Пятница, 03.05.2024, 14:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Март » 18 » ГlАДАТЛЪИЯЛЪ ТlАДЕГlАНЛЪАРАЙ
15:14
ГlАДАТЛЪИЯЛЪ ТlАДЕГlАНЛЪАРАЙ

Анасидасан бач1араб Аварагасул (жинда Аллагьасул салат-салам лъеяв) х1адисалда буго «Жиндир бет1ергьанчи хун хадуб  лъималги г1езарун рокъой ч1арай ч1ужуг1аданалъе Алжаналда дида аск1об бак1 бук1ина»-ян. Цо-цо ц1аларал чаг1аз гьеб х1адис заг1ипаблъун рик1к1аниги, амма дидаго г1умруялда г1емер рихьана руччаби жидеца унго-унголъунги лъималазе г1умруги бичун, Алжаналъул бищун т1адег1анаб т1ала жидее мустах1икъал.

Гьединаздасан цояй йиго Хунзахъ районалъул руччабазул советалъул председатель, лъик1ай инсан, сабураб гьимиялъул, намусаб г1амалалъул унго-унгояй маг1арулай Гъонохъ росулъа Пат1имат Набиева. Дагъистаналъул ч1ужуг1аданалъул ассиллъи бихьулей инсан рехсеян абуни, дида бищун цее рак1алде яч1инаан Пат1имат.

Хъизамалъул соналде дур х1акъалъулъ хъвазе бокьун бугин абидал, ч1ужуг1адан намуслъана, «жиндир г1адаб т1убараб гуреб хъизамалъул хъвай бит1араб бук1инадаян».

 Г1олохъанго бет1ергьанчиги хун, к1игъеж гьабун хъизамалъул ургъел баччизе ккарай инсаналъ гьедин аби кутакалда г1адлъана дида, реццалъе г1оло церехъахъдулезул гьаб заманалда.

 

Пат1имат Мух1амадовна ккола «Дагъистан Республикаялъул мустах1икъай экономист», улкаялъул Бет1ерасул Баркалаялъул кагъаталъул, республикаялъул т1алъиялъул ва руччабазул советалъул Х1урматалъул грамотабазулгун, рик1к1ен г1емерал шапакъатазул бет1ергьан. Амма гьелъ жиндирго г1умруялда бищун рак1алда ч1араблъун ва к1вар бугеблъун рик1к1унеб буго, руччабазулгун х1алт1и бачунаго, жиндаго ригьин биххиялдаса ц1унизе к1варал хъизамал. Гьанибги Пат1иматилъ маслих1атч1ужуялъул гьунар загьирлъана. Х1акъикъаталдаги, журналистикаялде дун яч1арал дол рик1к1адал к1иазарабилел соназ ниж цадахъ г1емерго хьвадулаан росабалъе ва бихьулаан Набиевалъул щияй ч1ужуг1аданалъе бук1унеб х1алрекъезаби, г1аданлъи бугеб, берцинаб к1ал к1алъай. Рук1ана дол ниж гьоболлъухъ щваразда гьоркьор лъик1аб хъулухъ-пишаялдаги рук1ун, гьанже рокъор ч1еялъ жалго х1ажат гьеч1еллъун, к1очон тараллъун бихьулел руччабиги. Щуго минуталъ Пат1иматица гьуинаб хабар бициндал, ригьа-ричун рач1ун, араб рак1алде щвезабун, релъа-рохун лъугьунаан гьел. Гьеб гурищ инсанасулъ г1аданлъи бук1инги чи вич1ч1иги?!

Мокъокъида расенг1ан рекъараб буго Пат1иматида гьеб руччабазда, хъизамазда гьоркьоб х1алт1и бачунеб руччабазул советалъул председательлъиги (1986 соналдаса нахъе!) бажарун, лъаялда ва жиндиего хасиятаб мух1канлъиялда бачараб бук1ана гьелъ Самилахъалда муг1алимлъун, районалъул лъай кьеялда бухгалтерлъун, Ц1ада ОПХялда к1удияй экономистлъун, хадуб райисполкомалда плановияб комиссиялъул председательлъун, цинги, 1991 соналдаса байбихьун 2023 соналъ мустах1икъаб х1алхьиялде инег1ан-районалъул экономикаялъул отделалъул председателасул х1алт1иги. 

Х1алт1улал бергьенлъабазул бицеян дица гьаридал, Пат1иматица жиндирго намусаб г1амалалда рекъовухъе, дие реццана, жиндие цадахъ х1алт1изе икъбал ккарал гьалмагъзабиги, руччабигун х1алт1и г1уц1иялъе квербакъарал сахаватчаг1иги. Х1алт1улаб заманалда микьго хисарал нухмалъулезда гьоркьоса хасаб рек1ел хинлъигун рак1алде щвезаруна Пат1иматица райкомалъул т1оцевесев секретарь Г1амирханов Мух1амад, бат1и-бат1иял соназ нухмалъуда рук1арал Х1ажиев Шихмирза, Дарбишев Мух1амад, Г1умаров Наби. Бищун ц1ик1к1ун, 8 соналъ цадахъ х1алт1арав Г1исаев Мух1амад районалъул нухмалъиялда вугел соназ республикаялъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъул къецалда анкьго нухалъ босун бук1ун буго Хунзахъ районалъ т1оцебесеб ва к1иабилеб бак1ал. Аск1оре рач1аразул къвариг1ел т1убазе х1адурав, х1алт1улъги жамг1ияб г1умруялъулъги жиндие кумек к1удияв, рак1алдаса ине гьеч1ев чи вук1анин гьевилан рехсана Пат1иматица. (Районалъул улбул данде гьарун Мах1ачхъалаялдацин гьарулаан доб заманалда дандеруссиналги руччаби к1одо гьариги-авт.)

Дагъистаналъул руччабазда гьоркьоса бищун г1акъилалги, г1адамазе кумек ц1ик1к1аралги лъаялдасаги лъуг1улареб ч1ух1и бугоан Пат1иматил. Мунагьал чураял  Х1апизат Х1амзатоваги, бокьарав т1оцее жий йихьулев чиясулги рек1елъе йортулей Фазу Г1алиеваги, киналдаго ва киназдаго рак1 унтарай Интизар Мамутаеваги… кинаб тадбир гьабулеб бугониги хьолбохъ ратарал, бажарарал районцоялъул руччаби: Сабигат Гунащева, Рах1мат Г1алиева, Хатимат Х1ажиева, Жамилат Мух1амадова, Бакьагьеч1иса Ленинил орденалъул кавалерал жидер мунагьал чураял Т1анусиса Хъазанбиева Хъандулай, Саг1адулаева Пат1имат, Бакьагьеч1иса Акаева Пат1имат, Хунзахъ рукъарулеб цехалъул нухмалъулейлъун йик1арай Г1алибегова Урузманг, Уздалросулъа «Эбелалъул» орденалъул кавалерал Г1абдусаламова Пат1иматги, Гереева Аминатги, (гьел ахиралда рехсарал руччабаздехунги Пат1иматил ц1акъго т1адег1анаб адаб-х1урмат бугоан, гьез жидерго 4-5 лъималазде т1аде хьихьизе рачун гьебго къадаралъул бесдалал г1езарулел рук1иналъ.

Пат1иматихъ г1енеккидал, рак1алде кколеб бук1ана «гьай г1ажаибай инсаналъ киналго реццизеги, ц1арал рехсезехъинги ругин, цо жийго хут1изег1анилан». Гьединлъидал, дица тема хисун Пат1иматида гьикъана гьелъул хъизамалъулаб гъанситодул.
- 8 ва 9 сон барал к1иго ясги кодой ккун хут1ана дун къороллъуда. Улкаялъул политика цоцалъа бахъулеб, зах1матаб 1995 сон бук1ана гьеб… Амма гьедин ккунилан дун къисматалде барщич1о. Рак1алдецин кколароан эмен нахъе гьеч1олъиялъ дир лъималазе лъица бугониги кумек-квербакъи гьабизе кколин, ясалги рук1ана дир гьит1инго бич1ч1и бижарал, т1ок1лъиялъе жо дидаса т1алаб гьабуларел, «Эбел, гьаб гурде жеги басралъун гьеч1о, ц1ияб босизе г1едег1уге»  - йин дир рак1 батизабулел дарманзаби.

Гьабсаг1ат ц1ик1к1арай Зарема х1алт1илей йиго Мах1ачхъалаялъул школалда ингилис мац1алъул муг1алимлъун, гьит1инай Халун г1умру гьабун йиго Турциялда. (Дурусай, мух1канай, эбелалдасан мисал босун, ц1алулги х1алт1улги церехъаби руго ясалги – авт.)
Аллагьас чан зах1малъи бихьаниги кидаго кумек гьабуна, рехун теч1о альх1амдулиллагь. Херлъизег1ан нахъа рук1ана умумул, кумекалъе ратана яц-вацал, г1агарлъи. Дирго къисматалдаса дун цо параялъцин рек1екълъич1о.

Балагье, рагъдаса россал руссинч1ел г1умруялъ гьезухъ балагьун ч1арал, къварилъаби-зах1малъабиги къезарун лъимал х1ат1азда рахъун ч1езарурал маг1арул руччабазухъ. Гьезие диеялдасаги зах1мат бук1инч1ищ?

Г1ажаибай маг1арул ч1ужуг1адан чияр къварилъи жиндирголъун бихьарай, жиндего бач1араб г1орлъун къулч1арай…
Аск1ове вач1арав чиясухъ г1инт1амулей, гьезда х1еренго гурого к1алъаларей, х1алт1улъги жамг1ияталдаги жий рак1алдаги ч1арай, инсанасулаб г1адатлъиялъ сундулъго жий т1адег1анлъарай инсан йиго Набиева Пат1имат.

Дицаялдасаги лъик1 гьелъие къимат Анталиялда йигей гьелъул яс Халуница кьела. Гъоркьехун бахъулеб буго гьелъул эбелалъе гьари-рахьиги:

Киназего г1адин дунялалда бищун хирияб хазина диеги эбел ккола… Гьелъул х1акъалъулъ бицине миллион бищун х1ереналги, берциналги, мустах1икъалги раг1аби бицаниги, к1веларо дир гьелде бугеб рек1ел асар бич1ч1изабизе… Дир эбел йиго бищун рак1 лъик1ай, рит1ухъай, х1еренай, сабурай ва гьелдаго цадахъ къуватай. Дун ч1ух1ула ва йохула гьелдаса. Дилъги яцалъулъги  гьелъ куцараб аслияб г1амал ккола рак1бац1ц1алъи, г1аданлъи-чилъи.

Г1аданлъи бугев, рак1 лъик1ав чи къуватав инсан кколин малъулаан гьелъ кидаго. Дица лъуг1и гьеч1еб баркала кьола эбелалъе рукъалъулъ х1уби-эмен нахъа гьеч1олъи лъазе теч1ого ниж г1езаруралъухъ, лъик1аб тарбиягун ц1али-лъайги кьун, г1умруялде т1орит1аралъухъ. Г1одоре къулун къочула эбелалъул кверазда…

Гьалеха доб жамг1ияталъул унго-унгояб кьуч1лъун кколеб хъизам. Цоцазул адаб гьаби, цоцазда рич1ч1и ва цоцаз ц1уни… Гьеб киналъулго хъаравулги, насих1атч1ужуги, щулалъул сиги-г1адатай маг1арулай Пат1имат, къварилъиялъ къуркьич1ей, халкъалъ адабалда жиндир ц1ар рехсолей, къанаг1атай. 
Кидагосеб адабгун Ф. Мух1амадова. 

Просмотров: 76 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz