Гьале жакъа столалда нахъа г1одорги ч1ун нижеца хал гьабулеб буго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулел нилъерго районалъул «Росдал зах1матчи» газеталда рахъарал орденал, медалал щварал васазул суратазухъ,
шапакъатазухъ. Гьезухъ балагьун ч1ух1изе бач1унеб бук1ана г1одосан эхедего бах1арчиял нилъер рагъухъабаздасаги, къвак1арал, къо ккаралъуб ратулел, щибго х1ехьолел, х1инкъи-къай лъаларел бихьинчиял васаздасаги. Г1умруялъухъ г1ащикъго нилъедаса рат1алъаразухъ рак1 угьдич1огоги хут1улеб гьеч1о.
Бит1ун гьеб накъиталда ругел нижеда т1аде рач1ана Хъах1ик1к1алахъ росулъа Зубайир ва Мариям Х1адисовал.
Гьез нижее бицана Украинаялда хасаб рагъулаб операциялда, бит1ун гьабсаг1аталда рагъ унеб Курск областалда вугев жидерго вас Г1абдулгъафуров Мух1амадх1ажи Г1абдулгъафуровичасул х1акъалъулъ.
- Регун макьу гуро, рахъун рах1ат гьеч1о, доба рагъул кор бокьараб Украинаялда вугев васасул ургъалида руго ниж. Хъизан-лъималги хадур ралагьун, инагьдулел эбел-эменги тун рагъда вугониги, Ват1аналъул гуребги, цадахъ хъулухъ гьабулезулги т1алабалда вуго гьев. Киг1анго т1адаб налъи т1убач1ого Мух1амадх1ажи рокъове вач1унаревлъи лъалеб бук1аниги, эбелалъулаб рек1ел заг1иплъиялъ, т1ад вуссаян гьесда гьарулеб бук1аниги, ахирияв чи гьаниса нахъе инч1ого, жиндаса г1исинал г1олохъабиги рагъилел тун, рокъове вач1ине жиндир рак1алъ къабул гьабуларилан ч1анин гьевилан къваридго ургъел бикьана гьез нижее.
Васасул х1акъалъулъ бицунаго, циндаго дие халлъана инсулги васасулги фамилиял бат1и-бат1иял рук1ин. Гьелъие г1илла кинаб бугебилан ц1ехедал, Зубайирица нижее бицана жиндирго къисматалъул х1акъалъулъ.
- Дун х1алт1улев вук1ана АТП-ялда щиб, Сельхозтехникаялда щиб шоферлъун. Г1емерав хьвадизе кколаан хъулухъ ишалъулаб сапаралъ дове-аниве. Х1укуматалъул х1алт1уда вугев чиясухъа г1адин, цо ккураб заманалда х1алт1уде ун, цо ккураб заманалда т1ад вуссун вач1ине дихъа бажарулароан. Сапаралъ араб мехалда сордо къват1иб базе ккараб заманги бук1унаан. Гьединлъидал, цодагьал дандеккунгутlалабиги лъугьун, дица ячана батlияй гlадан.
Гьей диего гьаризе гьелъул эбел-инсухъе араб мехалда, гьезда лъалеб бук1инч1о дир хъизан-лъимал рук1ин. Лъалеб бук1инч1ониги, росу тун бат1ияб бак1алде кьезе бокьич1олъиялъ, х1алицаго г1адин разилъизаризе к1вана дида гьел яс дие кьезе. Гьеб къоялъго ячун гьейгун ана дун росулъе цеесей ч1ужуялда т1аде ва гьелда лъазабуна дица нуж к1иялго толел ругин ращад гьарун хьихьизе, амма нужеда гьоркьоб даг1ба-раг1и багъарани, бищун цебе даг1бадизе байбихьарай йиччан тезеги йигилан. К1иабизе дица ячарай г1аданалда цадахъ 9 моц1 барав вас Мух1амадх1ажи вук1индал, дица гьев хьихьана дирго лъимер г1адин. Малъана гьесда лъик1аб-квешаб, г1адамазда гъорлъ берцинго хьвада-ч1вадизе, нилъер умумузул г1адатал ц1унизе, г1аданлъи-нухалда хьвадизе. Мух1амадх1ажи г1ун вач1ана дида цадахъго, Т1адег1анав Аллагьги малъарарав, к1удиязул адаб-х1урмат бугев, ц1одорав васлъун. Дадаян гурого абич1о гьес дида, василан гурого теч1о дицаги гьев киданиги.
Школа лъуг1ун хадуб Мух1амадх1ажи вит1ана армиялде хъулухъ гьабизе. Гьенибги рокъоб эбел-инсул, школалда учительзабазул рахъалдасан щвараб лъик1аб тарбиялъул кьуч1алда, Ват1аналъулунго-унгояв патриотлъунги вахъун, г1агараб улка ясбер г1адинан ц1низелъун, ккани гьелъие г1оло майилан чорхол рух1 кьезеги х1адурав васлъун лъугьана гьев. Гьелъие нуг1лъи гьабула гьес хъулухъ гьабулеб бугеб рагъулаб часталдаса эбел-инсухъе бач1ун бук1араб кагъаталъги. Гьелда хъвалеб бук1ана:
«Х1урматиял, Мариям Г1абдусаламовна ва Зубайир Мух1амадович, нужер вас мухъилав Г1абдулгъафуров Мух1амадх1ажи Г1абдулгъафуровичас живго вихьизавуна намус бац1ц1адав, зах1мат хирияв, г1адлу бугев рагъухъан – хъулухъчилъун. Часталда хъулухъ гьабулезда гьоркьоб гьесул буго ц1ик1к1араб къадру-къимат. Г1олохъабаз сундулъго босула гьесдасан мисал. Мух1амадх1ажи ккола г1олохъанал солдатазул унго-унгояв насих1атчи, Ват1аналъул божарав хъаравул. Рак1-рак1алъулаб баркала кьола, нужее, гьединав лъик1аб тарбия щварав вас г1езавуралъухъ», - ян абун. Гьелда гъоркь гъулбасун бук1ана командир, подполковник С. Будькоца.
Армиялдаса т1ад вуссун хадуб Мух1амадх1ажи х1алт1улев вук1ана Буйнакскиялда.
Хадуб хъизан-лъималгун цадахъ Казахстаналдеги гочун, гьениб жинцаго бизнесги рагьун х1алт1улев вук1арав чи, Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьараб заманалда Чачаналдасан контрактги хъван, жиндиего бокьун гьениве ана. Гьениб гьес т1убазабулеб буго медицинаялъул ротаялъул лъукъарал хвасар гьариялъул ва х1инкъи гьеч1еб бак1алде гьел раччиялъул водитель-санитарасул хъулухъ. Гьеб ишалда х1алт1улаго, г1емерал лъукъа-къот1аралги, г1умруялъухъ г1ащикълъун цереса унелги рихьана гьесда. Амма гьев къуркьич1о. Бихьинчиго т1убазабулеб буго гьес т1ад къараб х1алт1и.
Цо нухалда, гьедин лъукъарал хвасар гьарулаго, артиллериялъулаб кьвагьа-г1анхъиялде гьоркьовеги ккун, гьес хвасар гьаруна 4 рагъулав хъулухъчиясул г1умру ва техника. Гьеб гьунаралъе г1оло Мух1амадх1ажи мустах1икълъана Бихьинчилъиялъул орденалъе.
Дагъистаниязги к1удияб къимат кьола Мух1амадх1ажил бах1арчилъиялъе. Гьениб г1емермиллатазулаб Дагъистаналъул халкъалда цебе гьабураб рак1 бац1ц1адаб хъулухъалъухъ гьесие кьуна «Дагъистаналъул халкъияв Бах1арчи» абураб ц1аргун цадахъ меседилаб ц1ва ва диплом.
Цогидал жиндирго лъималги мисалияб къаг1идаялда г1езаруна Зубайирица. Гьесул вас Мурад х1алт1улев вуго Москваялда. Гьев ккола спорталъул мастер, грейплинг х1аялъул тренер. Гьес рахъинаруна грейплингалъул рахъалъ 4 дунялалъул чемпион. Цогидав вас Мух1амад х1алт1улев вуго Болъихъ полициялда. Гьениб хъулухъалъулаб т1адкъай т1убазабулаго 2 нухъалъ лъукъунги вук1ана.
Яс, Альбина, рагъулаб часталда х1алт1улев вугев бет1ергьанчиясда цадахъ Чачаналъ г1умру гьабун йиго.
Х1адисов Зубайир Мух1амадовичас жинцагоги рагъулаб налъи т1убазабуна Афгъанистаналда. Гьениса вуссун хадуб х1алт1улев вук1ана водительлъун… Хьвадизе кколаан бат1и-бат1иял районазде. Цо нухалъ Ч1арада районалде щвараб мехалда гьесда данд ч1вала, (гьес жинцаго абухъе), ч1ороло г1адинай, гьурмал берцинлъиялъ чи асир гьавулей, 2 халатаб гъал бугей Мариям Г1абдусаламовна. Гьезул къисмат, Аллагьасул хъвай бук1ун буго к1иялго цоцада данделъизе. Гьел к1иязго, квералъ квер ккураб г1адин, цоцазул адаб-хъатиралда данделъун балеб буго 35 сон. Гьезул буго 5 лъимер. К1игоял ккола Зубайирил т1оцеесей ч1ужуялъе гьарурал, 1 лъимер к1иабилей ч1ужуялъул цебеккун бук1араб, 2 лъимер к1иязулго цадахъаб.
Гьаниб рецц гьабизе ккараблъун ккола Зубайирил цее йикlарай чlужуги, гьанжесейги цоцазда гъорлъ лъикl рукlунел рукlинги. Кlиязулго лъималги гlакълу данд базеги кумек хlажаталъубги цоцазухъе хьвадулел рукlинги. Гьедин гьел рукlиналъеги Зубайирил кlудияб гlакълуги, цlодорлъиги букlинчlебани, иш батlайиса ккезеги бегьилаан. Гьабсаг1ат Зубайир ккола Афгъанистаналда рагъулаб хъулухъ гьабулел рук1аразул советалъул председатель. Гьанжеги хьвадула бат1и-бат1иял районазде рейсазги.
Чан хъизан дунялалда батаниги, щибалъул рук1уна цоцада релъинч1ел бат1и-бат1иял къисматал, жидерго нух. Г1умруялда жаниб щивав чиясул рохеллъун ккола лъимал. Гьел г1адамалъе рахъарал, лъик1аллъун лъугьани – гьеб ккола хъизаналъул талих1лъунги. Гьеле, гьединаб талих1аб хъизаналда г1умру унеб буго Зубайир Х1адисовасул. Жакъа къоялда жаниб аслияблъун ккола гьезие вас Мух1амадх1ажи Ват1аналъул борчги т1убазабун хехго-хехго т1ад вуссин.
Нилъецаги гьарула гьесие гьеб къадруяб ишалъулъ чорхое щулияб сахлъи, къуват, гьесул рак1алда ругелщинал мурадал т1урай.
Н. Г1алиева.
|