Пятница, 03.05.2024, 12:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Декабрь » 18 » "ОРДЕНАЗ, МЕДАЛАЗ КЕРЕН ЦlЕЗАБУН, ХЕХГО ТlАД ВУССИНА БАХlАРЧИЯВ ВАС"
12:32
"ОРДЕНАЗ, МЕДАЛАЗ КЕРЕН ЦlЕЗАБУН, ХЕХГО ТlАД ВУССИНА БАХlАРЧИЯВ ВАС"

«Дир Мух1амадх1ажи, дир хирияв вас»,-ян г1од-г1одун йиччана жиндирго васасул х1акъалъулъ бицунеб мехалда Пат1имат Х1амзатовна.
Хадубги х1алицаго г1адин маг1ил гаралги ккун, гьелъул бух1улеб рек1елъан угьун рач1уна «Дир цох1о вук1арав вас, дир берзул канлъи. Унго, дур рук1аралщинал хьулал, анищал. Амма гьел т1уразе рес бук1ун гьеч1оха…».
Пат1имат Х1амзатовна ккола-Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда жиндирго къиматаб г1умруялдаса ват1алъарав Мух1амадх1ажи Мух1амадрасуловичасул эбел.

Шамилов Мух1амадх1ажи Мух1амадрасулович гьавуна 1996 соналда нилъер районалъул Гьоц1алъ росулъ. Гьев г1ун вач1ана къвак1арав, бихьинчияв васлъун. Бокьулаан кьерилалгун гъорлъ жуван махсаро-хоч1алда, ах1и-х1уралда вук1инеги. Г1олохъабазда гьоркьоса гьев ват1а вахъулаан жиндиего хасиятаб г1адатаб хьвада-ч1вадиялдалъун.

2013 соналда Гьоц1алъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун Мух1амадх1ажи ц1ализе лъугьана Каспийскиялда бугеб республикаялъулаб ралел бак1азул колледжалде. Гьеб лъуг1ун хадуб жиндирго рак1 т1аде ц1алеб хъулухъалде лъугьинелъун, г1емерал бак1азда х1албихьиял гьаруна гьес. Ахирал соназда Мух1амадх1ажи х1алт1улев вук1ана Москваялда щиб, Сант-Петербургалда щиб. Амма кив г1умру гьабун бугониги, автомобилазухъе ц1алаан гьесул рак1. Машинабазде рокьи гьесул гьавураб къоялдасанго бук1ана. Гьесул бидулъго бессун бук1ун батула гьеб. Абухъего, «Мух1амадх1ажиян абуни, нилъеда цебе ч1олаан машина, машинаян абуни, Мух1амадх1ажи». Гьеб х1асраталъ кколаан гьесул г1емерал х1алт1улел бак1азда дандеккунгут1абиги. Гьеб ах1вал-х1ал хисизабизе Мух1амадх1ажиясе  рес щвана Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда г1ахьаллъизе рес щвеялъ. Щибго ургъич1ого къабул гьабуна гьес, СВОялде Украинаялде ине бокьи-бокьунгут1иялъул суал. Хъван контрактгун ана гьев гьеб рагъулаб операциялде. «Щай арав дир вас?»- абун эбелалъ кьураб суалалъе гьес жаваб кьола: «Хехго аниги, кват1ун аниги, киналго бихьиназ ц1унизе ккола эбел-Ват1ан. Доба Украинаялда дидасан к1удияб хайир бук1ина, гьанибалдаса»,-ян. Хадусеб ккезе, тезе бегьулелъул гьес пикруго гьабулароан. Гьев кидаго вук1ана х1инкъи гьеч1евлъун, бихьинчиявлъун.
 

СВОялде араб т1оцебесеб къоялдасанго Мух1амадх1ажи ккана бищунго цебесеб, х1инкъи ц1ик1к1араб бак1алде. Гьес бах1арчилъиялда т1убазабулеб бук1ана кинабго жинда т1ад къараб иш, кумек гьабулаан аск1ор ругезе. Дандияз т1аде балеб г1арадабазул кьвагьиялда гъоркь векерунги ун, Мух1амадх1ажияс хвасар гьавун вук1ана лъукъарав рагъулав гьалмагъ. Гьес Мух1амадх1ажида гьарун бук1ана рагъулаб т1адкъаялдаса хехго т1ад вуссаян. Жив духъ валагьун ч1елилан. Амма гьелъие къот1и бук1ун гьеч1о. 2022 соналъул 2 декабралда Артемовск шагьар (Бахмут) эркен гьабулаго, тушманасул рахъалдасан реч1ч1ун бач1унеб гуллаги щун къанщана гьес берал. 26 сонил г1умруялда ват1алъана гьев эбел-инсудаса, г1агарлъиялдаса, гьудул-гьалмагъзабаздаса.
 

Васасул къвак1и, х1инкъи гьеч1олъиги бихьун эбелалъ кидаго абулаан «Медалал, орденаз керен ц1езабун, хехго т1ад вуссинин дир бах1арчи»,-ян. Гьев ч1аго вук1аго, эбелалда гьел рихьизе хъван бук1ун гьеч1о. Хун хадуб Мух1амадх1ажиясе бач1ана рагъулаб т1адкъай т1убалаго бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ «Бах1арчилъиялъе г1оло» медаль.
 

Рагъулал гьудул-гьалмагъзабазе, цадахъ хъулухъ гьабуразе ц1акъ зах1малъана жидеда цадахъ вук1арав унго-унгояв рагъухъан, лъик1ав г1олохъанчи, сундулъго гьезие кумек гьабулев вук1арав гьалмагъ гьездаса ват1алъи.
 

Росулъ, районалда ругел гьудул-гьалмагъзабазги, г1ага-божаразги рек1елъ к1удияб пашманлъиялъул асаралда гъоркь рак1алде щвезавула гьев, ц1а боркьараб рагъда живго вугониги, зах1матго унтарав гьудул ц1ехон, гьесие кумек гьабеян рокъосезда гьарулев вук1арав, росдал г1адамазул ургъалида, пикрабалъ вук1арав вас жидедаса ват1алъи.
Аллагьасул хъвай нилъеда гьукъизе к1оларелъул, Мух1амадх1ажие ахират лъик1аб кьун батайги.

 

Мух1амадх1ажи вукъун вуго Гьоц1алъ росдал хабзалалъ. Г1олохъанав, берцинав, г1умруялде г1емерал планалги, т1урач1ого хут1арал анищалги ругев Мух1амадх1ажи кидаго цевеса инаро г1ага-божаразда, киналго росуцоязда. Гьединал бах1арзазул ц1арал лъела росдал къват1азда, мемориалиял доскаби лъела гьел ц1аларал школазда. Г1ун бач1унеб г1елалъе мисаллъун рук1ине гьел г1одор ч1ун рук1арал классазда лъолел руго  «Бах1арзазул партабиги».
 

«Щивго к1очон гьеч1о, щибго к1очон гьеч1о». Даимаб рецц бах1арзазе!      

Н. Гlалиева.
 

Просмотров: 113 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz