулаго, росуцоясул хIакъалъулъ дирго пикраби загьир гьаризе.
Шагьрудинил цIва
Дир гIагараб росдал мугIрул тIогьазда
ГIолел наслабазе кунчIана дур цIва.
Мун- гьитIинаб росдал кIудияв вакил,
КIодого хутIана халкъалъе жеги.
Шагьрудин Шамхалов, цо дур цIар гIела,
ТIадегIанлъиялъул мисаллъун чIезе.
Дагъистан цIилъизе, гIумру тIегьазе,
Дуца тарал лъалкIал гъваридал руго…
|
Автор И. Мухlамадов. Март 2024 сон.
Къо бахъанагlан Россиялда цебетlун унеб буго жанисеб туризм. Туризмалъул рахъалъ бищунго машгьурал регионазда гъорлъ буго Дагъистанги. Гьедин, гьал ахирал соназда жаниб нилъер республика ккана бищунго гlемер туристал рачlунеб 10 регионалда гъорлъе. Араб соналъ Дагъистаналде вачlун вуго 1, 75 млн турист. Гьелъ рес кьолеб буго цо къадаралъниги гlадатаб халкъалъул яшавалъул даража борхизабизе. Экспертазул пикруялда рекъон, гьезул къадар гьал гlагарал соназда жеги цlикlкlун гурони, гlодобе ккезе гьечlо. Щайгурелъул, къватlисел пачалихъул санкциязул халатаб рахасалъ сверун ккун гъанкъулеб бугеб Россиялъул гражданазе гlемерисел пачалихъазде нух къан буго. Республикаялда бищун гlемер туристал рачlунел муниципалитетазда гъорлъ буго нилъер районги. Мисалалъе, 2023 соналда нилъер районалде вачlун вуго гlага-шагарго 220 азарго гlан турист. Исана туристазул сезоналде районалъул хlадурлъиялъулги гьеб бутlаялда хурхун гьабулеб бугеб хlалтlулги нижее бицана райадминистрациялъул гlолилазул ишазул, туризмалъул ва спорталъул отделалъул специалист Хlажимурад Хlусеновас.
-Хlажимурад, сунда хурхараб бугеб дур хlалтlи ва кинал ругел тlуразе кколел ишал?
- Дир хlалтlи хурхараб буго нилъер районалда туризм цебетlеялъе шартlал гlуцlиялда ва гьелда хадуб кидагосеб бербалагьи чlезабиялда. Дихъ букlуна муниципалитеталда ругел киналго гьалбадерил рукъзабазул, туристазул локациязул, маршрутазул, почалъул отделениязул, банказул, кафеязул, музеязул ва цогидалги туризмалъул сурсатазул сияхl ва хlажатаб информация жаниб бачараб документ. Гьелда абула туристазул паспортилан. Гьеб щуго соналда жаниб цоцlул цlи гьабизеги ккола. Гьедин, жакъа къоялда нилъер районалда буго 40 цlикlкlун гьалбадерил рукъ ва гостиница. Гьездасан 26 лъун буго налоговияб учеталда.
|
Автор П. Шамилова. Март 2024 сон.
Бат1и-бат1иял къисматал ккола щивав чиясул г1умруялда жаниб. Цо-цоял г1умруялдаса рат1алъула дунялалъул кепги босун, мустах1икъаб къаг1идаялда г1умруги т1амун, лъималазул ва гьезулги лъималазул горсверуда рук1аго, цогидал хъизан-лъимал гьаризег1анцин хут1ич1ого, лъабабилел хадур инагьдулел лъималги, хъизанги тун къанщула абадиялъго берал. Дие гьаниб бицен гьабизе бокьун буго Гьоц1алъ росулъа бах1арчияв рагъухъан Г1абдусаламов Хизри Г1алиевичасул х1акъалъулъ.
Гьавуна Хизри Г1алиевич 1980 соналъул 15 июлалда Гьоц1алъ росулъ. 1987 соналда Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалде ц1ализе арав Хизри, т1убанго гьеб лъуг1изег1ан гьенив хут1ич1ого, хъизан бат1ияб бак1алде г1умру гьабизе бахъунеб бук1иналда бан, ц1ализе уна Ахтини гьоркьохъеб школалде. 1996 соналда гьебги лъуг1изабун рокъов вук1арав Хизри, 1998 соналъул 18 ноябралда вит1ула Ват1ан ц1униялъул борч т1убазабизе Армиялде. Гьев ккола Владивосток Камчатка «Морской порт» г1уц1иялде хъулухъ гьабизе. Гьениб х1алт1улев вук1ана водитель-прожектористлъун.
2000 соналъул ноябралда т1адаб хъулухъги т1убан т1ад вуссарав Хизри Г1алиевич, 2015 соналъул 9 ноябралда лъугьуна рагъулаб часть х1ажаталдалъун хьезабулеб заводалъул подразделениялъул кьеразулъе. Украинаялъул территориялда хасаб рагъулаб операция байбихьараб заманалда, гьенисан Хизри Г1алиевич вит1ула Украинаялъул Донецк областалда бугеб Павловка росулъе рагъулаб хъулухъ т1убазабизе.
Лъиего балъголъи гуро, рагъда г1ахьаллъулел г1олохъабаз, киг1анго х1инкъарал бак1азде унел ругониги, т1ад къараб иш т1убазабизе кколеблъиги, гьеб т1убазабулаго талих1 къарал цо-цо г1умруялдаса рат1алъулебги, бит1 ккарал рохун т1ад руссунеблъиги. Иргадулаб т1адкъай т1убазабизе иналде цебе рах1ат толарого бугел г1олохъабазул бот1ролъе рач1арал кьог1ал пикрабиги нахъе гъолаго, гьез пикру гьабулеб бук1ана рокъор тарал лъималазул, рокьун рачарал лъудбузул. Рихьиладай т1ок1алъ, рихьилародай? Нагагьлъун…?
Гьаб сапаралда Хизри унев вук1ана цебесеб кьерда рагъулел рагъухъаби яргъидалъун хьезариялъул ротаялъул командирасда цадахъ. Машина ккана минаби лъураб бак1алде. Циндаго бахъана г1ундул гъугъазабураб гьаракь, ракь т1ерк1езе лъугьана, зоб гъугъадана. Хизри ва цадахъ вук1арав командир зах1матго лъукъула.
|
Автор И. Мухlамадов. Март 2024 сон.
Араб анкьалда райадминистрациялда данде гьарун рукlана районалдаса Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда къадаралде щварал гlолохъабазулгун улбулги лъудбиги. Дандчlвай гlуцlун букlана Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо - 8 марталда хурхун. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, военком Шамил Мухlамадовас ва цо-цо росабазул бегавулзабаз.
“Жакъа нуж данде гьариялъе гlилла буго нужеда гlицlго байрам барки гуребги, нужер гlузраби яги къваригlараб-тараб батани, гьезухъги гlенеккун, нижехъа бажарараб кумек гьаби. Щибаб къойил нужгун дандчlванги бажаруларелъул, гьадин цо-цо заман батун, санагlалъи кканщинахъе нужгун дандчlвала ниж. Узухъда, дида цlакъ лъикl бичlчlула кинал рукlаниги квербакъиязги дандчlваязги лъимадул рухlел тlаса босулареблъиги. Амма ниж киназдаго тlадаб буго нужее бажарараб кумек гьабизе”, - ян абуна муниципалитеталъул нухмалъулес.
Руччабаз рорхана жидерго суалалги. Гьел киналго тlуразе хlаракат бахъилилан абуна Нурмухlамад Махсутlхlажиевичас. Тадбиралъул ахиралда руччабазе кьуна тlугьдулги сайгъаталги.
|
Автор Н .гlалиева. Март 2024 сон.
Абула, школа байбихьулин директорасдасанилан. Г1обода гьоркьохъеб школалъул директор, Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул Х1урматияй х1алт1ухъан, Зах1маталъул ветеран Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъе школа байбихьула гьелъул рагьу-мах1уялдасан, азбаралдасан. Школалъул минаялде жание лъугьиналде, гьелъ киса-кибго бер реч1ч1изабула цин къват1исан минаялда сверухъ бак1 роц1ц1ун бугищали, хадуб хал гьабула жанисан школалда бугеб ах1вал-х1алалъухъги.
Ц1алиялда цадахъго Пат1имат Х1абибовалъ ц1ик1к1араб к1вар кьола, гьеб школа лъуг1ун к1удияб дунялалде, гвангъараб бук1инеселде унеб бугеб лъимер кинабго рахъалъан цебе т1ураблъун, унго-унгояв инсанлъун куцаялде, лъик1абги квешабги бат1а бахъизе лъалев, рит1ухъабги т1екъабги бич1ч1улев чилъун лъугьиналде. Жиндир школалда ц1алулеб лъимералда лъазе кколин, - абула гьелъ, школалъул программа гуребги, г1адамазда гъорлъ рук1а-рахъинеги, хьвада-ч1вадизеги. Гьелъие жиндиегоги гьединаб тарбия щвана школалдасан.
Районазда гьоркьосеб руччабазул школа-интернат. Гьеб бук1ана республикаялдаго ц1ар раг1араб жидерго росулъ гьоркьохъел школал гьеч1ел ва хадубккун ц1ализе гъира бугел муг1рузул районаздаса ясазе рагьараб школа-интернат. Гьениб лъай кьеялда цадахъго ясал ругьун гьарулаан рук1а-рахъиналде, рац1ц1а-ракъалъиялде, жидедаго хадуб хъулухъ гьабиялде, пал-х1асил, рокъоб эбел-инсуца малъулелдаса ц1ик1к1араб бук1ана школалда муг1алимзабазги, тарбиячаг1азги гьениб ц1алдохъабазда малъулебщинаб. Гьеб школалде ине гъира бук1унаан эбел-эмен гьеч1ого хут1арал бесдал лъималазул гуребги, лъик1ал хъизаназда г1олел ругезулги. Гьенир ясал ругьунлъулаан гьудуллъи-яццлъиялде, ц1ик1к1арасул адаб-х1урмат гьабиялде, гьит1иналгун рекъон рук1иналде, г1аданлъи, ях1-намус ц1ик1к1араллъун лъугьиналде.
Гьеб школа лъуг1изабуна Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъги. Т1оцебе Хунзахъ микьго сонил школаги лъуг1изабун хадуб гьоркьохъеб лъай босизелъун дунги ана гьебго школалде ц1ализе. Гьениб т1оцебесеб къоялдасанго дир лъай-хъвай ккана, школалъул комсомол организациялъул секретарь, общежитиялъул советалъул вакил, кибго цеехъанлъи бихьизабулей Г1обода росулъа Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъулгун. Классрук Насух1ова Г1апи Гъазиевнаялъул нухмалъиялда гъоркь Пат1иматил класс ц1алул, спорталъул, художественниял г1ахьалчаг1азул, ай кинаб рахъ босаниги, сундулъго бук1унаан т1оцебесеб кьерда. Гьеб киналъулъго к1удияб бут1а лъолаан классалъул староста П. Х1абибовалъги. Ц1ализеги Пат1имат лъидасаго ц1акъай йик1ана. Гьелъ меседил медалалдалъун лъуг1изабуна школа.
|
Автор И. Мухlамадов. Март 2024 сон.
Араб анкьалъ байбихьана росабазул бегавулзабаз араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабал кьеялъул тадбирал. Абизе ккола, хlакъикъаталдаги, цlакъ лъикlал, гlадамазе пайда бугел ва районалъулгун росабазул нухмалъиялдаги ва гlадатаб халкъалдаги гьоркьоб бугеб бухьен щула гьабизе квербакъулел тадбирал кколин гьелилан. Щайгурелъул, бокьарав чиясул рес буго районалъул тlалъиялъе жиндирго суал кьезе.
Исана тlоцебе хlисаб кьуна Гьамущи росдал гlолохъанав бегавул Гlумар Аминовас. Гьедин, араб соналъ кlудияб хlалтlи гьабун буго нухазда хурхун. Мисалалъе, Гьамущи росдал тlасияб роххада цlадал райдал лъим гlадамазул рукъзабахъе кlанцlулеб букlиналда бан, нухлул рагlалда ругел лотокал церегlанги цlан, жаниса рацlцlадги гьарун, лъим берцинго гьезда жанисан чвахун унеб къагlида гьабун буго. Араб соналъ бан рагlалде бахъана 2 м гъварилъи ва 875 кв м гlатlилъидул бассейн. Чанго нухалда росдал депутаталги, жамагlатги гlахьаллъун бассейналда сверухъ хlалтlаби гьариялда хурхун тlоритlун руго субботникал. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон бан буго лъималазул площадкаги жаниб бугеб цlияб парк. Гlемераб хlалтlи гьабун буго росу лъедалъун хьезабиялда хурхунги. Гьедин, росулъе рачlунел лъел мухъазда, гlаммаб къагlидаялъ 720 метрадул манзилалда хисун ва цlиял лъун руго трубаби. Рехсараб участокалда ругел росабалъе жеги тlабигlияб газги щун гьечlелъул, гьениб киса-кирго руго токалда хурхарал гlузраби, хасго хасало заманалда. Гьеб бутlаялда иш роцlцlинабиялъул мурадалда хисун буго токалъул 6 хlуби. Гlезегlан хlалтlаби гьарулел руго депутатазул, сахаватчагlазул ва жалго жамагlаталъул хlаракаталдалъунги. Гьел киназего кlудияб баркалаги кьуна бегавулас. Рехун тун гьечlо гlолилалги. Росдал нухмалъиялъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб буго гlолилазда гьоркьоб. Рухlиял церехъабиги гlахьал гьарун, зама-заманалдасан щагьаралда ва росулъ тlоритlулел руго гlолилазулгун дандчlваял ва спортивиял тадбирал. Гьамщадерил гъутаналда гьабсагlаталда унел руго цlияб спортзал баялда хурхун хlалтlаби. Тlад тlохги бан, штукатурка гьабиялде щун бугила гьениб хlалтlи. Гьелъие бажарараб кумек гьабулеб буго гъутаналъул жамагlаталъги. Узухъда, хасаб кlвар кьолеб буго Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазде ва гьезул хъизамазде. Гlаммаб къагlидаялъ, советалде гъорлъе унел росабалъа СВОялда гlахьаллъи гьабулеб буго 11 чияс, гьезул цояв къадаралде щун вуго. Гьезда гъорлъ руго бихьизабураб бахlарчилъиялъухъ батlи-батlиял шапакъатал щваралги.
|
|