«Хвезе кват1ани жеги щибдай бихьила?» ян ц1ик1к1аразул калам г1олохъанлъуда раг1идал, раг1а-ракьанде щун бич1ч1улароан гьелъул маг1на… Гьанже г1умруялъул борхалъудасан г1антал, г1аданлъи-чилъиялде т1убан данде кколарел г1аламатал загьирлъидал, сундул х1акъалъулъ г1акъилал умумул рук1аралали лъана.
Ц1ех-рех гьабулеб буго мухбирас лъабго г1олохъанч1ужуялда:
«Миллион долларищ т1аса бищилеб эбелищ?» ан. Узухъда, эбелалдаса хириябги къиматабги ракьалда щибго гьеч1оян абиларищха мух1канав, иман бугев чияс?!
Цоялъ кьолеб буго жаваб; «Эбелал ина, миллион хут1илагури», цойгиялъ т1аде жубалеб буго: «Дида киданиги к1везе гьеч1ин долларазул миллион балагьизе, гьединлъидал гьебго бокьилин». Лъабабилелъ ахирисеб х1арщ реч1ч1ана хабаралъул къадалъ: «Эбел кида-къадги холей ч1ужу йиго, г1арацго бокьила» ян.
Жакъа, херлъиялде нуц1а рагьарай дида, махсародецин абизе к1оларо эбелалъул хвелалъул. Нечола Бет1ергьанасукьа, эбелалъул сипатцин лъаларей яцалъул ясги цее йик1ун, абадияб г1умру эбелалъе гьаризеги… Амма… Амма…Амма…
Г1арцухъ хисулеб эбеллъи, яцлъи-вацлъи, цо жиндирго напс бохизабиялда гурого бет1ер х1алт1уларев гъапулав инсан… Гьединал гуро цере г1адамал рук1арал!
Квадробералин ц1ар тараб цоги г1ажаибаб къавм баккун буго г1оркьилазда гьоркьоб.
Бат1и-бат1иял рух1ч1аголъабазул сипаталда маскаби ххун, рач1ал-малъал гъун дол г1адин ункъго квач1ида рилълъун, г1адамил-лъимерлъун бижиялдаса рак1 бух1ун лъугьун руго к1удиял шагьаразда 13-17 сонил ригьалда ругезул цо-цоял. Гьезул г1акълу свериялъул раг1а-ракьанде щвейлъун рик1к1ине бегьиларищ, гьез инсанас кваналеб кванач1ого, «Вискас» букъун, катихъего мимидун, гьойдухъего х1апдон, сверухълъи «г1ажаиблъизе» гьаби?
Гьеб г1олилаз махсаро-хоч1лъун ва спортлъун рик1к1унеб рек1елгъеялъе кьуч1 лъун буго 18 секундалда жаниб катихъего векерун 100 метр нахъатарав цо япониялъулас.
Совет Союзалъул лъималги рук1унаан лъихъе-лъихъеги гьабулел. Амма гьеб бук1инч1о жанаваралъухъе лъугьун, инсанияб г1акълугун расанди.
Дир гьудул Пат1имат гьит1инго йик1унаан ясик1абазда уколал гьарун, гьезда к1век1ун мич1ч1 цузабун тохтурлъи х1алей… Ц1алун яхъун лъик1ай медсестра яхъана гьелъул. Дун йик1унаан рух1ч1аголъабиги цере к1усизарун «доскаялда» мелгун учительлъи гьабулей… Лъуг1ана педагогикияб институт.
Гьединаб кьолаан СССРалъ тарбия: чилъун лъугьаян, щивлъун вахъиневали цудунго лъаян. Г1езавулаан качественияв, ах1макълъи гъорлъ гьеч1ев инсан. Балагье, 60-йидаса т1аде арал нилъер чаг1азул къарт1алъухъ, г1акълу-лъаялъухъ, г1адамасда к1алъазе лъаялъухъ.
Унго-унгоял къуватаб х1укуматалъул къуватал г1адамал. Рит1арал г1адамал. Жеги г1емерал соназ ч1аго таги гьел, хадусел г1елаз мисал босизелъунг1аги рихьизаризе. Долларазухъ эбел-эмен кьолеллъунги, х1айванияб хьвада-ч1вади берцин бихьулеллъунги г1еч1ого рук1ине.
Ф. Мух1амадова
|