Хъизанал… Гьел рук1уна бат1и-бат1иял: жал лъидаго релъинч1ел, хасал, к1удиябги, гьит1инабги ригьалъул, зах1маталъулал, творчествалъулал… Щибаб хъизан бук1уна жидерго къаг1идаялъ талих1аблъунги, талих1 гьеч1еблъунги. Хъизан-гьеб ккола нилъер хазина, нилъер жамг1ияталъул аслу, бук1инеселъул кьуч1.
Бищунго къадру-къимат бугеллъун ва зах1маталъулаллъунги дица рик1к1уна педагогазул хъизанал. Лъималазе гьел ккола г1иц1го школалда дарс малъулел чаг1илъун гурелги, г1умруялда жаниб кинабго лъик1абщиналде, цебет1урабщиналде гьел ругьун гьарулел чаг1илъунги.
К1удиязул х1урмат гьаби, заг1ипазул т1алаб гьаби, рит1ухълъигун рекъел ц1уни, бергьараб ях1-намус, сабру ц1уни-гьеб кинабго бессун буго педагогасул х1алтулъ.
Жакъа дие бицен гьабизе бокьун буго Лъаг1илухъ росулъа Султ1анбеговал: Г1абдусаламилги Пат1иматилги цебет1ураб педагогазул хъизаналъул х1акъалъулъ.
Султ1анбегов Г1абдусалам Султ1анбегович ккола Лъаг1илухъ г1аммаб лъай кьеялъул гьоркьохъеб школалъул физкультураялъул учитель.
Гьев гьавуна 1951 соналъул 1 сентябралда Лъаг1илухъ росулъ. Лъаг1илухъ 8-сонил школа лъуг1ун хадуб Харахьи росдал гьоркьохъеб школалдеги ун лъуг1изабуна 10 класс. 1969 соналда ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул факультеталде. 1973 соналда бергьенлъиялда ДГПИ лъуг1изабурав Г1абдусалам, вит1ана Болъихъ районалъул Кьохъ гьоркьохъеб школалде х1алт1изе. Гьеб школа рик1к1унаан районалда бищун к1удияб школалъун. Гьенив ц1алулев вук1ана 500-ялдасаги т1аде арав ц1алдохъан. Г1олохъанав учитель ккана махщел бугел педагогазул к1удияб ва гьудуллъиялъулаб коллективалде гьоркьове. Гьеб школалда х1алт1улелъул, Г1. Султ1анбеговасе щвана к1удияб х1албихьи. Гьесие жеги ц1ик1к1ун бокьана педагогасул махщел ва т1убараб г1умруго кьуна г1ун бач1унеб г1елалъе тарбиягун лъай кьеялъул къадруяб ишалъе.
Педагогасул х1алт1уде бугеб рокьиялъ г1умруялъул гьудул т1аса йищулагоги цо хасаб бак1 ккуна. Гьесул хъизан Пат1имат Асадулаевнаги ккола педагог. Гьейги х1алт1улей йик1ана ДГПИялъул байбихьул классазул факультетги лъуг1изабун Кьохъ гьоркьохъеб школалда. Гьел цолъизаруна педагогасул т1адег1анаб махщелалъ.
Гьале, 48 сон буго квералъ квер ккун г1адин, к1иялго цадахъ лъугьун росдал лъималазе тарбиягун лъай кьеялда гьел х1алт1улел ругелдаса.
Султ1анбеговаз тарбиягин лъай кьун г1езаруна к1иго вас-Запир ва Мух1амад. К1иялго ана эбел-инсул нухдасан. Гьез лъуг1изаруна т1адег1анал педагогикиял ц1алул заведениял. Запирица лъуг1изабуна физкультураялъул факультет ва гьабсаг1аталда х1алт1улев вуго Россиялъул МЧСалъул Дагъистаналда рагьараб ц1а свинабиялъулгин прикладной отделалда к1удияв тренерлъун. Мух1амадица лъуг1изабуна ДГПИялъул къват1исел мац1азул факультеталъул ингилисгун г1араб мац1алъул отделение. Х1алт1улев вук1ана г1араб мац1алъул муг1алимлъун ва социалияв педагоглъун Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалда. Вук1ана Лъаг1илухъ росдал советалъул администрациялъул секретарьлъун. Гьабсаг1аталда Мух1амадица гьабулеб буго росдал мажгиталъул советалъул председательлъи. Гьес к1удияб х1алт1и гьабула г1агараб росу т1егьазабиялъе.
8 соналъ Кьохъ гьоркьохъеб школалдаги х1алт1ун, Султ1анбеговазул хъизан 1981 соналъ т1ад буссуна г1агараб Лъаг1илухъ росулъе. Султ1анбегова Пат1имат х1алт1изе лъугьана Лъаг1илухъ 8-сонил школалъул байбихьул классазул учительницалъун. Г1абдусалам Султ1анбегов вищана Лъаг1илухъ росдал советалъул председательлъун. Гьеб ишалда гьев х1алт1ана 10 соналъ, 1991 соналде щвезег1ан. Сельсоветалъул х1алт1уда вугеб заманалдаги Г1. Султ1анбеговас бокьулеб махщалилгун ва спорталъулгун х1алт1и гьоркьоб къот1изе теч1о. Спорт цебет1езабиялъул ва сельсоветалде гьоркьобе унел лъабго росдал г1адамал цоцалъ гъункиялъул мурадалда, гьес щибаб соналда 1 Маялъул байрамалъул къоялъ г1адатлъун билъинабун бук1ана волейболалъул ва спорталъул миллиял тайпабазул спортивиял къецал т1орит1и. Гьел х1аял лъугьун рук1ана г1иц1го Лъаг1илухъ, Ц1ельмес ва Т1екит1а росабазул г1адамазе гурелги, аск1орго ругел цогидал росабазул г1адамазеги рохалилал байрамаллъун.
1991 соналда Г1. С. Султ1анбеговасул рес рекъана школалде т1ад вуссине ва ц1идасанги бокьулеб махщалида х1алт1изе. Гьале 33 сон буго Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалда рак1алъ т1аса бищараб физкультураялъул учительлъун гьев х1алт1улев вугелдса. Гьесда цадахъ 48 соналъ хисич1ого, байбихьул классазе махщалида лъайгин тарбия кьолей йиго гьесул г1умрудул гьудул Пат1иматги. Гьей ккола т1адег1анаб категориялъул учительница, байбихьул классазул учительзабазул методикияб цолъиялъул нухмалъулей. Г1олохъанал педагогазе Пат1иматица гьабула насих1атчилъи, ишалъулал малъа-хъваял. Жидерго къадруяб х1алт1улъ аслияблъун Султ1анбеговаз рик1к1уна ц1алдохъабаздехун бугеб рокьи.
Учителасул буго бечедаб х1албихьи ва т1адег1анаб махщел. Жиндирго х1алт1и гьес г1уц1ула «Бет1ераб бергьенлъи-сахлъи!» абураб ах1иялда гъоркь.
Бат1аго бицине ккола Г1абдусалам Султ1анбеговичасул махщалилал рорхалъабазул х1акъалъулъги. Жиндирго х1алт1уда х1алт1улаго, гьес г1езаруна т1адагьаб атлетикаялъул, волейболалъул ва спорталъул миллиял тайпабазул районалъул, республикаялъул г1емерал чемпионал. Гьесул ц1алдохъабаз гьоркьоса къот1ич1ого бергьенлъаби росула муниципалиял ва республикаялъулал даражабазул Т1олгороссиялъулал ц1алдохъабазул олимпиадабазда.
Жиндиего щварал рик1к1ен г1емерал реццалъул т1амчазда, грамотабазда ва баркалаялъул кагътазда гьоркьосан бищунго к1вар бугеллъун Г1абдусаламица рик1к1уна: «Зах1маталъул ветеран», «РФялъул г1аммаб лъай кьеялъул Х1урматияв х1алт1ухъан» абурал ц1арал, гьев ккола Президентасул гранталъул лауреатги, адаб гьабула РФялъул лъай кьеялъул Министерствалъул Х1урматалъул грамотаялъулги.
Гьарула нужее сахлъи, рохел, рокъоб баракат, нужги рич1ч1улел, нужедаги рич1ч1улел ц1одорал, бег1ерал ц1алдохъаби, цере лъурал масъалаби ва рек1ел мурадал т1урай.
Н. Г1алиева.
|