Четверг, 28.03.2024, 15:54 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2023 » Апрель » 17 » БЮДЖЕТАЛДА ХИСА-БАСИЯЗУЛ СУАЛГУН
12:03
БЮДЖЕТАЛДА ХИСА-БАСИЯЗУЛ СУАЛГУН

13 апрелалда райадминистрациялда тlобитlана райсобраниялъул анкьабилеб ахlиялъул анцlила анлъабилеб сессия. Гьелда гlахьаллъи гьабуна районалъул бетlерасул заместитель Асадгlали Гlабдуразакъовас, отделазул нухмалъулез, цо-цо бегвулзабаз ва цогидазги.


Данделъаразе саламги кьун сессия рагьана председатель Мухlамад Мухlамадовас. Гьениб гьоркьор лъурал суалаздасан рукlана "Хунзахъ район" МРалъул 2023 соналъул бюджеталда хиса-басиял ва тlадежураял гьариялъул хlакъалъулъ, гlи-боцlуда хасел тlамизаби ва ихдал рекьуде хlадурлъи унеб бугеб къагlидаялъул росдал магlишаталъул отделалъул начальникас хlисаб кьей, районалъул Жамгlияб палатаялъ араб соналъ гьабураб хlалтlул хlисаб кьей, районалъул территориялда гlадамазе медикияб кумек гlуцlиялъул хlакъалъулъ бицин ва цогидалги суалал.


Тlоцебесеб суалалдаа хурхун кlалъазе яхъана финансовияб отделалъул начальникасул заместитель Гlалисултанова Зарема. Гьелъ къокъго бицана районалъул исанасеб бюджеталда гьаризе ругел хиса-басиязул хlакъалъулъ. Мисалалъе, Расул Хlамзатовасул юбилеялде Цlада росулъ бугеб “Хъахlал къункъраби” мемориалияб комплекс къачlазе республикаялъул бюджеталдасан биччан буго 263 млн гъурущ. Хlалтlаби некlого байбихьун руго. Гьедин, киналго тlадежураялги хlисабалде росун районалъул 2023 сонил бюджет бахунеб буго 1 миллиардгун 531 миллион гъурщиде. 


Гlи-боцlуда хасел тlамизаби ва ихдалил рекьуде хlадурлъи кин унеб бугебали бицана росдал магlишаталъул отделалъул начальник Гlалиев Мухlамадица. Гьесул рагlабазда рекъон жакъа къоялде районалъул росдал магlишаталъул ракьазул гlатlилъи буго 105829 гектар. Гьездасан 10084 га рекьулел ракьал, рецаби - 9639 га, мучlдул 85000 га, ахал - 756 га. Гlаммаб къагlидаялъ росдал магlишаталъул бутlаялда хlалтlулел руго 10000 гlан чи. Исана 1 январалде районалъул киналго тайпабазул магlишатазда буго 27200 бетlер чlегlерхlайваназул, гьездасан 15200 гlака. Статистикаялъул управлениялъул баяназда рекъон буго 256800 бетlер гlи-цlцlаназулги. Амма гьел баянал мекъал ругин, жидер баяназда рекъон исана магlарухъе гочинабизе бугеб гlи-цlцlаназул хlакъикъияб къадар 200000 тlаде унарин абуна гьес. Районалъул 14 магlишаталда гlезабулеб буго тайпадулаб гlи. Гьабсагlаталда магlарухъги гъутабаздаги тlадбан унеб бугила ихдал рекьи гьабизе хlадурлъи. Гlаммаб къагlидаялъ хаслихъе рекьи гьабун буго 1462 гектаралда. 235 гектаралда ихдал бекьизе буго ролъ ва пурчlина, 75 гектаралда цlоросаролъ, цо сонил хурдул - 1080 гектаралда, гlемер соназул хурдул (люцерна) - 1460 гектаралда. Гьединго 550 гектаралда бекьизе буго пиринчl, 37 гектаралда овощал ва 66 гектаралда бахчадул культураби. Амма киналго магlишатаз гуро ракь хlалтlизабулеб бугеб. Мисалалъе, “Лъагlилухъ” СПКялъ жидерго 268 гектар ракьул цонигияб жеги бегунцин рагlуларо, “Гьамищтlа” СПКялъ 203 гектаралъул хlалтlизабулеб буго гlицlго 10.


Районалъул Жамгlияб палатаялъ 2022 соналъ гьабураб хlалтlул докладгун цее яхъана палатаялъул председатель Раисат Гlусмановаги. 
Муниципалитеталда сахлъи цlуниялъул хlалтlи гlуцlун бугеб къагlидаялъул хlакъалъулъ баян кьуна централияб больницаялъул нухмалъулесул заместитель Мухlамад Мусаевас. Гьес гlатlидго бицана районалъул сахлъи цlуниялда бугеб ахlвал-Жеги хlалалъулва ругел гlунгутlабазул. Лъикlал хlасилазда гъорлъ рехсана цересел соназда данде ккун, араб соналъ районалда хваразул къадар дагьлъун букlин. Гьедин, 2021 соналъ муницпалитеталда къадаралде щун вуго 257 чи, 2022 соналда - 187 чи, гьездасан аслияб къадар, ай 104 чи хун вуго рекlелгун мащабазул унтабаз, 22 чи хун вуго онкологиялъ, 16 чи хун вуго хlухьел цlаялъул органазул унтабаз. Гlунгутlабазда гъорлъ рехсана кадрабазул дефицит букlин. Мисалалъе, больницаялъе хlажат рагlула хирург, травмотолог ва цогидалги специалистал.епутатаз кьуна жидерго суалалги.

Кидагогlадин сессиялда жигараб гlахьаллъи гьабуна цlигьулдерил ва бекьечlдерил депутатал Муса Мусаевас ва Будун Бариновас. Абизе бегьула гьез тlад кlалъай гьабичlеб цониги суал хутlичlилан. Гьезул гlемерисел суалал рукlана сахлъи цlуниялъул ва росдал магlишаталъул бутlабазда хурхарал. Гьедин, Муса Мусаевас гьикъана Цlада медпункт хlажат бугин ва гьеб рагьизе санагlат кколарищан. Гьединго цlигьулдерил депутат рази гьечlоан больницаялда цо-цо тохтурзабазул унтараздехун бугеб тlаса-масагояб бербалагьиялдаса ва букlине кколеб даражаялда гьабулеб гьечlеб тlалаб-агъазалдаса. Больницаялде щведал, гьенир бащдалги специалистал ратуларин абуна гьес. Будун Бариновас бицана, тохтурзаби квачан хвараб минаялда жанир гlодорги чlун ратун, бекьечlдерил гъутаналда бугеб медпункталда ремонт жинцаго гьабизе кканилан. Цоги гьев рази гьечlоан магlишатаз отчетал кьолелъул, гlи-боцlул къадар цlикlкlинабун яги гьезего гьечlеб гlи-боцlи кагътида бугилан хъваялдаса. Гьеб гlицlго кагътида гурони гьечlеб магlишаталдасаги гьерсилаб системаялдаса инкар гьабизе заман щун бугилан абуна гьес. Жив райсобраниялъул росдал магlишаталъул комиссиялъул председатель кколелъул, хадубккунги гьеб суал жиндир хасаб бербалагьиялда гъоркь букlине бугин ва иш тlаде кколездаса жинца хlалтlи тlалаб гьабизеги бугилан тlадеги жубана гьес.
Сессиялда гьоркьор лъун рукlарал киналго суалазда хурхун гьарурал кlалъаязухъги гlенеккун, ахиралда депутатаз къабул гьаруна дандрекъон кколел хlукмабиги.
И. Мухlамадов.

 

Просмотров: 431 | Добавил: zaxrosdal | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz