Пятница, 03.05.2024, 10:29 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2024 » Январь » 29 » ГlАДАМАЗУЛ БИЧlЧlИЯЛДА БАРАБГИ ГlЕМЕР БУКlУНА
10:26
ГlАДАМАЗУЛ БИЧlЧlИЯЛДА БАРАБГИ ГlЕМЕР БУКlУНА

Сахлъи цlуни, бакlал райгун ЖКХ, экология, маданият ва цогидалги муниципалитеталъе кlвар бугел бутlабазул кураторлъун ккола районалъул бетlерасул заместитель Тlалхlат Гlамиргlалиев. Рехсарал бутlабазда бугеб ахlвал-хlалалъулги гьабулеб бугеб хlалтlулеб бицун нижер ккана гьадинаб гара-чlвари.

-Тlалхlат Хlамзатович, кинаблъун букlараб араб сон дуца кураторлъи гьабулел бутlабазда? 

- Батlи-батlиял тадбираздалъун ва лъугьа-бахъиназдалъун цlакъ бечедаблъун букlана араб сон районалъе. Цохlониги къо букlинчlо хlалхьиялда чlезе щвараб. Узухъда, аслияблъун букlана нилъер машгьурав ракьцояв Расул Хlамзатовасул юбилей тlадегlанаб даражаялда тlобитlи ва гьелде хlадурлъи гьаби. Гьеб тадбир тlобитlи хурхараб букlана дир жавабчилъиялде кколел маданияталъул ва бакlал раялъул бутlабазда. Шагlирасул баракаталдалъун гlезегlан хlалтlаби гьарун рорчlана араб соналъ. Гьедин, кигlан захlмалъаби дандчlваниги цlияб цlалул сон байбихьилалде лъугlизабун бажарана 308 ва 150 лъимералъе бакlал ругел Гlарани ва Гlобода школал. Юбилей тlобитlулеб къоялде тlубанго лъугlичlониги, тадбир тlобитlизе бегьулеб даражаялде бачана Цlада “Хъахlал къункъраби” мемориалияб комплекс. Республикаялъул программаялда рекъон гlатlидги гьабун капиталияб къагlидаялъ къачlана 21 километрадул манзилалда (174-217) Грозный-Болъихъ-Хунзахъ-Гьаракlуни площадка нухлул участок. Гьединго реконструкция гьабуна гьебго нухлул 8 километралъул манзилалда бугеб участокалъулги (174-182). 2,5 км манзилалда ремонт гьабуна Гьамиштlа-Гlочlло нухлул участокалда. Гьединго 5,5 км манзилалда капиталияб ремонт гьабуна Гlобода-Гъоркьколо-Гозолоколо нухлул. “Дир Дагъистан - дир нухал” программаялда рекъон хъил тlуна Лъагlилухъ-Цlелмес нухде. Хъил тlуна Тlануси Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб нухдеги.

Гьединго хъил тlуна Цlада росулъ бугеб нухдеги. Гlатlидги гьабун къачlалеб буго Гьамиштlа-Макьас нух. Реконструкция гьабулеб буго райцентралдаса Загlибе унеб нухлул. Гьеб нухлул “Игирагlал” абулеб бакlалдаса Загlибе щвезегlан нухда гьарулел хlалтlаби лъугlун руго, тlасияб соналда планалда буго райцентралдаса “Игирагlалде” щвезегlан хъил тlезеги. Тlагьада ва Уздалросулъ рана цlиял мини футболалъул майданал. “Формирование комфортной городской среды” программаялда рекъон къачlана райцентралда бугеб парк. Загlиб ва Цlада рагlалде рахъанин абизе бегьула модульниял ФАПал лъун. Райцентралда балеб буго кlиго физкультураялъулгун сахлъи щула гьабиялъул комплексги (ФОКОТ).  

Хасаб хlалтlи гьабулеб буго тlабигlияб газ бачиналда хурхунги. Гьедин, хиса-баси ккечlого хутlани, ракlалда буго 2025 сон лъугlилелде тlолабго район хъахlилаб цlатариялдалъун хьезабизе. Араб соналъул ахиралда - исана сонил байбихьуда тlабигlияб газ биччана 6 росулъе. Гьедин, Гlахьалчlи ва Илълъа хутlизегlан, тlалъиялда ругел киналго росабалъе газ бачун буго. Гьоцlалъ ва Харахьи участоказда унел руго изыскательниял хlалтlаби, гlемерисел росабалъ байбихьун буго проектирование гьабизе.    

- Гьанжеги гlадамазул гlарзал камун рукlунаро нилъер централияб больницаялда тlасан. Кинаб ахlвал-хlал бугеб сахлъи цlуниялъул бутlаялда?

Нилъер буго мугlрузул районазда бищунго лъикlабин абизе бегьулеб больница. Гьеб нилъеда бихьана коронавирусалъул заманалдаги. Киназго тlадегlанаб къимат кьун букlана нилъер тохтурзабазе. Цохlо нилъер районалдаса гурелги мадугьалихъ ругел районаздасацин унтаразе дару-сабаб гьабуна гьеб заманалда нилъер больницаялда. Узухъда, гlунгутlаби камун гьелги рукlинищха. Гьанже цlияв бетlерав врачги тун вугелъул, хьул буго гьесул нухмалъиялда гъоркь больницаялъул хlалтlи жеги лъикlаб рахъалдехун хисилилан. Бажарараб кумек нижеца гьабиларищха.  
Цоги нилъер гlадамазул къагlида букlуна ригьда хал гьабизеги инчlого, ахиралда тlубанго унти чорхолъги бессун, цlакъго захlматаб хlалалде ккедал гурони больницаялде унарел. Гьеб мехалда унтарасе гьабизе кlолеб кумекги дагьаб букlуна. Гьединлъидал районцояздехун кlудияб гьари буго лъагlалида жаниб цоцlулниги тlубараб медосмотр гьабизе айиланги. 

 

- Щиб ахlвал-хlалалда бугеб муниципалитеталъул маданияталъул бутlа? 
 

Араб соналъ “Культура” миллияб проекталда рекъон реконструкция гьабуна районалъул централияб библиотекаялъул минаялъе. Гlаммаб къагlидаялъ районалда хlалтlулеб буго маданияталъулгун искусствоялъул 67 учреждение, гьездасан 37 ккола маданияталъулгун хlохьбахъиялъул тайпаялъул гlуцlи, 27 библиотека ва 1 искусствоялъул школа. Узухъда, киса-кирго гуро районалъул маданияталъул бутlабазул хlалтlухъабазе лъикlал шартlал гlуцlун ругел. Жанир тадбирал тlоритlун бажаруларедухъ басралъун руго цо-цо росабалъ ругел клубазул ва бибиотекабазул минаби, гlемерисел хlалтlухъабиги руго бащдал ставкабазда. Амма кин букlаниги гьез жигараб гlахьаллъи гьабула районалда тlобитlулеб щибаб кlвар бугеб маданияталъул тадбиралда.  

- Кинал хlалтlаби гьаризе ракlалде ругел гlагараб заманалда?   

Ракlалдани гlемерал хlалтlаби ругоан, амма кинабго гlарцулал сурсатазда бан букlунелъул, кидаго гуро ракlалда бугебщинаб гlумруялде бахъинабун бажарулеб. Хасго жакъа улкаялъул экономикаялда лъугьун бугеб хlалуцараб ахlвал-хlалги хlисабалде босун. Мисалалъе, проекталда буго жеги 6 школалъе ва 1 ясли-ахалъе цlиял минаби разе. Гьелъие киналго документалги хlадурун, республикаялдасан сурсатал риччаялда бан хутlун буго. Хьул буго исана гьездасан кlигоялъегlаги байбихьи лъун бажарилин абун. Цоги проекталда буго 5 росулъ, цадахъго очистноял сооружениялги лъун, хасало цlоролареб къагlидаялъ гъварилъуда тlубанго лъел ва канализациялъул мухъал хисизе. Цlоролеб гьечlони, лъим биччан тезе кколарелъул, гьелъ рес кьезе буго хасалил заманалда лъим дагьлъиялъул суал лъугlизабизеги. Гьава-бакъалъ квалквал гьабичlого хутlани, кватlичlого байбихьизе буго Бакьагьечlиса Цlада ва Хунзахъ росабалъе щвезегlан централияб нухда цlиял чирахъал разе. Рехсараб нух кьун буго республикаялъул Транспорталъулгун нухазул магlишаталъул министертсвоялъухъе, гьединлъидал хlалтlиги гьабизе буго гьеб ведомствоялъ. Гьединго планалда буго Харахьи ва Гьоцlалъ ругел участковиял больницабазе цlиял минаби разе. Цlиял разе заман щун буго Буцlра ва Сиюхъ ругел медпунктазеги.  

- Цо-цо кколел руго ралел объектазда хадуб халгьабичlого, подрядалъулаб гlуцlиялъ гьенир гьарулел хlалтlаби хашго гьарун тарал хlужаби. Мисалалъе, райцентралда бараб паркалда хlалтlаби гьарун руго тlаса-масаго. Щай иш тlаде кколел хlалтlухъабаз гьелде кlвар кьолареб? Гьединго райцентралда гlемерисел бакlазда рекlунел гьечlо къаси мехалъ чирахъал. 

- Битlараб буго, камуларо гьединал хlужабиги. Администрациялъул киналдего бер щоларелъул, жамгlияталъул вакилзабаздехун гьари буго гьединал гlунгутlаби рихьаралго нижеда лъазабеян. Лъазабизеги ккола хlалтlаби рагlалде щведал гуреб, гьел гьарулеб заманалда, ай, нужеда гlунгутlаби рихьаралго, ригьдаго.

Хунзахъ къватlахъ чирахъал рекlинариялъул иш буго администрациялда тlад. Битlараб буго, райцентралда къватlахъ чирахъазул гlемерисел къаси мехалда рекlунел гьечlо. Гьелда хурхунги хlалтlи гьабизе буго. Щибаб хlобода рекlинчlониги, цо гьоркьоб тунгlаги гьел рекlинаризе ракlалда буго.  

- Цоги дур жавабчилъиялда бугеб бутlа ккола экология. Гlадамазул гlарзал рукlуна Илълъа бугеб кьишнидул полигоналда хурхун. Зама-заманалдасан гьениб цlаги рекlун, гьенисан бачlараб кlкlуй тlалъиялдаго тlибитlун букlуна цо-цо. 

- Битlун абуни, Илълъа бугеб жо полигон кколаро, гьеб ккола заманаялъ мусор цlунулеб бакl. Жакъа къоялда нилъер батlияб рес гьечlолъиялъ баччулеб буго гьенибе кьишниги. Гlаммаб къагlидаялъ босани, гьеб ккола тlолабго улкаялдаго, хасго Дагъистаналда бугеб “унтараб” суал. Хадубккун ракlалда буго районалда мусоралъул перегрузка гьабулеб станция базе. Гьединал станциял разе руго республикаялъул щибаб муниципалитеталда.

- Жиндир заманалда гlадамазухъа гlарацги бакlарун районалда чlун рукlана гlемерал гъутlби. Гьанжеги зама-заманалдасан чlолел руго гьел. Амма гьезул гlемерисел хадуб букlине кколеб бербалагьи ва  тlалаб-агъаз гьечlолъиялъ речlан яги гlи-боцlуца кванан хвезарулел руго.   

- Битlараб буго гьебги. Амма администрациялъул хlалтlухъаби кидаго гъутlбиги цlунун хъаравуллъуда чlун бажаруларелъул, гьениб жалго гlадамазулги букlине ккола бичlчlи, жидерго росу-ракьалде рокьи ва культура. Нилъер гlадамазул гlадат буго кинабго администрациялдеги рехун, жалго бокьахъе хьвадулел. Мисалалъе, чан чиясда лъалеб паркалда къватlиве-жаниве унелъул, жиндаго хадуб нуцlа къазе, лъида лъалеб гьениб гlадлу хвезабулел ратарал лъималазда кколеб рагlи абизе, чан чи вукlунев паркалде жанибе борчlун батараб хlайван къватlибе  гъолев? Гьединлъидал, кватlичlого ракlалда буго аслиял къватlазда, парказда ва цогидалги жамгlиял бакlазда видеокамераби лъезе. Гьезул кумекалдалъун гlайибиявги законалъ бихьизабураб тамихlалде цlан, бигьалъила жамгlияб гlадлу-низам цlуниялда хурхун хlалтlи гьабизе.   

Гара-чlвари гьабуна И. Мухlамадовас.                  

Просмотров: 139 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz