Зама-заманалдасан толаро инсанасе рак1алдещвеяз рах1ат-гьев нахъвуссинавула аралде, т1амула саназулги х1албихьиязулги т1огьисан киналъего къимат кьезе… 1999 соналъул августалъ дун йик1ана къойилъ йигей г1олохъанч1ужу. Гучаб улка СССРги биххун, бук1инеселде щибниги хьулги гьеч1ого, дир бихха-хочараб гьит1инаб г1акълуялъ кинго къабул гьабулеб бук1инч1о доб мехалъ Пачалихъияб Советалъул председатель М. Мух1амадовасул «Боц1и бичун ярагъги босун къват1ире рахъа» ян ах1и… Гьеб ах1иго раг1илалде, борчун чанахъанасул ярагъгун нуж лъик1 рук1аян ниж, руччабазде аманаталги гьарун, сордойил росу ц1унизе дежурствабазде хьвадулел эменгун цо вугев вац… «Унго гьанжеги рагъищ?» ан рек1елъе к1анц1араб ч1ужуг1аданалъулаб х1инкъи… Киназулго г1аммаб рах1атхвей…
1999 соналъул 7 августалъ Шамил Басаевасул ва Хаттабил нухмалъиялда гъоркь халкъазда гьоркьосел террористал Чачаналъан рач1ун к1анц1ана Дагъистаналде т1аде. Исламияб диналда нахъаги рахчун, шариг1ат ч1езабизеян идеягун, амма гажазде щвезег1ан яргъид рорчун рач1арал «гьалбал» гьалбал хириял дагъистанияз къабул гьарич1о. Бак1алъулаб халкъалде бук1араб жидерго рек1елгъей ссвинабизе ккана, исламалъул берцинлъи гучаб улкаялда гьоркьоса гьелъул кесек г1анасеб Дагъистан, къуватгун т1езабиялъ бихьизабулареблъи бич1ч1изе г1акълу г1еч1ел гъачагъаз. Ц1ияб Лак районалда чанго росу кверде босизе гьезда к1ваниги, 14 сентябралъ федералиял къуватаз гьел ч1идрихизаруна. Лъиениги х1ажат бук1инч1еб ва лъиданиги маг1на бич1ч1ич1еб гьеб тунка-г1усиялъул «баракатлъун» ккана 300 рагъулав хъулухъчиясул ва 2500 боевикасул хвел, КТО ва суннат ц1унун мегеж тарав дагъистаниясдацин сверухълъиялъул щакдари.
Балъхъалги, ц1умадиселги, тумалги цоги-цоги миллаталги… -х1атта, халкъалдаса кидаго рик1к1ад ч1езе бокьулел х1акимзабигицин цо зар г1адин цолъана доб зах1матаб моц1алъ. Гьаз киназго бихьизабуна ихтияр босич1ого, нилъер г1аммаб рокъове лъугьине лъилниги хъулухъ гьеч1еблъи.
Халкъияб ополчениялъул къуваталъ сагьвил гьавуна живго Владимир Путинцин. Дагъистаналде бугеб рокьулги гьес чанц1улго рехсана доб баг1арараб 1999-абилелдаса хадуб.
Исламалда вах1шилъиялъе, ч1вай-хъвеялъе, макру-сих1руялъе бак1 гьеч1еблъи бич1ч1ана доб мехалъ киназдаго. Ва, иргадулаб нухалъ дунялалдаго Муг1рузул Улка раг1изабурав Расулил г1акъиллъи борцана инсанияталъго, гьесул «Бокьун Россиялде гъорлъеги лъугьинч1о-бокьун нахъеги инаро» ян абурал раг1абаздалъун.
Ф. Мух1амадова.
|