3 октябралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул бетlерасул нухмалъиялда гъоркь бегавулзабазулгун данделъи. Гьенир рорхана жакъа къоялъ жамагlатазда цебе чlараб чанго суал.
Данделъи байбихьана районалда кьишни-къул бакlариялда хурхун гьабулеб хlалтlул бициналдасан. Районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас бегавулзабазе тlадкъай кьуна гlагараб заманалда жаниб, аскlобе кьишни баччулеб транспорт бачlине санагlалъи бугеб бакlалда ракьги балагьун, щибаб росулъ мусор балел къалал лъезе хасал площадкаби хlадуреян. Гьединго ракlалде щвезабуна мусор баччаралъухъ гlадамаз гlарац кьезе кколеблъиги.
Бицана улкаялдаго 1 октябралда хаслихъе призыв байбихьун букlиналъулги. Бегавулзабазда тlад къана гьеб ишалъулъ жигараб гlахьаллъиги гьабун, хаслихъе призывалда рекъон, Ватlаналда цебе тlадаб борч тlубазабизе районалдаса гlолохъаби ритlиялъул план тlубазабизе гъуждул гурун хlалтlеянги. Кватlичlого, гьеб суалалда хурхун ихтиярал цlунулел идарабазул вакилзабиги цогидал жавабиял хъулухъчагlиги гlахьал гьарун, гlатlидаб данделъи тlобитlизе бугиланги бицана.
Бицен ккана 2025 соналде бюджеталъул проект хlадуриялъул хlалтlи унеб букlиналъулги. Цохlо бюджеталъул бадире ралагьун чlечlого, нужерго ихтияралда ругел ракьаздаса пайдаги, босун гьелги ижараялъе кьун, росабазул бюджеталъул тlаде бачlунеб бутlа цlикlкlинабиялда тlад хlалтlизе кколин киналго бегавулзабиян абуна Нурмухlамад Задиевас. Щибаб росдал администрациялъул рес бугила жидерго ракьалги хlалтlизарун, лъикlаб хайир щвезе. Гьелъие мисаллъун бачана, районалъул ракьул фондалда бугеб 55 191 гектар ва гьелдаса букlине кколедухъ пайда босулеб гьечlолъиги. Гьедин, муниципалитеталъул ракьул фондалъул щибаб гектаралдаса бищун дагьаб 500 гъурущги босун, ижараялъе кьунани, росабазул бюджеталде тlадеги 25 миллионалдаса цlикlкlун гъурущ бачlинехъин бугиланги абуна гьес. Гьелдаго цадахъ, нилъер аслияб мурад гlарац бакlари гурин, тlубанго гlуруялде сверизе течlого, ракьал хlалтlизари бугилан тlадеги жубана муниципалитеталъул нухмалъулес.
Цойги борхана магъало бакlариялъул суалги. Цогидал налогазул план тlубалеб бугониги, амма ракьулгун мал-мулкалъул налогал ракlариялъул иш цlакъ хъадуб бехъерхъун хутlун бугила. Ракьул налог бакlариялъул лъагlалил план районалда тlубан рагlула гlицlго 30%, мал-мулкалъул - 15%. Нужер тасамахlлъиялдалъун рехсарал тайпабазул налогал ракlариялъул рахъалъ районалъулго рихьизариял нахъе ккезарулел ругилан бадибчlвайги щвана бегавулзабазе. Киналго мажгиталгун мадрасал ва цогидалги диниял гlуцlабазул минабиги законалъул рахънире руссинаризе кколинги лъазабуна.
3-4 советалъул хутlизегlан, цогидазул генералиял планалги хlадурун ругелъул, батlи-батlиял идарабазде кагъталги хъван, гlадамал гlарзахинегlан течlого, рачlарал гlарзабазда рекъон ракьул участокал кьезе байбихьеянги лъазабуна бегавулзабазда.
Гьединго росабазул бутlрузда цогинух ракlалде щвезабуна СВОялъул гlахьалчагlазул ва гьезул хъизан-лъималазул хlажатал тlуразе хlаракат бахъизе кколеблъиги.
Данделъиялъул ахиралда бегавулзабаз кьуна жидерго суалалги.
И. Мухlамадов.
|