Цебесеб арбаг1 къоялъ х1алт1улаб сапаргун районалде вач1ун
вук1ана ОАО «Курорты Северного Кавказа» г1уц1иялъул Дагъистаналда вугев вакил,
Макьаст1а туристлъиялъулгун-х1ухьбахъиялъул кластер баялъе кьуч1 лъурав нилъер
ракьцояв Мух1амад Г1исаев. Мух1амад Г1исаевичгун х1алт1улаб къокъаялда гъорлъ
рук1ана Москваялдасаги Дагъистаналдасаги гьеб ишалъулъ мурад бугел г1адамал.
Районалъул ракьалдасан гьезул х1алт1улъ г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул
бет1ер Х1. Дарбишевас, гьесул заместитель Х1. Г1аммаевас ва цогидалги жавабиял
г1адамаз.
Макьаст1а бугеб т1абиг1аталъе, гьенир гьарурал х1алт1абазе
къимат кьуна гьалбадерица. Кластер баялъул аслиял х1алт1абазде байбихьилалде
гьениб жакъа къоялде ран ругел минабазда (ресторан, котеджал) жанисел
х1алт1абиги
раг1алде рахъинарун,
т1асияб соналъул май моц1алда гьит1инабго
турбаза х1алт1изе кьезе
бук1иналде к1вар бусинабуна
данделъаразул Мух1амад
Г1исаевичас.
Жиде-жидер бут1аялда, ай гьенибе газ, ток, лъим бачиналда сверухъ
гьаризесел х1алт1абазул бицана гьелде мурад бугез. Гьалбадерие рек1ее г1уна ва
лъик1аб къимат кьуна Макьаст1а г1урусазул классик Толстоясеги Шамил имамасул
бах1арчияв наиб Х1ажимурадиеги бараб памятникалъе. Гьаризе, т1уразе цере ругел
масъалабиги мух1кан гьарун т1адруссана гьалбал Макьаст1аса.
|