Четверг, 26.12.2024, 14:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Декабрь » 3 » ЦlАЛДОХЪАНЛЪУН ВУКlИНЧlЕВ УЧИТЕЛЛЪУН ВАХЪУНАРО
12:29
ЦlАЛДОХЪАНЛЪУН ВУКlИНЧlЕВ УЧИТЕЛЛЪУН ВАХЪУНАРО

Учителасул х1алт1и ккола ц1акъго жавабияб, къадруяб, лъималаздехун к1удияб сабруги, гьабулеб ишалде к1удияб рокьиги, бажариги бук1ине кколеб х1урматияб пиша. Рук1уна учительзаби чан сон школа лъуг1ун баниги, кир ц1алулел, х1алт1улел рук1аниги, нилъеда киданиги к1очон толарел, нилъер рек1елъ г1умруялъго к1очонареб лъалк1 толел.
Гьединайлъун хут1ана дие Хунзахъ росулъа дирго ингилис мац1алъул учительница Къадиева Пат1имат Мухтаровна.
Жийго г1олохъанай, г1адамазда гъорлъ йосарай, хасго бигьаго ц1алдохъабазул рек1елъе нух батизе лъалей П. Мухтаровнаялъ дарс кьолелъул, гьелъул заманги лъуг1ун ц1умур кьабг1угегиян рук1унаан дарсалъ асир гьарурал ц1алдохъаби. Гьале, чанго соналдасан дандч1вайдалги бит1ахъе дою цебесеб дарсида г1адинаб сих1къот1игун муг1алималъухъ г1енеккара дун, кидаго г1адин х1айранлъизаюна гьелъ гьанжесалаги. Бихьулеб бук1ана добго къаг1идаялда дарс бицинеги, гьеб бич1ч1изабизеги гьелъул гьунар ва махщел жеги ссун гьеч1олъи. Нижер гара-ч1вари байбихьана гьадин:


-Пат1имат Мухтаровна, школалдаса г1одой ч1ун чанго сон унеб бук1аниги, кидаго дур минаялъуса къват1ире рач1унел лъимал камуларо. Гьел дур г1агарлъиялъул лъималищ кколел яги ц1алдохъабийищ?

-Гьаб соналда 22 сон т1убала школаги тун х1алхьиялда дун г1одой ч1аралдаса. Гьелгощинал сонал аниги щиб, жеги-жеги дирги ц1алдохъабазулги гьоркьоблъи лъуг1уларо. Г1агарлъиялъул гурелги, дихъе рач1уна школалда бич1ч1ич1ого хут1араб, лъач1ого гьоркьоб араб материал бич1ч1изе кумек гьабеян гьарун ц1алдохъаби. Бук1уна замана 1-2 чи хьвадулебги, 4-5-ял рач1унебги. Дица гьезие киналго цадахъ ккеч1ого рук1ине график ч1езабун бук1уна.

-Дуца гьабулеб х1алт1иялда репетиторлъиян абизе бегьулищ?

-Бегьуларо. Репетиторлъи гьабулев чияс лъималазухъа г1арац босула. Дица гьезухъа киданиги г1арац босич1о, гьеб буго дица гьезие гьабулеб кумек. Дида цо-цояз абула школалде уней йик1арайани х1алт1ухъ г1арацг1аги щвелаанин, рокъоре рач1ун лъимал ц1ализариялъул маг1на щибилан.

-Пат1имат Мухтаровна, чан сон бараб дуца школалда х1алт1илей? Гьеб сундасан байбихьараб?

-1966 соналда Хунзахъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун дун ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул къват1исел мац1азул факультеталъул ингилис мац1алъул отделениялде. 4 соналъ гьенибги ц1алун т1ад юссарай дун, т1оцебе х1алт1изе лъугьана Хунзахъ 8 сонил школалде, чанго соналдасан гьенисан дун ана Хунзахъ №1 гьоркьохъеб школалде, гьеб дагьаб рукъалде аск1обег1ан кколеб бук1иналда бан.
1970 соналдасан байбихьун 33 соналъ гьабуна учителасул х1урматияб х1алт1и. Хадуб ана мустах1икъаб х1алхьиялде.

-Пат1имат Мухтаровна, лъималазеги, гьезул умумузеги, педагог х1исабалда, мун ц1акъ йокьулаан. Х1алт1удаса г1одой ч1езе мун г1едег1ич1ищ?

Дир инсуца абулаан, х1алт1и щоларого къват1ал сверулеб г1олохъанаб г1елги тун, херлъараб къоялъ гьезие бак1ги кьеч1ого, х1алт1уде хьвадизе рекъараб гьеч1илан. Дирги пикру гьединабго бач1ана. Х1алт1и яги лъимал дида киданиги рихун рук1инч1о.

-Мун школалда х1алт1улеб заманалда духъе лъимал, макърат1исалъ махх г1адин, ц1алел рук1унаан. Ц1алдохъабазе мун йокьиялъе г1илла кинабдай бук1араб?

-Дица киданиги ц1алдохъаби рат1а гьарулароан, жигар бахъулаан х1алт1ул план г1уц1улелъул ц1алдохъабазул предметалде гъира баледухъ гьеб г1уц1изе. Щибаб лъимер дарсида гъираялда х1алт1изелъун, бат1и-бат1иял х1аял, конкурсал ургъун, инсценировкаби х1адур гьарун, щивав ц1алдохъан берда цеве ч1езавун гьабулаан план. Дарсида беч1араб лъимералъул гьумер бихьи- дие ц1акъ зах1матаб ишлъун бук1ана. Гьединлъидал, лъимал дарсида гъорлъ росизариялъул мурадалда, дица кидаго классалда фронталияб опрос гьабулаан. Ц1алдохъанасда живго дарсида вук1ин лъазелъун чанго нухалда т1аде вахъинавун гьевгун гьикъа-бакъи гьабулаан. Цебесебги бич1ч1изабич1ого программаялъул хадуселде к1анц1иялъ х1асил кьолареблъиги бич1ч1ун, дие х1ажатаб къаг1идаялда материал лъазабич1ого дица гьел церехун рачунароан.

Ц1алдохъабазе кинабго рахъалъулаб кумек щвезелъун школалда г1уц1ун къач1ан бук1ана ингилис мац1алъул кабинет. Гьениб лъун рук1унаан бокьараб мехалъ пайда босизе г1емерал т1ахьал, берзулал пособиял, ч1езабун бук1унааан ц1алдохъабазул дежурство, кумек гьарун вач1арав ц1алдохъанасе гьеб щвеялъул мурадалда. Т1орит1улаан ингилис мац1алъул анкьал. Умумузул рес бук1ана бокьараб мехалда дарсида г1одор ч1езе рач1ине.

- Дур ц1алдохъаби г1ахьаллъулаан районалда щиб, республикаялда щиб т1орит1улел олимпиадабазда. Бицинарищ гьезул х1акъалъулъ?

- Рук1ана дир ц1алдохъаби районалда т1орит1арал олимпиадабазда бергьенлъиги босун республикаялде аралги. Цо нухалда гьений г1ахьаллъарай дир ц1алдохъан Х1ажиева Г1аишат Г1умардадаевнаялъ, Фарида Г1амировалъ росун рук1ана цересел бак1ал. Шапакъатал кьолелъул жюриялъулгун бук1араб гара-ч1вариялда Г1аишатил бук1араб лъай бихьун хас гьабун гьелъие грамотаялда т1адеги кьун рач1ун рук1ана т1ахьал. К1ияйго ясалъе дарсал кьурай учителалъе баркала загьир гьабеян хъвараб кагъатги бук1ана.

- Пат1имат Мухтаровна, Дагъистаналъул махщел камил гьабиялъул институталда республикаялъул церет1урал учительзабазул суратаз берцин гьабураб стендалда дур суратги бук1ана. Лъазе бокьилаан кинал х1асилазе г1оло мун гьение йосун йик1араяли?

- Цебе щибаб школалде, лъай кьеялъул даража борциналъул мурадалда, районалдаса гурелги, республикаялдасаги рач1унаан лъай кьеялъул г1уц1абазул вакилзаби.
Цо нухалда дир х1алт1ул х1албихьи лъазабизелъун республикаялъул махщел камил гьабиялъул институталда х1алт1улел Мамонтова ва гьелъул заместитель Варфомалеев рач1ун рук1ана дир дарсиде. Гьез дарсил х1асил гьабураб к1алъаялда абун батун бук1ана зах1матаб х1алт1удаса хадуб г1одоре риччан гьабураб х1ухьбахъиялъул г1адинаб асар лъугьанин жидее дир дарсидаса хадубилан. 

Щибаб дарсидаса хадуб дица щибаб лъимералъе лъурал къиматал журналалда рихьараб мехалда, гьез дида ц1ехана дица щибаб дарсида контролиял х1алт1абийищин гьарулелан. Гурин, дица гьезул щивасда, щибаб къойил дарс гьикъулин абидал, гьел риххун хут1ана.
Гьезул хал гьабиялдаса хадуб йосун йик1ана дун цебехун рехсараб, институталъул махщел камилазул кьеразулъе.

Гьелдаса хадуб дие кьун бук1ана федералияб к1варалъул «Старший учитель» абураб ц1ар. Хадуб нилъерго лъай кьеялъул отделалдасанги «Учитель-методист» абураб ц1ар ва «Зах1маталъул т1ок1лъиялъе г1оло» медальги щун бук1ана.

Пат1иматил жиндиргоги буго г1умру берцинаб хъизан. Гьелъ тарбия лъай кьун г1езаруна 2 яс ва цо вас. Гьелги руго лъик1аб тарбияги щварал, к1удиясул адаб-х1урмат гьабулел, гьит1иналгун рекъон рук1унел эбел-инсул нух ккурал лъимал.

Бокьун буго дир къадруяй муг1алималъе гьаризе чорхое щулияб сахлъи, рак1-рак1алъулаб баркала, цере ц1аларалщинал лъималазул рокьиги, адаб-х1урматги.

Гара-ч1вари гьабуна Н. Г1алиевалъ.   
 

Просмотров: 35 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz