Главная » Архив материалов
Автор Ф. Мухlамадова. Октябрь 2022 сон.
Бах1арчилъи-бер къанщун гьабулеб лъик1лъиялъулъ,
Ракъигин, къеч, г1акъуба къезабизе к1веялъулъ.
(З. Батирова).
Дагъистаналъул бихьиназул бах1арчилъиги, сундасаго нахъеккей гьеч1ого, жидеде ккараб къо борхиги киназдаго лъала. Гьезул бергьараб чилъиялъулги чорхол ях1алъулги меседил х1арпаз хъван буго Кавказалъул, К1удияб Ват1анияб, Афгъаналъул ва гь.ц. рагъулал тунка-г1усиязул тарихалда. Г1ажаиблъизе яч1инч1о дун, жидерго росу-ракь ц1унизе рахъарал г1ешдерил лебалал ясалги, 16 сон гурого г1умрудул бук1инч1ониги бихьинчилъиялъ ц1ар арай Ч1иркъат1аса Гьумайги, Г1орут1аса Саг1адулал машгьурай лъади Хъутайги г1езарураб Дагъистаналъул ракьалда, жакъа къоялъги к1азал ч1варал бах1арзал загьирлъиялдаса, гьезул рукъарал заралг1анал рак1азулъ к1уди-к1удиял дациял ратиялдаса…
Нилъер районалъул Ц1алк1ит1а росулъа контракталъулаб хъулухъалъул сержант Г1абдуразакъова Асият Ах1мадовна 2022 соналъул 27 февралалдаса нахъе г1ахьаллъулей йиго Украинаялда унеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда.
Ч1ух1иялъулги, гьелдаго цадахъ х1инкъиялъулъги асар гьабулеб буго медицинаялъулаб 205 отрядалъул командирас Асиятие кьураб характеристика ц1алулаго:
«Операциялъулай сестра А. А. Г1абдуразакъовалъ яргъилал къуватазул Югалъулаб къокъаялда хъулухъ гьабулаго, жийго йихьизаюна лъик1 х1адурарай ва махщел камилай рагъулай хъулухъч1ужулъун.
Цебесеб кьерда, авлахъалъулал шарт1азда, гьелъ гьоркьоса къот1ич1еб медицинаялъулаб хъулухъ гьабуна Пески, Кашперо-Николаевка, Костычи, Виноградовка мухъазда лъукъарал рагъухъабазе. Гьебги-50 ялде щвезег1анги лъукъа-къот1арал къойида жаниб рач1унел ракетабазулгун артиллериялъул гьужумазда гъоркь.
Г1умруялъе х1инкъигун, гьелъ жийго лъугьун къат1инабуна 15 зах1матго лъукъаразул ругъназдаса чваххулеб би, ОМЕДОялда (хасаб кумекалъул отряд) цадахъ г1ахьаллъана кьалул байдабаздаса 25 лъукъарав нахъе вачиналда, тохтурзабазул бригадагун 97 операция т1обит1иялда…»
|
Автор И. Мухlамадов. Октябрь 2022 сон.
.11 октябралда Украинаялда тlобитlулеб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабизе унезул иргадулаб къокъа нуха регlана районалъ. Гьеб къоялъ армиялде тlовитlана цоги лъабго гlолилав. Мобилизациялда рекъон, гlаммаб къагlидаялъ, жакъа къоялде хасаб рагъулаб операцияла гlахьаллъи гьабизе витlун вуго районалдаса 47 гlолохъанчи.
Армиялде унел гlохъабаздехун ва гьел нуха регlизе рачlарал эбел-инсудехун ва гlага-божараздехун кlалъай гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас.
“Февралалда Украинаялда хасаб рагъулаб операция байбихьаралдаса нахъе, нилъер районалдаса контракталда рекъон рагъулаб хъулухъ тlубазабулел ругел 400 ялдасаги цlикlкlун чияс гlахьаллъи гьабулеб буго гьениб. Жакъаги нилъер Ватlаналъул хlинкъи гьечlолъи цlунизе витlулев вуго 3 гlолилав. Гlемер рагlулел руго районалъул нухмалъиялде ва военкоматалде гlайиб гlунтlизабун, гаргадулел гlадамал. Амма киназдаго бичlчlизе ккола, гьеб районалъул нухмалъиялъ ургъараб ва нижее бокьун гьабулеб жо гуреблъи. Тlолабго Дагъистаналдагогlадин, нилъер районалъеги кьун буго хасаб наряд ва нилъеца гьеб тlубазабизеги ккола. Узухъда, ратила ричlчlуларел суалал ва цо-цо гъалатlал. Кlудияб гьари буго армиялде унел нилъер гlолохъабаздехун нужерго командиразухъ гlенеккеян. Щайгурелъул, нужер жаваб кьолев чи ккола гьев. Гьедин, Дагъистаналъул гlолохъаби командирзабазухъ гlенеккулел гьечlилан гlарзал руго.
|
Автор И. Мухlамадов. Октябрь 2022 сон.
5 октябралда райадминистрациялда тlобитlана районалъул мобилизациялъулаб комиссиялъул гlатlидаб данделъи. Аслияб къагlидаялда гьениб гьоркьоб лъун букlана Россиялъул Президент В. Путинил указалдалъун 21 сентябралда улкаялда лъазабураб рагъулаб мобилизация районалда букlине кколеб даражаялда тlобитlиялъул суал. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, военком Шамил Мухlамадовас, прокурор Рамазан Гlумаровас, росабазул бегавулзабаз ва цогидалги жабавиял хlалтlухъабаз.
Данделъиялъул байбихьуда районалъул бетlер Нурмухlамад Задиевас бицана жакъа районалда мобилизация тlобитlиялда хурхун бугеб ахlвал-хlалалъул ва дандчlвалел ругел захlмалъабазул.
“24 февралалда Украинаялда байбихьараб хасаб рагъулаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер гlолохъаби хисизе ва гьал къоязда Россиялде гъорлъе рачарал цlияб ункъго субъект цlунизе рукlинелъун улкаялъул бетlерас 21 сентябралда жиндирго указалдалъун лъазабуна цо бутlаялъулаб мобилизация. Кинха нилъер районалда гьеб тlобитlулеб бугеб? Руго гьеб суалалда сверухъ хlалтlи гьабулел ругел бегавулзабиги. Мисалалъе, Хунзахъ, Бакьагьечlи, Гlахьалчlи росабазул советаздасан чанго чи витlана Ватlан цlунизе. Амма руго жидеца гьеб рахъалда хурхун гьабулеб хlалтlудаса дун рази гьечlел бегавулзабиги. 11 росулъан жеги цониги чи витlун гьечlо армиялде. Гьезда гъорлъ руго Гlорутlа, Гьамущи, Гьамиштlа, Буцlра, Шотода ва цогидалги росаби. Хlукуматалъ дагьаб хlалтlийищ нилъер районалъе гьабураб? Гьелъ гурищ нилъее нухалги гьарурал, лъиналги рачарал, школабиги, паркалги, спортзалалги ва цогидаб инфраструктураги балеб бугеб? Пачалихъалдаса кlвараб жоги босун, гьанже гьеб цlунизе ккедал рахчун чlеялъул магlна щиб? Дида лъала нилъер гlолохъаби хlинкъучал гуреллъи ва гьезда гъорлъ гlемер унго-унгоял бихьинал рукlинги. Гьелъие нугlлъи гьабула хасаб операциялда гlахьаллъи гьабулел ругел нилъер гlолохъабазе щолел ругел шапакъатазги. Амма гьезул цо-цоял, хасго гьезул эбел-эмен божулел руго Интернеталдасан нилъер тушбабаз тlиритlизарулел ругел гьересиял харбазда. Нилъер масъала буго гьел къватlул харбаздасаги цlунун, гьезухъе хlакъикъияб информация щвезаби”, - ян абуна гьес.
|
Автор И. Мухlамадов. Октябрь 2022 сон.
Гlабасил Махlамад гlабсахъ восулев
Гlадан гурев вугев нилъер тlалъидал
Москваялда гlемер лъагlелал рана
Лъагlилухъ батараб билизе течlо
Р. Хlамзатов
1 октябралда районалда кlодо гьабуна Дагъистаналъул Халкъияв шагlир Гlабасил Махlамад гьавуралдаса 90 сонилаб юбилей. Тадбир байбихьана тlоцебе райцентралъул цо къватlалъе шагlирасул цlар кьеялдасан. Гьенисан киназго сапар бухьана шагlирасул гlагараб Лъагlилухъ росулъе.
Тадбиралде рачlаразда гъорлъ рукlана республикаялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мухlамад Ахlмадов, филологиял гlелмабазул доктор Мухlамад Мухlамадов, Халкъиял шагlирзаби Залму Батирова, Тубхlат Зургьалова, республикаялъул миллияб прессаялъул журналистал ва цогидалги интеллигенциялъул вакилзаби. Гьалбалгун цадахъ районалъул нухмалъиялъ росдал гьоркьохъеб школалъул азбаралда поэтасе бараб памятникалда цебе лъуна тlугьдул.
Гьалдаса хадуб росдал клубалда жаниб байбихьана тадбиралъул официалияб бутlаялде.
Данделъаразе саламги кьун, кlалъай гьабуна районалуъул бетlер Нурмухlамад Задиевас.
“Гlабасил Мухlамадил хlалтlулги, гьес нилъер миллияб адабияталда тараб лъалкlалъулги бицун дихъа бажариларо. Гьелъул гlемер лъикl бицина жакъа тадбиралде рачlарал гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, поэтаз, журналистаз ва творческияб интеллигенциялъ. Дие абизе бокьилаан жакъа нилъеца кlвараб хlаракат бахъизе кколин Гlабасиласулги цогидал нилъер шагlирзабазулгун хъвадарухъабазулги рухlияб ирс наслабазухъеги, нилъер лъималазухъеги кьезеян. Нилъер буго Дагъистаналъул 6 Халкъияв шагlир рахъараб ва улкаялдаго тlоцебе литературияб абун цlар щвараб район. Гьез нахъе тараб рухlияб бечелъи цlуни - гьеб буго жакъа нилъер аслияб масъалаги”, - ян абуна гьес.
|
Автор Н. Гlалиева. Октябрь 2022 сон.
Учитель… Унго, гьеб раг1иялда жаниб бугеб к1удияб маг1на. Гьелъ жанибе бачунебщинаб г1акъиллъи, ц1одорлъи, лъай, къадру-къимат.
4 октябралда районалъул культураялъул к1алг1аялда к1одо гьаруна, т1олгодунялалъул учителасул, школалда цебесеб лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул къоял ва Дагъистаналдаго т1оцебе районалда «Большая перемена» клуб рагьиялъул рохалилаб мажлис.
Гьеб х1урматияб данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председателасул заместитель, депутат Г1усманов Х1асан Маликовичас, «Большая перемена» сообществалъул нухмалъулей Чухрина Виктория Владимировнаялъ, районалъул администрациялъул бет1ер Задиев Нурмух1амад Махсут1х1ажиевичас, лъай кьеялъул отделалъул начальник Х1амзатова Пат1имат Х1адисовнаялъ, лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзазул комитеталъул председатель Х1амзатов Г1абдулпатах1 Абакаровичас, рик1к1ен г1емерал ц1алдохъабаз, муг1алимзабаз ва г1емерал цогидазги.
Ц1одорал, г1акъилал, махщел камилал муг1алимзабазул къадруяб зах1маталъе къиматги кьун, баркалаялъул раг1абаздалъун гьел к1одо гьарурал церерахъиназдасан байбихьи лъуна ва ахиралде щвезег1ан гьеб берцинго бачана школалъул ц1алдохъабаз.
Хадуб к1алъазе раг1и кьурав райадминистрациялъул бет1ерасги баркана х1урматиял учительзабазда педагогасул къо. Гьесул к1алъай буссараб бук1ана цох1о учителасул къоялъ гуребги, щибаб къоялъ, щибаб саг1аталъ нилъее лъайгин г1акълу кьурал учительзаби к1одо гьаризе ккеялде. Учитель гьес релъинавуна нилъер к1иабилел умумузда, щайгурелъул рокъор эбел-инсуда аск1ор рук1унелдаса ц1ик1к1ун заман гьез, учительзабазда аск1об инабулелъул. Нилъер лъимал г1умруялъул нухде лъугьине, лъаялъул кьуч1 лъезе, гьез т1оцересел галаби лъезе гьез кумек гьабулелъул, лъималазул къисмат педагогазул г1акълуялда, лъаялда, сабруялда бараб бук1унелъул.
|
Автор Н. Гlалиева. Сентябрь 2022 сон.
Улкаялъул школаздагин школалда цересел учреждениязда тарбия-лъай кьеялъул х1алт1и лъик1лъизабиялъул, муг1алимзабазулгин тарбиячаг1азул махщел камилал загьир гьариялъул ва гьезул жидерго х1алт1уде гъира базабиялъул мурадалда щибаб соналда районалда, республикаялда ва хадуб улкаялдаги т1орит1ула «Лъаг1алил тарбияч1ужу», «Лъаг1алил муг1алим» ва цогидалги конкурсал, къецал.
Цин жидерго г1уц1абазда, хадуб зонабазда бергьарал рит1ула республикаялде къецазда г1ахьаллъи гьабизе. Гьеле гьедин, районалда т1обит1араб конкурсалда бергьенлъиги босун республикаялде «Лъаг1алил тарбияч1ужу» конкурсалде ун йик1арай Хунзахъ №1 «Малыш» ясли-ахалъул тарбияч1ужу Г1исаева Пат1имат т1ад юссана гьеб къецалъулъ анц1го бищунго лъик1азул кьеразулъеги ккун гьелъул лауреатлъунги яхъун, «Отличник образования» абураб ц1аргун.
Пат1иматида ва гьезул т1олабго коллективалда гьеб ва школалда цебесеб лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул къоги баркун щварай дица ц1ехана гьелъул зах1маталъул нухалъул х1акъалъулъ.
2009 соналда Буйнаксиялъул педколледжалда байбихьул классазул муг1алималъул лъайги босун г1агараб росулъе т1ад юссарай Пат1имат заманаялъ х1алт1уде йосула Хунзахъ №1 «Малыш» лъималазул ахалде. Гьелъул х1алт1уде бугеб жигарчилъиги, рокьиги бихьун гьей т1уянго х1алт1изе тола рехсараб лъималазул ахикь. Гьелдаса нахъе араб 13 соналда жаниб Пат1иматиде цере хьвадана гьанжего гьанже лъималазул ахикье рачунел бищунго г1исинал лъималаздаса бахъараб школалъул г1умруялде щвезег1ан лъимал. Гьединал гьит1ичазда ложка кодоб квезе, кваназе, рилълъине, гаргадизе, квешаб-лъик1аб малъун кинабго рахъалъ церет1езарун школалде нуха рег1и тарбияч1ужуялъе кинаб зах1матлъун кколебали бицинего ккеларо.
Дица Пат1иматида ц1ехана рокъоб 2-3 лъимер хьихьизецин зах1мат бук1унеб мехалда, гьебгощинаб лъимералъе манзил халалъи гьабизе зах1мат гьеч1ебищилан. Лъималазде бугеб рокьиялъ кинабго къезабулилан бич1ч1изабуна Пат1иматица. Лъимал рук1унила рак1 лъик1ал жал. Гьезда гьимун, х1еренаб калам гьабун к1алъани, нилъер гьездехун бугеб рокьи бихьизабуни гьел бигьаго нухда рачине к1олила. Жиб-жиб лъимералъулгун бук1ине кколила хасаб гьоркьоблъи. Гьеб батизе к1вани кинабго цебехун унилан.
|
Автор И. Мухlамадов. Сентябрь 2022 сон.
Жакъа тlолабго Дагъистаналда церечlарал аслиял масъалабаздасан цояблъун ккола гlадамал гьекъолеб лъедалъун хьезари. Руго гьелъие х1алт1улел пачалихъиял программаби, риччалел сурсатал. Амма ц1ик1к1униселъ лъел иш раг1алде бахъуна жалго г1адатал г1адамал х1алт1уде гъорлъе журани. Руго нилъер районалдаги цlакъ захlматго буго лъел иш. Ц1адаса Х1амзатица абухъе, «Лъехъ г1ащикъал росаби» жеги г1емер руго гьанир. Гьездасан цояблъун ккола районалда бищун кlудияздасан жиб кколеб Харахьи росу. 2020 соналъул январь моцlалда цlороялъ росулъе бачlунеб трубаги бихъун лъабго моцlалдаса цlикlкlараб заманалъ лъимги гьечlого хутlун букlана херехьдерил жамагlат. Гьеб заманалда САХ Благоустройство гlуцlиялъ баччулеб букlана росулъе лъим. Амма азаргоялдаса цlикlкlун чияс гlумру гьабулеб бугеб росдае баччараб лъим гlелищха? Гьелдаса хадусел хаселазги жидецаго къватlиса баччизе ккун буго гlадамаз лъим.
2018 соналда районалъул газеталъул журналистаз росабалъе сапарал гьарулелъул, ниж щун рукlана Харахьи росулъеги. Гьеб мехалдаго росдал жамагlаталъул вакилзабаз тlокlаб жого абилароанин, жидее лъимги, букlине кколеб тlадецуй бугеб токги чlазабуниян гlарз бахъун букlана нижеде. Гьелдаса нахъе ункъго сон свераниги Харахьи додинго лъехъ гlащикъаб росулъун хутlун буго.
Гьедин, жидер мурад тlубазе пачалихъалдасан гьечlеб кумекги бихьун, херехьдерица хlукму гьабун буго жидерго къуваталдалъун росулъе цlияб лъел мухъ бачине.
Моч1охъа гъоркьа, кьураби-парсал ч1ван гьеб бачинилан рак1алде ккун бук1ун буго 1920 абилел соназ рук1арал умумуздаго.
|
Автор И. Мухlамадов. Сентябрь 2022 сон.
.22 сентябралда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул цlаралда бугеб культураялъул кlалгlаялда тlобитlана районалъул школлъималазул умумузул собрание. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, школалъул директорзабаз, умумуз, росабазул бегавулзабаз, рухlиял церехъабаз ва цогидазги.
Исана кlиабилеб нухалда тlобитlулеб буго гьединаб данделъи районалда. Гьелъул мурадги буго умумул жидерго лъималазде кьолеб кlвар цlикlкlинабиялде ахlи. Киназего саламги кьун данделъи рагьана районалъул бет1ер Нурмухlамад Задиевас.
“Нилъеца хlукму гьабун букlана лъагlалида жаниб цо нух гьадинал данделъаби тlоритlизе. Гьанжеялдаса нахъе ракlалда буго гьадинал тадбирал цlалул соналда жаниб лъабго нухалда гlуцlизе - авалалда, бакьулъ ва ахиралда. Гьелъие гlилла буго, нилъеца, бихьиназ нилъерго лъималазде букlине кколеб кlвар кьолеб гьечlолъи, гьезул жавабчилъи нилъеда тlад букlин кlочон толеб букlин ва лъималазе тарбия кьей тlубанго руччабазде рехун тун букlин. Жакъа чан эмен вачlунев школалде яги спортзалалде жиндир лъимер щиб гьабулеб бугебали балагьизе? Чан эмен гlодовги чlун, жиндирго лъимералъухъ гlенеккулев, гьелъул рекlел ахlвал-хlал бичlчlизе, гьелда лъикlабквешаб малъун, насихlатал гьарулеб? Къанагlат гурони эмен вачlунев гьечlо школалда тlобитlулеб собраниялде яги жиндир лъимералъул лъай-гlакълуялъухъ балагьизе дарсида гlодов чlезе. Цебе годекlанир гlодор чlарал чlахlиязда цебесан ине кlолароан лъималазда. Жакъа гlолилал кlалдиб хъалиянги ккун, расги нечечlого хьвадулел руго чlахlиязда цересан. Гьединаб ахlвал-хlал лъугьиналъе аслияб гlилла буго лъималазе умумузул кьварараб гlадлунизам ва тарбия щунгутlи. Гьединго жакъа киналго, хасго лъимал руго Интернеталда жанир. Жеги гlакълу цlубачlел гьезие захlмат букlуна Интернеталда бугебщинаб гlала-гъважаялда гьоркьоса лъикlабквешаб цоцалъа бахъизе. Дагьалищ ругел лъималги ва гlолилалги Интернеталдасан бетlерги сверун, мекъаб нухде гали тlамурал хlужаби? Гьединлъидал гlорхъи чlвазе ккола лъималаз Интернеталда тlобитlулеб заманаялъе.
|
Автор Н. Гlалиева. Сентябрь 2022 сон.
Районалъул цо-цо гIадамазул рахIат хвезабун буго жакъа къоялда жаниб пенсиял рахъиялда, ва щибаб соналда гьезде тIаде пачалихъалъ гьарулел тIадежураял киналго пенсионеразе цо ккураб къагIидаялда гьарулел гьечIолъиялда бан. Гьел ва цогидалги пенсиязда хурхарал суалалгун, жакъа дун дандчIвана РФялъул пенсиязул фондалъул Хунзахъ райотделениялъул нухмалъулев КъурамухIамадов МухIамад МухIумаевичгун.
-МухIамад МухIумаевич, редакциялде бачIараб кагъаталда хъвалеб буго «Дунги дир мадугьал ХIасанги пенсионерал ккола. Гьаб соналъул тIоцебесеб январалдасан хIалтIулел гьечIел пенсионеразе пенсия цIикIкIинабуна 18,6 проценталъ, амма ХIасание гIемерго цIикIкIун бачIана пенсия, дие гьелъул кIудияб хисицин ккечIо. Лъазе бокьилаан редакциялъул кумекалдалъун гьелъие кинаб гIилла бугебали».
-Россиялъул гражданинасул захIматалъул пенсия гIуцIун буго 3 бутIаялдасан: базовияб, страховыяб ва накопительныяб.
Базовияб пенсия-ккола херлъун хадуб, хIалтIиги тун гIодов чIедал мухь щоларелъул, пачалихъалъ гьев чиясе кьолеб пособие, жибги пенсиязул ригьалде гражданин вахун хадуб пачалихъияб пенсионныяб хьезабиялъул системаялда, киналниги страховать гьаруразе кьолеб. Пенсиялъул ригьалде вахин гуребги, базовияб пенсия щвезе ккани, кIиабилеб хIажатаб шартIлъун ккола-пенсионныяб хьезариялъул системаялда хIисаб-суалалде босараб ва гIарац кьураб 5 страхалъулаб сон. Базовыяб пенсия кьола налогазул органаз федералияб бюджеталде бакIарараб федералияб налогалдасан. ХIукуматалъ чIезабураб гьелъул фиксированнияб къадар бахуна-7220 гъурущалде. Страховыб пенсия лъугьуна ва гьеб кьола пачалихъияб пенсиязул страхалъул системаялдасан. Страховыяб пенсиябикьула фиксированныяб ва индивидуалияб бутIабазде (гьелда гьоркьобе уна стаж, щолеб букIараб мухь-харж). БатIалъи: базовыяб пенсиялда хIисабалде босуларо пенсиялде инегIан пенсионерасе щолеб букIараб мухь-харж, страхалъулаб пенсия бахъулелъул хал гьабула гьесие пенсия бахъилалде щолеб букIараб харжил къадаралъухъ. Харж цIикIкIун щварабгIан, гьес кьолеб страхалъулаб гIарацги цIикIкIараб букIуна, ва гьедигIан хадубккун гьесие щвезе бугеб пенсиялъул къадарги цIикIкIуна. Пачалихъалъ хIалтIухъанасе пенсиялъул базовыяб бутIа кьезе ккола гьев пенсиялъул ригьалде вахун хадуб, страхалъулаб бутIайин абуни, пенсионерас жиндиего бокьухъин босизе бегьула: тIубанго, дагьдагьккун яги босизего босичIого. Жакъа ругел пенсионеразул накопительныяб бутIа букIунаро. ХIурматияв, МухIамад! Бихьулеб букIахъе, пенсия цIикIкIинабулелъул, цIикIкIинабула захIматалъул пенсиялъул кинаб букIаниги бутIа, базовыяб яги страхалъулаб. Ккола базовыяб бутIа цIикIкIинабун страховой бутIа гьабичIого тарал соналги, страховой гьабун базовияб гьабичIого таралги. Гьеб бараб букIуна пенсионерас рарал соназда, гьес хьихьулев чи вукIин-вукIунгутIиялда, инвалидносталда, 1-2 группабазул инвалидазе гьеб батIи-батIияб букIуна. Пенсиялъул страхалъулаб бутIа ккола пенсионерасе щолеб букIараб пенсиялдаса базовияб бутIа бахъун гъоркь хутIараб бутIа. Гьеб батIалъи бичIчIунгутIиялъ рукIуна гIарзалги.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Сентябрь 2022 сон.
Чанго моцI ана дир ватIаналда тIад Украинаялъул рахIат хвараб зобалъул дандерижи гъугъадичIого… Ругьунлъун ккеялъ лъаларо, рагIа-ракьанде щун хабар лъангутIиялъ лъаларо-цо гIажаибаб парахалъи рещтIун чIун букIана рекIелъ… 20 августалъ гIагараб районалъул ХъахIикIкIалахъе чIегIераб хабар рещтIинегIан. Гьаб нухалда ГIалибеговал ГIумарил ва Мадинатил рокъобе. Эбел-инсул маулхIаят, кIиго яцалда гьоркьов цого цо вукIарав гьезул вас Шамиль къурбанлъана августалъул 16-абилеб къоялъ Харьков областалъул машгьураб Изюм мухъалда.
Кинав инсанлъун вукIарав гIолохъанчияли, кигIан жиндие захIмат букIаниги, дие бицана гьесул яцгIал Асиятица.
-Шамилги дунги цадахъ гIурал рукIиналъ, кутакалда захIмат буго гьесул хIакъалъулъ араб заманалда бицине. Амма дида гIумруялда жеги дандчIвачIо гьевгIан яхIги чилъиги бергьарав инсан. Гьавуралдаса нахъе унтабаз кIвекIарав жо вукIун, Дагъистан сверун сабаб балагьун, хIатIазде вахъинавуна умумуз гьев. Шамилил эмен махщел камилав сварщик ГIумар лъаларев чи нагагьги ватиларо Дагъистаналда. РакIал рацIцIадаб, гIадамал хирияб хъизан буго гьезул. Инсанасул адаб гьабиялъул рухIалда куцана гьез васги. Жеги рагIичIо Шамилица ишалдалъунали киб гурин, рагIудалъунцин къварид гьавурав чи.
-Кив ва кин цIаларав мунагьал чурад? Кин спецоперациялде ккарав?
9-леб классалде щвезегIан гьев цIалана МахIачхъалаялъул 33 аб. гимназиялда, гьоркьохъеб школа лъугIизабуна ТIагьада. Цинги лъугьана полите хникияб колледжалъул юридикияб факультеталде, гьелдаса хадуб лъугIана политехникияб университетги. Киса-кивго вацгIал вукIана цIалул отличник. Калиниградалда ватIаналда цебе ВМФалда борч тIубан хадуб, доваго хIалтIулевги чIана гьев хъван рагъулаб контрактгун. Украинаялда машгьурал лъугьа-бахъинал рагъарун хадуб, гьес кIицIул хъван буго рапорт жив дове витIеян. КIиябго нухалъ гьеб нахъги чIван буго. Шамилил хIалхьи гьечIеб ракIалъе къабуллъулеб букIинчIо цIа гIадал васалги кьалул коронир рукIун, хIалхьиялда Калининградалда вукIине. МагIарул чиясе хасиятаб, къвакIараб гIамал-хасияталъул бихьинчи вукIана гьев, хIинкъи-къай гьечIев, лебалав. Цо нухалъ кверги бекун вукIарав гьев рокъов ватичIелъул, эмен ГIумар уна гьев валагьизе. Кинаб гIажаиблъиха гьесул букIараб, гипсалъулъ лъураб квергун, футбол хIалел гIелбащадазда гьоркьов,футболалъул майданалъул кавабахъ вахъун чIун гьев ватидал?! Украинаялде витIеян гьарараб лъабабилеб, балагьаб рапорт къабул гьабуна командованиялъ ( гIодилаго - авт. ) . Байбихьуда балъго гьабун букIана гьес живго вугеб бакI, эбелалъул ургъалица. Бицунаан Астраханалда рагъулал цIалиязда вугилан. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесул анищ букIана спецназалда хъулухъ гьабизе. ТIубан букIун бугоха гьебги хвалда цебе. ГIицIго кIиго моцI бана мунагьал чурадица Украинаялда. 16 августалъул рогьалил гIужалъ Шамилица бачунеб «Урал» гIужие босана нацистазул снайпераз.
|
Автор Ф. Мухlамадова. Сентябрь 2022 сон.
Исана риидал, республикаялдаго цIар тIибитIарав «таргIил устар», тIабигIаталъго волейболалъе гьунармахщел сайгъат гьабурав, гъорлъе лъугьаралдаса тIубараб къуватги жигар-жанги спорталъе кьурав КIахъа Хвалчен МухIамадил гIумруялъул 70 сон тIубан бугиланги рагIун, лъикIаб материал газеталъе хIадурилилан йикIана дун... Амма, кидаго гIадин, кватIун ккана. КватIун ккана мустахIикъав чиясе къимат кьезе, гьев хинал рагIабаздалъун вохизавизе. Араб гIасруялъул лъабкъоялда анцIабилел соназ волейболалъе къватIибе бахъараб «Хвалчен» МухIамадил хвалчен Аллагьасул къо лъугIиялдалъун 31 августалъул къад гIужалъ лъалиниб лъуна. Юбилеялъулаб макъалаги сверизабизе ккана некрологалде…
ТIокIлъигун ГIарани школа-интернаталда 8 класс лъугIарав АхIмадов Буйнакскиялъул кIиабилеб педучилищеялде лъугьуна цIализе. ГьитIинго гIелму-лъаялде цIайи бугев МухIамадие кIудияб захIмалъиго ккечIо хасаб гьоркьохъеб лъай босизеги. БагIараб дипломгун лъугIула гьесул педучилище ва 1970 соналъ районалде тIад вуссарав гIолохъанав специалист ГIуркIачIи байбихьул классазул учительлъун тIамула хIалтIизе. ГIемерго кватIичIого гьениса МухIамад вачуна гIагараб КIахъ байбихьул школалде. Математикаялъе къуватав вукIиналъ батила, МухIамадие шашкаби, шахматал кидаго рокьулаан, цо шахматазул турниралда районалъул чемпионлъунги вахъун вукIана гьев. ЛъикIаб махщел букIана мунагьал чурадил мандолина - балалайкаялда бакънал рачинеги. ТIубан спорталде вуссиналъ музыкаялде регIуларин абулаан гьес.
Гьоркьохъеб лъайги босун, байбихьул классазда дарсал кьун, чIезе МухIамадил ракIалъ къабул гьабуларо. 1971 соналъ пединституталъул физикаялъулгун математикаялъул факультеталде цIализе лъугьарав АхIмадов тIубанго волейболалде вуссуна. КигIанго математика бокьулеб букIаниги, спорталъ тIалъи босула ва тIоцебесеб курс лъугIун хадуб, гьес документал физкультурияб факультеталде кьола. КIудияб адаб-хIурматгун ракIалде щвезавулаан гьес педучилищеялдаго жиндир тренерлъун вукIарав, волейболалдехун ракI цIазабурав тренер ГIали ГIабдусаламович. …
|
Автор И. Мухlамадов. Сентябрь 2022 сон.
Гьаб векалъул тарих хадуб магIарухъ
Хунзахъги ЦIадабги цIалулеб мехалъ;
Дир цIар киб букIинеб: чIваралъ, хваралъищ,
Я хабар лъачIого тIагIаразулъищ?
ЧIваразулъги гуро, хваралъги гуро,
Я хабар лъачIого тIагIаралъ гуро.
Ханжарги тIагъурги магIидаги бан,
Мун бихьула даим чIаго, Дагъистан.
Расул Хlамзатов.
Санайилгlадин исанаги дунялалдаго кlодо гьабуна кlудияв шагlир Расул Хlамзатов гьавураб къо. Гьелда хурхун Дагъистаналда тlобитlана иргадулаб “Хъахlал къункърабазул фестиваль”. Гьелда гlахьаллъи гьабизе республикаялде рачlун рукlана тlолабго улкаялдасаго 40 гlан хъвадарухъабиги поэталги. Кидагогlадин байрам байбихьана шагlирасул хабаде зияратги гьабун, гьенир тlугьдул лъеялдасан. Гьелдаса хадуб регионалъул Хlукуматалъул председатель Гlабдулмуслим Гlабдулмуслимов дандчlвана республикаялде рачlарал шагlирзабазулгун хъвадарухъабазул гlатlидаб къокъагун. Гьезул цо бутlа щвана поэтасул Ватlаналде - Хунзахъ районалдеги. Гьезда гъорлъ рукlана Россиялъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Николай Иванов, МГУялъул ва МГИКалъул журналистикаялъул кафедраялъул профессор, поэт ва фольклорист Александр Бобров, поэт, прозаик, миллиял адабиятазул Советалъул председатель, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председатель Мухlамад Ахlмадов ва цогидалги. Рузманалдаса хадуб тадбиралда гlахьаллъи гьабизе рачlарал гьалбазда дандчlвай гьабуна районалъул тlалъиялъ.
Хадуб киназго цадахъ сапар бухьана шагlирасул Ватlан-Цlада росулъе. Гьениб памятникалда цере тlугьдулги лъун, щвана шагlирасул рукъ-музеялде ва поэзиялъул рокъоре. Гьелъул азбаралда гьалбадерие бихьизабуна театралъулаб этюдги. Гlуцlана районалъул гlолилал поэтазулгун хъвадарухъабазулгун дандчlвайги.
|
Автор Н. Гlалиева. Август 2022 сон.
30 августалъ Хунзахъ культураялъул кIалгIаялда тIобитIана мугIалимзабазул августалъулаб совещание. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул школазулгин лъималазул ахазул директорзабаз, заведующияз, педагогаз, райадминистрациялъул ва росабазул администрациязул бутIруз, гьединго районалъул лъай кьеялда хурхарал цогидалги гIуцIабаз. ДРялъул Лъай кьеялъул министерствалдасан гьелда гIахьаллъи гьабизе ячIун йикIана ГIабасова Лейла Пазилаевнаги.
ЦIалул сон байбихьулеб букIиналъул рохалилаб байрамги баркун кIалъазе вахъарав райадминистрациялъул бетIер Задиев НурмухIамадица гIодорчIаразе бицана Россиялдаго, гьелдаго гьоркьоб Дагъистаналдагин нилъер районалда лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъул.
Киданиги букIинчIилан абуна Н. М. МахсутIхIажиевичас,-улкаялдаго кьучIдасанго къачIан, бан 200 школа, Дагъистаналда 40 школа цадахъ цIияб цIалул соналде хIалтIизе биччараб лъугьа-бахъин.
Нилъер районалдаги ралел руго 2 кIудиял школал, тIасияб соналда базе байбихьизе буго кIудияб лъималазул ах. Баркала загьир гьабизе бокьун буго Дагъистаналъул лъай кьеялъул Министерствоялъе нилъер районалъул лъай кьеялде кьолеб бугеб кIудияб кIваралъухъ. Жиндирго иргаялда районалъул нухмалъиялъги кинабго гьабулеб буго нилъер районалъул гIун бачIунеб гIел тIадегIанаб лъайгин лъикIаб тарбия щвараблъун куцаялъе. ЕГЭялъул бицани, гIаммаб къагIидаялъ босун цIакъго кIудияб цебетIей батичIониги, руго цIалдохъаби 80, 90, Хунзахъ районалда цониги нухалъ букIинчIеб 100 балл щваралги. Баркала буго гьел цIалдохъаби хIадурарал педагогазе, директорзабазе, эбелинсуе гьединал хIасилал ккеялъул мурадалда лъималгун хIалтIарал.
Районалъул лъай кьеялъул системаялда 2021- 2022 соналда ккарал хIасилазул ва бачIунеб цIияб цIалул соналда цере чIарал масъалабазул бицун кIалъарай лъай кьеялъул отделалъул начальник ХIамзатова ПатIимат ХIадисовнаялъ бихьизабуна районалъул лъай кьеялъул системаялде гьоркьобе унеб 81 лъай кьеялъул организациялда букIин 38-гIаммаб лъай кьеялъул, 38 -школалда цебесеб лъай кьеялъул, 5-тIадеги гIаммаб лъай босиялъул учреждение.
|
Автор И. Мухlамадов. Август 2022 сон.
Гlобода росдал советалда хадуб буго 2453 га ракьул, гъорлъе уна лъабго магlарухъ бугеб росу ва кlиго гъутан. Гlаммаб къагlидаялъ гьениб буго 496 цlараки, гlумру гьабун буго 1370 чияс. Хlалтlулеб буго 1 гьоркьохъеб ва 2 байбихьул классазул школал, 1 спортивияб зал, 3 ФАП, 1 библиотека, 1 культураялъул рукъ ва 2 ясли-ах. Лъагlелги бащадалдасаги мех ана росдал поселениялъул бетlерлъун Дибирдадаев Къебеддибир вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарараб хlалтlулги, цере чlарал масъалабазулги, гьел тlуразарулаго дандчlвалел ругел захlмалъабазулги бицун редакциялде вачlарав бегавуласулгун ккана гьадинаб гара-чlвари.
- Къебеддибир МухIамадович, кинаб ахlвал-хlал бугеб советалда? Кинал хlалтlаби гьарун бажарарал хъулухъалде вачlаралдаса нахъе?
Лъагlелги микьго моцlги сверана дун бегавуллъун вищаралдаса. Гьеб заманалда жаниб гьабун бажарана цо хасаб къадаралъул хlалтlи. Гьелдасан аслияблъун дица рикlкlуна магъил ва гlи-боцlул гlадлу-низам гьабун бажари. Гьеб рахъалъ тlубанго гlадлу биххун букlана нижер росулъ. Хъулухъалде вачlун гlемер заман иналде, цо жамгlияб советгlадаб жоги гlуцlун, гьениб гьоркьоб лъуна магъил ва гlи-боцlи хьихьиялда хурхун гlадлу-низам гьабизе ккеялъул суал. Гьедин гlачиязе, бачазе ва гlицlцlаназе батlа-батlаго рикьана росдал мучlдул. Киназдаго тана гlухьби ва рихьизаруна жидерго мучlдузул гlорхъаби. Унта-щокълъарал гlи-боцlуеги бихьизабун буго хасаб бакl. Гьединго цlидасан гlадамазда гьоркьор рикьана рецабиги.
Лъабабго росулъ буго тlабигlияб газ. Жеги гьеб рокъобе бачинчlев лъабго чияс документал кьун руго, гьанже хlалтlизе лъугьараб цlияб программаялда рекъон (догазификация) чlобого хъахlилаб цlатари бачинеги.
Росдал цо къотlнобе 480 метраялда рагlаракьанде щун тlуна хъил. Жамагlаталъул жидерго хlаракаталдалъунги жеги 160 метрадул манзилалда цоги къотlнобги хъил тlуна. Лъабабго росдал къватlахъ дагьаб ток бухlулездалъун хисана къогогlан чирахъ. Чабахги бан къачlана Гlободаса Гозолоколобе унеб нух. Гъоркьколо росдал гlолохъабазул гьариги къабул гьабун, гьезие босана теннисалъулаб стол. Гьебго росдал жамагlаталъул гьариялда рекъон сурсатал риччана росдал кверкьаби лъолеб бакl къачlазеги. Салиутар гъутаналда токалъул мухъал цlи гьаризе босана 100 метр кваразул. Федералияб программаялда рекъон Гlобода балеб буго 150 лъимералъе бакl бугеб, гьаб заманаялъул тlалабазе жаваб кьолеб цlияб школа. Гьенибе цIалеб буго цIияб токалъул мухъги. ГьабсагIаталда хIубал чIван руго.Гьеб бан бахъинегlан, исана цlияб цlалул сон лъималаз тlамизе ккола мадрасаялъул минаялда жаниб, кlиго сменаялда.
|
Автор Н. Гlалиева. Август 2022 сон.
Гьал къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул фермеразул магIишатазул съезд. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул росдал магIишаталъул министр Аджеков Мухтарбий Кошманбетовичас, Россиялъул фермеразул магIишатазул ва кооперативазул Ассоциациялъул президент, Пачалихъияб Думаялъул депутат Плотников Виктор Васильевичас ва цогидалги Дагъистаналъул кIвар бугел росдал магIишаталъул хIалтIухъабаз, церетIурал фермераз
Гьелда фермераз бицунеб букIана жакъа къоялда жаниб росдал магIишаталъул захIматчагIазда дандчIвалел ругел захIмалъабазул, киназулго гIолел гIоларел рахъазул.
РуцIцIун чIечIо нилъер районалъул вакилзабиги. Районалъул КФХязул А с с о ц и а ц и я л ъ у л председатель, Дагъистан Р е с п у б л и к а я л ъ у л росдал магIишаталъул МустахIикъав хIалтIухъан Макъсудов МухIудада МухIамадовичасги рорхана жакъа къоялда жаниб КФХязда данд чIвалел захIмалъабазул бицарал суалал. Гьезул аслиял суалаздасан цояллъун ккола чахъабаздаса къунцIараб квас кьезе бакI гьечIого гIадада холеб букIин. Жиндирго кIалъаялда гьес кIвар кьуна гьадинал суалазде:
-Метис яги магIарул, кIиябго гъорлъ жубараб, тушинский породабазул квас босулебго гьечIо, босаниги, гьелъухъ 5-12 гъурущалдаса тIаде кьолеб гьечIо. цIокотIомги 20-30 гъурущалде я босула яги кибего босичIого къватIибе рехизе ккола.
Гьоркьохъеб хIисабалда цо чахъдадаса къунцIизе бегьула 2-3 кг квасул. Гьелдасан чахъаби хьихьулезе щолеб буго 10-20 гъурущ. Цо чахъу къунцIун кьолеб буго 100 гъурущ. ГIаммаб къагIидаялда 1 бетIералдасан кколеб хайир бахунеб буго 10-15 гъурущалде. Гьеб гIарац 1 буханка чадил босизецин гIоларо, цогидал тIад унел харжазул бицинчIониги.
1 бетIер чахъабазул яги цIаназул хьихьаразе кьолеб буго 165 гъурущ, араб соналда букIана 220 гъурущ. Гьеб гIарац 1 кип харил босизецин гIоларо, гьебго заманалда, хасало 1 эбелаб чахъу яги цIцIе хьихьизе хIажалъула харил 10 тюк.
|
« 1 2 3 4 5 6 7 ... 82 83 » |