Пятница, 03.05.2024, 17:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Февраль » 5 » НИЖ ЦlАЛИЛА, ХlАЛТlИЛА НИЖЕР ЦЕРЕСЕЛ ГlАДИН
11:56
НИЖ ЦlАЛИЛА, ХlАЛТlИЛА НИЖЕР ЦЕРЕСЕЛ ГlАДИН

Цох1о нилъер районалда гуребги, республикаялда ва т1убараб Россиялдаго мустах1икъаб къаг1идаялда к1одо гьабуна нилъер ракьцояв, дунялалдаго ц1ар раг1арав к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул гьайбатаб юбилей. Гьеб къадруяб юбилеялъул х1урматалда г1емерал пайдаял, лъик1ал х1алт1аби т1орит1ана нилъер районалда. Гьездаго гьоркьоб х1алт1изе биччана Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб «Аранинская средняя общеобразовательная школа-интернат» абураб г1аммаб лъай кьеялъул муниципалияб казеннияб учреждениеги. Киналго рази руго муг1рузул районазда цониги гьеч1ел г1адинал шарт1алги жанир ч1езарураб, гьанжесел ц1иял стандартазда рекъон х1алт1улеб школа рагьиялдаса. Ц1алул соналъул бащдаб бут1аги ун бугелъул, школалъул х1алт1ул, ц1алул ин кин бугебали лъазелъун нижер пикру ккана гьелъул директор Патах1ова Салих1ат Мух1амадовнагун дандч1вазе. 
Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:


-Салих1ат Мух1амадовна, рак1алде ккола ц1ияб школалда  ц1ияб гъира-шавкъалда х1алт1улел ратилин педагогалилан яги дандч1валел ругищ х1алт1уе квал-квал гьабулел зах1малъаби, г1унгут1аби?

-Гьадинаб школалда х1алт1изе рес щвараб мехалда кинал рук1аниги г1унгут1абазул бицине бегьизего бегьиларо. Цебе бук1араб басрияб школалда рак1-рак1алъ х1алт1изе бокьаниги, ресал рук1инч1о, киг1анго т1ад х1алт1аби гьарун биххизе биччач1ого, школа тун бук1аниги. Гьанже хал гьабеха, лъабт1алаяб минаялъул щибаб этажалда руго ц1алул классал, музеял, бат1и-бат1ияб тематикаялъе данде кколел бок1нал. Руго г1ат1идал, к1игониги спортзал, к1удияб актовияб зал, кванил блок, эркенго кваназе рес кьолеб столовая. Гьаб школалда рес буго 308 чиясе ц1ализе, 78 ц1алдохъанасул рокъорего инч1ого общежитиялда г1умру гьабун рук1ине. Т1убараб школалдаго ч1езабун буго ц1орораб ва бух1араб лъим, санузелаздаги гьарун руго киналго санаг1алъаби. Общежитиялда г1умру гьабун ругел ясазе ва васазе ч1езарун руго жидерго рокъор рук1унел г1адинал шарт1ал. Киг1анго столоваялда кваназарун рук1аниги, гьезул рес буго бокьараб мехалда чай гьекъезе, иту бахъизе, черезе ине. Руго васазеги ясазеги рац1ц1а-ракъалъи гьабизе рат1а-рат1аго рихьизарурал рукъзал, дарсазде х1адуризе хасал бок1нал.

Байбихьул классазул лъималазе ч1езарун руго расанди-х1аязе жанир расанк1аби лъурал классал. Хас гьабун щибаб класс ккун кваназеги рачуна гьел. Гьезие квен-т1ехалъе ч1езабун буго бокьараб продукция. Рет1ун хъах1ал халг1аталгун квен х1адурулел богогьабаз лъималазе гьабула т1аг1амаб квен.

Хал гьабе, ругел щулиял столал, бак1ал, партаби. Гьал кинаб батаниги ц1улалхарадал гьарурал гуро ругел. Гьаб буго ц1ияб технологиялда рекъон гьабураб мебель.

-Салих1ат Мух1амадовна, нужер школа бачун буго Россиялъул Минпросвещениялъул школазда гьоркьобе. Кинаб бат1алъи бугеб гьеб школалдаги г1адатияб школалдаги гьоркьоб. 

Россиялъул минпросвещениялъул школа ккола школлъималги, гьезул умумулги, бат1и-бат1ияб г1елалъул махщалилалги бат1и-бат1иял социалиял группабиги, Россиялъул творческияб бук1инеселъе г1оло, хас гьабун щивав чиясе г1олонги цолъизабураб педагогикиял х1алт1ухъабазул профессионалияб махщел борхизабиялъул центрлъун. 

Гьеб цебет1езабиялъ рес кьезе буго киналго ц1алдохъаби ращад гьарун рахъи бугеб лъай кьезе, ц1алдохъабазул сахлъи ва х1инкъи гьеч1олъи ц1унизе, лъай кьеялъул даража жеги ц1ик1к1ун борхизабизе, учителасул ва гьесул командаялъул х1алт1и, гьесул творчество якъинго загьир гьабизе. 

Гьаниб ц1акъго к1вар бугеблъун ккола школалда «гьава-бакъ» рекъезаби, ай жиб-жиб лъимер школалде ине ккола гъираялда, бокьун. Лъимадуе кьолеб дарсил интерес гьеч1они, гьеб кьеялъул кинаб бук1аниги мунпаг1алъи бук1унаро. Педагогаздаги лъималаздаги ва т1убараб коллективалда гьоркьобги бук1ине ккола данде ккей, цоцада рич1ч1и. Даг1ба-раг1и бук1ине бегьуларо. Цоцалъ х1ал рекъон гьеч1они, х1алт1ул цебет1ейги бук1унаро.

Нижер школалда гьел киналниги бут1абазда рекъон, щибалъе хасав педагог вихьизавун вуго. Руго щивасул планалги. Х1алт1иги гьелда рекъон бачунеб буго. «Россиялъул Минпросвещениялъул школа» абураб ц1аралде гьоркьоре уна улкаялда ругелщинал ц1акъго церет1урал школал. Нилъер районалъулалги уна гьезда гьоркьоре. Эталонал г1адин гьелги ккун, гьезухъ балагьун бачине бегьула цогидал школазги жидерго х1алт1и. Ниж ц1акъ рохарал руго нижер школаги гьединаб къиматаб проекталде гьоркьобе ккеялдаса. Х1алт1изе руго гьеб ц1аралъе мустах1икъаб къаг1идаялда.

- Гьаб нахъа тараб ц1алул бащадаб лъаг1алида жаниб ккарал кинал церет1еял ругел  школалъул? Бокьилаан цебесебги гьанжесебги данде ккуни.

- Цебесебги гьанжесебги данде ккуни, рак1алде ккола ниж цо бат1ияб дунялалде риччан ругилан.  Басрияб школалдаги г1езег1ан ц1алуда т1ад ч1олаан. Лъималазул ц1али ва г1адлу цебет1езабиялъе г1езег1ан пайдаял тадбиралги т1орит1улаан, амма гьанжег1адинал шарт1алги, цебет1ейги цебе бук1инч1елъул, гьанже ниж маргьудалъ ругин кколеб буго. Школалда цониги къо бук1унаро, цониги пайдаяб тадбир т1обит1ич1еб. Щибаб анкьалъ т1орит1ула рагьарал дарсал, щибаб предметалъул декадаби. Школалда районалъулго роценалда т1орит1ана «Бищунго лъик1ав байбихьул классазул учитель», «Лъаг1алил учитель» конкурсал. К1иялдаго нижер школалъул педагогазе щвана т1оцебесеб бак1, творческиял х1алт1абазул конкурсалда школалъул ц1алдохъабаз ккуна цересел бак1ал. Волейбол х1ан васаз босана 1-себ бак1, ясаз-3-леб, эркенаб гугариялъул къецаздаги нижер ц1алдохъабазул рук1уна цересел бак1ал. Школалъул педагог Г1алиева Пат1имат Г1абдулаевнаялъул махщалилазул творческиял х1алт1аби исана росун руго Москваялда ВДНХялда т1орит1улел церелъеязде гьоркьоре. Районалда, республикабазда т1орит1улел конкурсазда гьелъул  махщалилаз цересел бак1ал росич1еб заман бук1инч1о.

Бащдаб лъаг1алил х1асилал гьаруни, ц1алдохъабазул 45 проценталъ ц1али лъуг1изабуна «ункъил» ва «щуйил» къиматазда, 8 чиясе гурого ккеч1о «к1ийил» къимат. Рак1алде ккола лъаг1алил ахиралде ц1алуда хадув гъоларев цониги ц1алдохъан нижер вук1инарилан ва ОГЭ, ЕГЭ цогидалги къват1ире риччаялъул экзаменал нижер ц1алдохъабаз лъик1 кьелилан. Гьезде х1адурлъи школалда цебегоялдаса нахъе унеб буго.

Школалда жеги лъик1ал х1асилал ккезе рес бук1инаан, г1одоса эхедего нижерго школалда ц1аларал ц1алдохъаби гурого анире ц1ализе рач1унарелани. Лъик1алги рук1уна ц1алдохъаби, амма г1емерисеб мехалда жидерго росдал школалда ц1алун бажарич1ел рук1уна. Гьединал ц1алдохъабаз ц1али ва г1адлу-низам нахъе ккезабич1ого толаро.

- Россиялъул г1емерисел школал анкьида жаниб 5 къойилаб ц1алиялде рач1ана. Цо-цояз гьеб беццулеб буго цогидаз какула. Дур кинаб пикру бугеб?

- Анкьида жаниб 5 къоялъ гурого ц1алунгут1иялде т1оцебе ругьунлъулел рук1инч1о. Хадуб гьеб ц1акъ санаг1атаб ц1али батана, щайгурелъул ОГЭ ва ЕГЭ кьолел 9 ва 11 классазул лъималазул рес буго субботаялъ дополнительныял занятиял гьарун экзаменазде  х1адуризе. Цогидал ц1алдохъабазеги рес щвана дарсазул консультациял гьаризе гуребги, бат1и-бат1иял тадбиразде х1адуризе, экскурсиязде ине, музеязде щвезе, к1вар бугел ишазда г1ахьаллъи гьабизе.

- Электрониял журналазда хурхун щиб абилеб?

- Х1алт1изе лъалев чиясе гьезулги бигьалъи гурого, зах1малъи гьеч1о.

- Т1оцебе гьаб школалде ц1ализе, интернаталда ч1езе рач1арал лъимал ругьунлъуларого рук1унел ратила. Гьединазул рак1 батизабизе, хасго г1исинал ц1алдохъабазе кумекалъе гьарулел тадбирал рук1унищ школалда?

-Нижерго школалда ц1алулелги рук1арал, общежитиялда г1умру гьабунги рук1арал лъималазда лъала школалъул низамги, хьвада-ч1вадизе кколеб къаг1идаги, гьезул лъималазда гьоркьоб хьвадизе лъангут1и, ч1алг1ен бук1унаро. Амма гьелгицин 2 соналъ школа х1алт1илеб бук1инч1елъул хисун ратана. Школалде росарал ц1иял лъимал ц1акъго г1адлу гьеч1ел, гьаб бегьула, гьабцояб бегьулареблъи лъаларел рук1ана. Т1оцебе лъимал школалда жанир ч1еч1ого, дарсаздаса эркенаб заманалда къват1ире ине, тукабазда сверизе ине г1едег1улел рук1ана. К1удиясул адаб гьаби, т1аде вач1унесе нух кьей, школалда ах1и-х1ур гьабизе бегьунгут1и гьезда щибжоялицин лъалароан. Гьанже педагогазулги, тарбиячаг1азулги, к1удияб х1алт1ул х1асилалда, гьел г1одоре риччазаризе к1вана. 

Гьабсаг1аталда къват1ире инилан цониги чи лъугьунаро. Гьел жидерго рокъоб г1адин рук1уна. Рецц Аллагьасе ц1алдохъабазул г1адлу-низам рук1алиде ккана. Гьелдаса ниж кутакалда рохунги рук1уна. Нижер школалда телефонал х1алт1изаризе изну кьоларо.

Щайгурелъул, школалда ва рокъоб гьезул квалквал гуреб пайда бук1унарелъул. Амма рокъоб эбел-инсуца изну кьолеб буго. Къаси эбел-эменги кьижун къаси саг1ат цоги к1игоги тубазег1ан рук1унел руго лъимал телефоназде руссун. Радал школалде рач1араб мехалда гьел кьижулел рук1уна. Нижеца гьезухъа телефонал нахъе росани, улбул рач1уна гьел т1алаб гьабун. Школа х1алт1улеб бук1инч1еб 2 соналда жаниб умумулгицин хисун ругин ккана дида. Лъималазде семизе, гьезде гьит1инабгицин раг1и абизе бегьулеб гьеч1о. Щиб кканиги гьел бадирч1ваял гьаризе рач1уна. Амма умумул киналго гуро гьединал ругел. Гьезул 80 процентниги умумузул собранияздеги рач1уна, школалда гьабулеб к1вар бугеб х1алт1и-пишаялда г1ахьаллъиги гьабула. Гьелъухъ гьезие баркала буго.

- Салих1ат Мух1амадовна, мун рази йигищ х1алт1удаса? Цебеялде дандеги х1алт1и зах1малъун батила…

- Т1оцебесеб иргаялда босани, гьадинаб республикаялъулго ч1ух1илъун кколеб, гьанжесеб ц1ияб, киналго шарт1алги жанир ругеб, нилъер ракьцояв, планетаялъулго шаг1ир, Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб школалда х1алт1изе щвей районалъул щивав педагогасул къадру борхилъун бук1инин ккола дида. Гьаб школалда х1алт1улев ва ц1алулев чиясул кинго рес бук1унаро, школалъул ц1аруе г1ологицин, цере лъурал масъалаби ва мурадал т1уразарич1ого ч1езе.

К1иабизе босани, зах1малъаби данд ч1вач1ин абизе кин к1велеб, щибго бук1инч1еб бак1алда сайт г1уц1улагоги, правоустановочныял документал х1адурулагоги, х1инкъи гьеч1олъи бук1инабулагоги, жив-жив х1алт1изе восарав чиясулги, ц1алдохъанасулги делаби ва цогидабщинаб гьабулагоги г1езаг1ан т1ад х1алт1изе ккедал. Алх1амдулиллагь, гьеб кинабго нахъа тана. Нижер х1алт1и роц1ц1ун буго.

Дие гьаниб баркала загьир гьабизе бокьун буго ц1ан къойиде школа баралъухъ райадминистрациялъул бет1ер Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич Задиевасе. Гьес кинабго гьабулеб буго районалда лъай кьеялъул иш роц1ц1инабиялъе. Гьединго баркала буго Х1амзатов Мух1амад Х1осеновичасе ва гьаб унго-унгояб гьанжесеб школа балелъул гьелда гъорлъ г1ахьаллъаралщиназе. Чорхое щулияб сахлъиги кьун рохун таги гьел. Рак1-рак1алъ баркизе бокьун буго Нурмух1амад Махсут1х1ажиевичасда ц1идасанги районалъул администрациялъул бет1ерлъун вищи. Гьаризе гьесие гьабулеб ишалда нахъа икъбал, чорхое щулияб сахлъигун рохел.

- Салих1ат Мух1амадовна, дуеги гьарула гьадинаб жавабчилъи ц1ик1к1араб х1алт1уда нахъа чорхое щулияб сахлъи. Риччанте нужер ц1алдохъабазул бергьенлъабаз нуж рохизаризе, нужер зах1матаб ва къадруяб х1алт1уе мустах1икъаб къаг1идаялда къимат кьезе, гьабулебщиналъе тавфикъ.


Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ
 

Просмотров: 396 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz