Главная » Архив материалов
Х1айбулаева Пат1имат Сивухъ росу. Декабрь 2011г. Дун йиго ункъойилъе яхуней йигей херай г1адан. Республикаялде
рач1арал Сулейман Керимовасул х1ежалт1е ч1обого г1адамал рит1изе путевкаби Сивухъ
росулъеги 1 бач1ун бук1ана. Гьеб путевка росда гьоркьоб можороги рехич1ого,
росдал г1адамал разилъун дие кьуна.
|
Мух1амадов Х1айбула, Г1орот1а росу. Декабрь 2011г.
Х1урматиял «Росдал зах1матчи» газеталъул
х1алт1ухъаби! Хъвалеб буго нужехъе Г1орот1а росулъа Мух1амадов Х1айбулаца.
|
Г1иса Г1исаев.декабрь 2011г.
Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь,
Кида бокьаниги дуй пайда кьолеб. (Ц1адаса Х1амзат).
Библиотекабазул т1ахьазул фонд бечед гьабиялъул
жавабчилъи т1аде кколеб районалъул Централияб библиотекаялъул отделалъе 44
соналъ нухмалъи гьабулеб буго Мух1амадова Разият Гьиматовнаялъ. Гьелда лъик1
лъала росабазул библиотекабазда бугеб х1ал. Рак1бац1ц1адго гьабураб х1алт1ухъ
Р. Гьиматовна мустах1икълъана «Культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб
х1урматияб ц1аралъе
|
Хъ. Г1амирханов, ветуправлениялъул нухмалъулев. декабрь 2011г.
Районалъул г1аммал маг1ишатазул г1и-боц1уда хасел
т1амизабиялде бугеб х1адурлъиялъул ва гьелъул иналъул бицунаго абила, кинабниги
хасел т1амулеб ч1ег1ер боц1ул къадар-5800, гьездасан 2100 бет1ер г1ачиязул ва
63100 бет1ер г1и-ц1аназул, гьездасанги 39600 бет1ер чахъабазул кколилан.
Г1и-боц1уе х1адурараб харил къадар бахуна 16500 тоннаялде, сенаж-4720 тоннаялде
ва соломадул 1230 тоннаялде.
|
Написат Г1алиева.декабрь 2011г.
Дагьал церег1ан къоязда Гьоц1алъ росулъе щведал, ниж раккана
росдал участкаялъулаб больницаялдеги. Мурад бук1ана гьениб г1адамазул сахлъи
ц1униялъул х1алт1и кин унеб бугебали лъазаби, унтарал рази ругищ жидее гьабулеб
дару-сабабалдаса ва хъулухъалдасаяли баян гьаби, дандч1валел зах1малъабазул,
лъик1ал ишазул х1акъалъулъ ц1ехей. Гьеб бук1ана цогидал организациязда,
учреждениязда жеги печалги ракич1еб, къват1иб ц1орораб гьуриги пулеб квачараб
хасалихълъиялъул къо. Амма больницаялде жанире щведал, гьениб унтаразе ч1езабун
батана лъик1аб хинлъи.
|
Цебесеб арбаг1 къоялъ х1алт1улаб сапаргун районалде
вач1ун вук1ана ОАО «Курорты Северного Кавказа» г1уц1иялъул Дагъистаналда вугев
вакил, Макьаст1а туристлъиялъулгун-х1ухьбахъиялъул кластер баялъе кьуч1 лъурав
нилъер ракьцояв Мух1амад Г1исаев.
|
Г1иса Г1исаев-районалъул бет1ерасул пресс-секретарь. Декабрь 2011 год.
Районалъул г1адамазе к1вар ц1ик1к1арал цо чанго суалалъе
жаваб лъазе, гьал мухъазул авторас районалъул бет1ерасда гьарана
гара-ч1вариялъе замана батеян. Х1ажияв Дарбишевас, х1алт1и г1емер бугониги, дун
т1аде къабул гьавуна. Кидаго г1адин, нижер гара-ч1вари бук1ана рак1 рагьараб,
щибго бахчич1еб, ч1ег1ералда ч1ег1ерабин, хъах1алда хъах1абин абураб.
Гара-ч1вари къокъ гьабун кьолеб буго гъоркьехун.
|
Нужеде кидагосеб адаб-хIурматгун Хунзахъ росдал администрациялъул бетIер ХИЗРИ ТIАЛХIАТОВ.
Х1урматиял Хунзахъ, Гъонохъ, Гиничукь, Нак1к1икь,
Заг1иб, Хьини, Байикь, Ч1ондокь росабазул избирателал, ракьцоял! Жакъа
районалъул газета гьоркьоб ккун, нужее рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабизе
бокьун буго Хунзахъ росдал администрациялъул бет1ерлъун к1иабилеб нухалъги дун
вищаралъухъ.
|
4 декабралъ 73 сонил г1умруялда нилъедаса
ват1алъана хъвадарухъан, журналист ва лъик1ав инсан Х1ажиев Х1усен.
|
Написат Г1алиева. Декабрь 2011год.
Дир мац1 бук1инароан, дир ц1ар бук1инароан,
Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани…
Р. Х1амзатов
Гьал къоязда Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спортзалалъул
кафеялда к1одо гьабуна Россиялъул Улбузул къоялъул х1урматалда районалдасаго
лъимал г1емерал, ялгъузал, к1одо гьаризе мустах1икъал руччабиги ах1ун рохалилаб
данделъи.
|
Лъаг1илухъ школалъул рахьдал мац1альул учительница Сиражудинова Г1айшат. Декабрь 2011год.
Ц1адул балагьалдаса ц1унагиян
гьариялъул маг1на-квер-малъ базе бак1 гьеч1еб, къварилъи г1емераб, г1умруялъе
х1инкъи ц1ик1к1араб ц1адул балагь бук1ин бич1ч1изаби ккола.
Араб анкьалъ ц1адул карачелалъ
квелъ бана Лъаг1илухъ Пайзулаев Мурадбегил минаялда. Хвалдаса Мурадбег хвасар
гьавуна 3 абилеб классалъул ц1алдохъан Х1асанх1усенов Мух1амадг1алица.
|
Пат1имат Гунашева. Декабрь 2011год.
Журналистазул сапаралъ Шотот1е росулъе щведал
гьезул школа батараб лъик1аб гуреб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ хъван бук1ана
дица. Гьеб макъала лъидениги г1айиб г1унт1изабизелъун, лъиданиги бугьтан лъезелъун,
щивниги ч1ег1ер гьавизелъун хъварабги бук1инч1о, гьеб дица хъван бук1ана
г1иц1го гьеб школалде хьвадулел лъималаздаги гьенир х1алт1улел учительзабаздаги
рак1 гурх1ун, лъик1аб ц1ияб школа баялъул мурадалда, гьеб росдал г1адамазе
лъик1лъи бокьун.
|
Шотот1а школалъул директор У. М. Мух1амадова. Декабрь 2011год.
Т1оцебесеб декабралъ «Росдал зах1матчи» газеталда
(№ 93-94) бач1араб макъала ц1алидал, пикру гьабизе бач1ана кисан росундай
гьелгощинал бугьтанал газеталъул бет1ерай редакторалъ дит1е г1унт1изарунилан.
|
Бугьтанал лъеялдаса, гьереси бициналдаса ва гьеб бицунездаса
дунго ц1унеян Аллагьасда къойилго гьардолей Пат1имат Мух1амадова.
Х1урматияй У. М. Мух1амадова! Ц1аланаха дур
хъвай-хъваг1айги, г1езег1ан лъик1, бич1ч1уледухъ, мунго ц1унун хъван бугоан
дуца гьеб Вай, рак1 бух1ана, рек1екълъана «Шотот1а школаги гьелъул директорги»
абураб макъала т1убанго мух1канлъи гьеч1ого хъван борч1иялдаса.
Х1акъикъаталдаги, гьелда жаниб дица хъвазе кколаан умумузул рахъалдасан дидаго
аск1оре рач1араз дур х1алт1уе кьураб къиматги, рихьизарурал г1унгут1абиги.
|
19 соналъ цебе, ай 1992 соналъул декабрь моц1алда Россиялъул
Президентасул Указалда рекъон г1уц1ана Федералияб казначействоялъул бет1ераб
Управление.
|
« 1 2 ... 82 83 84 85 86 87 88 » |