Автор Н. Гlалиева. Февраль 2024 сон.
Цох1о нилъер районалда гуребги, республикаялда ва т1убараб Россиялдаго мустах1икъаб къаг1идаялда к1одо гьабуна нилъер ракьцояв, дунялалдаго ц1ар раг1арав к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул гьайбатаб юбилей. Гьеб къадруяб юбилеялъул х1урматалда г1емерал пайдаял, лъик1ал х1алт1аби т1орит1ана нилъер районалда. Гьездаго гьоркьоб х1алт1изе биччана Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб «Аранинская средняя общеобразовательная школа-интернат» абураб г1аммаб лъай кьеялъул муниципалияб казеннияб учреждениеги. Киналго рази руго муг1рузул районазда цониги гьеч1ел г1адинал шарт1алги жанир ч1езарураб, гьанжесел ц1иял стандартазда рекъон х1алт1улеб школа рагьиялдаса. Ц1алул соналъул бащдаб бут1аги ун бугелъул, школалъул х1алт1ул, ц1алул ин кин бугебали лъазелъун нижер пикру ккана гьелъул директор Патах1ова Салих1ат Мух1амадовнагун дандч1вазе.
Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
-Салих1ат Мух1амадовна, рак1алде ккола ц1ияб школалда ц1ияб гъира-шавкъалда х1алт1улел ратилин педагогалилан яги дандч1валел ругищ х1алт1уе квал-квал гьабулел зах1малъаби, г1унгут1аби?
-Гьадинаб школалда х1алт1изе рес щвараб мехалда кинал рук1аниги г1унгут1абазул бицине бегьизего бегьиларо. Цебе бук1араб басрияб школалда рак1-рак1алъ х1алт1изе бокьаниги, ресал рук1инч1о, киг1анго т1ад х1алт1аби гьарун биххизе биччач1ого, школа тун бук1аниги. Гьанже хал гьабеха, лъабт1алаяб минаялъул щибаб этажалда руго ц1алул классал, музеял, бат1и-бат1ияб тематикаялъе данде кколел бок1нал. Руго г1ат1идал, к1игониги спортзал, к1удияб актовияб зал, кванил блок, эркенго кваназе рес кьолеб столовая. Гьаб школалда рес буго 308 чиясе ц1ализе, 78 ц1алдохъанасул рокъорего инч1ого общежитиялда г1умру гьабун рук1ине. Т1убараб школалдаго ч1езабун буго ц1орораб ва бух1араб лъим, санузелаздаги гьарун руго киналго санаг1алъаби. Общежитиялда г1умру гьабун ругел ясазе ва васазе ч1езарун руго жидерго рокъор рук1унел г1адинал шарт1ал. Киг1анго столоваялда кваназарун рук1аниги, гьезул рес буго бокьараб мехалда чай гьекъезе, иту бахъизе, черезе ине. Руго васазеги ясазеги рац1ц1а-ракъалъи гьабизе рат1а-рат1аго рихьизарурал рукъзал, дарсазде х1адуризе хасал бок1нал.