Четверг, 18.04.2024, 20:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.

3 июлалда Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалда хlалтlизе лъугьана школалда цебесеб сах гьариялъулгун хlохьбахъиялъул лагерь “Сарир”.
Гьеб рагьун буго Дагъистан республикаялъул Лъай кьеялъулгун гlелмуялъул министерствоялъул ва районалъул администрациялъул цадахъаб хlаракаталдалъун. Лагерь рагьиялъулъ гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Хlамид Гьитlиновас ва школалъул директор Раисат Хlаштlиховалъ.


"Гьаб ахираб заманалда нилъер районалда букlинчlо гьадинаб лагерь. Исана нужее рес щун буго гьаниб хlохьбахъи гьабизе. Узухъда, гьанибги цlунизе ккола хасаб низам. Гlенеккизе ккола тарбичагlазухъ, бегьуларо кватlаризе ва гlилла гьечlого къоял гьоркьор риччазеги", - ян абуна Хlамид Мухlамадовичас. 

Просмотров: 250 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.07.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июль 2023 сон.

4 июлалда нилъер районалъул Макьасда тlобитlана “Дир халкъалъул кучlдул ва кьурдаби” абураб, Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялда хурхараб фестиваль. Тадбир гlуцlун букlана “Горцы” абураб фольклоралъулгун гlадатияб маданияталъул 21 аб. Халкъазда гьоркьосеб фестивалалда рекъон. Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас.


“Дун цlакъ вохарав вуго жакъа некlсияб хундерил ракьалда ва гьадинаб берцинаб тlабигlаталда тlобитlулеб тадбиралда гlахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан ракl-ракlалъулаб баркала кьезе бокьун буго гlагарлъулеб бугеб кlудияв шагlирасул юбилеялда хурхун тlобитlулеб фестивалалда гlахьаллъи гьабизе рачlарал киналго гьалбадерие”, - ян абуна гьес.

Просмотров: 148 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.07.2023 | Комментарии (0)

Автор Ш. Гlалиев. Июнь 2023 сон.

Лъимерлъи 


Дун дунялалде вач1унаго, дида цадахъ бач1ун батилин тола дица, дир херал чаг1аздеги, гьит1инал лъималаздеги бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи. Г1агараб росдал годек1анибги, къват1ахъги ана дир лъимерлъи, гьениб бук1ана дир динги, дир рек1елгъейги. Дие ц1акъ бокьулаан чуязда рек1ине, чуял риччалел, гьаби рагъизарулел къецазухъ балагьизе. Амма дие бокьулароан лъуг1и гьеч1ел малъа-хъваязухъ г1енеккизе. Г1адлу низамги малъа-хъваялги г1емерлъидал, дун гьезде ругьунлъун ккун вук1унаан. Дир рек1ее г1ажаибаб асар гьабулаан зикру бачунеб гьаракьалъги, щаялиго бокьулаан росдал хабзалалъе инеги. К1одоэбелалъ бицунаан нижер росдадасаги цере рук1арал хабзал ругин гьелилан.
Маг1арухъ г1иссинал лъимал хабзалалъе риччалареб г1адат бугониги, дица кинги нухал ратун, гьениве ворч1изе х1аракат бахъулаан. Дица кидаго г1ажаиблъи гьабулаан щай хоб гьедин гъварид бухъулебан, дир бот1ролъ гьелда сверун г1емерал суалал женжедулел рук1ана. Жакъа рак1алде кколеб буго, кин гьит1инав чиясул бот1ролъе гьединал пикраби рач1унел рук1аралилан.
Киданиги, щибниги къо бихьич1ого щварав чи гуро дун. Х1атта, лъимер гьабидал рохун гьелда лъолеб ц1аргицин лъабго моц1ил даг1ба-къецалдаса хадуб гурони дида лъун гьеч1о. Дир 104 сон барай к1удияй эбелалъ, Халиль-эбель абулаан гьелда, дун ургьив вук1аго дир эбелалда абун бук1уна, дуца васги гьавулин, гьев вихьич1ого хвезеги жинда рак1алда гьеч1илан. Гьеб мехалъ киназго гьей хоч1ие гьаюла, нусилъа арай г1аданалъул хабар бихьулищилан.
Цинги Халиль-эбелалъ лъазабула васасда Имам Шамилил ц1арги лъезе кколин, гьеб ц1аралъул маг1наги бугин «Лъай бугев», абун. Аллагьас чиясе лъай-г1акълу эбелалъул ургьисанго кьолин, хут1араб жинца кинидахъ ах1унги малъилин гьесдаян. Росдал жамаг1аталъулги, ц1ик1к1арал г1адамазулги пикруялда Шамил Имам г1адав чиясул ц1ар ккара-ккаразда лъуни баракат гьеч1олъи щвезе бегьулин абун дида лъабго моц1алъ ц1ар лъеч1ого хут1ула, кинги ц1ик1к1арай г1аданалъул адаб гьабун, гьелъул гьари т1убазабула, амма бач1унеб 100 соналъ росулъ гьеб ц1ар т1ок1аб лъицаниги лъогеянги лъазабула. Нижер маг1арухъ абула: «Киналго ралагьула, амма цо-цоязда гурони бихьуларо», ян. Халиль-эбелалъ къот1ухъе ккана дирги къисмат. Дир кинидухъ жеги лъабго соналъ ц1алана гьелъ Къуръан-х1адисал, бачана зикру, ах1ана туркаби. Гьелъ кинидасанго ургьибе т1едал батила, Къуръан ц1алулеб, зикру  бачунеб раг1идал дир черхги, рак1ги, рух1ги т1егьан бач1уна. Дида ккола дун ц1идасан лъимерлъиялде щванин ва гьенисан бук1инеселъухъ валагьун вугилан. К1одоэбелалъул г1умрудул дарсаз бекьана дир рек1елъ хераздеги, лъималаздеги рокьи. Кинаб х1укуматалда, шагьаралда, росулъ вугониги, 5 сонил г1умруялде рахинч1ел лъимал рихьидал дун ч1езеги ч1ун балагьула гьезухъ, гьел гьимани дида дунго гьезул кьерилав вугин ккола. Гьеб бук1уна дир бищун талих1аб лах1зат, харабаздаги лъималаздаги аск1об г1адин рек1елгъей дие кибго бук1унаро. Лъимадул недегьлъиги, гогьлъиги, чанк1к1иги, можк1к1иги дилъ кидаго бук1ана, гьелда рекъараб г1адлуги камулароан дие.

Просмотров: 141 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.07.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Июнь 2023 сон.

17 июналда Махlачхъалаялда Авар театралда тlобитlана КПРФалъул СКФОялъул регионазул нухмалъулезулгун активалъул семинар-данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна Пачалихъияб Думаялъул депутат, КПРФалъул ЦКялъул Председателасул тlоцевесев заместитель Юрий Афонин, партиялъул Северияб Кавказалда ругел регионалиял отделениязул активал ва цогидалги партиялъул нухмалъиялъул вакилзаби. Гьезда гъорлъ рукlана Хунзахъ райкомалъул членалги. 


Тадбир байбихьана киназго цадахъ радалго Ленинил ва Расул Хlамзатовасул памятниказда цебе тlугьдул лъеялдасан. Авар театралда цебе бугеб майданалда чадралги чlван хlадурун ругоан СКФОялъул регионазул бокlнал, гьенир церелъун рукlана рукlана щибаб регионалда партиялъул отделениялъул тарих, гьезул хlалтlи ва жакъасеб гlуцlиялъул бицунел тlахьал, газетал, журналал ва буклетал.


Гьезул щибалъухъ халги гьабун, делегатал ракlарана театралъул залалде. Жиндирго кlалъаялдалъун тадбир рагьана Дагъистаналъул рескомалъул тlоцевесев секретарь Самир Гlабдулхаликовас. Хадуб гlатlидаб докладгун цеве вахъана Юрий Афонин.
“Нилъеца дагьаб цебегlан кlодо гьабуна киго кlвар бугел юбилеял - СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубай ва нилъер партия цlидасан гlуцlун 30 сон тlубайги. СКФОялъул регионалиял отделениязги жигараб гlахьаллъи гьабуна гьел тадбирал кlодо гьариязда. Цlакъго кlудияллъун лъугьана СССР гlуцlаралдаса 100 сон тlубаялда хурхун тlоритlарал тадбирал. Гьелдалъун бихьулеб буго социалистияб гlуцlи биххиялдалъун  кинаб пачалихъалдаса нилъ махlрумлъаралали Кавказалъул республиказда лъикl бичlчlулеб букlин. Гьезда гъорлъ хасаб бакl ккола Дагъистаналъги. Нилъеда лъала 1996 соналда президентасулал рищиязда Г. А. Зюгановасе Дагъистаналдасан бищун цlикlкlун гьаркьал щун рукlараблъи. Жакъа партиялда цере чlун руго кlудиял масъалаби. Гьездасан ккола кватlичlого тlаде щолел ругел рищиязде хlадурлъи. СССР биххараладса нахъе цlияб хlукуматалъ кидаго хlаракат бахъула рищиязда коммунистазул къинабизе. Нилъеда тlадаб буго нилъерго гьаркьал цlунизе ва закон хвезабиялъул хlужжаби тlатани, гьезул хlакъалъулъ иш тlаде кколел органазде лъазабизе. Жакъа нилъеда бихьулеб буго улкаялда бугеб бюрократия, коррупция, тухумчилъи, чванта биццатазул ва нахъа “мугъ” бугезул рахъалда ругел законал, ричун росулел хъулухъал, экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlал, гlадатаб халкъалъул язихъаб гlумру, гьезул цlунулел гьечlел ихтиярал, гьечlеб социалияб ритlухълъи. Цохlо нилъеда гуребги, гьеб кинабго цlакъ лъикl бихьулеб буго гlадатияб халкъалдаги. Гьединлъидал цlикlкlине руго коммунистазул рахъ кколел. Сон дица гlахьаллъи гьабуна Санкт-Петербургалда тlобитlараб халкъазда гьоркьосеб экономикияб форумалда. Гьенир кlалъазе рахъарал тlалъиялъул вакилзабаз бицунеб букlана базаралъулаб экономикаялъул ругел тlокlлъабазул ва цоги туркlи приватизациялъул гьабизе кколин. Приватизациялъги базаралъулаб экономикиялъги гурищ жакъа нилъер экономика гьадинаб хlалалде ккун бугеб? Унго, гьезда бихьуларищ социалистияб нух тlаса бищараб Китай цебетlун бугеб куц? Цоги жакъа партиялъ кlудияб бутlа лъолеб буго Украинаялда тlобитlулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Жакъа къоялде партиялъул 37 членас рухl кьуна сцецоперациялда гlахьаллъулаго. Гьединго СКФОялъул регионаздасаги цlакъ гlемерал рагъухъабаз гlахьаллъи гьабулеб буго СВОялда. Гьелъги бицунеб буго Кавказалда унго-унгоял бихьинал ва Ватlаналъул патриотал рукlин”, - ян абуна гьес

Просмотров: 108 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 17.07.2023 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Июнь 2023 сон.

1979 соналда Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб институталъул къват1исел пачалихъазул мац1азул факультетги лъуг1изабун г1агараб районалде яч1арай Хунзахъ росулъа Гьит1инова Рах1мат Мух1амадовнаялъ аслияб къаг1идаялъ жиндирго зах1маталъулаб нух бухьинабуна Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школалда. Бач1инахъего гьей х1алт1изе лъугьана байбихьул классазул учительницалъун. Гьелдаса нахъе ун буго 45 сон. Гьебгощинаб заманалда лъималазе гъваридаб лъайги, лъик1аб тарбияги щвезеялъе г1оло бихьулеб къоялде, унеб заманалде яч1инч1ого, к1вах1-свак лъач1ого х1алт1ана Рах1мат ц1алдохъабигун.


Жиндир к1удияб талих1 кканилан абула Рах1матица, бач1инахъего школалъул ч1ух1илъун кколев, гьелъул директор, мунагьал чураял, Ясулов Х1ажи, завуч Гьит1инов Т1алх1ат, Г1абдулаева Гуржигьан, Мух1амадова Сиядат г1адинал учительзабазда цадахъ х1алт1изе щвей. Х1албихьи бугел учительзабазул кумек бук1унаанила т1оцебе лъалареб малъизеги, бич1ч1улареб бич1ч1изабизеги, гьездасан мисал босун х1алт1изеги.
Г1исинал лъималаз кинабго гьабула жидеда цее йигей учителалъухъ хал гьабун, гьелъул мисалалда, гьелъ г1адинан. Гьебги бич1ч1ун, х1алт1уде яч1араб т1оцебесеб къоялдасанго бахъараб, Рах1матил х1алт1ул мурадлъун бук1уна ц1алдохъаби зах1мат бокьулеллъун, рак1 бац1ц1адаллъун, лъик1го церет1ураллъун куцай. Жийго Рах1матги кколелъул гьединабго хъизаналдаса. Эбел Сакинатицаги, эмен Мух1амадицаги жидерго лъимал куцан рук1ана к1удиясул адаб-хъатир бугеллъун, зах1мат хирияллъун, рак1а-рахарараллъун, рук1а-рахъине лъалеллъун рук1ине. Гьел хасиятал такрарлъула Рах1матица ц1алдохъабазе кьолеб тарбиялъулъги. 
Школалда гьелъ къач1ан буго зах1маталде лъимал ругьун гьариялъул кабинет. Бук1ана замана классалъе х1албихьиялъул участокги босун, гьенир ч1арал гъут1бузе, кванил ниг1матазе гьез хъулухъ гьабулебги. Гьанже школазухъ гьединал участокал гьеч1о. Гьенир т1орит1улел бач1иналъул байрамазда Рах1матил классаз росулаан цересел бак1ал.

Просмотров: 93 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 17.07.2023 | Комментарии (0)

Автор Х. Гlаммаева. Июнь 2023 сон.

К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
К1иго эбел йиго духъ балагьун ч1ун
Макьу тун, ургъалилъ сардалги рорч1ун
Цояй мун гьавурай, г1езе гьавурай
Цояй Бет1ергьанас сайгъатлъун кьурай.


Абула эбелги цо йик1унин, Ват1анги цо бук1унилан. Амма Бет1ергьанасул х1алк1олъи к1удияб бук1иналъ чиясул къисмат бокьухъе хисизе рес буго. Гьедин ккана нилъер районцояв, Гьамущи росулъа Украинаялда унеб бугеб СВОялъул г1ахьалчи Мух1умаев Мух1амадрасулил къисмат.
Ват1ан ц1унизе, т1аде ккараб къо борхизе къват1иве вахъарав муг1рул г1олиласе, къисматалъ рак1алдаго бук1инч1еб к1удияб сайгъат гьабуна.
Гьанже Мух1амадрасулил йиго к1иго эбел, цо к1удияб хъизан, гьесухъ урхъун, гьесул ургъалида к1ет1олеб к1иго рак1, гьев ц1униян Аллагьасда гьардолаго цебе ккураб ункъо квер.
Зах1малъиялде ккарасе кумек гьабиги, вакъарав-къечарасе чадил кесек кьейги, унтарасде, херлъаразде зиярат гьабиги нилъер маг1арулазул г1адатлъун билъараб, бидулъ бессараб ишлъун бугелъул, Украинаялда спецоперация байбихьаралдаса нахъе республикаялдаго унел рук1ана «Посылка солдату», «Письмо солдату» ва гь.ц. акциял. Гьеб рагъ-кьалалъе квербакъи х1укуматалде рехун, жидер иш гурилан нилъер халкъалъ теч1о. Гьеб рагъда вас, вац, вацг1ал гьеч1ониги, росулъа т1алъиялдасаниги чи камун вук1унарелъул халкъалъул цоцаца кквейги, сахаватчилъиги к1удияб буго.
Гумбет районалъул Мелъелт1а росулъа Исубилаева Г1азрацаги бит1ун бук1ана Украинаялде посылка. Гьеб посылка щола Мух1амадрасулихъеги гьесул рагъулал гьалмагъзабазухъеги.
Ват1аналдасан бач1араб сайгъат к1удияб рохеллъун бук1уна г1олилазе. Рокъоб къадазги кумек гьабулилан аби буго, Ват1аналъул гьит1инаб бут1аялъ к1удияб таваккалги, къвак1иги, бергьенлъи босизе дагьабги гъираги кьола чиясе.
Мух1амадрасулил рек1ее кинго пикрабаз х1алхьи толеб бук1унаро ц1орораб хасало, кьалул майданалда жидер рак1ал хинлъизе, рик1к1ад маг1арул росулъ, гъасда ц1а бакарай  маг1арулалъул ц1ар лъазе бокьун. Ахир Мух1амдрасулихъе щола Г1азрал телефоналъул номер. Мух1амадрасул баркала кьезе к1алъайдал, г1ажаибаб йихха-хочиги, рохелги пашманлъиги жубараб асар лъугьуна Г1азрае.
Гьелдаса нахъе гьез цоцазулгун бухьен т1езе толаро. Г1иц1го Г1азрае гуревги, гьелъул хъизан-лъималазеги, бет1ергьанчи Набигулагьиеги къо бахъарабг1ан г1агарлъун, васлъун лъугьуна Мух1амадрасул.
Мух1амадрасул отпускаялъ вач1ине мех щвейгун гьесул эбел-инсуца гьоболлъухъ ах1ула Г1азраги гьелъул хъизанги. Гьоболлъухъ щведал бертаде къоги ц1ан х1адурун ратула Мух1амадрасулил г1агарлъи. Жидерго вас т1убай эбел-инсуе к1удияб рохел бук1уна, эбел-инсуеялда бащадаб рохеллъун лъугьуна гьеб Г1азрал хъизаналъеги.

Просмотров: 126 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 17.07.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2023 сон.

31 маялда райадминистрациялда тlобитlана росабазул бегавулзабазулгун данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, гьесул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, Роскадастралъул республикаялда бугеб филиалалъул плановияб отделалъул начальникасул заместитель Хlажимурад Тlагьировас ва цогидазги.


Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана районалда “Национальная система пространственных данных” абураб пачалихъияб программа гlумруялде бахъинабиялъул, росабазул генералиял планал хlадуриялъул, ихдалил призыв тlобитlиялъул, росдал магlишаталъул ракьал жиндирго мурадалда хlалтlизариялъул, диниял учреждениязул “зеленкаби” гьариялъул ва цогидалги бегавулзабазда ва гьезул нухмалъиялда ругел росабазда хурхарал жакъа къоялда бищунго кlвар цlикlкlарал суалал.  


Узухъда, гьезда гьоркьоса бищунго кlвар бугеблъун букlана генералиял планазул суал. Чанго соналъ райадминистрацияги бегавулзабиги цогидалги иш тlаде кколел гlуцlабиги гьелда тlад хlалтlилел ругониги, жакъа къоялде районалъул жеги цониги росдал генплан тlубан хlадурун гьечlо. Гьелъ кlудиял кваклквал гьабулеб буго районалда ралел ва разе ракlалда ругел объектазе, ай хlинцлъизабулеб буго муниципалитеталъул инфраструктураялъул цебетlей. Хlадурараб генплан гьечlого, законалда рекъон кьезе бегьулеб гьечlо цониги участок, цониги объекталъе бихьизабураб участокалъе гьабун бажарулеб гьечlо “зеленка”. Араб соналдаса нахъе “зеленка” гьечlеб минаялде бачун бажарулеб гьечlо тlабигlияб газги. 

Просмотров: 426 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 05.06.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2023 сон.

22-23 маялда районалда тlоритlана ахирисеб цlумур кьабиялъул байрамал. Исана муниципалитеталда школазулгун къо-мех лъикl гьабулеб буго 111 цlалдохъанас. 9 класс лъугlулеб руго253 чияс. Кидагогlадин кlудияб чlаголъиялда тlобитlана ахирисеб цlурмил байрам районалда бищунго кlудияблъун кколеб Хунзахъ гьоркьохъеб тlоцебесеб школалдаги. Исана рехсараб школалъул 11 класс лъугlана 26 выпускникас, 9 класс лъугlаулеб буго 62 цlалдохъанас.

Баркиялъулаб кlалъайгун тадбир рагьана школалъул директор Хlаштlихова Раисатица. “Жакъа буго рохелги пашманлъиги жубараб къо. Цо рахъалъ нужеца гали тlамулеб буго цlияб гlумруялде, цоги рахъ босани, нижеца жакъа къо-мех лъикl гьабизе кколеб буго нужергун. Кигlан борхалъуде нуж раханиги нужеда кlочон тоге нужерго тlоцересел учительзаби, гlагараб школа ва рижараб росу-ракь. Дир хьул буго нуж тlадегlанаб лъайги щун, гlагараб район цебетlезабизе тlад руссинилан. Нужее нухал ритlаги!”, - ян абуна гьелъ.

Просмотров: 150 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 05.06.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2023 сон.
22 маялда райадминистрациялда тlобитlана районалъул терроризмалде данде къеркьеялъул комиссиялъул (АТК) иргадулаб данделъи. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул хlинкъи гьечlолъиялъул рахъалъ заместитель, АТКялъул секретарь Хlамид Гьитlиновас, рагъулав комиссар Шамил Мухlамадовас, районалъул централияб больницаялъул бетlерав врачасул ишал тlуралей Патlимат Гусаровалъ, ихтиярал цlунулелгун къуваталъулал идарабазул вакилзабаз, рухlиял церехъабаз ва цогидазги.


Данделъиялда гьоркьор лъун рукlана районалъул лъай кьеялъул учреждениязда ахирисеб цlумур, ОГЭ ва ЕГЭ кьеялъул ва выпускалъулал вечерал тlоритlулаго, хlинкъи гьечlолъи цlуниялъул хlакъалъулъ, диниял учреждениязул “зеленкаби” гьариялда хурхун тlобитlараб хlалтlул хlасилазул ва 2023 соналъул тlоцебесеб бащалъиялда районалда терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялда данде къеркьеялъул комплексалъулаб план тlубазабиялъул, районалъулгун республикаялъул АТКязул хlукмаби тlуразариялъул хlакъалъулъ суалал.
Тlоцебесеб суалалда хурхун баян кьуна районалъул полициялъул начальник Мухlамадхlажи Сайбулаевас. Гьес бицана цlалул соналъул ахиралда районалъул лъай кьеялъул учреждениязда тlоритlулел тадбиразда хlинкъи гьечlолъи цlуниялъе гlоло полициялъ гьабулеб бугеб хlалтlи цlикlкlинабун букlиналъул.

Просмотров: 143 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 05.06.2023 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Июнь 2023 сон.

Рагъал, рагъал, рагъал… Гьел г1емерал ккана нилъер улкаялда. Г1емерал биял г1одоре т1уна нилъер ракьалда. Ккарал рагъазда гьоркьоб бищунго вах1шияб, бищунго г1емерал камиял ккараблъун бук1ана К1удияб Ват1анияб рагъ. Т1ок1аб сундулниги бицинч1ониги, 26,6 млн чиясул къиматаб рух1 нахъе босун ана гьелъ нилъер Ват1аналдаса.
Сонал ина, амма халкъалъул рек1елъа киданиги нахъе инаро нилъер г1адамазул бах1арчилъиги, гьунаралги, къо х1ехьейги, рух1алда барахщич1ого, щибго х1инкъи-къай лъач1ого г1агараб Ват1ан ц1униялъе г1оло жидерго рух1 кьурал бах1арзазул ц1арал. Нилъер районалдасаги ун рук1ана 3 азаргог1ан чи Ват1ан ц1унизе. Гьезул бащадалниги т1ад руссинч1о. Рагъулал гьунаразе г1оло анц1-анц1 ракьцоясе щвана орденалги, медалалги. Гьабсаг1аталда районалда ветераназул цониги чи нахъе хут1ун гьеч1о. Ч1аго ругеб мехалда нилъеца гьезул къимат, адаб гьабулаан. Гьел к1одо гьарун т1орит1улаан дандч1ваял. Ветераназ нилъее бицунаан доб вах1шияб рагъул х1акъалъулъ, г1ун бач1унеб г1ел ах1улаан Ват1ан бокьизе, рекъел ц1унизе. Ветераназул харбихъ г1енеккидал нилъеда цере ч1олаан ц1а боркьараб рагъда гуллица керенги борлъун шапун унелги, фашистазул лагераздеги ккун, хвалил квач1икье ккаралги, бидулаб авлахъалда рух1 босулелъул г1агараб росу-ракьалъухъ, г1агарлъиялъухъ, лъималазухъ угьдулаго берал къанщаралги.
Гьабсаг1аталда нилъгун гьеч1ел ветераназул пикру гьабулелъул цере рач1уна бет1ер хъах1лъарал хараби, Ват1ан ц1унизе ккеялъул, рагъ-кьал гьукъизе т1адаб бук1иналъул бицунел нилъер насих1атчаг1и.
Амма киг1анго нилъее бокьун бук1инч1ониги, гьабсаг1аталдаги, ц1ар кинаб лъуниги, Украинаялда унеб буго хасаб рагъулаб операция. Гьениреги унел руго нилъер районалдаса г1олохъаби. Жакъа къоялда жаниб районалдаса гьеб операциялда г1ахьаллъулел руго 500-ялде г1агарарав г1олохъанчи, гьезда гьоркьор руго Хунзахъ №2 гьоркьохъеб школа лъуг1аразул анц1ила цояв.
Г1ун бач1унеб г1елалъе рагъулабгун патриотикияб тарбия щвеялъе к1удияб к1вар буго рокъоб эбел-инсуца кьолеб тарбиялда цадахъго, школалда муг1алимзабаз кьолеб тарбиялъулги. Гьеб х1алт1и ц1акъго г1уц1араб къаг1идаялда гьеб школалда унеб бук1ин бихьулеб буго, шагьаралъул к1удиял школаздацин 5-ялдаса т1аде араб къадар шапакъатал щваразул (хун хадуб) гьеч1еб мехалда, Ват1аналъул х1инкъи гьеч1олъи ц1униялъе г1оло т1обит1улеб рагъда гьеб школалдаса 4-яв-Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалераллъун рахъун рук1иналъги.
Улбузда г1адин лъик1 жидерго васал лъиданиги лъаларилан абураб пикруялда дица гара-ч1вари гьабуна, киг1анго зах1матго бук1аниги, гьезул улбузулгун.

Просмотров: 114 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 05.06.2023 | Комментарии (0)

Автор Гl. Хlажиев. Май 2023 сон.

«Дие бокьулаан зодоб тӀавап гьабулел цӀумазда хадуб халкквезе. Дица гьел данде кколаан самолеталгун. Диеги бокьана воржарухъанлъун вахъине. Эбел-инсуда гьедин абураб мехалда, гьез санго гьабичӀо. Гьез абуна Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталде цӀализе айилан. Амма дир ракӀалъ тӀалаб гьабулеб букӀана зобалазде воржин. Гьединлъидал дун чанцӀулго ана районалъул военкоматалде, авиациялъул училищеялде витӀеянги гьарун». Гьадин ракӀалде щвезабула машгьурав летчик, авиаспорталъул тренер Къасум Нажмудиновас.

Анищалда хадув


Къасум Нажмудинов гьавуна 1933 соналъул 15 маялда нилъер районалъул Гъонохъ росулъ ХӀусенов Нажмудинилги Батирова ЗулхӀижатилги хъизамалда. Хунзахъ тӀалъиялде роржунел самолетал рихьаралдаса нахъе гьесул анищ букӀана летчиклъун вахъине. Бокьун букӀана авиациялъул училищеялде цӀализе ине. Амма военкомас, хӀалакъав ва логокъав вугинги абун, инкар гьабуна гьениве витӀизе. Рес къотӀарав Къасум цӀализе лъугьана Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталде. Гьенив вукӀаго, комиссиялъул хӀукмуялдалъун, Къасумие щвана авиациялъул училищеялде цӀализе лъугьине ихтияр кьолеб кагъат. Ва 30 призывникасда цадахъ гьев ц1ализе лъугьана Борисоглеб шагьаралъул Валерий Чкаловасул цӀаралда бугеб рагъулаб авиациялъул летчиказул училищсялде. Учищеялда ц1алулаго, гьев вукӀана офицерзабазул многоборьеялъул тренерлъунги волейболалъул командаялъул капитанлъунги. 1957 соналъ багӀараб дипломги щун, училище лъугӀизабуна гӀолохъанав лейтенант Къасум Нажмудиновас.
Авиациялъул лейтенант Къ. Нажмудинов витӀана Москваялъул рагъулаб округалде хъулухъ гьабизе. Жигарав ва ракӀбацӀцӀадав гӀолохъанав лейтенантасде лъикӀаб бербалагьи букӀана полкалъул командиразул. Къасум гьез ахӀана хасаб комиссиялде балъгояб гара-чӀвариялъе. Гьелъул хӀасилалда Къасумие ихтияр кьуна космонавтал хӀадурулеб къокъадулъе лъугьине. Гьев витӀана Москваялде, чорхол сахлъиялъухъ мухӀканго халгьабизе. Амма комиссиялъ гьев нахъе витӀана, сахлъиялъул рахъалъ гӀунгутӀаби ругинги абун.

Просмотров: 139 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 02.06.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Май 2023 сон.

Исанаги тlолабго улкаялдагогlадин нилъер районалдаги кlодо гьабуна Кlудияб Бергьенлъиялъул къо - 9 май. 78 сон сверана советияб халкъалъ союзникалгун цадахъ гитлерилаб Германиялда тlад бергьенлъи босаралдаса. Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда хурхун исана цlикlкlараб кlвар кьолеб букlана букlана байрамалъул гlахьалчагlазул хlинкъи гьечlолъи цlуниялде. Гьедин, кидаго байрамкъоялъ тlобитlулеб букlараб “Хвел гьечlеб полк” исана тlобитlичlо.

 
Районалда байрамалде хlадурлъизе байбихьана анкьалъ цебего.  “Стена памяти” абураб акциялда рекъон баннералги ран къачlан букlана райцентралъул аслияб къватl. Гьединго тlоритlана “Георгиевская ленточка” ва “Знамя Победы” акциял. Гlаммаб республикаялъул субботник тlобитlулеб къоялъ муниципалитеталдаги тlобитlун букlана 3000 гlан чи гlахьаллъараб кlудияб субботник. Рохьана гъутlби, лажбарги бахун кенчlезаруна заборал ва бордюрал, бакlа-бахари гьабуна паркалъулал зонабазда, Кlудияб Ватlанияб рагъул гlахьалчагlазул памятниказда ва учреждениязул минабазда сверухъ, гlемер туристал хьвадулел бакlазда ва цогидалги жамгlиял зонабазда. Субботникалда гlахьаллъи гьабизе рачlун рукlана цо-цо республикаялъул ведомствабазул вакилзабиги. Гьедин, Макьасда бакlа-бахари гьабуна республикаялъул Информациялъулгун печаталъул агентствоялъул хlалтlухъабаз.


9 маялда байрамалъулал тадбирал байбихьана, гlадатлъун лъугьахъе, радал райцентралда бугеб памятникалда цебе тlугьдул лъеялдасан. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, Хунзахъ бугеб рагъулаб часталъул командир Илья Ермолаевас, военком Шамил Мухlамадовас, росабазул бегавулзабаз, лъай кьеялъул гlуцlабазул нухмалъулез, школлъималаз ва цогидазги.


Гьенисан киналго ана Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб спорткомплексалда тlобитlараб волейболалъул рахъалъ районалъул турниралъул финалияб хlаялъухъ балагьизе. Гьелда гlахьаллъи гьабурал Хунзахъ ва Тlануси росабазул командабаз бихьизабураб чlагояб, балагьарал асир гьарулеб ва хlалуцараб хlаялъул хlасилалда 2-1 хlисабалда дандиязда тlад бергьенлъи босана хундерил волейболистаз. Лъабабилеб бакl ккуна Гьамущи росдал командаялъ. Программаялда рекъон хадуб тlобитlана “Хвел гьечlеб автополк” абураб автопробег. Гьелда гlахьаллъи гьабураб 78 автомобилалъ Хунзахъ памятникалдасан байбихьун сапар бухьана “Гlалагlарт” майданалде щвезегlан. 

Просмотров: 364 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 12.05.2023 | Комментарии (0)

Автор Г. Ильясова. Апрель 2023 сон.

Жив-жив  инсанасул г1умрудул нухги, къисматги  тарихги  бат1и-бат1ияб  буго.  Цо-цоязул  гьеб  т1убараб  т1ехь  хъвазе  г1ураб,  бечедаб  ва гъваридаб  лъалк1  нахъе  тараб  буго. Дие бицен  гьабизе бокьун  буго, жинца  бечедаб,  бах1арчияб  ва  хадуб  г1олеб  г1елалъе  мисал  босизесеб берцинаб  г1умру  гьабурав  ва  лъик1ал ишалги  рак1алдещвеялги   нахъе  тарав  Харахьиса  К1удияб Ват1анияб рагъул  г1ахьалчи  Булатов Мух1умадибирил.

Жиндир мунагьал чураяв , рагъул ветеран, Блокадный Ленинградалъул  г1ахьалчи,  рагъ  байбихьаралдаса гьеб лъуг1изег1ан жив бах1арчиго вагъарав Булатов Мух1умадибир  нилъедаса ват1алъана 2013  соналда, гьев кколаан  Харахьиса  рагъулъ г1ахьаллъарал 119 чиясул, бергьенлъиялдаса хадуб  г1агараб росулъе ч1аго нахъ руссарал  50 гоязул цояв, хут1арал  69 анц1го г1олохъанчи хут1ана кьалул авлахъазда, цо-цоязул хобал кир ругеланцин лъаларо жеги 78 сонсвераниги. Рагъдаса хадурги ругънал сахлъич1ого  дагь – дагьккун мигьлъана рагъул г1ахьалчаг1азул  кьерал, гьезда гъорлъ ахирисев нижедаса ваталъарав  рагъул ветеран кколаан Булатов Мугумадибир, алжан  щун  вохун ватаги гьев.     

Доб  вах1шияб  рагъул  кьог1лъи  лъач1еб хъизан- рукъ  хут1ун  батиларо  Дагъистаналдаги, Россиялдаги.  Гьеб  кинабго  бихьана  ва  х1ехьана жиндир  мунагьал  чураяв  Харахьиса Мух1умадибирицаги гьесул  хъизан-лъималазги
Гьев вук1ана  г1ун  бач1унеб  г1елалъул насих1атчиги. 
2015 соналъул 9 маялъул праздникалда цересел къоязда Харахьиб гьоркьохъеб школазде умумузул тарих лъазабулезул  кружокалъул г1ахьалчаг1игун дандч1ваялде  рач1ун  рук1ана  Мух1умадибирил лъимал жиндир мунагьал чураяв  Булатов  Булат  ва   Булатова  Г1айшат.  Гьез лъималазе  бицана инсул  рагъул   ва  зах1маталъул  нухалъулги  ва  гьесул  х1акъалъулъ  бит1и-бат1иял  рак1алде щвеялги. Мух1умадибирил лъималаз,  инсул гьединаб гьари бук1анин  абун, Харахьиб  гьоркьохъеб  школалъул,  краеведческий  музеялде  сайгъат  гьарун кьуна  инсул киналниги  шапакъатал, документал ва  орден-медалал.  

Просмотров: 261 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 12.05.2023 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Апрель 2023 сон.

Мун къункърабалъ гьеч1о, ц1умазулъ вуго
Ц1вабзахъе валагьун воржунев вуго.
Х1. Гъазимирзоев


26 апрелалда нилъер районалда т1обит1ана Дагъистаналъул халкъияв шаг1ир, инсанияталдаго бергьарав г1акъил, нилъер ракьцояв Расул Х1амзатовас 100 сон т1убалеб бук1иналда бан «Рахьдал мац1 – дир дунял, дир рух1» абураб Республикаялъулаб фестиваль.


Фестиваль байбихьана культураялъул к1алг1аялда цебе нилъер маданияталъулгун, г1адатазулгун, миллияб богогьанлъигун лъай-хъвай гьабизе гьалбадерие рес кьолеб миллияб майданалда чедгун ц1амгун гьалбадерида дандч1вай гьабиялдасан.


Культураялъул к1алг1аялъул фойеялда г1уц1ун бук1ана Расул Х1амзатовасул фотовыставка ва бихьизабуна гьесулго х1акъалъулъ документалияб фильмги.
Рохалил тадбир бачине рес щвана республикаялъулго рахьдал мац1алъул конкурсазда чанго соналъ т1ат1алаго цересел бак1ал росарал рахьдал мац1алъул церет1урал муг1алимзаби Саида Х1усеновалъе ва Аминат Сатаровалъе.


Расул Х1амзатовасул «Авар мац1» коч1одалъун данделъиги рагьун, гьесул творчествоялде жидерго бугеб рокьиги загьир гьабун, гьез к1алъазе раг1и кьуна райадминистрациялъул бет1ер Нурмух1амад Задиевасе. Нурмух1амадица Россиялдаго цо бугеб 6 халкъияв поэт жанив вахъараб литературияб Хунзахъ районалда авар мац1алъул фестиваль т1обит1улеб бук1иналдаса жив вохарав вук1ин загьир гьабуна. 


К1алъазе рахъарал А. А. Тахо-Годил ц1аралда бугеб г1елмиябгин х1албихьиялъулаб педагогикияб институталъул х1алт1ухъаби Барият Х1ажиевалъ, Альбина Аруховалъ, «Маг1арулай» журналалъул редактор, Авар мац1алъул муг1алимзабазул ассоциациялъул нухмалъулей Баху Мух1идиновалъ ва г1емерал цогидазги, Кизилюрталъул рагъулаб искусствалъул муг1алим Зумрут Х1амзатовнаялъ гьарурал к1алъаязда загьир гьабуна нилъер ракьцояв шаг1ирасде жидерго бугеб хиси гьеч1еб рокьи, Расулил Ват1аналде, Дагъистаналде, эбелалде, ч1ужуг1аданалде гьарурал куч1дуз, ай Х1амзатовасул т1убараб творчествоялъго дунял х1айран гьабун бук1иналъулги бицун, гьез хадубги баян гьабуна нилъер маг1арул мац1, нилъер г1адатал, нилъер чилъи, намус-ях1, нилъер бах1арчилъи, г1аданлъи – нух бихьизабун, гьес Дагъистанго дунялалда раг1изабун бук1иналъул.

Просмотров: 285 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 12.05.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Апрель 2023 сон.

22-23 апрелалда Хунзахъ Р. Хlамзатовасул цlаралда бугеб спорткомплексалда тlобитlана “Мужество” орденалъул кавалер, гъачагъаздаса Ватlан цlунулаго рухl кьурав Хунзахъа Мухlамад Хlусенов ракlалде щвезавиялъул мурадалда райцентралъул гьоркьохъеб тlоцебесеб школа лъугlун арал выпусказул командабазда гьоркьосеб волейболалъул иргадулаб турнир. Районалда гьеб турнир тlобитlулеб буго 1996 соналдаса нахъе, 2003 соналдаса байбихьун гьеб бухьинабун буго Мухlамадил цlаралда. Цересел турниралгогlадин исанаги гьеб гlуцlун букlана бахlарчиясул классцоязул, гьудул-гьалмагъзабазул ва гlага-божаразул хlаракаталдалъун.


Исана турниралда гlахьаллъи гьабуна кlиго группаялде рикьарал 10 командаялъ. Щибалъусан къватlибе борчlизе рес букlана кlи-кlи командаялъул. Кlиго къоялъ халат рахъарал хlалуцарал хlаязул хlасилалда цин группабазда, хадуб полуфиналалда дандиязда тlад бергьенлъабиги росун, финалалде рачlана 2003 соналъ школа лъугlарал ва волейболалъул ветераназул командаби. Гьелго командаби рорчlун рукlана ахирисеб кlиго сонил турниразул финалаздеги. Кидагогlадин, кутакалда хlалуцараб букlана гьезул финалалияб хlай. Амма 2-0 хlисабгун ветераназда тlад бергьенлъи босана 2003 соналъулаз. Гьелдалъун рехсараб командаялъ цlи гьабуна жидерго рекорд - гьеб командаялъ ункъабилеб нухалда тlатlала бергьенлъи босана турниралда. Гьединго 2003 соналъул выпускалъул команда ккола гlаммаб къагlидаялъ бищунго гlемер турниралда бергьенлъи босараллъунги. Исанасеб бергьенлъи ккола - ичlабилеб. 

Просмотров: 423 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 28.04.2023 | Комментарии (0)

« 1 2 3 4 5 6 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz