Автор Н. Гlалиева. Октябрь 2024 сон.
Гьале жакъа столалда нахъа г1одорги ч1ун нижеца хал гьабулеб буго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъулел нилъерго районалъул «Росдал зах1матчи» газеталда рахъарал орденал, медалал щварал васазул суратазухъ,
шапакъатазухъ. Гьезухъ балагьун ч1ух1изе бач1унеб бук1ана г1одосан эхедего бах1арчиял нилъер рагъухъабаздасаги, къвак1арал, къо ккаралъуб ратулел, щибго х1ехьолел, х1инкъи-къай лъаларел бихьинчиял васаздасаги. Г1умруялъухъ г1ащикъго нилъедаса рат1алъаразухъ рак1 угьдич1огоги хут1улеб гьеч1о.
Бит1ун гьеб накъиталда ругел нижеда т1аде рач1ана Хъах1ик1к1алахъ росулъа Зубайир ва Мариям Х1адисовал.
Гьез нижее бицана Украинаялда хасаб рагъулаб операциялда, бит1ун гьабсаг1аталда рагъ унеб Курск областалда вугев жидерго вас Г1абдулгъафуров Мух1амадх1ажи Г1абдулгъафуровичасул х1акъалъулъ.
- Регун макьу гуро, рахъун рах1ат гьеч1о, доба рагъул кор бокьараб Украинаялда вугев васасул ургъалида руго ниж. Хъизан-лъималги хадур ралагьун, инагьдулел эбел-эменги тун рагъда вугониги, Ват1аналъул гуребги, цадахъ хъулухъ гьабулезулги т1алабалда вуго гьев. Киг1анго т1адаб налъи т1убач1ого Мух1амадх1ажи рокъове вач1унаревлъи лъалеб бук1аниги, эбелалъулаб рек1ел заг1иплъиялъ, т1ад вуссаян гьесда гьарулеб бук1аниги, ахирияв чи гьаниса нахъе инч1ого, жиндаса г1исинал г1олохъабиги рагъилел тун, рокъове вач1ине жиндир рак1алъ къабул гьабуларилан ч1анин гьевилан къваридго ургъел бикьана гьез нижее.
Васасул х1акъалъулъ бицунаго, циндаго дие халлъана инсулги васасулги фамилиял бат1и-бат1иял рук1ин. Гьелъие г1илла кинаб бугебилан ц1ехедал, Зубайирица нижее бицана жиндирго къисматалъул х1акъалъулъ.