Гьал къоязда «Р.З.» газеталъул редакциялде вач1ун вук1ана Дагъистан республикаялъул росдал маг1ишаталъул мустах1икъав х1алт1ухъан, ДРялъул мустах1икъав фермер Макъсудов Мух1удада Макъсудович. Зах1маталъулаб Баг1араб Байрахъалъул орден щвараб Ленинградалъул росдал маг1ишаталъул институтги лъуг1изабун г1агараб районалде т1ад вуссарав Мух1удада х1алт1ана районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялда, вук1ана районалъул рекьарухъабазулгин фермеразул маг1ишатазул Ассоциациялъул нухмалъулевлъун. Гьабсаг1аталда живго бет1ергьанаб «Цикламен» фермеразул маг1ишатги рагьун гьелъие нухмалъи гьабулев вуго.
Мух1удада Макъсудов вуго гьит1инаб къоялдаса нахъего зах1маталде ругьун гьавурав, нилъер умумуз г1адин г1и-боц1иги хьихьулев,гьезул къимат гьабизеги лъалев, росдал маг1ишат унго-унгояв росдал маг1ишаталъул, щибго к1вах1-свак лъач1ого х1алт1улев унго-унгояв росдал магlишаталъул х1алт1ухъан.
Дол колхозал, совхозал т1егьан рач1унеб заманалда, гъеж гурун гьеб х1алт1уда гъорлъеги лъугьун, районалъул экономика цебет1езабиялъе, рух1-х1ал кьун х1алт1илев вук1арав, Мух1удадал рах1ат хун буго жакъа къоялда жаниб росдал маг1ишаталда лъугьун бугеб ах1вал-х1алалъ. Гъоркьехун кьолеб буго нижеда гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.
- Мух1удада Макъсудович, дуца кинаб къимат кьолеб нилъер республикаялдаго г1адин, районалдаги росдал маг1ишаталда жакъа къоялда жаниб бугеб ах1вал-х1алалъе?
- Я нилъер республикаялда яги районалда росдал маг1ишаталда хурхун бугеб, ах1вал-х1ал беццилеб г1адинаб гьеч1о. К1урулел, лъалъалел, рухъулел гьеч1о гъут1би. Беэнлъи бихьулебго гьеч1о гьезда. Цебе картошка, пурч1ина бекьулеб бук1арал хурзал гьанже ч1ах1иде руссун руго. Хур бекьарал бак1аздаги, гьенибе т1аде гъун бук1унеб боц1уца хвезабун къват1ибе баккизе жого толаро. Гьединлъидал гьабулеб хъулухъалда рекъон гурого гьенисан бач1инги бач1унаро.
Нилъер базаралда яги тукада бугеб пихъ хираго бичулеб бук1уна. Бугебги къват1исан бач1араб, турич1ого бук1инелъун т1аде даруги гьабун, цебесеб соналъго бак1арараб т1асияб соналъул гьебго заманалде щвезег1ан нахъе ц1унун хут1ун бук1уна. Пихъ ц1унияли лъик1аб иш бугоан , гьелда т1аде пунхъараб дару пихъида цадахъ чорхолъеги кколеб бук1инч1ебани. Бух1араб лъец1а чурани гурого гьеб гьелда т1аса нахъеги унаро. Х1исаб гьабуни, нилъеего пайдаялъе кунеб пихъ, нилъеца заралалъе кунеблъун кколеб буго.
Цебе умумузул бук1унеб бук1араб г1ат1-т1ех кванирукъалъеги пайдаяб, щибго химияги гъорлъ гьеч1еб. Гьанжесеб чедалъ керен ц1ерх1езе гьабула, дрожжазда х1адурараб гьеб бечелъи, гьанже кето, гьвеялъцин кунаро.
Помидорал, охцерал нилъецаго г1езаруни, гьезул бук1унеб т1аг1ам. Гьеб нилъеда бич1ч1уларо. Ун базардегун, рокъоб г1езабич1ого 3 нухалъ хираго росула, жалги нитратазулги, пестицидазулги, гербицидазулги хут1елал гъорлъе ккарал.
Х1исаб гьабураб мехалда цебе нилъер умумуз бекьулеб бук1араб картошкадул бук1унеб бук1араб к1удияб бач1ин. Гьанжейин абуни, бекьулареб, бекьаниги бухъулареб, ч1аралареб ракьалда кинаб картошкадул бач1инха бук1инеб. Амма къват1иса бач1араб бащдаб удобрениязул ц1ураб картошкаялде данде ккун, нилъерго аниб бижаралъул бук1унеб т1аг1амалъул бицинего ккеларо.
Боц1ул бицани, сундухъ кьелеб нилъецаго г1езабураб, г1акдадаса беч1ч1араб рахьдал бахъараб нисуги, х1анги, щиб-щибниги гъорлъ жубазабун биараб нахухъги кьолел ниг1матал гьел рук1унаро. Тукадаса росизеги кидаго гуро гьел щолел. Гьанже киналго к1вах1аллъун руго боц1и-панз, г1иял хьихьизеги, хурзал рекьизеги лъиего х1ажат гьеч1о.
Цебе Г1акаро маг1арде хьвадулаан киналниги 300-400-ялде г1агарараб боц1ул 3 рехьед. Гьанжесеб рохьдолъ балагьани, 150 г1акацин батуларо. Нилъер колхозалъул г1аммаб боц1ул къадар бицинего ккеларо.
Цебе нилъер районалда бук1ана 11-рахьдалгин товарияб ферма. Энгельсил ц1аралда бугеб колхозалда 22 бет1ер г1ачиязул хьихьулеб ферма. Гьезде рахаралг1ан гьеч1ониги цогидал росабазулги рук1ана жидерго боц1и-панз. Цо-цо г1акдаца кьолаан 2000-2200 литра рахьдал.
Щибаб къойил районалда бук1араб х1анил заводалде, кьолаан 7-8 тонна рахьдал. Гьениб бахъулаан х1анги т1орахьги.
Рехун тун руго ц1ик1к1араб къадаралда ракьал. Гьел х1алт1изаризеги бегьилаан г1адамаз, маг1ишатазда кодоб х1ажатаб техника бук1арабани. Щоларо хурзабахъе рак босизеялдаса бахъараб, хур бегизе, бекьизе, бекьараб нахъе босизе техника. Бугебги басралъараб, болжал араб буго. Ц1ияб техника босизег1ан х1ал г1ураб маг1ишатги нилъер батиялда щаклъи буго.
- Гьединаб ах1вал-х1алалдаса рорч1иялъе щиб гьабундай лъик1аб бук1ина?
- Дир пикруялда, росулъ ругел г1и-боц1иги хьихьулел, зах1мат бихьун х1алт1иги гьабулел г1адамазе тайпадулаб г1и-боц1и босизе кканиги, рекьизе данде кколел хьонал росизе кканиги х1алт1изабизелъун биччараб г1арцул кумек бугони лъик1аб бук1инаан. Хьихьараб г1и-боц1ул бет1ер рик1к1ун щолел субсидиял, дотациял ругониги, дагьабниги бигьалъи ккелаан.
Г1и-боц1ухъабазда дандч1валел зах1малъабилъун ккола г1и-боц1удасан, ах-хуралдасан щвараб продукция бичизе бак1 гьеч1олъиялъулги. Къо бихьун фермерас г1езабураб ниг1маталъул хайир цоясухъе кьун, цогиясухъе кьун бичиялъ, живго бет1ергьанасеялдаса гьоркьохъабазе ц1ик1к1ун щолеб буго. Беццараблъун бук1инаан продукция къач1азе, къач1араб бичизе росдал маг1ишаталъул х1алт1ухъабазе тукаби рук1аниги, базабазда гьезие хасаб бак1 бук1аниги бихьизабуни. Гьединаб продукция босулеб бак1азулгун къот1и-къаял хъвазе кумек гьабуни.
Нилъер районалда ругел квана-гьекъеялъул продуктаби росулел цо-цо г1уц1абаз, рагъулаб погранотрядалъ, х1ажатал ниг1матал росулел руго Астраханалдасаги, Ставраполалдасаги. Щай бегьилареб бук1араб, г1емерал харжалги т1ад инарун рик1к1адаса босич1ого, нилъерго аниса экологияб къаг1идаялъ бац1ц1адаб продукция босизе.
Цебе т1оролал культураби рак1аризе рук1унаан комбайнал. Гьанже сунца бач1ин бак1арилеб? Гьеч1о гьелъие техника.
Гьеб гуребги, г1иял г1ухьбузе зах1малъи буго г1ат1идал авлахъаздаса риидалил муч1дузде г1иял гочинарулелъул, нухда кколел ругел квалквалаз. Цебе г1и гочинабизе рихьизарун рук1арал нухазда, гьанже цо-цо бак1аздасан ран руго минаби. Гьелъ къварид гьарун руго нухал. Гьелъул х1асилалда кколел руго лъугьа-бахъинал г1иял машинабаз ч1инт1аралгицин. Нилъерго анире щварал г1иял хьихьулел муг1руздеги гьеч1о сах-саламатго г1иял рачине нухал. Нагагьлъун г1иял вехь унтани, гьезул рехъалъе бац1 к1анц1ани ва цогидабги балагь-къварилъи ккани бухьен гьеч1олъиялда бан, рес гьеч1о гьелъул х1акъалъулъ кколеб бак1алде лъазабизе.
- Жакъа къоялда жаниб г1ияхъанлъиялдасан щолеб хайирго бугищилан?
- Доб цебе бук1араб г1адинаб хайир г1и-боц1ухъанлъиялдасан кинго щоларо. Цебе г1иял квас бичун щвараб г1арцухъ маг1ишатазда, г1и-боц1ул бет1ергьабазда к1олаан гьел жалго хьихьизе г1ураб к1алц1и-херги, цоги маг1ишаталъе х1ажатабги босизе. Гьанже квасул килоялъухъ 9-40 гъурущ гурого щолареб мехалда, гьел къунц1изе кумекалъе рачарал г1адамаз 200-300 гъурущ босулеб буго. Гьедингицин бичизе, кьезе бак1 щвеч1ого росдал г1адамазул г1одобе бан турулеб буго.
Къват1исеб х1укуматалдаса бач1араб синтетикаялъул рет1елги босун рук1инч1ого, лъик1аб бук1инаан цебе нилъер умумуз г1адин, черхалъе заралги гьеч1еб, хинлъиги кколеб квасул рет1ел гьабизе хасал х1алт1ул бак1ал рагьани, гьел хьухьине, кун дургъизе г1адамал ругьун гьаруниги.
Жакъа х1алт1изе бак1алги гьеч1ого къват1ахъ сверулел руго цо-цо г1олилал. Дида рак1алде ккола гьел инаанин вехьлъи гьабизеги, дояркабилъунги гьеб бут1аялда щолел харжал дагьал ц1ик1к1арал рук1аралани. Росабалъ г1умру гьабун ругел г1адамазул яшав лъик1лъизабизелъун ургъун руго «Земский доктор», «Земский учитель», г1адинал программаби. Бегьилаан рух1 бахъун бух1араб риидал мег1ер-г1алахалдаги, хасалил пуй-ч1ваялдаги х1алт1улел г1ухьбузеги, гьезул рак1 батиялъеги, г1олохъаби х1алт1уде рач1иналъеги гьединабго маг1наялъул программа ургъулебани.
- Росаби церет1езариялъул, гьениб г1умру гьабун ругел г1адамазул яшав лъик1лъизабиялъул г1адамазе х1алт1улел бак1ал ва ч1ара-хьараб финансовияб ах1вал-х1ал бук1инабиялъул мурадалда пачалихъалъ ургъун руго бат1и-бат1иял программаби. Росдал маг1ишаталда хурхарал гьезего гьеч1елищха?
- Цебеялде данде ккун дагьабго турк1и бач1унеб буго. Дица абиларо х1алт1изе бокьарав чиясул т1уранго ресал т1аг1ун ругилан. Рокьиги бугони, гъираги бугони, к1вах1аллъулевги гьеч1они, бокьарав чиясда к1ола щиб гьабунги х1алт1изе рес батизе. Гьаниб аслияблъун ккола зах1мат бокьи. Нилъер умумуз абухъе, гьеч1олъиялъул эбел - рах1ат кколеб батани, гьарзалъиялъул эбел - зах1мат ккола. Рач1а, киналго гьелъул пикрабазда х1алт1илин.
Н. Гlалиева.
|