Гlемерисел гlадамазул, хасго харж-мухьги щолел пачалихъиял хъулухъчагlазул гlумру тlей гьечlого бухьараб букlуна банкалда. Гlицlго бюджетниказул гуребги, жакъа цогидазулги гlумру цебечlезабизе захlмалъула банкалъулал операциялги гьечlого. Нилъер районалда ругел учреждениязул 85% хъулухъ гьабула 2014 соналда рагьараб Сбербанкалъул филиалалъ. Гьелдаса нахъе отделениялъул заведущийлъун хlалтlулев вуго Шамил Хlусенов. Банкалъул хlалтlул хаслъабазулги, халкъалъе пайдаялъе рахъарал цlи-цlиял программабазулги нижее бицана нухмалъулес.
- Шамил Хlусенович, кинал ругел нужеда тlадал ишал, церелъурал масъалаби ва кинаб къагlидаялъ гlуцlун бугеб нужер хlалтlи?
-Жакъа къоялде нижер вуго 4 хlалтlухъан ва гьез тlубала клиентазул киналго къваригlелал (универсальный сотрудник).
Хlалтlул масъалабаздасан ккола гьабураб къотlи-къаялда рекъон клиентазе ва учреждениязе хъулухъ гьаби. Гьезда гьоркьор руго цо-цо батlиял районаздаса клиенталгун гlуцlабиги. Нилъер муниципалитеталда ругел гlуцlабазулги гlемерисезе хъулухъ гьабула нижеца. Амма, цебе нижер масъала гlицlго клиентазе кредитал, харжал, пенсиял кьеялдалъунги, банкалда гlарцал лъеялдалъунги къокълъулеб букlараб батани, гьанже нижер хlалтlул гlорхъаби гlатlилъун руго.
Клиентазе бигьалъиялъе ва квегlенлъиялъе жакъа цlакъ гlемерал ва батlи-батlиял программаби ургъун руго нижер банкалъ. Гьездасан ккола страхование гьабиялъул программаби. Гьеб гьабизе бегьула нилъерго сахлъиялъе, мал-мулкалъе, босараб кредиталъе ва цогидалъе. Мисалалъе, сахлъиялъе страхование гьабун бугони, нагагь, бох-квер бекани яги цогидаб сакъатлъи ккани, заралалъул бакlлъиялда рекъараб страховкаялъул гlарац щола. Нилъер мина-карталъе страхование гьабун бугони, цlа ккун яги цогидаб тlабигlияб балагьалъул хlасилалде минаялъе ккараб заралалда рекъон, рес букlуна страховкаялъул кумекалдалъун рецlалил гlарац щвезе. Мисалалъе, араб соналъ Хунзахъ росулъа чиясе горо-цlералъул хlасилалда ккараб заралалъе, страховкаялда рекъон рецlалие щвана 185 000 гъурущ. Гьединго, 2021 соналда Гьоцlалъ участокалда рарал кlудиял цlадазул хlасилалда минаялъе зарал ккарай Уздалросулъа гlаданалъе щвана 1 200 000 гъурущ. Амма рецlел щвезе ккани, минаялъул букlине ккола бетlергьанлъи чlезабулеб документ (зеленка). Гьеб гьечlони, 100000 гъурщидаса тlаде гlарац щоларо.
Балагьги къварилъиги нилъеда гьикъун бачlунарелъул, лъикlаб букlуна нилъерго гlумруялъеги, сахлъиялъеги, мал-мулкалъеги ва цогидаб рес бугебщинаб жоялъеги страхование гьабун тани. Церетlурал къватlисел пачалихъазул гlадамазул щибаб цlияб сон байбихьула страхование гьабиялдасан. Амма нилъер гlадамалин абуни, гьелде жеги тlубанго гъорлъе ккун гьечlо. Гlемерисезда бичlчlулеб гьечlо гьелъул букlунеб санагlалъиги тlокlлъиги. Мисалалъе, лъагlалие цо миллионалъе минаялъе страховка гьабун уна гlицlго 4200 гъурущ. Амма, цониги балагьалъул хlасилалда ккезе бегьулеб заралалъул къадарин абуни, чанго нусазарго ва жеги цlикlкlун гъурщиде бахине бегьула.
Гьединго халкъалъе нижер банкалъ рахъун руго инфляциялъ тlаса “кваназеги” течlого цlикlкlараб болжалалда гlарац цlуниялъул (ПДС), “СберЗдоровье”, “Билет в будущее” гlадал ва цогидалги программаби. Гьел киназулго хlакъалъулъ гlатlидго цlализе бегьула нижер банкалъул сайталда. Мисалалъе “СберЗдоровье” абураб программаялда рекъон, нижер клиентаз босизе бегьула бидул тlадецуй борцунеб хасаб алат (умный тонометр). Гьелъ давление борцун хадуб, щибаб къойил гьесул рихьизариял электроннияб дневникалдеги росун, кардиологасул бербалагьиялда гъоркь рукlуна. Хадуб, давление бахиндал яги гlодобе ккедал, гьесде тохтурас жинцаго ахlун бачlуна. Гьеб алаталъул багьа буго 4200 гъурущ ва босизе бегьула нижер отделениялдасан.
- Кина-кинал кредитал кьолел нужер отделениялдасан?
- Кредитал рукlуна батlи-батlиял тайпабазул. Мисалалъе, потребительскияб, ипотекаялъулаб ва цогидалги. Амма нилъер районалда аслияб къагlидаялъ росула потребительскиял кредитал. Цо-цо росула ипотекаялъулал кредиталги.
- Кинаб ставкаялда жакъа кредитал кьолел?
- Гьеб щибав чиясе батlи-батlияб къагlидаялда букlуна. Мисалалъе, гlадамаз бищунго гlемер босулеб потребительскияб кредиталъул ставка гьабсагlат байбихьула 25,9 проценталдасан. Гьелъул къадар бараб букlуна Россиялъул Централияб Банкалъул ключевая ставкаялдаги. Мисалалъе, 25 октябралда Централияб Банкалъ 19 ялдаса 21 проценталде щвезегlан цlикlкlинабуна гьеб.
- Харахьи ва Гьоцlалъ участоказул гlадамазул гlарзал рукlуна жидер доба нужер банкалъул банкомат гьечlолъиялъ гlарац бахъизе захlмалъи букlунилан. Гьеб суал тlубазе рес букlунарищ?
- Гьел участоказда банкоматал лъезе ккани, гьенир рукlине ккола нижер банкалъул клиентазул хасаб къадар. Жакъа къоялде гьеб гlураб гьечlо. Гьединго банкоматал цlунизе чlезабизе ккола хасаб охранаги.
- Цо заманалъ гlемер бицунеб рагlулаан жеги советияб заманалдаго банкалда лъун букlараб гlарцухъ рецlел кьеялъул. Гьабсагlаталда нужер банкалъ щиб хlалтlи гьабулеб гьелда сверухъ?
- 1991 соналъул 20 июналде щвезегlан банкалда гlарац лъун букlарал вкладчиказе нижер отделениялдасан рецlалил гlарац кьола. Вкладчик 1945 соналдаса цеве гьавун вукlун ватани, гьесие рецlалил гlарац кьола лъабго бутlаялъ цlикlкlун. 1945 соналдаса хадув гьавурав чиясе кьола кlиго бутlаялъ цlикlкlун.
- СВОялъул гlахьалчагlазе кинал рукlаниги бигьалъаби ругищ?
- СВОялъе гlахьалчагlазе банкалъ рес кьола кредит бецlи заманаялъ нахъ бахъун тезе. Гьелда абула кредиталъул каникулалилан.
- Ахир заманалда гlемер кколел руго мошенниказ гlадамал махсароде ккеялъул хlужаби.
- Битlараб буго, гьел сундаго хадур гъун руго ва ургъулареб жо гьечlо гlадамал махсароде кквеялъе. Хасго гlемер гьезул гудракье кколел руго ригь араб гlелалъул гlадамал. Хlиллачагlи кlалъан рачlине бегьула банкалъул хlалтlухъабазул цlаралдасан нужер лъимералъе яги цогидал цересел чагlазе къварилъи ккун бугин, чара гьечlого пуланаб къадар гlарцул къваригlун бугилан. Хlатта, руго хlужаби нейросеталъул кумекалдалъун нужер лъималазул гlадаб гьаркьидалъун гьел кlалъан рачlунелги. Гьединго рес буго мошенниказ батlи-батlиял багьанабиги ургъун, нужер картаялъул номер ва код лъазабизе хlаракат бахъизеги. Киназдаго лъан букlине ккола банкалъул хlалтlухъабаз киданиги нужер картаялъул баянал цlехонгутlи. Нагагь, нужер гlага-божаразе къварилъи ккун бугин абун щивниги кlалъан вачlани, телефонги чlезабун, хlакъикъат лъазабизе живго гьев гlагарав чиясде кlалъазе ккола. Гьеб буго мошенниказ нужго гъоркье рехиялда цlуниялъе бищунго бигьаяб къагlида.
И. Мухlамадов.
|