Главная » Архив материалов
Автор.
Росдал маг1ишаталъул пресс-группа. апрель 2011 год.
Районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялда данде росана
2011 соналъул т1оцебесеб кварталалъул х1асилал. Гьениб т1оцебесеб бак1
Бакьагьеч1и росдал Дудар Г1алиевичасул, к1иабилеб Г1ахьалч1и росдал Энгельсил
ц1аразда ругел маг1ишатазе кьуна. Лъабабилеб бак1 х1арисезул «Баг1арав
партизан» ва Хунзахъ Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозазда гьоркьоб бикьана.
|
Автор.
Р. Г1амирханов, ДРялъул мустах1икъав учитель.апрель 2011 год.
Гьит1инабго гьаб макъалаялда бокьун буго дирго
байбихьул классазда йик1арай учительница Мух1амадова Хатиматил (Сергейил Хади)
х1акъалъулъ хъвазе. Умумузул аби буго кьуч1 щулияб бугони къед бихуларилан.
|
Автор.
Г1. Г1исаев-Гьоц1алъ школалъул ц1алдохъан.апрель 2011 год.
Бокьула дие Гьоц1алъ школа. Вохизавула школалъул
х1акъалъулъ абулел рецц-бакъалъул раг1абаз, ч1ух1ула гьелъул бергьенлъабаздаса.
1954 соналъ гьеб школа лъуг1арал т1оцересел выпускниказда гьоркьов вук1ана
дунги. Дида цадахъ школа лъуг1аразул цо-цоял данде кколеб школа лъуг1аразул цо-цоял дандекколеб лъайги
босун, жидерго г1агараб школалде муг1алимзабилъун т1ад руссана.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.апрель 2011 год.
Россиялъул президент Б. Ельцинил «РСФСРалда ракьул реформа г1умруялде бахъинабиялъе
нахърахъич1ого гьаризе кколел тадбиразул х1акъалъулъ» абураб, х1акъикъаталда
халкъалъе пашманаб Указалъ 60 соналъ росабазул г1адамазул г1ет1алда г1уц1араб
г1аммаб маг1ишат гьелъул бет1ергьабазе бут1а щвеч1ого биххизабуна. Г1адамазухъа
бахъана х1алт1и, хинк1икълъиги чадикълъиги бихьизабуна халкъалда.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.апрель 2011 год.
1 апрелалдаса нахъе
районалъул лъай кьеялъул управлениялъул начальниклъун тӀамуна ГӀумаров Залимхан
ХӀасанович. Залимханица гӀемерал соназ тӀадегӀанаб даражаялда, бажарун нухмалъи
гьабуна Хунзахъ № 2 гьоркьохъеб школалъе.
|
Автор.
Районалъул бетӀерасул пресс-секретарь Г1ИСА Г1ИСАЕВ.апрель 2011год.
Районалъул бетӀерасул тӀоцебесеб
соналъул хӀалтӀул хӀасилал квешал гьечӀо. Гьелъие нугӀлъи гьабула социалиябгун
экономикияб рахъалъ ругел церетӀеязе гӀоло, ХӀ. Дарбишев хӀалтӀуде вачӀараб тӀоцебесеб
соналъго мӀугӀрузул районазда гьоркьоб районалъ лъабабилеб бакӀ кквеялъги.
Районалда гьарун рагӀалде рахъинарурал ишазул хӀакъалъулъ «Росдал захӀматчи»
газеталъ цебехун хъванги букӀана. Гьал мухъазул автор гьал къояз дандчӀвана
райадминистрациялъул бетӀер ХӀ. Дарбишевгун. Районалъул бетӀерас, газета
гьоркьоб ккун, районалъул гӀадамазе баян гьабуна 20ӀӀ соналъ гьаризе ругел
ишазулги.
|
Автор. Гара-ч1вари гьабуна Г1иса Г1исаевас. апрель 2011год.
Дол сундулъго г1адлу-низам бугеб, ришватал гьеч1ого
х1акимзабаз г1адамазул къвариг1ел т1убалел советиял соназ бакъ бух1ун,
горо-ц1ер щун хвараб ах-хуралъухъ «Госстрах» абулеб г1уц1иялъ г1емерабго
гьеч1ониги рец1ел кьолаан. Хур хун, гьединабго рец1ел диегоги щвана чанц1улго.
Босулаан г1арцулаб рец1ел гарица хвезабураб, иххица араб г1исинабги ч1ах1иябги
боц1ухъ. Араб соналъ бакъуца хур-хер бух1ун, к1удияб зарал ккана районалъул
маг1ишатазе. Хасго зарал к1удияб ккана картошка г1езабулел буц1улдерие. Амма
к1удияб заралалъухъ гьит1инабгицин рец1ел щванин абулев чи раг1ич1о. Г1аммал
маг1ишатазе рец1ел щун батизе бегьула. Колхозалъул нухмалъулезеги
г1агарлъиялъеги гурого пайда гьеч1ел маг1ишатазе (дун щварал г1иц1го 2 росдал
г1адамаз бицана СПКаязул жалго бет1ергьанал маг1ишатазул, жидеего бугеб
дагьабниги пайдаялъул) гьеб щун бугониги кидаго щвеч1ого бугониги, г1адамазда
гьеч1еб ургъел бич1ч1ула дида. Гьел ва цоги-цогидалги росдал маг1ишаталъул
бугеб ах1вал-х1алалъул гьеб цебет1еялъе ругел ресазулги х1акъалъулъ бук1араб
гара-ч1вариялда районалъул фермеразул ассоциациялъул нухмалъулев Макъсудов Мух1удаца
бицана:
|
Автор.Мух1амадх1ажиева Мадина.Хьиндахъ росу.апрель 2011год.
8 марталъ къват1ибе бач1араб «Росдал зах1матчи» газеталда
бахъараб «жаваб щвезе зах1матал суалал» абураб макъала ц1алараб мехалъ босана
цойги нухалъ къалам кодобе, дир цебесеб, гьединго рит1ухълъи ц1ехон хъвараб статья
газеталда бахъич1ониги. Авторасги бах1салде х1адурав вугилан хъвалеб бугелъул,
бокьилаан дирго пикруги загьир гьабизе.
|
Автор.Г1.Г1алилаев.апрель 2011год.
Дир «инсул» хур, харибак1, ссан ва ах» абурал раг1аби
г1адамазул бот1ролъа инаризе к1веч1о 70-80 соналъ советияб г1уц1иялда. Советияб
пачалихъ бихун хадубги гьел раг1абаз цо-цо г1адамазул бот1ролъ щулияб бак1
ккуна. Ракь ккола кинабго рух1ч1аголъиялъ жиндасан бет1ербахъи гьабулеб
дунялалъул цо бут1а. Дунял бижаралдаса ккарал рик1к1ен г1емерал рагъазул
ц1ик1к1арасел рук1ана ракьал сабаблъун ккарал.
|
Автор.Гара- ч1вари гьабуна Г1иса Г1исаевас.апрель 2011 год.
Т1алх1атов Хизри Гьит1инамух1амадович. Досье. Хизрил г1умруялъул буго 52 сон. Гьеб буго бищун х1алт1ул
рахъиги бугеб г1акълуги камилаб г1уж. Лъаялъул рахъалъ Хизри вуго экономист,
лъуг1улеб буго управлениялъул ва администрациялъул факультет. Буго техникияб
лъайги.Лъайго г1адин Хизрил буго г1емеррахъалъулаб х1алт1ул
х1албихьиги г1урабго стажги. Зах1маталде Хизри гьит1инго ругьунлъана. 7-леб
классалда ц1алулаго, гьес росдал магъил хъаравуллъиги гьабуна. Гьайгьай,
бажарараб кумек рукъалъул х1алт1улъ эбел-инсуеги гьабулаан. Х1алт1ана Хизри
телевидениялдаги. Бокьула ракьул х1алт1и Ижараялъе босараб ракьалда г1езабун
буго ах. Буго бизнесалда х1албихьиги. Х1асил, Хизрил буго жинцаго жакъа
гьабулеб бугеб х1алт1уде данде кколеб лъайги х1алт1ул х1албихьиги. Хизрие
г1умруялъул дарсал щвана Советияб Армиялдаги ругьун гьавуна т1адкъараб иш
заманалда ва мух1канго т1убазабизе. Гьабсаг1ат Х. Т1алх1атов х1алт1улев вуго
Хунзахъ администрациялъул бет1ерлъун. Х1алт1улъ ругел бергьенлъабазе г1оло гьев
2009 соналъ мустах1икълъана Х1укуматалъул Грамотаялъе.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова. апрель 2011год.
Араб анкьалда райадминистрациялда т1обит1ана
ц1ибищараб г1олилазул парламенталъул т1оцебесеб данделъи. Гьеб коллегиалияб
совещательнияб органалде х1ажалъи ккараблъун бихьизабуна республикаялъул
т1алъиялъги, бак1азда ругел администрациязги.
|
Автор. Гара-чӀвари гьабуна НАПИСАТ ГӀАЛИЕВАЛЪ. апрель 2011 год
Дир кӀудияб талихӀлъун кканин рикӀкӀуна
дица, кигӀанго телевизоралдасан гӀемерго йихьулей йикӀаниги, Дагъистаналда
гуребги, тӀолабго дунялалдаго машгьурай поэтесса, жамгӀияй хӀаракатчӀужу, 4Ӏ
соналъ «Дагъистаналъул чӀужугӀадан» журналалъе редакторлъи гьабурай, Дагъистан
Республикаялъул руччабазул союзалъул председатель Фазу Палиевагун дандчӀвазе ва
районалъул руччабазул комитеталъул председатель ПатӀимат Набиевалда,
райадминистрациялъул ЗАГСалъул отделалъул заведующая Аймесей ГӀумаровалда
цадахъ гьелъулгун гара-чӀвари гьабизе щвей. Райадминистрациялъул бетӀер
Дарбишев ХӀажиясул бихьизабиялда рекъон гьелъухъе унелъул ниж пикрабаз толел
рукӀинчӀо, Фазу гӀадинай гӀемерал машгьурал гӀадамаз Дагъистаналъул гуребги
дунялалъулго литератураялъулъ цӀияб чӀчӀвалъун творчество лъугьанин рикӀкӀуней,
Дагъистаналъул поэзиялъул цӀумлъун кколей поэтессаялъ киндай ниж къабул
гьарилелан. Амма гьей ятана гӀадамазда гъорлъ йосарай, щибго чӀухӀи чорхолъ
гьечӀей гӀадатияй гӀадан.
|
Март 2011 год.
Арсеница божилъи ритӀухъ
гьабуна. 19-20 марталъ Латвиялъул
тахшагьар : Ригаялда т1обит1ана эркенаб гугариялъул рахъалъ халкъазда
гьоркьосеб г1олилазул ; турнир. Гьелда гӀахьаллъана Турциялдаса, ; Ираналдаса,
Франциялдаса, Германиялдаса, ; Грузиялдаса, Белоруссиялдаса, Финляндиялдаса,
х1асил гьабун абуни, 22 улкаялдаса тӀаса рищарал командаби. Россиялъул
командаялда гъорлъ гьединал ; кӀудиял къецазулъ (55 кг.) тӀоцебе г1ахьаллъулев
вук1ана нилъер ракьцояв, : БакьагьечӀиса КъурамухӀамадов Арсен.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова. март 2011 год.
Жакъасеб къоялда техникиялгун гӀелмиял
цӀилъабиги интернетги лъаларев чиясе цӀакъ захӀматго буго гӀумру тӀамизеги хӀалтӀи
цебехун бачинеги. Г1елмиябгун техникияб революциялъ чанги квегӀенлъи гӀуцӀана ва
гӀуцӀулеб буго инсанасул гӀумруялда. Босе телевизор, телефон, компьютер.
Щибалъул буго жиндирго кӀвар. щибалъ инсанасул гӀумруялда, ккун буго цойгидалъ
кколареб бакӀ. Г1адамазда гьоркьор рукӀуна цо-цоял, киналго цӀилъабиги жидедаго
лъаларебги лъазарун, заманалда рекъон хьвадизе гӀамал гьабулел. Жидедаго
лъангутӀиялъ жахӀда ккунищали лъаларо, цойги гӀадамазул къокъаялъ рикӀкӀунаро хӀалтӀулъ
тӀадехун дица рехсарал цӀилъаби хӀалтӀизари, къимат кьоларо гьел цӀилъабаз бачӀараб
бигьалъиялъе. Гьединал «консерватораз» нахъе, цебе букӀараб, араб заманалдв цӀазе
г1амал гьабула циндаго цебе тӀуркӀараб хӀалтӀиги, «гьаказда цере тӀилал лъун» чӀезабизе
хӀаракат бахъула цебехун гирулеб бугеб гӀумрудул гьокоги. Амма гьединазул гуро
дие жакъа бицен гьабизе бокьун бугеб гьаб макъалаялда. Гьаб гьитӀинабго
очеркалда дие бицен гьабизе бокьун буго унго-унголъунги рухӀияб рахъалъ
къуватав, г1акъилав ва жамгӀияталъе пайдаяв инсанасул хӀакъялъулъ.Иргадулаб нухалъ «тӀолгодунялалъулаб
нусиречалда» (лъаларезе баян: гьединаб цӀар лъун буго, жиб тӀибитӀиялъул бугеб
хехлъиялъе гӀоло, интернеталда) районалъул хӀакъалъулъ хъвараб-тараб
балагьулаго, дун т1аде ккана Сивухъ росдал официалияб сайталде. БитӀараб
бицани, дун гӀажаиблъана, районалъул администрациялъул сайтцин лъагӀалида жаниб
цо-кӀиго нухалъ гурого цӀи гьабулареб ва нагагьав чи гурого жаниве
лъугьунареблъун бихьун букӀиндал, сахъадерил сайталда щибаб къойилаб цӀияб
информацияги, дуниял сверухъе жанире раккулез тарал хинал, лъикӀал рагӀабиги цӀалидал.
|
Автор. Г1иса Г1исаев. март 2011 год.
Гъурщие как балеб,
кепкие сужда гьабулеб, пайда-хайиралъул гурого ургъел гьечӀого, тӀабигӀат чорок
гьабулеб, гӀадамасул сахлъиги, гӀумруги, гӀемераб цогидабги кепказухъ кьолеб гӀуцӀиялда
гӀумру гьабизе хъван бук1ун буго нилъее. Г1емерлъун ругел унтабазеги, хвалиеги
аслияб гӀиллалъун гӀалимзабаз химиялъ чорок гьабураб тӀабигӀатги, кир, сундул
гьаруралали лъаларел квенин цӀар лъурал суррогаталги ругин чӀезабулеб буго.
ХъантӀарал, гӀорцӀи лъаларел буржуяз Цейлоналъул чайилан гӀачи-оцазул ракул
лъим гьекъезабиги, сосискабийин колбасайин цӀар лъурал суррогаталги
фальсификаталги кваназарулел рукӀинги нужеда бицине ккеларо. «Самопал» гьекъон,
аза-азар чи холев вугин Россиялдаян, загьруяб гӀаркъицаги наркотиказги гӀадал
гьабулеб бугин Россиялъул халкъан ахӀи бай гурого гьеб гьукъизе пачалихъалъ
гьабулеб жоги гьечӀо. Т1ад ретӀунеб ретӀелцин, лъималазул игрушкабигицин
гьечӀо заралиялги загьруялги гурел. эбелалъул чохьонирго ругел лъималцин
гьарулел руго унти ккаралги г1ажизалги.
|
|