Автор Н. Гlалиева. Ноябрь 2024 сон.
Учителасул х1алт1и ккола ц1акъго жавабияб, къадруяб, лъималаздехун к1удияб сабруги, гьабулеб ишалде к1удияб рокьиги, бажариги бук1ине кколеб х1урматияб пиша. Рук1уна учительзаби чан сон школа лъуг1ун баниги, кир ц1алулел, х1алт1улел рук1аниги, нилъеда киданиги к1очон толарел, нилъер рек1елъ г1умруялъго к1очонареб лъалк1 толел.
Гьединайлъун хут1ана дие Хунзахъ росулъа дирго ингилис мац1алъул учительница Къадиева Пат1имат Мухтаровна.
Жийго г1олохъанай, г1адамазда гъорлъ йосарай, хасго бигьаго ц1алдохъабазул рек1елъе нух батизе лъалей П. Мухтаровнаялъ дарс кьолелъул, гьелъул заманги лъуг1ун ц1умур кьабг1угегиян рук1унаан дарсалъ асир гьарурал ц1алдохъаби. Гьале, чанго соналдасан дандч1вайдалги бит1ахъе дою цебесеб дарсида г1адинаб сих1къот1игун муг1алималъухъ г1енеккара дун, кидаго г1адин х1айранлъизаюна гьелъ гьанжесалаги. Бихьулеб бук1ана добго къаг1идаялда дарс бицинеги, гьеб бич1ч1изабизеги гьелъул гьунар ва махщел жеги ссун гьеч1олъи. Нижер гара-ч1вари байбихьана гьадин:
-Пат1имат Мухтаровна, школалдаса г1одой ч1ун чанго сон унеб бук1аниги, кидаго дур минаялъуса къват1ире рач1унел лъимал камуларо. Гьел дур г1агарлъиялъул лъималищ кколел яги ц1алдохъабийищ?
-Гьаб соналда 22 сон т1убала школаги тун х1алхьиялда дун г1одой ч1аралдаса. Гьелгощинал сонал аниги щиб, жеги-жеги дирги ц1алдохъабазулги гьоркьоблъи лъуг1уларо. Г1агарлъиялъул гурелги, дихъе рач1уна школалда бич1ч1ич1ого хут1араб, лъач1ого гьоркьоб араб материал бич1ч1изе кумек гьабеян гьарун ц1алдохъаби. Бук1уна замана 1-2 чи хьвадулебги, 4-5-ял рач1унебги. Дица гьезие киналго цадахъ ккеч1ого рук1ине график ч1езабун бук1уна.
-Дуца гьабулеб х1алт1иялда репетиторлъиян абизе бегьулищ?
-Бегьуларо. Репетиторлъи гьабулев чияс лъималазухъа г1арац босула. Дица гьезухъа киданиги г1арац босич1о, гьеб буго дица гьезие гьабулеб кумек. Дида цо-цояз абула школалде уней йик1арайани х1алт1ухъ г1арацг1аги щвелаанин, рокъоре рач1ун лъимал ц1ализариялъул маг1на щибилан.