17 апрелалда Хунзахъ росдал лъималазул ахазда т1обит1ана гьенире хьвадулел лъималазул умумузул г1аммаб собрание. Гьелда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана районалъул лъай кьеялъул информациялъулгин методикияб централъул нухмалъулей Г1умарова Сидрат Мух1амадовна, школалда цебесеб лъай кьеялъул специалист Гьит1иновасова Асият, райбольницаялъул врачал, Мух1амадова Зайнаб, Мажидова Х1апизат, райэпидемиологалъул кумекч1ужу Закарьяева Асият.
Собраниялда гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун бук1ана ахираб заманалда полиомиелиталъ унтарал лъималазул къадар ц1ик1к1унеб бук1иналда бан, лъималазул иммунизация гьаби т1адаб бук1иналъул бицин.
К1алъазе рахъарал райбольницаялъул врачаз иргадал рахъун бицана кинаб х1инкъи бугеб полиомиелиталъул лъималазул г1умруялъеяли. Цебеги нилъер улкаялда г1ат1идго т1ирит1ун рук1арал т1адерахъи, месед ва цогидалги г1умруялъе х1инкъи бугел лъималазул унтаби т1аг1инаризе к1ун бук1анила, прививкабазул кумекалдалъун.
Гьабсаг1аталдаги полиомиелитеталде данде прививкаби гьаризе дандеч1арал г1адамал камулел гьеч1ониги, прививкаби гьаризе т1адаб бук1ин бич1ч1изабуна данделъиялда г1ахьаллъараз.
Щибха кколеб полиомиелит?
Полиомиелит-гьеб ккола вирусаздалъун лъугьунеб ц1акъго макруяб унти. Гьелъ хвезабула лъималазул нервабазул система, лъугьинабизе бегьула паралич, бегьула чанго саг1аталда жаниб хвалидегицин рачине, рахъинарула инвалидаллъун.
Вирус чорхолъе ккезе бегьула гьаваялдасан маг1арзул къалазухъе ун, чорокал квераз кваналаго к1алдибе, хадуб бакьазде жанибе ун. Гьенисан бидулъе, ва т1олалго лугбазде ун, хасго гьениб асар гьабула централияб нервабазул системаялъе.
Аслияб къаг1идаялда гьеб бахуна унтарав чиясдасан. Гъоб унтуе бищунго х1инкъи бугеллъун ккола 3-10 соналде щвезег1ан лъимал.
Унтул г1аламаталлъун ккола: ц1а-кан бахин, кванирукъалъулгун бакьазул г1адлу хвей, бет1ер унти, лаг1и, рич1ай, хехго свакай, макьихин яги макьу щунгут1и, т1ерк1ей, мугъзал гьод ва мах1аби ц1уни.
Гьединаб квешаб унтиялдаса ц1униялъе цого цо бугеб дару-гьеб ккола вакцинация гьаби. Г1емерисел умумузда ккола прививкаялдаса хадуб лъимер унтилилан. Гьелъ вакцина гьабилариланги ч1ола, амма вакцинаги гьабич1ого лъималазде унти бахани, гьеб ккола лъималазул черхалъе к1удияб х1инкъи ва зарал. Нагагьлъун вакцина гьабун хадуб унти бахани, гьеб дагьа-макъаб унтун гурого, гъорлъе ккараб зарал гьабич1ого бигьаго нахъе уна.
Хадубги райбольницаялъул врачаз бич1ч1изабуна вакцина гьабураб лъимералда аск1об, гьабич1еб бук1ине бегьулареблъи, ай лъимералъе жакъа вакцина гьабун бугони, гьеб гьабураб лъимералда аск1об, гьабич1еб лъабгомоц1г1анасеб заманаялъ бук1ине бегьулареблъи. Нилъее лъималазул г1аммаб иммунизация лъугьине бокьани, гьезие киназего цадахъ прививка гьабизе кколеблъи. Умумузе прививка гьабич1ого тезе ихтияр кьун бук1аниги, лъималазул ахалде хьвадулеб прививка гьабураб лъимералда аск1обе, гьеб гьабуралдаса 3 моц1 инег1ан гьабич1еб биччазе гьеч1иланги бич1изабуна гьез.
Рук1ана умумул медотводалда хурхарал суалал кьолелги, кидал ва кинаб къаг1идаялда гьеб гьабизе бугебали ц1ехолелги. Рак1алде ккола гьезие врачаздасан мух1канал жавабал щванилан.
Киназулго церерахъиназухъ г1енеккидал, умумузда бич1ч1ана прививкаби гьарич1ого т1уралареблъи ва нилъер г1адинаб цебет1ураб улкаялда прививкабаздаса инкар гьаби мекъаб пикру бук1ин.
Н. Г1алиева
|