Главная » Архив материалов
Автор М. Мух1амадов. Апрель 2026 сон. Исана 5 маялда нилоъер ракьцояв, Ц1ада росулъа академик Х1амзатов Х1ажи Х1амзатович гьавуралдаса т1убала 100 сон. "Лъаг1алил юбилярал" рубрикаялда гъоркь нижеца газеталда рахъизе руго гьесул г1умрудулги г1елмудалги х1акъалъулъ академикасул гьудул-гьалмагъзабазул ва цадахъ х1алт1аразул рак1алде щвеялгун макъалаби.
ХIажилгун
дир лъай-хъвай ккана 1984 соналъул июналда МахIачхъалаялда. Гьесул
кабинеталъуве дун вачана дир мугIалим, доцент (гьанже филологиял гIелмабазул
доктор, профессор) МухIума ЧIегIерчиевас. Дица лъугIизабун букIана филологияб
факультет ва кодоб букIана дун аспирантураялде витIараб ва ДГПИялъул ректор АхIмад
МухIамадовас гъулбасараб кагъат. Нижехъги гIенеккун, ХIажи ХIамзатовичас абуна
институталда лъикIал ресал ругила гIелмуялда тIад хIалтIизе бокьарав чиясе,
амма гIалимчи вахъиналъул иш дудаго бараб бугин.
Дагъистаналда
гуманитарияб гIелмуялъе кьучI лъолаго, ХIажи ХIамзатовичас Дагъистаналъул гIелму
бечелъизабуна адабият ва мацIал лъазариялъул, фольклор ва искусство
цебетIезабиялъул цIиял пикрабаздеги масъалабаздеги кIвар кьун, гъваридал
цIех-рехал гьариялдалъун. Гьес жиндирго хIаракатчилъиялъулъ пайда босулаан гIурусазул,
европаялъулазул ва бакъбаккул рахъалда ругел халкъазул культураялъул
лъикIабщиналдаса ва цебетIурабщиналдаса.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2026 сон. 3
апрелалда, цебеккун лъазабун бук1ахъе, райцентралда Ш. Шамхаловасул ц1аралда
бугеб маданияталъул к1алг1аялда т1обит1ана т1адехун рехсараб темаялда тарихияб
лекция. Гьеб бачине яч1ун йик1ана машгьурай тарихч1ужу, тарихиял г1елмабазул
кандидат, Россиялъул г1елмабазул академиялъул (РАН) Москваялда бугеб
востоковедениялъул институталъул Пат1имат Тах1наева.
Тарихч1ужуялъул г1умруялъул ва г1елмияб х1аракатчилъиялъул
х1акъалъулъ къокъго бицана республикаялъул Тахо-Годил ц1аралда бугеб Миллияб
музеялъул Хунзахъ бугеб филиалалъул г1елмияв х1алт1ухъан ва юридикиял
г1елмабазул кандидат Мух1амад
Г1амировас.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2026 сон. Араб
анкьалда райадминистрациялъул росдал маг1ишаталъул отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевгун, гьесул заместитель
Х1усен Г1умаровгун ва отделалъул
цогидал специалисталгун цадахъ районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас сапар бухьана районалъул гъутабазда ругел
цо-цо маг1ишатазде.
Аслияб къаг1иялда халгьабуна гьал ахирал соназда ц1иял тарал
нухмалъулезул предприятиязул хlалтlухъ. Т1оцере гьел щвана Г1обода росдал Ленинил
ц1аралда бугеб СПКялде. Рехсарасаб маг1ишаталда х1алт1и г1уц1ун буго
г1олохъанав ва бажари бугев нухмалъулев Х1ажимурад
Нажмудиновасул нухмалъиялда гъоркь. Гьев председательлъун ккедал, бук1ун
буго 83 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул, гьанже г1ун буго 150 бет1ер, гьездасан 109
беч1ч1улеб г1ака. 320 бет1ер г1и-боц1ул бук1араб бак1алда лъугьун буго 615.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Апрель 2026 сон. Руго хвасар гьариялъул хъулухъал: 01, 02, 03 …. ва буго
Дагъистан, 05.
Къого соналъ цебег1анго дадал г1арцуца къват1исеб
х1укуматалда г1умру гьабизе ворч1арав «ц1ияв дагъистанияс» хъван бук1ана «Щай
дие дагъистаниял рокьуларел?» абураб жиндирго ват1аналде «лаг1араб» макъала.
Гьелда ничгьеч1ица жужах1алъул къавмалъулг1анги рехсеч1еб г1унгут1и тун
бук1инч1о Муг1рул Улкаялъул г1адамазул.
Амма дагъистанияз щибаб къойил (СВОялда, ракълилаб
г1умруялда т1абиг1ияб балагьалъул къох1ехьеялда…) рихьизарулел бах1арчиял
гьунараз, ях1 бугел ишаз кьарияб килас лъола дов хиянатчияс къираралъул
г1аксалда иш бук1иналда т1ад.
28 март лъугьана Дагъистаналъе тохлъизарураб ва зах1матаб
х1албихьилъун-107 соналъ бук1инч1еб г1адаб гучаб т1абиг1ияб балагьалъул
асирлъуде ккана чанго росу, аза-азар мискин-пакъир, мац1 лъалареб боц1и. Метеорологаз
моц1ие бегьулеблъун бихьизабураб ц1адал къадаралдаса 417 % ц1ик1к1ун бана гьеб
Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун, цо сордо-къоялда жаниб.
|
Автор Ш. Хъазанбиева. Апрель 2026 сон. Нилъер ракьцояв, Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан, Шапи
Казиев рак1алде щвезавиялъе г1оло бюст-памятник рагьана республикаялъул
тахшагьаралда, Тахо-Годил ц1аралда бугеб миллияб музеялда. Исана гьес т1убалаан
70 сон. Гьеб памятник х1адур гьабуна хъвадарухъанасул лъик1ав гьалмагъ, ц1ар
раг1арав скульптор Мух1амад-Г1али Г1алиевас. Памятник рагьиялъул тадбиралда
г1ахьаллъи гьабуна хъвадарухъанасул г1ага-божараз, гьесул
гьудул-гьалмагълъиялъ, художниказгун архитектораз ва журналистаз.
Данделъараз хъвадарухъан рак1алде щвезавуна сих1къот1иялъул
лах1заталдалъун ва гьесул г1умрудулгун творчествоялъул бициналдалъун.
|
Автор И. Мухlамадов. Апрель 2026 сон.
Гьал
къоязда байбихьана Дагъистан республикаялъул Бет1ерасулгун Х1укуматалъул
Администрациялъ Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул
г1ахьачаг1аздагун ветераназда гьоркьоса махщел камилал нухмалъиялъул кадрал
х1адуриялъул мурадалда г1умруялде бахъинабулеб бугеб «Доблесть гор» абураб
программаялъул лъабабилеб модуль. Гьелъул модератораллъун ккола улкаялъул
Президентасда цебе бугеб Россиялъул халъкъияб маг1ишаталъулгун пачалихъияб
хъулухъалъул пачалихъияб управлениялъул т1адег1анаб школалъул (РАНХ и ГС)
экспертал, ай программаялъул г1ахьалчаг1азе лъай кьолеб буго улкаялъул бищунго
лъик1ал муг1алимзабаз. Гьедин, к1иго анкьица халат бахъине бугеб модулалда
рекъон гьелъул г1ахьалчаг1аз камил гьабизе буго регионалиябгун муницалияб
нухмалъиялъе жидерго бугеб бажари.
Рехсараб
программаялда г1ахьаллъи гьабулеб буго нилъер ракьцояв, Хунзахъ росулъа Т1алх1ат Мух1уевасги. Конкурсалъул
х1асилазда рекъон байбихьудасанго гьелда г1ахьаллъарал 1500 ялдасаги ц1ик1к1ун
чиясда гьоркьосан гьев ворч1ун вуго т1аса рищарал финалистазул 35 чиясдасан
г1уц1араб сиях1алде.
|
Автор редколлегия. Март 2026 сон. Цойги лъик1ав инсан, газеталъул божарав мухбир Аллагьасул
къадаралде щвана гьаб хирияб Рамазан моц1алъул ахиралда.
Ахъбердиев Т1алх1ат Иманшапиг1ович гьавуна 1938 соналъул 24
августалда Хунзахъ росулъ рагъулав хъулухъчиясул хъизамалда. Инсуца рагъулаб
хъулухъ гьабулеб Украинаялъул Львов областалда бук1уна Ахъбердиевазул хъизам
рагъ байбихьараб заманалда. Кодов ккун Т1алх1атгун, ургьиб цойги лъимергун,
г1емераб зах1малъи-г1акъубаги бихьун т1адюссуна гьезул эбел 1941 соналъ
Хунзахъе. Цин Хунзахъ анкьгосонилаб, 1952-1955 соназ Г1арани гьоркьохъеб
школаги лъуг1ун Т1алх1атица т1убазабуна гьит1инаб къоялдаса нахъе жиндирго
бук1араб анищ-гьев ц1ализе лъугьуна Мах1ачхъалаялъул Дагъистаналъул
медицинаялъул училищеялъул фельдшерзабазул отделениялде.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Март 2026 сон. Абу
Гьурайратидасан бач1араб х1адисалда Аварагас (жинда салат-салам лъеяв) абулеб
буго: «Бищунго лъик1аблъун ккола: «Гъорлъ х1илла-рек1к1, х1арамлъи гьеч1еб
даранги, чияс жиндирго квералъ гьабураб х1алт1иги»ян. Гьелда хадув вилълъун
х1алт1и г1уц1арав бизнесмен ккола нилъер районалъул К1ахъ росулъа Абуев Х1амза
Салманович. Гьесул бажариялъулги, сахал ишазулги, росдае гьабулеб кумекалъулги,
г1умругун х1ежалде унезухъе кодоре кьолел жидецаго риччалел ниг1матазул ц1урал
къуч1бузулги цебе-цебеги г1емерго бицунаан дие к1ахъияз. Гьале жакъа диего рес
щвана гьит1инаб хъизамалъулаб ишалъул к1удияб дармил рукъ г1уц1иялъул,
халкъалъул рак1ал х1айран гьарулел ниг1матал (х1айваналъулгун г1анк1уялъул
гьаналдаса байбихьун гьелъул гьарурал колбасабигун сосискаби, рулетал,
тушенкаби ва гь.ц.) къват1ире риччаялъул х1акъалъулъ балъголъаби машгьураб,
«Абуев» ан ц1ар тараб дармил рукъалъул генералияв директорасухъа росун, нужее
гьурщизе.
|
Автор Н. Гlалиева. Март 2026 сон. Гьанжесев инсанасул г1умру нилъеда цебе ч1езабизе к1оларо
электричество гьеч1ого. Рокъоб канлъиги, хинлъиги, рах1атги-гьеб кинабго нилъее
кьола энергетиказ. Кьварараб хасалил заманалдаги, г1азу бан, ц1ер ч1ван, гьури бахъун,
пири пирхун токалъул кваразе жагъаллъи кканиги, къаси-къад бат1алъи гьеч1ого
гьениреги рортула энергетикал. Нилъер рукъзабахъе канлъигун хинлъи кьей
гуребги, гьезул зах1матаб х1алт1ул х1асилалдалъун, минабазухъе бач1инабула
парахалъиги, берцинлъиги.
|
Автор И. Мухlамадов. Февраль 2026 сон. 26
февралалда райдминистрациялда т1обит1ана районалъул собраниялъул депутатазул
иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ,
администрациялъул х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз ва муниципалитеталда ругел цо-цо
идарабазул нухмалъулез.
|
Автор Ф. Мух1амадова. Февраль 2026 сон. Афгъанистаналъул
рагъ... Лъицаниги рагӀун лъазабичӀеб, 9 соналъ халатбахъараб, Дагъистаналъе 129
(цо-цо баяназда рекъон-194) вас камураб тунка- гӀуси. Гьал гӀагарал къоязда
ракьалда интернационалияб борч тӀубалаго къадаралде щварав ТӀанусиса ГӀалиханов
Шамил ГӀабдулкъадировичасул бицине бокьун буго жакъа дие,
гьев щибаб къойилаб реццалъе мустах1икъав вук1ун.
Гъоркьехун
рахъулел руго XIажи ГӀариповасул «Бихьинчилъиялъе абадияб рецц» абураб
тӀехьалдаса гьев мунагьал чурадил хӀакъалъулъ мукъсаналго баянал.
ХӀакъикъаталдаги гьесул бахӀарчияб гӀумруги, гьесул ишалги мустахӀикъал рукӀана
байрамкъоялъ гуреб, щибаб къойил ракӀалде щвезеги, сайгъатаздалъун, гьесул нахъе
хутӀараб гӀагарлъигӀаги кӀодо гьабизеги.
|
Автор И. Мух1амадов. Февраль 2026 сон. 11
февралалда райадминистрациялда т1обит1ана районалъул Ветеринарияб
управлениялъул араб соналъул х1алт1ул х1асилал гьариялъул данделъи. Гьелда
г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, росдал маг1ишаталъул
отделалъул начальник Мух1амад Г1алиевас, республикаялъул Ветеринарияб
управлениялъул нухмалъулев Хъарачу Г1амирхановас, районалъул ветуправлениялъул
начальник Т1алх1ат Шамхаловас, г1уц1иялъул бак1азда ругел х1алт1ухъабаз, бегавулзабаз
ва муниципалитеталъул цо-цо маг1ишатазул нухмалъулез.
|
Автор Б. Мухlидинова. Февраль 2026 сон. Церег1анго
соназ нилъер машгьурай районцояй, «Маг1арулай» журналалъул редактор Баху
Мух1идиновалъ Россиялъул мустахIикъав артист, нилъее киназего хирияв ХIусен Хъазиевасухъа
босараб гара-ч1вари кьолеб буго районалъул газеталда, нужедаги унго-унгояв
гьунар, районалъул ч1ух1и-Унго-унгояв Артистасул г1умрудул лъазелъун. Рак1алде
щвезабилин, араб соналъул ахиралда Х1усеница к1одо гьабуна г1умрудул 80 сонилаб
юбилей.
|
Автор И. Мух1амадов. Февраль 2026 сон. 4 февралалда райадминистрациялда т1обит1ана бегавулзабазулгун иргадулаб
данделъи. Гьеб нухда бачана районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас, гьесул
заместителаз ва цо-цо отделазул нухмалъулез. Данделъиялда рорхана налогал
рак1ариялъул, ихдалил призывалъул, ракьазул участокал кьеялъул ва цогидалги
жамаг1атазе к1вар бугел суалал.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2025 сон. Расулихъего: Дун дирго векалъул гlабдал йикlана, хlалихьалъиялде данде ягъулей...
Гьаб
к1очон тараб бихьугегиян гьардарабила къот1изеги къот1ун гирун унеб бет1ер… ва
турхьан босун ц1адабе ккарабила.
|
|