2009 соналдаса нахъе, 1 ноябралда Россиялда кlодо гьабула судалъул приставазул къо. Судалъул хlукмаби тlуразари - гьеб ккола хlукуматалъул ва гьелъул законазул адаб-хlурмат гьаби. Батlи-батlиял цlаразда гъоркь, тlоцебе нилъер улкаялда рехсараб хъулухъалъул хlалтlи байбихьун буго жеги некlсияб Русалъул заманалдаго. Узухъда, гьелдаса нахъе чанцlулго хисана приставазул хlалтlул гlуцlиги къагlидаги. 2020 соналдаса нахъе судалъул приставазул Хунзахъ, Шамил ва Лъаратlа районазул отделалъул начальниклъун хlалтlулев вуго Сагlадула Рахlматулаев. Хlалтlи гlуцlун бугеб къагlидаялъулги дандчlвалел ругел захlмалъабазулги цlехон ниж дандчlвана нухмалъулевгун.
- Сагlадула Заурбегович, кинал ругел нужеда тlадал ишал?
- Нижеда тlадал ишаздасан ккола судазул хlукмаби тlуразари. Гьединго нижеца цlунизе ккола лъабабго районалъул территориялда бугеб 9 судалъул минабиги, жалго судиялги ва нижерго отделалъул минаги.
- Кинаб къагlидаялъ гlуцlун бугеб нужер хlалтlи?
- Дица бицахъе, судалъул хlукмаби тlуразариги нижеда тlадал ишазде гъорлъе уна. Налъуласдаса цохlо гlарцулал сурсатал яги малк-мулк бахъи гуребги, судалъул хlукму букlине бегьула пуланав чи цониги хlалтlи гьабизе тlамулеб яги цониги гlуцlиялъул хlалтlи чlезабулебги. Амма гlемерисел хlукмаби рукlуна гlарцулал сурсатал яги мал-мулк бахъизе бихьизабурал. Судалъул гьединаб хlукму бачlарабго, нижеца налъуласул “Госуслуги” порталалде битlула уведомление. Рехсараб сайталда гьесул хъвай-хъвагlай батичlони, почалдасан кагъат битlула налъуласул рукъалъул адресалде. Жиндиего бокьун (добровольно) налъи бецlизе гьесие бихьизабун букlуна 5 къо. Гьеб болжалалда жаниб гьес иш тlубазабичlони, нижер рес букlунаро хlал гьабун (принудительные меры) налъи бахъизе хlалтlаби гьаричlого. Гьесул банкалда счет бугони, гьениса бахъула, официалияб доход бугони, гьелдасан ккола. Гьеб цонигияб батичlони, гьесул мал-мулкалда арест лъола.
Нижер хlалтlи букlуна судалъул хlукмабазда хурхинчlебги. Гьединаздасан ккола ГИБДДялъул гlакlаби рахъи. Гьел нижехъе, судалдеги инчlого, бачlинахъего жибго ГИБДДялдасан ритlун рачlуна.
Отделалъул штаталда вуго 32 хlалтlухъан ва щивасул буго жинда тlад къараб хlалтlулаб рахъги. Отделалде гъорлъе унеб лъабабго районалъул щибалда хадув вухьинавун вуго судалъул хlукмаби тlуразарулев кlи-кlи хlалтlухъан (исполнитель). Анкьида жаниб кlицlул, итни ва арбагl къояз тlоритlула рейдалги.
Бищун гlемер нижехъе рачlуна магъалабаздагун налъабазда хурхарал материалал. Амма бищунго кlвар цlикlкlараблъун ккола алиментазул материалал. Кигlанго нилъер диналдаги гlадаталдаги рекъечlеб пиша бугониги, нилъер жамгlияталдаги камуларо цо-цо, хъизангун ратlалъун хадуб, умумуз жидерго лъимал рехун тарал хlужаби. Гьедин, исана нижехъе бачlана алиментазда хурхараб 37 материал. Гьездасан тlубазабун буго 21. Алиментал рукlуна херлъарал эбел-инсуца лъималаздаса тlалаб гьабулелги. Ай, херлъидал тlалаб-агъазги гьабичlого, эбел-эмен рехун танани, гьезул ихтияр букlуна лъималаздаса, судалъ къотlараб хlукмуялда рекъараб къадар гlарцул бахъизе. Амма дир практикаялда гьединаб материал жеги нижехъе бачlинчlо.
Исана нижеца налъулазул мал-мулкалда тlад лъуна 198 арест. Гьелдасан, жакъа къоялде, тlубазабун буго 127 материал. Мисалалъе, жинда тlасан нижехъе материал бачlарав чияс чанго соналъ алиментал кьун гьечlони, гьесул автотранспорт ялъуни цогидаб буголъиялда тlад арест лъола ва 10 къоялъул болжалалда жаниб налъи бецlичlони, буголъиялъе къимат кьолеб хасаб компанияги ахlун, гьез чlезабураб багьаялде гьебги бичун, гьелъухъ щвараб гlарац гьесул налъи бецlизе харж гьабула.
- Кинаб тамихl букlунеб нужер тlалаб тlубазабуларев налъуласе?
- Тамихl бараб букlуна судалъул хlукмуялда. Мисалалъе, 10 000 гъурщидаса цlикlкlун алиментазул налъи бугев чиясе гьукъула улка бахун къватlиве ине ва малк-мулкалъул хъвай-хъвагlай гьабизе. 4 моцlалъ алиментал кьечlони, гьесда тlасан гlуцlула административияб материал. Гьелда бихьизабураб тамихlалда рекъон налъулав тlамула жамагlаталъе пайдаял тlадал хlалтlаби (общественные работы) гьаризе яги 15 сордо-къоялъ жанив тlамула. Гьелдаса хадубги жеги 4 моцlалъ гьес алиментал кьечlони, гьев уголовнияб жавабчилъиялде цlала ва гьелда рекъон цо лъагlалиде щвезегlан эркенлъиялдаса махlрум гьавизеги рес букlуна.
- Букlунищ бахъизе бегьулареб къайи-къоно?
- Букlуна. Мисалалъе, бахъизе бегьуларо чияс жаниб гlумру гьабун бугеб, цохlо гурони гьечlеб мина ва яшавалъе чара гьечlого хlажалъулеб къайи-къоно. Мисалалъе, квен-тlех гьабулел алатал.
- Аслияб къагlидаялъ, кинал захlмалъаби ругел хlалтlулъ дандчlвалел?
- Аслияб захlмалъи букlуна хlалтlул гlемерлъиялъ. Гьедин, гlаммаб къагlидаялъ босани, исана сон байбихьаралдаса нахъе нижехъе бачlана 125 000 материал. Жакъа къоялде, гьелдасан нижеца тlубазабун буго 60 000 материал. Гьелда гьоркьобги аслияб бакl ккола батlи-батlиял гlакlабазда (46000) ва магъалабазда хурхарал материалаз (6900). Рукlуна цо-цо тlуразаризе захlматал хlалтlул категориял. Гьединаздасан ккола алиментал рахъиялда, законалда данде кколаредухъ бараб мина-карт биххизабиялда ва минаялъуса гlадамал нахъе рахъинариялда хурхарал хlукмаби.
- СВОялъул гlахьалчагlазда хурхун кинал рукlаниги бигьалъаби ругищ?
- Руго.”Федеральный закон об исполнительном производстве” абураб № 229 законалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, СВОялъул гlахьалчагlазда ва гьезул хъизан-лъималазда хурхун тlобитlулеб исполнительнияб производство чlезабула, хадубккун тlубанго къотlизабула. Гьезда хадур ругел кредиталги ЖКХялъул налъабиги тlаса рахъула.
- Ахиралдаги щиб дуца абилеб районцояздехун?
- Дица киназдаго абилаан, хlал гьабун бахъиялде ккезегlан течlого, жидедаго хадур ругел гlакlаби, магъалаби ва налъаби жидер заманалдаго рецlеян. Хасго кlудияб гьари буго алиментазда хурхарал материалал нижехъе рачlине тогеян. Киназдаго лъазе ккола гьеб нужерго лъималазе кьолеб гlарац букlин ва нилъерго лъимал рехун тей, нилъер диналдаги гlадаталдаги цlакъ рекъечlеб иш букlин.
Гара-чlвари гьабуна И. Мухlамадовас.
|