Пятница, 11.10.2024, 15:55 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Сентябрь » 17 » УЛКАЯЛЪУЛ ЦОЛЪИ ЦlУНАРАЛ
09:57
УЛКАЯЛЪУЛ ЦОЛЪИ ЦlУНАРАЛ

Исана 25 сон тlубала 1999 август моцlалда мадугьалихъ бугеб Чачан республикаялъул ракьалдасанги рачlун, ихтияр гьечlого яргъид гlуцlарал халкъазда гьоркьосеб хъачагъазул къокъа Дагъистаналде тlаде кlанцlаралдаса. Гьел лъугьа-бахъиназул аслияб кьаби Цlумада ва Болъихъ районазда щваниги, цо-цо тlиралаби щвечlого хутlичlого хутlичlо нилъер районалдеги. Гьедин, нилъер районалдасаги гьел лъугьа-бахъиназда гlахьаллъи гьабуна ихтиярал цlунулел идарабазул 30 цlикlкlун хlалтlухъанас, гьезда гъорлъ вукlана вукlинесев Россиялъул Бахlарчи, Буйнакскалъул 136 аб. механизированнияб бригадаялъул командирасул заместитель Хlайдархан Хlажиевги. Гьединго гуманитарияб кумекги босун рагъулал тунка-гlусиял ругел бакlазде ун вукlана доб мехалда районалъул вукlарав нухмалъулев Ахlмаднаби Гlумаровги.  

Хlакъикъаталдаги, бигьаго щун гьечlо Дагъистаналъе гьеб бергьенлъи. Официалиял баяназда рекъон гьел лъугьа-бахъиназда къадаралде щун вуго 226 рагъулав хъулухъчи, 53 жанисел ишазул органазул хlалтlухъан, 25 ополченец ва гlадатияб халкъалъул 108 чи. 
Гьелда цадахъго данде къан кlодо гьабулеб букlана район гlуцlаралдаса 95 сон тlубайги.

Тадбир байбихьана райцентралда рагъулаб реццалъул паркалда тlугьдул лъеялдасан. Гьенисан киназго сапар бухьана Цlада “Хъахlал къункъраби” комплексалде. 

Данделъаразе саламги кьун, тадбир рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.

“1999 соналъул лъугьа-бахъинал лъугьана тlолабго Россиялъул къисмат къотlулеллъун. Щайгурелъул, цебечlун букlана улкаялъул цолъи цlуниялъул суал. Нилъеда бихьана аза-азар гlадатиял дагъистаниял ополченцазул кьеразулъеги лъугьун, черхалда ярагъги борчун, жидерго Ватlан цlунизе къватlире рахъараблъи. Доб мехалда кодоб ярагъги ккун, нилъеца, дагъистанияз, Россиялъул армиялда ва ихтияр цlунулел идарабазда цадахъ хъачагъазе хlакъаб жавабги кьун, бихьизабуна патриотизмалъул ва бахlарчилъиялъул мисал. Гьеб ккана халкъазда гьоркьосел террористазда тlад бергьенлъи босиялъе аслияб гlиллалъунги. Гьелда гъорлъ жидерго бутlа лъуна Хунзахъ районалъги. Гlезегlан хираго чlана нилъее гьеб бергьенлъи. 
Цадахъго жакъа нилъеца кlодо гьабулеб буго район гlуцlаралдаса 95 сон тlубайги. Районалъул буго кутакалда бечедаб тарих. Гьедин, районалъул центрлъун кколеб Хунзахъ росу ккола респуликаялъулго рухlиялгун тарихиял цетраздасан цояблъун. Районалъ регарал тlанчал церечlезарун бажаруларо гьелъул гlадамалги гьечlого. Гьез жидерго захlматалдалъун, къохlехьеялдалъун, гlелмиялгун маданиял бергьенлъабаздалъун, Кавказалъул, граждан ва Кlудияб Ватlанияб рагъазда бихьизабураб бахlарчилъиялдалъун машгьур гьабуна гlагараб районалъул цlар. Жакъа къоялдаги районалдаса нус-нус гlолилав къеркьолев вуго Ватlаналъул хlинкъи гьечlолъи цlунун Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда. 
Ракl-ракlалъ баркула киназдаго гьаб байрам, хадубккунги гlагараб район цебетlезабиялъе хlалтlизе гьарула киназего щулияб сахлъи, халатаб гlумру ва ракълилаб зоб”,
- ян абуна районалъул бетlерас.

Кlалъаялдаса хадуб гьес шапакъатал кьуна районалдаса рехсарал лъугьа-бахъиназул гlахьалчагlазе.
“25 соналъ нилъеда тlаде кlанцlарав гlаммав тушманасде рахъине къуват цолъизабуна къуваталъулал идарабазги гlадатаб халкъалъги. Гьеб рагъулъ дагъистанияз бихьизабуна унго-унгояб бахlарчилъи ва жидерго Ватlаналде бугеб рокьи. Улкаялда киданиги кlочон теларо къо ккедал, гьез бихьизабураб бахlарчилъи. Гьезие тlадегlанаб къимат кьуна Россиялъул Президентасги”, - ян абуна Хунзахъ бугеб гlорхъаби цlунулеб хъулухъалъул начальник Илья Ермолаевас. 

Гьединго кlалъаял гьаруна нилъер ракьцояв Загьид Хучбаровас, Болъихъ лъугьа-бахъиназул гlахьалчи, полициялъул хlалтlул ветеран Хlасан Гlабдулаевас, военком Шамил Мухlамадовас, СВОялъул гlахьалчи, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Мухlамад Гlалиевас ва цогидазги.

Байрам берцин гьабун букlана “Дир Ватlан - Россия” абураб фестивалалъул зоналияб этапалда рекъон тадбиралда гlахьаллъи гьабизе рачlарал мугlрузул 17 районалъул маданияталъул бутlабазул хlаркатчагlазул церерахъиназги.   

И. Мухlамадов. 
 

Просмотров: 60 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz