Вторник, 19.03.2024, 09:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор И. Мухlамадов. Март 2024 сон.

Араб анкьалда райадминистрациялда данде гьарун рукlана районалдаса Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда къадаралде щварал гlолохъабазулгун улбулги лъудбиги. Дандчlвай гlуцlун букlана Халкъазда гьоркьосеб руччабазул къо - 8 марталда хурхун. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас,  райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, военком Шамил Мухlамадовас ва цо-цо росабазул бегавулзабаз.

“Жакъа нуж данде гьариялъе гlилла буго нужеда гlицlго байрам барки гуребги, нужер гlузраби яги къваригlараб-тараб батани, гьезухъги гlенеккун, нижехъа бажарараб кумек гьаби. Щибаб къойил нужгун дандчlванги бажаруларелъул, гьадин цо-цо заман батун, санагlалъи кканщинахъе нужгун дандчlвала ниж. Узухъда, дида цlакъ лъикl бичlчlула кинал рукlаниги квербакъиязги дандчlваязги лъимадул рухlел тlаса босулареблъиги. Амма ниж киназдаго тlадаб буго нужее бажарараб кумек гьабизе”, - ян абуна муниципалитеталъул нухмалъулес. 

Руччабаз рорхана жидерго суалалги. Гьел киналго тlуразе хlаракат бахъилилан абуна Нурмухlамад Махсутlхlажиевичас. Тадбиралъул ахиралда руччабазе кьуна тlугьдулги сайгъаталги.

Просмотров: 13 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор Н .гlалиева. Март 2024 сон.

Абула, школа байбихьулин директорасдасанилан. Г1обода гьоркьохъеб школалъул директор, Дагъистаналъул халкъияб лъай кьеялъул отличник, Россиялъул халкъияб лъай кьеялъул Х1урматияй х1алт1ухъан, Зах1маталъул ветеран Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъе школа байбихьула гьелъул рагьу-мах1уялдасан, азбаралдасан. Школалъул минаялде жание лъугьиналде, гьелъ киса-кибго бер реч1ч1изабула цин къват1исан минаялда сверухъ бак1 роц1ц1ун бугищали, хадуб хал гьабула жанисан школалда бугеб ах1вал-х1алалъухъги. 

Ц1алиялда цадахъго Пат1имат Х1абибовалъ ц1ик1к1араб к1вар кьола, гьеб школа лъуг1ун к1удияб дунялалде, гвангъараб бук1инеселде унеб бугеб лъимер кинабго рахъалъан цебе т1ураблъун, унго-унгояв инсанлъун куцаялде, лъик1абги квешабги бат1а бахъизе лъалев, рит1ухъабги т1екъабги бич1ч1улев чилъун лъугьиналде. Жиндир школалда ц1алулеб лъимералда лъазе кколин, - абула гьелъ, школалъул программа гуребги, г1адамазда гъорлъ рук1а-рахъинеги, хьвада-ч1вадизеги. Гьелъие жиндиегоги гьединаб тарбия щвана школалдасан.

Районазда гьоркьосеб руччабазул школа-интернат. Гьеб бук1ана республикаялдаго ц1ар раг1араб жидерго росулъ гьоркьохъел школал гьеч1ел ва хадубккун ц1ализе гъира бугел муг1рузул районаздаса ясазе рагьараб школа-интернат. Гьениб лъай кьеялда цадахъго ясал ругьун гьарулаан рук1а-рахъиналде, рац1ц1а-ракъалъиялде, жидедаго хадуб хъулухъ гьабиялде, пал-х1асил, рокъоб эбел-инсуца малъулелдаса ц1ик1к1араб бук1ана школалда муг1алимзабазги, тарбиячаг1азги гьениб ц1алдохъабазда малъулебщинаб. Гьеб школалде ине гъира бук1унаан эбел-эмен гьеч1ого хут1арал бесдал лъималазул гуребги, лъик1ал хъизаназда г1олел ругезулги. Гьенир ясал ругьунлъулаан гьудуллъи-яццлъиялде, ц1ик1к1арасул адаб-х1урмат гьабиялде, гьит1иналгун рекъон рук1иналде, г1аданлъи, ях1-намус ц1ик1к1араллъун лъугьиналде. 

Гьеб школа лъуг1изабуна Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъги. Т1оцебе Хунзахъ микьго сонил школаги лъуг1изабун хадуб гьоркьохъеб лъай босизелъун дунги ана гьебго школалде ц1ализе. Гьениб т1оцебесеб къоялдасанго дир лъай-хъвай ккана, школалъул комсомол организациялъул секретарь, общежитиялъул советалъул вакил, кибго цеехъанлъи бихьизабулей Г1обода росулъа Х1абибова Пат1имат Мух1амадовнаялъулгун. Классрук Насух1ова Г1апи Гъазиевнаялъул нухмалъиялда гъоркь Пат1иматил класс ц1алул, спорталъул, художественниял г1ахьалчаг1азул, ай кинаб рахъ босаниги, сундулъго бук1унаан т1оцебесеб кьерда. Гьеб киналъулъго к1удияб бут1а лъолаан классалъул староста П. Х1абибовалъги. Ц1ализеги Пат1имат лъидасаго ц1акъай йик1ана. Гьелъ меседил медалалдалъун лъуг1изабуна школа.

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Март 2024 сон.

Араб анкьалъ байбихьана росабазул бегавулзабаз араб соналъ гьабураб хlалтlул хlакъалъулъ хlисабал кьеялъул тадбирал. Абизе ккола, хlакъикъаталдаги, цlакъ лъикlал, гlадамазе пайда бугел ва районалъулгун росабазул нухмалъиялдаги ва гlадатаб халкъалдаги гьоркьоб бугеб бухьен щула гьабизе квербакъулел тадбирал кколин гьелилан. Щайгурелъул, бокьарав чиясул рес буго районалъул тlалъиялъе жиндирго суал кьезе.

Исана тlоцебе хlисаб кьуна Гьамущи росдал гlолохъанав бегавул Гlумар Аминовас. Гьедин, араб соналъ кlудияб хlалтlи гьабун буго нухазда хурхун. Мисалалъе, Гьамущи росдал тlасияб роххада цlадал райдал лъим гlадамазул рукъзабахъе кlанцlулеб букlиналда бан, нухлул рагlалда ругел лотокал церегlанги цlан, жаниса рацlцlадги гьарун, лъим берцинго гьезда жанисан чвахун унеб къагlида гьабун буго. Араб соналъ бан рагlалде бахъана 2 м гъварилъи ва ... кв м гlатlилъидул бассейн. Чанго нухалда росдал депутаталги, жамагlатги гlахьаллъун бассейналда сверухъ хlалтlаби гьариялда хурхун тlоритlун руго субботникал. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон бан буго лъималазул площадкаги жаниб бугеб цlияб парк. Гlемераб хlалтlи гьабун буго росу лъедалъун хьезабиялда хурхунги. Гьедин, росулъе рачlунел лъел мухъазда, гlаммаб къагlидаялъ 720 метрадул манзилалда хисун ва цlиял лъун руго трубаби. Рехсараб участокалда ругел росабалъе жеги тlабигlияб газги щун гьечlелъул, гьениб киса-кирго руго токалда хурхарал гlузраби, хасго хасало заманалда. Гьеб бутlаялда иш роцlцlинабиялъул мурадалда хисун буго токалъул 6 хlуби. Гlезегlан хlалтlаби гьарулел руго депутатазул, сахаватчагlазул ва жалго жамагlаталъул хlаракаталдалъунги. Гьел киназего кlудияб баркалаги кьуна бегавулас. Рехун тун гьечlо гlолилалги. Росдал нухмалъиялъ цlайи бугеб хlалтlи гьабулеб буго гlолилазда гьоркьоб. Рухlиял церехъабиги гlахьал гьарун, зама-заманалдасан щагьаралда ва росулъ тlоритlулел руго гlолилазулгун дандчlваял ва спортивиял тадбирал. Гьамщадерил гъутаналда гьабсагlаталда унел руго цlияб спортзал баялда хурхун хlалтlаби. Тlад тlохги бан, штукатурка гьабиялде щун бугила гьениб хlалтlи. Гьелъие бажарараб кумек гьабулеб буго гъутаналъул жамагlаталъги. Узухъда, хасаб кlвар кьолеб буго Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазде ва гьезул хъизамазде. Гlаммаб къагlидаялъ, советалде гъорлъе унел росабалъа СВОялда гlахьаллъи гьабулеб буго 11 чияс, гьезул цояв къадаралде щун вуго. Гьезда гъорлъ руго бихьизабураб бахlарчилъиялъухъ батlи-батlиял шапакъатал щваралги.

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Март 2024 сон.

Анасидасан бач1араб Аварагасул (жинда Аллагьасул салат-салам лъеяв) х1адисалда буго «Жиндир бет1ергьанчи хун хадуб  лъималги г1езарун рокъой ч1арай ч1ужуг1аданалъе Алжаналда дида аск1об бак1 бук1ина»-ян. Цо-цо ц1аларал чаг1аз гьеб х1адис заг1ипаблъун рик1к1аниги, амма дидаго г1умруялда г1емер рихьана руччаби жидеца унго-унголъунги лъималазе г1умруги бичун, Алжаналъул бищун т1адег1анаб т1ала жидее мустах1икъал.

Гьединаздасан цояй йиго Хунзахъ районалъул руччабазул советалъул председатель, лъик1ай инсан, сабураб гьимиялъул, намусаб г1амалалъул унго-унгояй маг1арулай Гъонохъ росулъа Пат1имат Набиева. Дагъистаналъул ч1ужуг1аданалъул ассиллъи бихьулей инсан рехсеян абуни, дида бищун цее рак1алде яч1инаан Пат1имат.

Хъизамалъул соналде дур х1акъалъулъ хъвазе бокьун бугин абидал, ч1ужуг1адан намуслъана, «жиндир г1адаб т1убараб гуреб хъизамалъул хъвай бит1араб бук1инадаян».

Г1олохъанго бет1ергьанчиги хун, к1игъеж гьабун хъизамалъул ургъел баччизе ккарай инсаналъ гьедин аби кутакалда г1адлъана дида, реццалъе г1оло церехъахъдулезул гьаб заманалда.

 

Пат1имат Мух1амадовна ккола «Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай экономист», улкаялъул Бет1ерасул Баркалаялъул кагъаталъул, республикаялъул т1алъиялъул ва руччабазул советалъул Х1урматалъул грамотабазулгун, рик1к1ен г1емерал шапакъатазул бет1ергьан. Амма гьелъ жиндирго г1умруялда бищун рак1алда ч1араблъун ва к1вар бугеблъун рик1к1унеб буго, руччабазулгун х1алт1и бачунаго, жиндаго ригьин биххиялдаса ц1унизе к1варал хъизамал. Гьанибги Пат1иматилъ маслих1атч1ужуялъул гьунар загьирлъана. Х1акъикъаталдаги, журналистикаялде дун яч1арал дол рик1к1адал к1иазарабилел соназ ниж цадахъ г1емерго хьвадулаан росабалъе ва бихьулаан Набиевалъул щияй ч1ужуг1аданалъе бук1унеб х1алрекъезаби, г1аданлъи бугеб, берцинаб к1ал к1алъай. Рук1ана дол ниж гьоболлъухъ щваразда гьоркьор лъик1аб хъулухъ-пишаялдаги рук1ун, гьанже рокъор ч1еялъ жалго х1ажат гьеч1еллъун, к1очон тараллъун бихьулел руччабиги. Щуго минуталъ Пат1иматица гьуинаб хабар бициндал, ригьа-ричун рач1ун, араб рак1алде щвезабун, релъа-рохун лъугьунаан гьел. Гьеб гурищ инсанасулъ г1аданлъи бук1инги чи вич1ч1иги?!

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева.март 2024 сон.

Ват1ан ц1унулезул къо-23 февралалда нилъеца бицуна Россиялъул гучаб Армиялъул, рак1алде щвезарула рагъулаб гьаялъе рит1ухъаллъунги рук1ун, жидерго Ват1ан ц1униялъул налъи т1убазабурал бах1арчиял г1олохъаби, гьеб т1убазабулаго бихьинчилъиялда хварал, хвеч1ого нахъе хут1ун гьаб жакъа къоялдаги нилъер улкаялъ Украинаялда т1обит1улеб бугеб рагъулаб операциялда х1инкъи-къай лъач1ого, багьадурлъиялда рагъулел ругел аскариял. Гьел г1олохъабаз к1удияб бут1а лъолеб буго районалъул г1ун бач1унеб г1елалъе Ват1ан бокьиялъулаб тарбия кьеялъе, рагъулаб хъулухъалъул къимат борхизабиялъе.

Гьал къоязда районалъул тарихиябгин краеведениялъул музеялда т1обит1ана Украинаялда унеб бугеб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулел ругел, дагьал церег1ан отпускалъул къоял рокъор т1амизе рач1арал Ц1елмес росулъа Зайнулаев Г1али Рамазановичасулгун ва Харахьи росулъа Мух1амадов Расул Мах1ачевасулгун дандч1вай. 

Музеялъул х1алт1ухъабаз лъик1аб дандч1вай гьабуна г1олохъабазда. Гьез гьеб х1инкъараб рагъулаб операциялда бихьизабулеб бах1арчилъиялъухъ, лебаллъиялъухъ,  рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабуна, музеялъул г1елмияв х1алт1ухъан Г1алиев Шамилица ва абуна, жакъа нилъеца к1одо гьарулел ругила ккараб бак1алда Ват1ан ц1унизе къват1ире рахъарал, щибго х1инкъи-къай лъач1ого, жакъа къоялдаги гьениб рагъулел ругел нилъер районалъул ч1ух1илъун кколел г1олохъаби. Гьезие гьес сайгъат гьаруна рак1алде щвеялъул сайигъаталги. Данделъиялда чаялъул чашкаялда нахъа г1одор ч1араздаги аскарияздаги гьоркьоб бук1ана рак1 рагьараб гара-ч1вари.

Х1урматияб данделъиялда г1ахьаллъарай дицаги гара-ч1вари гьабуна нилъер х1инкъи-къай лъаларел, къвак1арал г1олохъабазулгун. К1иявго г1олохъанчи 2022 соналъул сентябралдаса нахъе г1ахьаллъулел руго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. Г1али ккола 2 лъимадул эмен. Расулица жеги хъизан гьабун гьеч1о. 18 сон барав чи армиялдеги ун т1ад вуссун хадуб г1емер заманго бан бук1унаро гьес. Бит1ун хъизан гьабиялъул пикрабазда вук1аго, Ват1ан ц1униялъул мурадалда уна Украинаялде. Г1алиги жинцаго г1арзаги кьун лъугьуна рагъухъабазул кьеразулъе. К1иявго районцояв ккола Запорожьеялъул мотострелковияб гвардиялъулаб полкалде.

 

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор П. Билалова. Февраль 2024 сон.

Дибиров Мух1амад Дибирович гьавуна нилъер районалъул Х1ариколо росулъ 1997 соналъул 9 июналда. Хъизаналда гьев бищун гьит1инав вук1ана. Гьит1инаб къоялдаса  нахъего гьев г1ун вач1унев вук1ана рак1 бац1ц1адавлъун, т1ад къараб иш мух1канго т1убазабулевлъун, гьудул-гьалмагъзаби, г1агарлъи хириявлъун. Умумул, Дибирица ва Мадинатица лъик1аб тарбия- кьун г1езавуна вас, гьев кидаго х1адурав вук1ана бокьарав чиясе кумек гьабизе, гьединлъидал гьев ц1акъ вокьулаан г1ел бащадазегин, гьудул-гьалмагъзабазе. Мух1амад кидаго гьез сверун ккун вук1унаан. 

Байбихьул школа Мух1амадица лъуг1изабуна г1агараб росулъ. Гьес 10 сон т1убайдал, гьесул хъизан гочана Хъумторхъалаялда бугеб Баг1араб росулъе. Гьениб лъуг1изабуна гьес гьоркьохъеб школа.

Мух1амад гьит1инго ват1алъана инсудаса, гьединлъидал эбелалъе кумек гьабизелъун, киг1анги зах1матаб х1алт1иялде гъорлъе жувалаан гьев.
2019 соналъул декабралда Дибиров Мух1амад ах1ана РФялъул Рагъулал къуватазул кьеразулъе. Гьев ккана Бурятия республикаялъул Кяхта шагьаралде мотострелковиял аскаразде. Гьениб хъулухъ гьабулев вугев мехалдаго, эбелалъе кумек гьабиялъул мурадалда, гьес хъвана контракт ва гьенивго ч1ана хадубккунги хъулухъалда. Мух1амадида ц1акъ лъик1го лъалаан техника, гьединлъидал командованиялъ бач1инахъего восана гьев водительлъун х1алт1изе.

Т1ад къараб иш рак1бац1ц1адго т1убалев, жавабчилъи ц1ик1к1арав, ккараб къо борхулев, бихьинчияв-гьеле гьединал раг1абаздалъун къимат кьолеб бук1ана командованиялъ ва цадахъ хъулухъ гьабулез Мух1амадие.

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Февраль 2024 сон.

15 февралалда, цебеккун лъазабун букlахъе, Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда тlобитlана районалъул бетlерасул 2023 соналъ гьабураб хlалтlул хlисабкьей. Гьединго гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул прокурор Рамазан Гlумаровас, Централияб больницаялъул бетlерав врач Расул Гlабдулаевас , РЭСалъул начальник Юсуп Расулов, КЦСОНалъул нухмалъулев Зайирбег Атаевас.

Тадбир байбихьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас 2023 соналъул хlалтlул хlисабкьеялдасан. Гьес гlатlидго бицана гъоркьисала гьабун бажарараб хlалтlул ва исана церечlарал масъалабазул хlакъалъулъ. Гьелъул хlакъалъулъ нижеца газеталъул араб соналъул ахирисеб номералда кьун букlиндал, гlатlидго хlисаб кьеялъул хъвалеб гьечlо. Муницалитеталъул нухмалъулес абуна исана гьадинал хlисабкьеял щибаб росдал советалдаги тlоритlизе ракlалда бугиланги. Гьединго гьес абуна бакlалъулаб даражаялдаго тlуразе кlолел суалалгун район тун къватlирехун, республикаялде яги жегиги тlадегlан ине кколариланги. Гьебго пикру загьир гьабуна жиндирго кlалъаялда районалъул прокурорасги.  

Районалъул РЭСалъул нухмалъулес жиндирго кlалъаялда бицана араб сон районалъул энергетиказе цlакъ захlматаблъун букlанилан. Гlадамазул гlемер гlарзал рукlунин ток свинабиялъул хlужаби гlемерлъиялда хурхун. Амма жидеца авария ккедал гурони ток свинабуларин ва жидер хlалтlулъ данчlвалел захlмалъабиги ричlчlизе кколилан тlадеги жубана гьес. Исана, лъабго соналъ халат бахъине бугеб хасаб программаялда рекъон, байбихьизе бугин бищунго хlалуцараб ахlвал-хlал бугел Буцlра, Гьоцlалъ, Гlоркlачlи ва Кlахъ росабалъе ругел токалъул мухъал цlи гьаризеян абураб рохалилаб хабарги бицана гьес. Гьединго, кватlичlого, хlалтlизе биччазе бугила араб соналъул ахиралда Лъагlилухъ подстанциялда лъураб къуватаб цlияб трансформаторги. 

 

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор Х Гlаммаева. Февраль 2024 сон.

5 февралалда 60 сонилаб юбилей к1одо гьабуна нилъер районцояв, Шотода росулъа Дагъистаналъул культураги тарихги жинда лъик1 лъалев, гьеб цебет1езабиялъе жинца к1удияб бут1аги лъолев, махщел камилав график, живописец Мух1амадов Г1амирхан Нурмух1амадовичас. 

Абула искусствоялде бугеб рокьиялъги релъаби х1алт1изаризе лъаялъги художниклъун вахъунарилан, художниклъун вахъине ккани, рек1елъ жанисеб рух1ияб канлъи (гвангъи) бук1ине кколилан. Гьеле гьеб канлъи жиндир суратазулъ лъурав махщел камилав художник вуго Г1амирхан Нурмух1амадович Мух1амадов.

Цох1о Дагъистаналда гуро Г1амирхан Нурмух1амадович машгьурав вугев. Гьев ккола АИ АП «Юнеско»-Халкъазда гьоркьосеб изобразительниял искусствабазул Ассоциациялъул членлъунги. 
А. Н. Мух1амадовасул творческияб биографиялда хурхараб буго 2005 соналдаса байбихьун, жакъа къоялде щвезег1анги гьев директорлъун х1алт1улеб, Дагъистаналъул художниказул Союзалъул Церелъеязул залалъул тарихги.

2007 соналда художник к1одо гьавун вук1ана Россиялъул художниказул Союзалъул дипломалдалъун. 
2008 соналъ изобразительнияб искусство цебет1езабиялъе жинца лъураб к1удияб бут1аялъухъ гьев мустах1икълъана Россиялъул Федерациялъул культураялъул ва массовыял коммуникациязул Министерствоялъ кьураб баркалаялъул кагъаталъе, гьебго соналъ Сочиялда т1обит1араб «Юг-России-Х» регионалияб цебелъеялъул дипломалъул лауреатлъун, гьединго «пленер» номинациялда бьенале «Шунудаг-2008» дипломалъул лауреатлъун.

2009 соналъ Мух1амадовасе кьуна «Заслуженный работник Республики Дагестан» абураб х1урматияб ц1ар. 
Художникасул г1емерисел х1алт1аби руго нилъер Дагъистаналъул муг1рул росабазулги, халкъалъулги арабги бук1инесебги жидеда гъорлъ бихьизабурал, муг1рузул улкаялъул тарихалъул х1акъалъулъ бицунел.

2010 соналъ баркалаялъул кагъат кьуна Г1амирхан Нурмух1амадовичасе Россиялъул Художествалъул Академиялъ, гьебго соналъ «За развитие традиционного искусства России»-номинациялда «Русская галерея-ХХI век» абураб миллияб премиялъул лауреатлъун вахъана ва г1арцул медалалдалъун к1одо гьавуна.
 

Просмотров: 5 | Добавил: zaxrosdal | Дата: Вчера | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Февраль 2024 сон.

Цох1о нилъер районалда гуребги, республикаялда ва т1убараб Россиялдаго мустах1икъаб къаг1идаялда к1одо гьабуна нилъер ракьцояв, дунялалдаго ц1ар раг1арав к1удияв шаг1ир Расул Х1амзатов гьавуралдаса 100 сон т1убаялъул гьайбатаб юбилей. Гьеб къадруяб юбилеялъул х1урматалда г1емерал пайдаял, лъик1ал х1алт1аби т1орит1ана нилъер районалда. Гьездаго гьоркьоб х1алт1изе биччана Расул Х1амзатовасул ц1аралда бугеб «Аранинская средняя общеобразовательная школа-интернат» абураб г1аммаб лъай кьеялъул муниципалияб казеннияб учреждениеги. Киналго рази руго муг1рузул районазда цониги гьеч1ел г1адинал шарт1алги жанир ч1езарураб, гьанжесел ц1иял стандартазда рекъон х1алт1улеб школа рагьиялдаса. Ц1алул соналъул бащдаб бут1аги ун бугелъул, школалъул х1алт1ул, ц1алул ин кин бугебали лъазелъун нижер пикру ккана гьелъул директор Патах1ова Салих1ат Мух1амадовнагун дандч1вазе. 
Гьелдаги дидаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:

 

-Салих1ат Мух1амадовна, рак1алде ккола ц1ияб школалда  ц1ияб гъира-шавкъалда х1алт1улел ратилин педагогалилан яги дандч1валел ругищ х1алт1уе квал-квал гьабулел зах1малъаби, г1унгут1аби?

-Гьадинаб школалда х1алт1изе рес щвараб мехалда кинал рук1аниги г1унгут1абазул бицине бегьизего бегьиларо. Цебе бук1араб басрияб школалда рак1-рак1алъ х1алт1изе бокьаниги, ресал рук1инч1о, киг1анго т1ад х1алт1аби гьарун биххизе биччач1ого, школа тун бук1аниги. Гьанже хал гьабеха, лъабт1алаяб минаялъул щибаб этажалда руго ц1алул классал, музеял, бат1и-бат1ияб тематикаялъе данде кколел бок1нал. Руго г1ат1идал, к1игониги спортзал, к1удияб актовияб зал, кванил блок, эркенго кваназе рес кьолеб столовая. Гьаб школалда рес буго 308 чиясе ц1ализе, 78 ц1алдохъанасул рокъорего инч1ого общежитиялда г1умру гьабун рук1ине. Т1убараб школалдаго ч1езабун буго ц1орораб ва бух1араб лъим, санузелаздаги гьарун руго киналго санаг1алъаби. Общежитиялда г1умру гьабун ругел ясазе ва васазе ч1езарун руго жидерго рокъор рук1унел г1адинал шарт1ал. Киг1анго столоваялда кваназарун рук1аниги, гьезул рес буго бокьараб мехалда чай гьекъезе, иту бахъизе, черезе ине. Руго васазеги ясазеги рац1ц1а-ракъалъи гьабизе рат1а-рат1аго рихьизарурал рукъзал, дарсазде х1адуризе хасал бок1нал.

Просмотров: 321 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 05.02.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Январь 2024 сон

19 январалда райадминистрациялда тlобитlана муниципалитеталъул нухмалъиялъул районалъул Жамгlияб палатаялъулгун дандчlвай. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, палатаялъул председатель Хъайтмаз Аварскияс, гьелъул членаз ва цогидазги. 

“Нилъер районалда хlалтlулел ругел киналго гlуцlабиги нилъер гlадамалги цогидаздаса лъикlалги, цlодоралги, магlна бугелги рукlиналда дир ракl чlола. Киназдаго лъазе ккола нилъ тlоцебе нилъерго халкъалъе хъулухъ гьабизе тарал чагlи рукlин. Гьединлъидал, нилъ хlалтlизе ккола цадахъ рекъон ва Жамгlияб палатаялъги жигараб гlахьаллъи гьабизе ккола районалда гьабулеб бугеб хlалтlулъ. Жидерго хасал интересалги жамгlияздаса цере ккун, жалго рихьизариялъул мурадалда магlна гьечlел жал гьаризе бегьуларо. Бажарараб хlалтlи гьабулебги буго нилъеца район цебетlеялъе. Узухъда, гъалатlалги камуларо. Хlалтlулел чагlазухъа гъалатlал кколеб гlадат букlуна. Гьединлъидал, гlицlго гъалатlал рихьун, амма лъикlал рахъал рихьичlого бегьуларо. Нужеда бихьараб гlунгутlи бачlинахъего къватlиб загьир гьабизе рортичlого, цин гьеб дандбазе ккола иш тlале кколел идарабазулгун, бицине ккола нижеда. Нилъеца цадахъ цадахъ хlаракат бахъила нужеда рихьарал гlузраби лъугlизаризе”, - ян абуна Нурмухlамад Махсутlхlажиевичас.  

Просмотров: 120 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.01.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Январь 2024 сон

Сахлъи цlуни, бакlал райгун ЖКХ, экология, маданият ва цогидалги муниципалитеталъе кlвар бугел бутlабазул кураторлъун ккола районалъул бетlерасул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиев. Рехсарал бутlабазда бугеб ахlвал-хlалалъулги гьабулеб бугеб хlалтlулеб бицун нижер ккана гьадинаб гара-чlвари.

-Тlалхlат Хlамзатович, кинаблъун букlараб араб сон дуца кураторлъи гьабулел бутlабазда? 

- Батlи-батlиял тадбираздалъун ва лъугьа-бахъиназдалъун цlакъ бечедаблъун букlана араб сон районалъе. Цохlониги къо букlинчlо хlалхьиялда чlезе щвараб. Узухъда, аслияблъун букlана нилъер машгьурав ракьцояв Расул Хlамзатовасул юбилей тlадегlанаб даражаялда тlобитlи ва гьелде хlадурлъи гьаби. Гьеб тадбир тlобитlи хурхараб букlана дир жавабчилъиялде кколел маданияталъул ва бакlал раялъул бутlабазда. Шагlирасул баракаталдалъун гlезегlан хlалтlаби гьарун рорчlана араб соналъ. Гьедин, кигlан захlмалъаби дандчlваниги цlияб цlалул сон байбихьилалде лъугlизабун бажарана 308 ва 150 лъимералъе бакlал ругел Гlарани ва Гlобода школал. Юбилей тlобитlулеб къоялде тlубанго лъугlичlониги, тадбир тlобитlизе бегьулеб даражаялде бачана Цlада “Хъахlал къункъраби” мемориалияб комплекс. Республикаялъул программаялда рекъон гlатlидги гьабун капиталияб къагlидаялъ къачlана 21 километрадул манзилалда (174-217) Грозный-Болъихъ-Хунзахъ-Гьаракlуни площадка нухлул участок. Гьединго реконструкция гьабуна гьебго нухлул 8 километралъул манзилалда бугеб участокалъулги (174-182). 2,5 км манзилалда ремонт гьабуна Гьамиштlа-Гlочlло нухлул участокалда. Гьединго 5,5 км манзилалда капиталияб ремонт гьабуна Гlобода-Гъоркьколо-Гозолоколо нухлул. “Дир Дагъистан - дир нухал” программаялда рекъон хъил тlуна Лъагlилухъ-Цlелмес нухде. Хъил тlуна Тlануси Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб нухдеги.

Просмотров: 85 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.01.2024 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2024 сон

Машгьурав хъвадарухъан ва журналист Костантин Паустовскияс художникасул х1алт1уе къимат кьолаго абун буго «Суратал рахъулесул иш рохалил лъимер гьаби кколилан». Унго-унголъунги, г1адамазул берзуеги рек1ееги лазат кьола берцинго, рек1елъ бугебщинаб асаргун бахъараб сурат бихьидал.
Творческиял г1адамазул ват1ан нилъер район бук1иналъе нуг1лъи гьабула хундерил анлъго г1ун халкъияв шаг1ир вук1иналъги, гьаниса анц1-анц1 ц1ар раг1арал художникал, халкъияб махщалил устарзаби рахъиналъги. Творчествалъулал г1адамазул церехъабазул цояйлъун ккола 10 январалъ г1умрудул 80-сонилаб юбилей к1одо гьабулей йигей Россиялъул художниказул Союзалъул член, Г1обода росулъа Казиева Сиядат Мух1амадовнаги.

Гьей кколей йиго маг1арул руччабазда гьоркьоса т1оцее СССРалъул художниказул Союзалъул членлъун йосарай г1аданги.

1965 соналъ Сиядатица лъуг1изабуна М. Джемалил ц1аралда бугеб Дагъистаналъул художественнияб училище. 1979 соналъ ц1ализе лъугьана Москваялъул полиграфиялъул институталде ва гьебги гьелъ баг1араб дипломалда лъуг1изабуна. Ц1алул заманалда Сиядатил х1алт1аби лъолаан т1олгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел церелъеязда. Ц1алул ва жамг1ияб г1умруялъул цеехъан йик1иналъ, ц1алун яхъиндал Сиядатил ихтияр бук1ана улкаялъулго к1варалъул х1алт1улел бак1ал (Улкаялъул Монетный двор, ц1ар раг1арал издательстваби…) т1аса рищизе. Амма гьелъул рак1 ц1ана ват1аналде, г1агараб Дагъистаналде...

 

Просмотров: 81 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.01.2024 | Комментарии (0)

Благодаря вмешательству прокуратуры республики начата реконструкция автодороги в Шамильском районе и обеспечено соблюдение прав школьников на образование
Прокуратурой республики продолжаются надзорные мероприятия, направленные на обеспечение соблюдения прав на образование школьников в с. Заната Шамильского района.

Ранее, в целях устранения нарушений законодательства при организации перевозок детей школьным автобусом и безопасности дорожного движения прокуратурой внесено представление в администрацию Шамильского района и ГКУ РД «Дагавтодор». Кроме того, в суд направлено исковое заявление об обязании ГКУ устранить допущенные нарушения.

Просмотров: 163 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.01.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.

Нилъеца къо лъикl гьабулеб буго 2023 соналъулгун. Тlолабго улкаялъего гlадин нилъер районалъеги бигьаяб букlинчlо гьеб. Лъалаго захlмалъана къватlисел пачалихъазул санкциязул халатаб рахасалъ гъанкъулеб бугеб нилъер улкаялъул гlадатаб халкъалъул яшав. Амма данде чlварал чlахlиял захlмалъабазеги къуркьичlого, цо хасаб къадаралъул хlалтlи гьабун бажарана районалда унеб исана. Гьедин, 2023 соналъ муниципалитеталъ гlахьаллъи гьабуна 7 пачалихъияб программаялдагун проекталда. Гьезул цо бутlа жеги гlумруялде бахъинабулебги буго.     

 

Социалиябгун экономикияб ахlвал-хlал 

2023 соналда жаниб районалда гьабураб даран-базар ва бича-хиси бахана 2,89 млрд гъурщиде, 2,3 млрд гъурщиде тIуразарун руго хъулухъал, цебесеб соналде данде ккун гьеб кколеб буго 117 % ва 108 % цlикlкlун. Промышленниял предприятияз биччараб къайи-къоноялъул ва гьабураб хlалтlул къадар бахун буго 385 млн гъурщиде. 

Гlолилазул политика, туризм ва спорт

Муниципалияб даражаялда цебечlараб социалияб кlваралъул масъала ккола гlун бачlунеб гlелалъе хlажатал шартlал гlуцlи ва гьаб заманаялъул балагьаздаса ва къваригlел гьечlел ишаздаса гьел цlуни. Жакъа къоялде районалда гlумру гьабун руго 14-35 сонил ригьалда ругел 9000 гlан гlолилал. Гьеб ккола халкъалъул гlаммаб къадаралъул 26 %. 2023 соналъ аслияб къагlидаялъ райдминистрациялъул гlолилазул политикаялъул ва туризмалъулгун спорталъул отделалъул хlалтlи буссараб букlана Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялъул юбилей кlодо гьабиялде ва Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулезул хъизан-лъималазда квер чlваялде. Гlаммаб къагlидаялъ, отделалъ тlобитlун буго 65 тадбир. Хасаб хlалтlи гьабун буго СВОялда ругел нилъер районцоязе, ДНРалъулгун ЛНРалъул халкъазе гуманитарияб кумек битlиялъе.10000 гъурщил къадаралда цоцlулаб кумек гьабун буго киналго мобилизациялда рекъон ва жидеего бокьун СВОялде арал солдатазе.    

Просмотров: 200 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.12.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.

20 декабралда райадминистрациялъул залалда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул анкьабилеб ахlиялъул къоабилеб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, Собраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, цо-цо бегавулзабаз ва цогидазги.  

Данделъаразе саламги кьун, сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьелда гьоркьор лъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул Бетlер вищиялъул; районалъул 2024 соналъул бюджет тасдикъ гьабиялъул; депутатазул Собраниялъул планалъул; халгьабиялъулгун хlисабалъул палатаялъул (КСП) 2024 соналде хlалтlул планалъул, муниципалитеталъул ракьалда гlи-боцlи хьихьиялъул правилаби тасдикъ гьариялда хурхун росдал магlишаталъул отделалъул проекталъул ва 2024 соналде районалъул социалиябгун экономикияб цебетlеялъул прогнозалъул хlакъалъулъ суалал.    

Узухъда, аслияблъун букlана районалъул бетlер вищиялъул суал. Гьелда хурхун сессиялда гlахьаллъи гьабизе рачlун рукlана республикаялъул нухмалъиялъул аппараталъул вакилзабиги. ДРялъул Бетlерасул жанисеб политикаялъул ва бакlалъулаб нухмалъиялъул рахъалъ управлениялъул начальникасул заместитель Гlали Ибрагьимовас бицана гlаммаб къагlидаялъ конкурсалъулаб комиссиялда гlахьаллъи гьабизе документал кьун рукlанин 6 чияс. Гьездасан кlиабилеб этапалде риччан рукlанин 5 чи. Гьезулги жалго рищиязде риччан руго кlигояв - Нурмухlамад Задиев ва цебе Гlобода росдал вукlарав бегавул Къебеддибир Дибирдадаев. Депутатаз хlукму гьабуна гьаркьал кьей рагьараб къагlидаялъ тlобитlизе. Гьедин, сессиялда гlахьаллъи гьабурал 46 депутатаздасан 39 гьаракьги щун, Нурмухlамад Задиев вищана кlиабилеб болжалалдаги районалъул бетlерлъун. 7 депутатас жиндирго гьаракь кьуна Къебеддибир Дибирдадаевасе.   

Просмотров: 95 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.12.2023 | Комментарии (0)

1 2 3 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz