4 декабралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул 2025 сонил ва 2026, 2027 соназул плановиял периодазул бюджеталъул гьоркьоб лъей (публичные слушания). Гьелда гlахьаллъи гьабуна бегавулзабаз, райадминистрациялъул хlалтlухъабаз ва цо-цо гlуцlабазул нухмалъулез.
Данделъи рагьана райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас.
“Нилъеда киназдаго лъала улкаялда бугеб захlматаб ахlвал-хlал. Гьединлъидал нилъеца гlарац хlалтlизабизе ккола цlакъ ургъун ва къимат гьабизе ккола щибаб гъурщил. Хlаракат бахъизе ккола нилъецаго бетlербахъи гьабизеги. Гьедин, мисалалъе, нилъер росдал магlишаталъул бутlаялда руго гlезегlан лъикlал магlишатал. Гьез бажарараб кумек гьабула жидерго росу-ракьалъе, кlудияб бутlа лъуна СВОялда гlахьаллъулел нилъер гlолохъабазе битlулеб гуманитарияб кумекалъулъги. Амма щибаб магlишаталда гlицlго цо-кlиго хlалтlухъан гурони официалияб къагlидаялъ хlалтlилев гьечlо, ай, гьездасан районалъул бюджеталде налог бачlунаро. Гьединго нилъеда хадуб буго кlудияб къадаралъул чанго сонилаб транспорталъулаб налог. Цlияб соналдаса нахъе рес буго жинда хадуб цlикlкlараб налог бугев чиясухъа транспорт бахъизеги. Бокьилаан нужеца нужерго росабазул жамагlатазда бугеб хlакъикъат бичlчlизабизе”, - ян абуна гьес.
Бачlунеб соналъул бюджеталъул хlакъалъулъ гlатlидго бицана финансовияб отделалъул начальникасул заместитель Зарема Гlалисултlановалъ. Гьелъул рагlабазда рекъон, санайил районалъул бюджет тlаса къунцlулеб буго, гьединлъидал исанасебго гlадин, хадусеб сонги расги бигьаяб букlине гьечlо. Нилъер районалда туризм цебетlолеб букlиналдалъун, жеги цlикlкlараб къадаралда налогал ракlаризе бугеб ресги бихьун, нужерго ругел ресаздаса рахъи кьоледухъ пайда босеянги абун, республикаялъги нилъеда цере цlи-цlиял шартlал лъолел ругила. Гьединлъидал къо бахъанагlан захlмалъулеб бугила ругелниги хlалтlулал бакlал цlунизеги.
Гьедин, цереккунисел баяназда рекъон муниципалитеталъул 2025 сонил бюджеталъул тlаде бачlунеб бутlа бахинехъин буго 1 миллиардгун 216 миллион гъурщиде. Гьелъул цlикlкlунисеб бутlа кколеб буго республикаялъул бюджеталдасан бачlунеб бюджетазда гьоркьосеб трансферт - 918 миллионгун 826 азарго гъурущ. Гьединго дотацияги - 189 миллионгун 117 азарго гъурущ.
Бюджеталъул тlаса унеб бутlаги бащалъулеб буго 1 миллиардгун 216 миллион гъурщида. Гьелъулги аслияб бутlа (72, 5%) унеб буго харжазе - 883 миллионгун 212 азарго гъурущ. Гьединго бюджеталъул тlаса унеб бутlаялъул аслиял статьябазда гъорлъ руго садикал - 36 миллионгун 159 азарго гъурущ, резервалъулаб фонд - 24 миллионгун 984 азарго гъурущ, токалъухъ ва къватlахъ чирахъазухъ кьезе кколеб гlарац - 16 миллионгун 308 азарго гъурущ, байбихьул классазул ва сакъатлъи бугел лъималазе кванил нигlматазе - 16 миллионгун 234 азарго гъурущ, тlорччохъ - 11 миллионгун 831 азарго гъурущ.
Гьелъул докладалда тlасан гlодор чlараз кьуна жидерго суалалги. Мисалалъе, архитектураялъул ва ракьазулгун мал-мулкалъул отделалъул начальник Хlажимурад Иманахlмадовас ракlалде щвезабуна генпланал хlадуриялъул бугеб кlваралъул ва тlасияб соналъул бюджеталда чара гьечlого гьеб рахъги хlисабалде босизе кколилан. Лъагlилухъ росдал бегавул Гlали Мусаевас борхана районалда нилъецаго чlун рукlарал гъутlби цlунизе ккеялъул суал. Гьацlалухъ росдал бегавул Гlабдурахlман Гlумаровасул гlарз бугоан ахирисеб чанго соналъ жидее сверухълъи берцин гьабиялъе (благоустройство) гlарац биччалеб гьечlилан. Данделъиялда гlахьаллъарав районалъул харабазул Советалъул председатель, жамгlияв хlаракатчи Зубаир Хlайдарбеговас гьарана райцентралда мунагьал чураяв Мухlудада Гьитlиновасул цlаралда бугеб паркалда фонтан хlалтlизабизе сурсатал риччаян.
Бюджет тасдикъ гьабилалде, рорхарал суалалги хlисабалде росун, бажарараб кумек гьабилилан абуна Зарема Гlалисултlановалъ.
И. Мухlамадов.
|