Суббота, 20.04.2024, 14:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » Архив материалов

Автор Ф. Мухlамадова. Январь 2024 сон

Машгьурав хъвадарухъан ва журналист Костантин Паустовскияс художникасул х1алт1уе къимат кьолаго абун буго «Суратал рахъулесул иш рохалил лъимер гьаби кколилан». Унго-унголъунги, г1адамазул берзуеги рек1ееги лазат кьола берцинго, рек1елъ бугебщинаб асаргун бахъараб сурат бихьидал.
Творческиял г1адамазул ват1ан нилъер район бук1иналъе нуг1лъи гьабула хундерил анлъго г1ун халкъияв шаг1ир вук1иналъги, гьаниса анц1-анц1 ц1ар раг1арал художникал, халкъияб махщалил устарзаби рахъиналъги. Творчествалъулал г1адамазул церехъабазул цояйлъун ккола 10 январалъ г1умрудул 80-сонилаб юбилей к1одо гьабулей йигей Россиялъул художниказул Союзалъул член, Г1обода росулъа Казиева Сиядат Мух1амадовнаги.

Гьей кколей йиго маг1арул руччабазда гьоркьоса т1оцее СССРалъул художниказул Союзалъул членлъун йосарай г1аданги.

1965 соналъ Сиядатица лъуг1изабуна М. Джемалил ц1аралда бугеб Дагъистаналъул художественнияб училище. 1979 соналъ ц1ализе лъугьана Москваялъул полиграфиялъул институталде ва гьебги гьелъ баг1араб дипломалда лъуг1изабуна. Ц1алул заманалда Сиядатил х1алт1аби лъолаан т1олгосоюзалъулал ва халкъазда гьоркьосел церелъеязда. Ц1алул ва жамг1ияб г1умруялъул цеехъан йик1иналъ, ц1алун яхъиндал Сиядатил ихтияр бук1ана улкаялъулго к1варалъул х1алт1улел бак1ал (Улкаялъул Монетный двор, ц1ар раг1арал издательстваби…) т1аса рищизе. Амма гьелъул рак1 ц1ана ват1аналде, г1агараб Дагъистаналде...

 

Просмотров: 123 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.01.2024 | Комментарии (0)

Благодаря вмешательству прокуратуры республики начата реконструкция автодороги в Шамильском районе и обеспечено соблюдение прав школьников на образование
Прокуратурой республики продолжаются надзорные мероприятия, направленные на обеспечение соблюдения прав на образование школьников в с. Заната Шамильского района.

Ранее, в целях устранения нарушений законодательства при организации перевозок детей школьным автобусом и безопасности дорожного движения прокуратурой внесено представление в администрацию Шамильского района и ГКУ РД «Дагавтодор». Кроме того, в суд направлено исковое заявление об обязании ГКУ устранить допущенные нарушения.

Просмотров: 212 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.01.2024 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.

Нилъеца къо лъикl гьабулеб буго 2023 соналъулгун. Тlолабго улкаялъего гlадин нилъер районалъеги бигьаяб букlинчlо гьеб. Лъалаго захlмалъана къватlисел пачалихъазул санкциязул халатаб рахасалъ гъанкъулеб бугеб нилъер улкаялъул гlадатаб халкъалъул яшав. Амма данде чlварал чlахlиял захlмалъабазеги къуркьичlого, цо хасаб къадаралъул хlалтlи гьабун бажарана районалда унеб исана. Гьедин, 2023 соналъ муниципалитеталъ гlахьаллъи гьабуна 7 пачалихъияб программаялдагун проекталда. Гьезул цо бутlа жеги гlумруялде бахъинабулебги буго.     

 

Социалиябгун экономикияб ахlвал-хlал 

2023 соналда жаниб районалда гьабураб даран-базар ва бича-хиси бахана 2,89 млрд гъурщиде, 2,3 млрд гъурщиде тIуразарун руго хъулухъал, цебесеб соналде данде ккун гьеб кколеб буго 117 % ва 108 % цlикlкlун. Промышленниял предприятияз биччараб къайи-къоноялъул ва гьабураб хlалтlул къадар бахун буго 385 млн гъурщиде. 

Гlолилазул политика, туризм ва спорт

Муниципалияб даражаялда цебечlараб социалияб кlваралъул масъала ккола гlун бачlунеб гlелалъе хlажатал шартlал гlуцlи ва гьаб заманаялъул балагьаздаса ва къваригlел гьечlел ишаздаса гьел цlуни. Жакъа къоялде районалда гlумру гьабун руго 14-35 сонил ригьалда ругел 9000 гlан гlолилал. Гьеб ккола халкъалъул гlаммаб къадаралъул 26 %. 2023 соналъ аслияб къагlидаялъ райдминистрациялъул гlолилазул политикаялъул ва туризмалъулгун спорталъул отделалъул хlалтlи буссараб букlана Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубаялъул юбилей кlодо гьабиялде ва Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулезул хъизан-лъималазда квер чlваялде. Гlаммаб къагlидаялъ, отделалъ тlобитlун буго 65 тадбир. Хасаб хlалтlи гьабун буго СВОялда ругел нилъер районцоязе, ДНРалъулгун ЛНРалъул халкъазе гуманитарияб кумек битlиялъе.10000 гъурщил къадаралда цоцlулаб кумек гьабун буго киналго мобилизациялда рекъон ва жидеего бокьун СВОялде арал солдатазе.    

Просмотров: 215 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.12.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.

20 декабралда райадминистрациялъул залалда тlобитlана райсобраниялъул депутатазул анкьабилеб ахlиялъул къоабилеб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, Собраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, цо-цо бегавулзабаз ва цогидазги.  

Данделъаразе саламги кьун, сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьелда гьоркьор лъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул Бетlер вищиялъул; районалъул 2024 соналъул бюджет тасдикъ гьабиялъул; депутатазул Собраниялъул планалъул; халгьабиялъулгун хlисабалъул палатаялъул (КСП) 2024 соналде хlалтlул планалъул, муниципалитеталъул ракьалда гlи-боцlи хьихьиялъул правилаби тасдикъ гьариялда хурхун росдал магlишаталъул отделалъул проекталъул ва 2024 соналде районалъул социалиябгун экономикияб цебетlеялъул прогнозалъул хlакъалъулъ суалал.    

Узухъда, аслияблъун букlана районалъул бетlер вищиялъул суал. Гьелда хурхун сессиялда гlахьаллъи гьабизе рачlун рукlана республикаялъул нухмалъиялъул аппараталъул вакилзабиги. ДРялъул Бетlерасул жанисеб политикаялъул ва бакlалъулаб нухмалъиялъул рахъалъ управлениялъул начальникасул заместитель Гlали Ибрагьимовас бицана гlаммаб къагlидаялъ конкурсалъулаб комиссиялда гlахьаллъи гьабизе документал кьун рукlанин 6 чияс. Гьездасан кlиабилеб этапалде риччан рукlанин 5 чи. Гьезулги жалго рищиязде риччан руго кlигояв - Нурмухlамад Задиев ва цебе Гlобода росдал вукlарав бегавул Къебеддибир Дибирдадаев. Депутатаз хlукму гьабуна гьаркьал кьей рагьараб къагlидаялъ тlобитlизе. Гьедин, сессиялда гlахьаллъи гьабурал 46 депутатаздасан 39 гьаракьги щун, Нурмухlамад Задиев вищана кlиабилеб болжалалдаги районалъул бетlерлъун. 7 депутатас жиндирго гьаракь кьуна Къебеддибир Дибирдадаевасе.   

Просмотров: 105 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 29.12.2023 | Комментарии (0)

Автор. И. Мухlамадов. Декабрь 2023 сон.

Цебеккун лъазабун букlахъе, 12 декабралда райцентралда Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб маданияталъул кlалгlаялда тlобитlана районалъул бетlерасул жамагlаталъулгун дандчlвай. Гьелда гlахьаллъи гьабуна муниципалитеталъул активалъ ва жамагlаталъул вакилзабаз. Данделъи байбихьулаго Нурмухlамад Задиевас абуна жакъасеб тадбиралда гlицlго рачlарал суалазе жавабал кьун гурони, хlалтlул хlисаб кьезе гьечlилан. Хlисаб кьезе бугила тlасияб соналъул январь моцlалдаян. 

Суалазул гlемерисел хурхарал рукlана социалияб бутlаялда. Гlаммаб къагlидаялъ районалъул бетlерас жаваб кьуна 20 ялдасаги цlикlкlун суалалъе.  
Тlоцебе гьес цlалараб суалалда хъвалеб бугоан школазда рахьдал мацlалъул дарсазул сагlтал дагьлъизариялъул, нилъерго мацl цlунизе ккеялъул хlакъалъулъ ва гьелда хурхун районалъул тlалъиялъ щибго хlалтlи гьабулеб гьечlилан гlайиб-гъвелги бугоан гьениб. Нурмухlамад Задиевас гьелъие жаваб кьуна рахьдал мацl цlунизе бищун цебе рокъосан байбихьизе кколин. Ай, хъизамалда жаниб эбел-эмен лъимергун магlарул мацlалда кlалъалел гьечlони, школалда анкьида жаниб цо-кlиго нухалъ кьураб дарсалъ мацl цlунуларилан.  

Гъонохъан ва Гьоцlалъан рачlарал суалазда цlехолеб букlана рехсарал росабалъе тlабигlияб газ бачиналъул хlакъалъулъ. Гъонохъеги тlалъиялда бугеб жеги щуго росулъеги гlагараб заманалда хъахlилаб цlатари щвезе бугилан абуна Нурмухlамад Махсутlхlажиевичас. Гьединго цогидал участоказдаги гьеб рахъалда хурхун хlалтlаби унел ругила. Мисалалъе, киналго росабалъ унел руго изыскательниял хlалтlаби. Гlемерисел бакlазда, гьезда гъорлъ Гьоцlалъги байбихьун буго проектирование гьабизе. Иш тlаде кколел гlуцlабигун данд бараб планалда рекъон, хиса-баси ккечlого хутlани, 2025 сон рагlалде щвелалде тlолабго район тlабигlияб газалдалъун хьезабун букlине кколин, амма минаялъул бетlергьан чlезарулел документал гьечlони, законалда рекъон гьенибе газ бачун бажаруларин тlадеги жубана гьес. 

Просмотров: 177 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.12.2023 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Декабрь 2023 сон.

«Дир Мух1амадх1ажи, дир хирияв вас»,-ян г1од-г1одун йиччана жиндирго васасул х1акъалъулъ бицунеб мехалда Пат1имат Х1амзатовна.
Хадубги х1алицаго г1адин маг1ил гаралги ккун, гьелъул бух1улеб рек1елъан угьун рач1уна «Дир цох1о вук1арав вас, дир берзул канлъи. Унго, дур рук1аралщинал хьулал, анищал. Амма гьел т1уразе рес бук1ун гьеч1оха…».

Пат1имат Х1амзатовна ккола-Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда жиндирго къиматаб г1умруялдаса ват1алъарав Мух1амадх1ажи Мух1амадрасуловичасул эбел.
Шамилов Мух1амадх1ажи Мух1амадрасулович гьавуна 1996 соналда нилъер районалъул Гьоц1алъ росулъ. Гьев г1ун вач1ана къвак1арав, бихьинчияв васлъун. Бокьулаан кьерилалгун гъорлъ жуван махсаро-хоч1алда, ах1и-х1уралда вук1инеги. Г1олохъабазда гьоркьоса гьев ват1а вахъулаан жиндиего хасиятаб г1адатаб хьвада-ч1вадиялдалъун. 

2013 соналда Гьоц1алъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Мух1амадх1ажи ц1ализе лъугьана Каспийскиялда бугеб республикаялъулаб ралел бак1азул колледжалде. Гьеб лъуг1ун хадуб жиндирго рак1 т1аде ц1алеб хъулухъалде лъугьинелъун, г1емерал бак1азда х1албихьиял гьаруна гьес. Ахирал соназда Мух1амадх1ажи х1алт1улев вук1ана Москваялда щиб, Сант-Петербургалда щиб. Амма кив г1умру гьабун бугониги, автомобилазухъе ц1алаан гьесул рак1. Машинабазде рокьи гьесул гьавураб къоялдасанго бук1ана. Гьесул бидулъго бессун бук1ун батула гьеб. Абухъего, «Мух1амадх1ажиян абуни, нилъеда цебе ч1олаан машина, машинаян абуни, Мух1амадх1ажи». Гьеб х1асраталъ кколаан гьесул г1емерал х1алт1улел бак1азда дандеккунгут1абиги. Гьеб ах1вал-х1ал хисизабизе Мух1амадх1ажиясе  рес щвана Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъизе рес щвеялъ. Щибго ургъич1ого къабул гьабуна гьес, СВОялде Украинаялде ине бокьи-бокьунгут1иялъул суал. Хъван контрактгун ана гьев гьеб рагъулаб операциялде. «Щай арав дир вас?»- абун эбелалъ кьураб суалалъе гьес жаваб кьола: «Хехго аниги, кват1ун аниги, киналго бихьиназ ц1унизе ккола эбел-Ват1ан. Доба Украинаялда дидасан к1удияб хайир бук1ина, гьанибалдаса»,-ян. Хадусеб ккезе, тезе бегьулелъул гьес пикруго гьабулароан.

Просмотров: 109 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 18.12.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Ноябрь 2023 сон.

27 ноябралда районалъул бетlерасул кабинеталда тlобитlана Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда къадаралде щварал районалъул гlолохъабазул улбузулгун ва лъудбузулгун дандчlвай. Тадбир гlуцlун букlана улбузул къоялъул хlурматалда. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъулев Нурмухlамад Задиевас, депутатазул собраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, военком Шамил Мухlамадовас. 
 

“Жакъа нужгун данчlваялъул мурад буго нужее къваригlараб-тараб цlехон, рахlат хвезабулел суалал ва гlузраби ратани, ниж хlадурал руго нижехъа бажарараб кумек гьабизе. Щибаб къоялъ нужгун дандчlвазеги бажаруларелъул, гьадин цо-цо санагlалъи ккун, нужехъ гlенеккизе ресал ратила нижеца. Узухъда, дида бичlчlула нужер къварилъи ва сунцаниги нужер васал тlад руссунареблъи. Амма нижер хьул буго нижеца нужер гьабулеб тlалаб-агъазалдалъун цо бутlаялъниги нужер къварилъи бигьа гьабизе кlвелилан. Нижеда ракlалда буго нужер васазул бахlарчилъи даим гьабиялъул мурадалда гьел цlаларал школазда ва гьезул минабазда хасал мемориалиял хъарщал чlвазе, ресалда рекъон цо-цо къватlазе гьезул цlарал кьезе. Гьединго данде кколеб бакlги тlаса бищун, нилъер районалдаги букlине буго "Ракlалде щвеялъул ахги". Биччанте хадусеб гlелалдаги гьел кlочон тунгутlизе”, - ян абуна муниципалитеталъул нухмалъулес. Гьединго кlалъаял гьаруна райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас ва военком Шамил Мухlамадовас. 

Просмотров: 153 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 11.12.2023 | Комментарии (0)

Автор Халилбег Ахlмадов. Ноябрь 2023 сон.

Адабияталъул рахъалъ киналгоязде г1унт1ун ч1ах1иял специалистаз рик1к1уна Расул Х1амзатов дунялалдаго машгьурав шаг1ирлъун вахъине цох1о «Къункъраби» асар хъван бук1арабани г1езе бук1анилан. 
Халкъалъ абула, гьеб рагъул ва ч1агоязул ракълие г1оло хваразда цебе бугеб налъул х1акъалъулъ бищун лъик1аб кеч1 бугилан, амма гьелдаго цадахъ «Къункъраби» ккола ракълилги дунялалъулги кеч1. Рак1ал берцинал г1адамаз, гьадин эркенго пикру гьабизе, берда бихьизе, рек1ел асарал загьир гьаризе рес кьураб Дунялалъул х1акъалъулъ кеч1.

Къункъраби лъугьана хвел гьеч1олъиялъул абадияб нуг1лъун. Гьанже гьезухъ балагьидал, нилъеда гьезул т1елалъулъ жеги ц1ик1к1ун рихьулел руго «рагъда камурал васал».

Байбихьудасанго гучаб бук1ана гьеб кеч1алъул машгьурлъи. Цо-цо коммунистазда гьоркьор рук1арал атеистаз ЦК КПССалъул Политбюроялде, бит1ахъе абуни, ц1ад базабун бук1ана гьеб кеч1 ах1изе гьукъеян г1арзабазул. Багьанаде гьез бачунеб бук1ана цо-цо киласабазда ва масжитазда гьеб как ах1улеб г1адин ах1улебцин бугилан.
Гьабизе жо т1аг1араб политбюроялъ гьеб ишалъул «жавабчилъи» Л. И. Брежневасухъе кьола. Досги, киназего лъик1 кколедухъ, машгьураб кеч1 гьукъизеги бокьич1ого «ах1изе бегьула, ва амма ц1акъго г1емер гуро» ян резолюция лъола. 

Дида дунялалда лъаларо цойги кеч1, жиндие нусгоялдаса ц1ик1к1ун памятник лъун бугеб. Т1оцебе гьеб лъуна Северияб Осетия-Аланиялда, анкьго вас рагъулъ вахъараб Гадзахановазул х1урмат гьабун. Хадуб гьединалго памятникал раккана Бухты, Саратов, Кисловодск, Чирчик (Узбекистан) шагьаразда, Гъуниб. 

Просмотров: 115 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 11.12.2023 | Комментарии (0)

Автор Сулейманов Мухlамадкамил. Ноябрь 2023 сон.

Нилъер цересел умумузул г1умру буго къадру-ях1алъулги иман буголъиялъулги унго-унгояб мисал. Гьел киналг1аги г1умруялъул зах1малъабаз къуркьизарич1о, кинаб бук1аниги х1укуматалъул низамалъ свинабич1о гьезулъ исламияб бич1ч1и. Гьединаздасан цояв вуго гъоркьехун макъалаялда жиндир бицунев Х1ариколоса Сулейманов Набиги.
Гьесул жигаралдалъун чанго маг1арул росулъ рагьун руго школал, анц1-анц1 г1олилазе щун буго исламиябги светиябги лъай. Х1ал алжаналда батаги жиндир.

Чанго соналъ цебе Набил вас Мух1амадкамилица Хъах1аб росулъе  хъвараб кагъаталдаса.
Хириял школалъул нухмалъулел, школлъимал ва Хъах1аб Росдал жамаг1ат!

Дун вуго Х1ариколоса Сулейманов Набил вас Мух1амадкамиль.
Дун Хъах1аб Росулъе жеги щварав чи гуро, амма инсул бицадалъун дида лъала Хъах1аб Росдал г1адамал аваданал, разиял, сахаватал, гьобол-гьудул хириял чаг1и рук1ин. Гьединал гьел рук1инч1елани жакъа дица гьаб кагъатги хъвач1ого бук1ине рес бук1ана.
Т1оцебе инсул х1акъалъулъ хъванги дида интернеталда батана. Гьебги бугоан "История села Кахаб-Росо" абураб сайталда. Дир к1удияб, рак1-рак1алъулаб баркала буго гьеб сайт г1уц1аразе ва дир эмен рак1алде щварал Хъах1аб Росдал г1адамазе!

Кьуч1дасан босун бицани, хириял вацал, дир инсул биография байбихьараб ккола, киназулго г1адин, гьев гьавураб къоялдсан байбихьун. Досул паспорталда хъвараб къаг1идаялда гьавураб сонлъун бихьизабун 1901 сон бук1ана. Амма, х1акъикъаталда гьев гьавун вуго - 1904 соналъул 27 маялда. Совет х1укуматалъ жиндир заманаялда, киналго диниял т1ахьалали щай гурин, г1араб ва г1ажам алфавиталъ хъварал кверзул хъвай-хъваг1аялцин лъуг1изаризе, к1удияб жигар бахъанин бицунаан мунагьал чурадица. Гьелъул х1асилалдайин квералъ Къуръаназул раг1алда щиб, г1ажам т1ахьазул раг1алда щиб, рак1алде щвеялъе хъварал хъвай-хъваг1аялги т1аг1арал. Цебе заманаялда гьарураб къо-моц1 гьедин хъван толеб бук1ун буго. Дир х1исабалда, чурараб лъеда цадахъ лъимерги къват1ибе реххараб г1адаб жо гьабун буго ц1ияб власталъ. Паспортал кьолеб замана т1аде щварабго - г1емерисезул гьарураб заманаялъулъги г1емерал гъалат1ал риччан руго. Инсуца бицунаан, эбелалъ абухъе, жив гьавун вугила 12 абилеб рабиг1ул аввалалъ, мих1и баккулъ (нужеца г1ин т1аме гьеб ц1акъ къиматаб баяналде: мих1и баккулъ 12 рабиг1ул аввал, моц1рол гьижра-календаралда, г1ага-шагарго лъеберго соналда жаниб цо нухалъ гурони бук1унарелъул). Цо гьеб сордоялъ нижер Х1ариколо росулъ гьавун вуго к1иго вас. К1иясего, росдал машгьурав г1алимчияс, Мух1аммад авараг (с.т.г1.с.) гьавураб сордоялъ гьарурал рук1инги х1исабалде босун, Мух1аммад-Наби абурал ц1аралги кьун руго. 

Просмотров: 111 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 11.12.2023 | Комментарии (0)

Автор Хl. Гlабдулаев. Ноябрь 2023 сон.

Халкъалъул парахалъи цIунулезул профессионалияб байрамалъул тарих байбихьана 1962 соналдасан. Гьеб соналъ тIоцебе кIодо гьабуна СССРалда советияб милициялъул къо. 10 ноябрьги гIадада бищараб календаралъул тарих гуро-социалистияб инкъилаб ккун лъабго къоялдасан 1917 соналъ тIоцебе гьабун букIана хIукму хIалтIулаб (рабочая) милиция гIуцIизе. 2011 соналдаса нахъе байрамалда цIар хисун буго полициялъул хIалтIухъабазул къоян. 

Жакъасеб номералда, киналго полициялъул хIалтIухъабазда, жанисел ишазул органазул вет ераназда профессионалияб байрамги баркулаго, бокьун буго гьезие гьаризе хъизан-рукъалда сахлъиги баракатги, хIалтIулъ бергьенлъабиги гIумруялда парахалъиги. Биччанте дагьлъизе такъсирчилъи, цо къадаралъ бигьалъизе нужер гьабулеб хIалтIиги. 

Гъоркьехун кьолеб буго жанисел ишазул органазул ветеран, районцояз кидагосеб адабалда жиндир цIар рехсолев унго-унгояв милициялъул майор ХIасан ГIабдулаевасул районалъул ихтияр цIунулезул гIуцIабазул тарихалъул бицараб материал. 

10 ноябралъ т1олабго Россиялъул халкъалъ к1одо гьабула жанисел ишазул органал г1уц1араб къо.


Революция ккун г1емер заман иналде г1уц1ана милиция. Гьелда цере ч1арал масъалабиги рук1ана т1олго улкаялда т1ибит1ун бугеб хъачагълъиялде, ц1огьалде, ч1вадарухъанлъиялде данде рагъ гьаби.

Гьел масъалаби т1урай мурадалда 1920 соналъ Дагъистаналдаги, гьелдаго гьоркьоб нилъер районалдаги г1уц1ана милиция. Гьанибго бук1ана округалъул туснахъ ц1унулеб бак1ги. 

Къоабилел соназ нилъер район бук1ана Авар округалда гьоркьоб. Гьединлъидал нилъер милициялда ц1арги бук1ана «Авар округалъул милиция» абун. 

Округалъул милициялда гьоркьобе унаан ункъго участок: Хунзахъ, Харахьи, Бакълъухъ ва Гъойсубули. Гьел участкабазда гъорлъе унаан цебе наиблъиялде гъорлъе унел рук1арал Гумбет, Унсоколо, Къах1иб, Г1ахьвахъ районазул росаби.

1928 соналъул ноябралда Авар округги бихун г1уц1ана Хунзахъ район. Гьелдаса нахъе районалда г1уц1ана РО НКВД, 2012 соналдаса нахъе буго полиция. Дагъистаналда милиция г1уц1аралдаса нилъер районцоял х1алт1ана бат1и-бат1иял районазда, шагьаразда жавабиял ишазда. Кибго гьез бихьизабуна х1инкъи гьеч1олъи, бажари ва къох1ехьей.

Просмотров: 262 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 15.11.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Ноябрь 2023 сон.

4 ноябралда районалда кlодо гьабуна Россиялъул халкъазул цолъиялъул къо. Улкаялда гьеб байрам тlобитlулеб буго 2005 соналдаса нахъе. Байрамалъул аслияб тадбир тlобитlана исана Расул Хlамзатовасул нусго сонилаб юбилеялде Цlада росуълъ цlи гьабун къачlараб "Хъахlал къункъраби" мемориалияб комплексалда. Гьелда гlахьаллъи гьабизе рачlаразда гъорлъ рукlана Россиялъул Социалияб фондалъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул нухмалъулев Мухlамад Гlисаев, Халкъияб собраниялъул депутат Хучбар Хучбаров, филологиял гlелмабазул доктор Мухlамад Мухlамадов, республикаялъул чанго муниципалитетазул лъай кьеялъул бутlабазул нухмалъулел ва цогидалги. 


Тадбир байбихьилелде цебе киназго тlугьдул лъуна мемориалияб коплексалда бугеб эбелалъе ва васасе бараб памятникалда цебе.
Гьелдаса хадуб данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.

"Исана нилъеца кlодо гьабулеб буго Россиялъул гlемермиллатазулаб адабияталъул кlудияв инсан, унго-унгояв магlаруласул, дагъистаниясул ва Россиялъул гражданинасул букlине кколеб тlабигlат жиндилъ бессарав Расул Хlамзатов гьавуралдаса 100 сон тlубай. Нилъер президент Владимир Путинил указалдалъун 2023 сон федералияб даражаялдаго лъазабун букlана Расул Хlамзатовасул сонлъун. Гьелдалъун рес щвана исана районалда кlвар бугел цlиял объектал разе ва къачlазе. Расул Хlамзатовасул 100 сон тlубаялда хурхун Кремлиялъул Кlудияб Кlалгlаялда тlобитlараб тадбиралда улкаялъул нухмалъулес цогинух цlалана шагlирасул Дагъистаналда жив магlарулав, Россиялда дагъистанияв, улка бахун къватlивехун россиялъулав вугин абурал рагlаби. Абизе ккола, нилъер къарнуялъул Кlудияв инсанасул гьел кlудиял рагlаби жакъа кутакалда хlажатал ругилан. Жакъа дунялалда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlалалъухъги цадахъго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гlахьалчагlазул бахlарчилъиялъухъги, гьезул Ватlаналде бугеб рокьиялъухъги халгьабун, абизе бокьун буго чlахlиязеги гlисиназеги чара гьечlого хlажат бугин Россиялъул гражданаллъун хутlизеян. Гьединго кlочон тезе бегьуларо нилъер умумузе хасиятаблъун букlараб яхl-намус, къохlехьей, цlодорлъи ва сабур. Халкъияв шагlир гьавуралдаса 100 сон тlубалеб соналда нижеда цере рукlана тlуразе кколел масъалаби, гьезда гъорлъ букlана гьаб мемориалияб комплексалъе реконструкция гьабиги. Кlудияб баркала кьезе бокьун буго республикаялъул бетlер Сергей Меликовасе. Гьесул кумекалдалъун ва нилъер районалдехун бугеб цlодораб бербалагьиялдалъун нижехъа бажарана гьаб СКФОялдаго бищун кlудияб комплексалда гьарулел хlалтlаби заманалда лъугlизаризе. Гьанже киналго шартlалги гlуцlараб, квегlенаб, мультимедийнияб залалда батlи-батlиял программабазул трансляциялги рихьизаризе ресалги ругеб гьаб комплекс лъугьине буго туристазулги гьалбадерилги ракlал тlаде цlалеб бакlлъун. Хасаб баркала кьезе бокьун буго комплексалъул реконструкция гьабураб подрядалъулаб гlуцlиялъе, субботниказда гlахьаллъи гьабурал росабазул бегавулзабазе, школазул директорзабазе, гьезул коллективазе ва цогидалги гьаниб гьабураб хlалтlулъ жидерго бутlа лъуразе", - ян абуна гьес.

Просмотров: 129 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 15.11.2023 | Комментарии (0)

Автор И. Мухlамадов. Ноябрь 2023 сон.

2 ноябралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул депутатазул иргадулаб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетleр Нурмухlамад Задиевас, райсобраниялъул председатель Мухlамад Мухlамадовас, депутатаз ва цогидазги.  


Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьенир гьоркьор лъун рукlана “Хунзахъ район” МРалъул 2024 сонил бюджеталъул проекталъул бицин, гlолилазул ишазул ва туризмалъулгун спорталъул ва лъай кьеялъул отделазул гьабураб хlалтlул хlисаб кьей. 
2024 соналъул районалъул бюджеталъул проекталъул хlакъалъулъ гlатlидго баян кьуна финотделалъул начальник Хlайдар Хlайдарбеговас. Гьесул рагlабазда рекъон муниципалитеталъул тlасияб сонил бюджет бахине буго 1 миллиардгун 87 миллион гъурщиде. 2023 соналда данде ккун гьеб кколеб буго 18% цlикlкlун. 

Гьеб суалалда хурхун жиндирго пикру загьир гьабуна районалъул бетlерас. 
“Нилъеда жеги лъаларо хадусеб сонил бюджет тlокlлъигунищ яги камигунищ букlинебали. Исана районалда хlалтlизе биччана кlиго цlияб школа, цlи гьабун къачlараб мемориалияб комплекс “Хъахlал къункъраби” ва цогидалги объектал. Гьелги районалъул бюджеталдасан хьихьизе ккола. Санайил нилъер бюджеталъе кlудияб ками ккола бихьизабураб къадаралда налогал ракlарунгутlиялда бан. Гlадамазул 90% кьоларо ракьул ва мал-мулкалъул налогал, гьеб сабаблъун санайил щибаб росдал бюджет дагьлъула чанго миллионалъ. Гьел налогал руго нужерго росабалъ хутlулел сурсатал, гьеб бичlчlизе ккола киназдаго. Нужеца, депутатаз, бегавулзабигун цадахъ лъугьун гьеб рахъалда хурхун гlадамазда гьоркьоб бичlчlикьеялъулаб хlалтlи гьабизе ккола”, - ян абуна гьес. 

Просмотров: 137 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.11.2023 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. Октябрь 2023 сон.

Араб талат къоялъ районалъул администрациялъул киналго х1алт1ухъабигун г1уц1абазул нухмалъулелги г1ахьаллъун «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер Нурмух1амад Задиевас т1обит1ана г1ат1идаб данделъи.


Гьелда гьоркьор лъуна данделъиялда г1ахьаллъаралщиназул х1алт1ул иналъул, хадубккун гьабизеселъул ва г1адлу-низамалъул суалал. 

Бищун цебе районалъул нухмалъулес г1одор ч1аразул лъай-хъвай гьабуна г1агараб заманалда къуваталде лъугьине бугеб х1укмуялъулгун. Гьелда рекъон районалъул киналго хъулухъчаг1азе гьукъараб буго х1алт1уда рук1аго ва хъулухъалъулал ишал т1ураялъе Америкаялъул «Apple» маркаялъул телефоналгун техникиял алатал х1алт1изаризе. Цинги районалъул нухмалъулес к1вар буссинабуна жиде-жидеда т1адбухьинабураб мал-мулкалъул, ракьазул, транспорталъул налогал кьезе ккеялде, г1уц1абазулгун учреждениязул 2024 соналъе бюджетазул проектал х1адурун лъуг1изе ккеялде.

ОКСалъул нухмалъулев Саг1адула Батировасе т1адкъай кьуна ахирисеб щуго соналда жаниб районалда раралщинал социалиял объектазул отчет х1адуризе ва бач1унеб соналъ капиталияб ремонт гьабизе бугеб Коло ясли-ахалъул ва «Бак1алъулал инициативаби» программаялъул кумекалдалъун Хунзахъ базе бугеб паркалъул документация х1адуризе.

Гьединго данделъиялда гьоркьоб лъуна районалъул цо-цо школазда ц1алул учебникал г1олел гьеч1олъиялъул, гьел умумуз ричун росизе ккеялъул суалалги. 

Просмотров: 81 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.11.2023 | Комментарии (0)

Автор Н. Гlалиева. Октябрь 2023 сон.

2022 соналъул февралалда нилъер улкаялъул Президент Владимир Путиница т1олабго дунялалдаго раг1изабуна нилъер Ват1аналъул х1инкъи гьеч1еб бук1инеселъе г1оло Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьанилан. Гьелда г1ахьаллъи гьабизе рит1ана Россиялъул цо-цо регионаздаса васазда цадахъго Дагъистаналдасан унеб къокъаялда гьоркьоб нилъер районалдаса 500-г1ан г1олохъанчиги. Узухъда, тунка-г1усиял ккараб бак1алда, камиял ккеч1огоги хут1уларо. Рач1ана нилъер районалдеги ц1а г1адал г1олохъаби нилъедаса рат1алъиялъул бицарал ч1ег1ерал баянал, ругьалаби. Районалдаса гьанжелъаг1ан 15 ялде г1агарарав г1олохъанчияс жидерго къиматаб г1умру кьуна гьеб операциялда. Нилъеда гьел васал киданиги рек1елъа инаро. Г1ун бач1унеб г1елалъе гьел г1олохъабиги, гьезул бах1арчиял гьунаралги мисалалъе рук1иналъе, гьел даималлъун гьариялъе гьезул бицинч1ого г1оларо нилъеца.

Жакъа нижее бицине бокьун буго хун хадуб Бихьинчилъиялъул орденалъе мустах1икълъарав Байикь росулъа Къурамух1амадов Исмаг1ил Къадих1ажиевичасул х1акъалъулъ.

Гьев бах1арчияв вас вукъизе унелъул районго, росуго угьдилеб бук1ана. Хунзахъа Байикье унел г1адамазул ва машинабазул къокъабаз гьеб росулъ ва нухда ч1езе бак1цин хут1ун бук1инч1о.

Лъида лъалеб жидерго васазул х1акъалъулъ эбелалда г1адин бицине? Рух1арал маг1ил гаралги т1олаго, гьелъ гьадин бицана: 

Цониги эбелалъ абиларо, жиндир васасул х1акъалъулъ квешаб раг1и. Дир вас вук1ана эбелалъ гуребги, гьев вихьарав, к1алъаравщинав чияс къимат кьолев, рек1елъ къвак1и ц1ик1к1арав лебалав вас.

Гьавун вук1ана бит1ун т1абиг1ат ц1илъулеб, гьава-бакъ хинлъулеб, рек1елъе рохел лъугьунеб т1оцебесеб ихдалил март моц1алда. Анлъго сон барав гьит1ич вит1ун вук1ана Байикь байбихьул школалде ц1ализе. Ункъго соналъ гьенивги ц1алун 2010 соналдаса 2015 соналде щвезег1ан ц1алана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалда. Гьенисан гьев ц1ализе лъугьана Каспийск шагьаралъул Энергетикияб колледжалде. Гьеб лъуг1ун хадуб ана армиялде. Гьев ккун вук1ана Оренбургалъул 33860 рагъулаб часталде. Хадубги рагъулаб хъулухъалда ч1езе х1укмуги гьабун, 2019 соналда контрактги хъван х1алт1изе лъугьана Буйнакскиялъул 63354 рагъулаб часталде мотострелковияб батальоналъул минометазулаб взводалъул водительлъун.

Украинаялда гьадаб багъа-башари лъугьараб мехалда, дир гьит1инав сержант вит1ана нилъер улкаялъул х1инкъи гьеч1еб бук1инеселъе г1оло гьабулеб хасаб операциялда г1ахьаллъизе.

Просмотров: 79 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.11.2023 | Комментарии (0)

Автор Ф. Мухlамадова. октябрь 2023 сон.

 СССР биххун хадуб т1убанго к1алагъоркье кканин абизе бегьула росдал маг1ишатги, халкъалъул  бугебщинаб данде к1ут1ун лъик1аб бук1инеселъе г1оло г1уц1ун рук1арал колхоз-совхозалги, жибго росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазул къадру-къиматги. Амма бищун кьерхараб роччункъоялъцин бакъул ч1ор баккулеб г1адин, руго нилъеда гьоркьорги жидеца г1аммаб маг1ишатги ц1унарал, гьелде т1аде-гьеб цебет1езецин гьабурал, «жакъасеб къоялъул бах1арзал»-ин  ц1ар тезе бегьулел г1адамал. 
Гьеле гьединаздасан цояв ккола гъоркьехун диргун гара-ч1вари ккарав т1анусдерил «Машгьурал г1адамал» СПКялъул председатель Зиявудин Мух1амадовги.

Жакъа къоялда «Машгьурал г1адамал» СПКялъул буго «Дагъистаналъул муг1рузул» тайпа г1иялъажалазул 5800, «Швицкая» тайпадул ч1ег1ерх1айваназул 138 бет1ер.
2010 соналдаса нахъе маг1ишаталъе бажарун нухмалъи гьабулеб буго Россиялъул росдал маг1ишаталъул министерствалъул Х1урматалъул грамотаялъул бет1ергьан, зах1маталъул ветеран Мух1амадов Зиявудин Шигьабудиновичас. «Машгьурал г1адамал» ккола т1олгороссиялъулал г1и-боц1ухъанлъиялъул церелъеязул чанц1улго меседил призерал, г1емерал халгьабияздаса, конкурсаздаса шапакъаталгун руссунел, районго ч1ух1арал росдал зах1матчаг1и. 

2023 соналъ къват1ибе араб республикаялъул росдал маг1ишаталъул энциклопедиялде босизе мустах1икъаблъун бихьараб районалдаса СПКги цо «Машгьурал г1адамал» гурого ратич1о, гьезул х1алт1ул х1асилазухъги цебет1еялъухъги балагьун. Гьебги буго тарихалда меседил х1арпаз хъван гьез жидерго свак лъалареб зах1маталдалъун толеб бугеб лъалк1.    

Унго-унголъунги г1ажаиблъи гьабизе бач1унеб х1ужжа ккола, гьаб заманалда члензабазе кьолел ролъул, пиринч1ул хъапалги, щибаб къварилъи ккаралъубе бегьулеб сахаватлъиялъул кверги бихьидал. Т1ок1аб жоялъул бицунго щай, колхозалъул правлениялъ (гьедин абулеб буго дица доб советияб къарт1 СПКялъ ц1унун бук1иналъ) жидерго контора бук1араб минацин сайгъат гьабуна хъутанчаг1азул ясли-ахалъе!

Просмотров: 74 | Добавил: zaxrosdal | Дата: 14.11.2023 | Комментарии (0)

« 1 2 3 4 ... 84 85 »

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz