Четверг, 18.04.2024, 22:03 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 15 » Х1. ДАРБИШЕВ «ДУН НУЖОЕ ХЪУЛУХЪАЛЪЕ Х1АДУРАВ ВУГО»
00:19
Х1. ДАРБИШЕВ «ДУН НУЖОЕ ХЪУЛУХЪАЛЪЕ Х1АДУРАВ ВУГО»

  Районалъул г1адамазе к1вар ц1ик1к1арал цо чанго суалалъе жаваб лъазе, гьал мухъазул авторас районалъул бет1ерасда гьарана гара-ч1вариялъе замана батеян. Х1ажияв Дарбишевас, х1алт1и г1емер бугониги, дун т1аде къабул гьавуна. Кидаго г1адин, нижер гара-ч1вари бук1ана рак1 рагьараб, щибго бахчич1еб, ч1ег1ералда ч1ег1ерабин, хъах1алда хъах1абин абураб. Гара-ч1вари къокъ гьабун кьолеб буго гъоркьехун.

-Хунзахъ т1алъи буго республикаялда бищун ц1ик1к1араб квач бук1унеб бак1. Гьелде т1адеги т1алъиялда гьеч1о гъвет1-рохьалъул бицинч1ониги печь бакизе хъарахъцин. Лъебергоялде г1агарараб т1алъиялъул росабазул г1адамаз рукъзал хинлъизарулел руго шагьаралдаса баччараб т1орччоца. Гьеб т1орччодалъун г1адамал хьезариялъулъ руго г1емерал зах1малъабиги г1унгут1абиги. Радакь рахъун хьвадулел руго т1орччоде очередалда хъвазе Г1аранире т1орччол складалде. Т1урччиги бач1инч1ого, ялъуни ирга щвеч1ого, т1ад руссине кколел руго. Гьединал зах1малъаби рижиялъе г1илла щиб, г1айиб лъил?

  -Байбихьудаго абила Г1арани т1орччол складалде районалъул т1олалго г1адамазе г1ураб къадаралда т1урччи баччизе х1алк1оларо ва т1адаб гьеч1о. Г1умарова Хатиматил складалде бичизе бач1араб т1орччол т1оцебесеб ц1атариялъе бигьалъи бугел г1адамазе (льготниказе) кьезе ккола.

  Буйнакскиялда бугеб базаялдасан Дагтоппромалъ Хунзахъ районалде баччизе ккола 18 азарго тонна т1урччи. Гьаб соналъ баччун буго г1иц1го 4 азаргоялде г1агарун тонна, ялъуни баччизе кколелъул 25 процент. Щивха г1айибияв? Цох1о нилъер районалдайищ ц1атариялъул зах1малъаби ругел? Бук1ине кколеб къадаралда т1урччи районалде баччич1олъиялъул г1айиб Дагтоппромалда буго. Гьеб идараялда бажарулеб гьеч1о муг1рузул районазде г1ураб къадаралда т1урччи баччун. Цох1о нилъер районалда гуро ц1атариялъул рахъалъ зах1малъаби ругел. Ах1вал-х1ал ц1акъго квеш буго Кумухалда, Гъуниб, Болъихъ, Ц1умада районазда. Дагтоппромалъ гьединаб ах1вал-х1алалъе г1иллалъун бихьизабулеб буго гьаб соналъ х1укуматалъ т1урччи бичун босизе биччалеб г1арац 40 миллионалъ дагь гьаби. Райадминистрациялъул харжаздалъун т1урччи баччулеб бугони, цо тонна т1орччол багьа 5500-5800 гъурщиде бахунеб буго. Бич1ч1улеб жо, гьединал харжазде администрациялъул ресал рук1унгут1и.

-Х1укуматалде борхизе бегьуларищ Дагтоппромалъул суал?

  -Т1орччодалъун г1адамал хьезариялъул рахъалъ зах1малъаби руго т1олалго муг1рузул районазда. Гьаб соналъ ругел гьел зах1малъабазул х1акъалъулъ лъала живго Дагъистаналъул президентасдагицин. Хунзахъ районалда ц1атариялдалъун г1адамал хьезариялъул рахъалъ лъугьун бугеб зах1матаб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ Президентасул адресалда районалъул бет1ерасул ц1аралдасан телеграммацин кьуна. Бугеб х1ал лъала ц1атариялда хурхарал х1укуматалъул цогидал идарабаздаги.

-Т1урччи босизе г1адамазе биччалеб дотация Дагтоппромалде кьеч1ого, бит1ахъего гьеб дотациялъул бет1ергьабаз г1умру гьабулел районазул администрациязде рехизе бегьуларищ?

  -Дагьал церег1ан къояз, республикаялъул Президентасул бихьизабиялда рекъон, Президентасул контролиябгун финансазул управлениялъ гьоркьоб лъун данд бана нилъеца бицен гьабулеб бугеб суал. Данделъиялда г1ахьаллъана муг1рузул районазул бут1рулги. Нижеца гьоркьоблъун дандбана ц1атариялдалъун муг1рузул районал хьезариялъе ругел ресал ва нухал. Гьеб дуца кьураб суалги борхана данделъиялда. Гьеб нухищ т1аса бищилеб, ялъуни цогидаб дагьабги лъик1аб нухищ батилебали лъазе кват1илин кколаро. Гьайгьай, районалъул нухмалъиялда, т1оцебесеб иргаялда дидаги бич1ч1ула г1адамазе т1орччол къварилъи бук1ин, бажарарабщинаб гьабулеб буго, зах1матаб ах1вал-х1алалдаса рорч1изе. Дир рак1ч1ола кват1ич1ого т1орччодалъун муг1рузул районазул г1адамал хьезариялъе республикаялъул х1укуматалъ ч1ванкъот1арал тадбирал гьаризе рук1иналда.

  Бух1изе т1урччи гьеч1олъиялъ бижизабулеб буго цоги г1ураб к1варалъул масъала: ц1ик1к1унеб буго электротрансформаторазде т1аде цуй, кьвагьулел ва рух1улел руго гьел. 

  Хинлъи гьеч1ого хут1иялда т1адеги канлъи гьеч1ого хут1иялъул зах1малъабиги х1ехьезе кколел руго г1адамаз. Гьел зах1малъабиниги г1адамазде риччаларилан районалъул администрациялъ ричун росун рук1ана 5 трансформатор. Токалъул авария ккарал, ай трансформаторал рух1арал, кьвагьарал росабазе кьуна нижеца гьел. Бажарана зах1малъабаздаса г1адамал къокъидго рорч1изарун.

-Субсидия щолел г1адамал кин хьезарун ругел т1орччодалъун? Бицунеб бук1ана цо-цо районазда бух1изе т1урччи бук1инч1ого школал, садикал къан рук1анилан.

  -Бит1араб буго, цо-цо муг1рузул районазда т1урччи бук1инч1ого школал, садикал къаялъул х1ужжаби рук1ун руго. Нилъер районалда гьединал х1ужжаби рук1инч1о. Цебеккунго гьабураб х1адурлъиялъул х1асилалда лъайкьеялъул г1уц1аби гьединал х1ужжабаздаса рорч1изаризе к1вана. Лъайкьеялъул г1уц1абигун районалъул цогидал идарабазе баччизе кколеб бук1араб 2500 тонна т1урччи аслияб къаг1идаялъ баччун бахъана. Жакъа къоялде ц1атариялъул къварилъи бугеб цониги школа, садик гьеч1о. Районалъул цо-к1иго идара буго ц1атариялъул къварилъи бугеб. Гьал къояз гьел идарабазеги баччизе буго т1урччи 

  Т1урччи-ц1улалъул бигьалъи гьабун, субсидия щолезе баччизе кколаан 3200 тонна т1урччи. Баччизе хут1ун буго 400 тонна. Лъаг1алил ахиралде гьебги баччун лъуг1изабизе буго. Жидецаго т1урччи-ц1ул балагьаразе х1укуматалъ гьезие бихьизабураб къадаралда г1арцулаб рец1ел кьезе буго. 2010 соналъ т1урччи-ц1ул щвеч1езе гьелъухъ кколеб г1арцулаб рец1ел гьаб соналъ кьун лъуг1изабизе буго. Гьединаб буго районалъул г1адамал т1урччи-ц1улалдалъун хьезариялъул ах1вал-х1ал. Бицаралъул х1асил гьабун абуни, Дагтоппромалъул г1айибалдалъун районалъул г1адамаз г1уралго зах1малъаби х1ехьезе ккана. Районалъул бет1ер х1исабалда дица к1варабщинаб гьабуна, хадубккун гьабизеги буго г1адамазе т1урччи щвеялда сверухъ.

-Дида лъала дур планалда бук1ана т1алъиялъул росаби: Ц1ада, Гиничукь, Бакьагьеч1и, Г1арани, Хунзахъ газалдалъун хьезаризе ва т1алъиялъул хут1арал росабалъ жаниб газил турбаби лъун (внутренняя разводка) лъуг1изабизе. Г1адамал гьелдаса ц1акъ рази рук1ана, рак1ч1ун бук1ана т1алъиялда газ бачун раг1алде бахъиндал, ирга жидедеги щвезе бук1иналда. Газ бачиналъул х1алт1и ч1ун хут1идал, г1адамазулъ бижана щакдари, жидерго росабалъе газ бачине бук1иналда божуларел г1емер лъана. Газ бачиналда хурхун, дуца щибилан абилеб районалъул г1адамазда?

  -Газ бачин гьоркьоб къот1иялдаса г1адамазул пашманлъи дида лъик1 бич1ч1ула. Амма киназдаялдасаго ц1ик1к1ун гьелъ дун пашман гьавуна. Дица лъидал «Росдал Зах1матчи» газеталдасан районцоязда лъазабун бук1араб 2011 соналъ т1алъиялъул 6 росулъе: Т1анусибе, Ц1адабе, Гиничукье, Бакьагьеч1ибе, Г1аранибе, Хунзахъе газ щвезе бугилан. Гьеб бажарич1о. Баян гьабила г1илла.

  2011 соналъ республика ккана зах1матаб финансазулаб кризисалде. Гьелъие г1иллаги буго республикаялда жиндирго налогазулал доходал рак1аризе к1унгут1и. Рак1аризе к1веч1ел налогазул къадарги бахуна 5 миллиардалде. Республикаялъ налогазул доходал рак1арич1олъиялъ Россиялъ республикаялъе биччазе бихьизабун бук1араб г1арац (дотация) дагь гьабуна. Гьелъ районалъул бюджеталде республикаялъул бюджеталдасан бач1ине бихьизабун бук1араб г1арац т1аса къунц1ана. Гьелъ районалда гьаризе планалде росун рук1арал г1езег1анго х1алт1аби (масала, Хьиндахъ ва Буц1ра гьоркьохъел школал х1алт1изе кьей, Уздалросулъ административияб мина бай ва гь. ц.) гьарич1ого хут1ана, гьебго г1иллаялъ заманаялъ гьоркьоб къот1изабизе ккана газ бачиналъул х1алт1иги. Росабалъ жаниб газалъул турбаби лъеялъе Газпромалъ биччан бук1араб 9 млн. 950 азарго гъурщиде х1алт1иги гьабун, т1алъиялъул т1адехун рехсарал росабалъ газил трубаби лъей раг1алде бахъинабуна (внутренняя разводка). Гьел росабалъе газ биччай централияб магистраль (росабазда гьоркьосеб аслияб газил труба) бачиналда бан хут1ун буго. Т1олабго районалда централияб магистраль бачине биччазе къот1и бук1ана гьеб ишалъе х1ажалъулеб 1 млд. 200 млн. гъурущ. Гьеб Газпромалъ биччач1о. Планалда бук1ахъе районалъул росабалъе газ бачиналъул х1алт1уе г1арац балагьун, дун г1емер векерана, жакъаги гьеб суал дир х1алт1улъ аслияблъун буго. 2012 соналъул реестралде гъорлъе бачун буго Ц1ада, Гиничукь, Бакьагьеч1и, Г1арани, Хунзахъ росаби газалдалъун хьезаризе, хут1арал т1алъиялъул росабалъ жанисеб разводка гьабизеги. Т1алъиялъул росабалъе газ бачун лъуг1ун хадуб, т1орччол проблемаги районалъе лъуг1улаан. 

  Районалъул т1олалго росаби газалдалъун хьезари бук1ана районалъул бет1ерлъиялде кандидатура лъеялъе аслиял г1иллабазул цояб. Дица т1олабго къуват, бажари ва ресал х1алт1изаризе руго г1агараб районалъул т1олалго г1адамазул рукъзабахъ газил печал ракиялъе. 

-Налогазулаб инспекция Х1ебде бахъулеб бугилан ругел харбазул х1акъалъулъ щиб абилеб дуца?

  -Налогазулаб инспекция Х1ебде бачиналъул суал бижаралдаса лъаг1еладасаги ц1ик1к1араб заман буго. Гьеб суал бижана Хунзахъ, Шамил, Лъарат1а районазул, Бежт1а участкаялъул инспекциял цолъизариялда хурхун. Доб мехалъ инспекция нилъерго гьаниб хут1изабизе к1вана. 5-6 моц1алъ цебеги бажарана инспекция Хунзахъ хут1изабун. Гьаб нухалъ Хунзахъа инспекция Х1ебде бачиналъул х1укму Москваялъ гьабун буго. Гьеб х1укму хисизабизе ва инспекция Хунзахъго хут1иялъе Мах1ачхъалаялда ругел нилъер раг1и билълъарал, бажари бугелщинал г1адамалги, гьездаго гьоркьов нилъер ц1ит1амурав депутатги гъорлъе ц1ан, бажарарабщинаб х1алт1и гьабулеб буго. 

-Х1ажияв, гьаб суал нилъер цебесеб дандч1ваялдаги борхун бук1ана. Лъиеялиго дур хъулухъ къвариг1ун мун Мах1ачхъалаялде лъик1аб, мун разияб хъулухъалде вачунев вугилан харбал т1ирит1ун руго районалда. Дидагони гьел гьерсал рук1ин лъала. Амма бокьилаан гьркьо-гьоркьо рижулел гьел харбазе районалъул г1адамазе газеталдасан дуца къимат кьуни.

  -Районалъул бет1ерлъуде вач1унагоги вач1ун хадув г1адамазулгун рук1арал дандч1ваяздасан т1аде жураралги гьаризе планалде росарал, газ бачинго г1адал, к1вар бугел суалал руго дир. Алагьасул хъвай-хъваг1айги батани, районцоязул дир х1алт1удаса разилъиги бугони, дир планал г1умруялде рахъинег1ан дун х1алт1изе вуго дир г1агараб районалъул г1адамазе хъулухъалда, гьаб х1алт1уда. Х1урматиял районцоял божилин кколаро дир х1алт1уе квал-квалалъе цо-цояз зама-заманалдасан т1ирит1изарулел «руччабазул корохъ харбазда». Жеги 3 сонг1ан заманалъги районалъул бет1ерлъиялда районцоязе хъулухъ гьабизе ихтияр буго дир. Г1агараб районалъул г1адамазул божилъи дица хвезабизе гьеч1олъиялда рак1ч1езе бегьула гьезул. 

  Районалъул хъутабазда ругелги гъорлъе рачун, киналго росабалъе щвана дун. Кват1ич1ого гьелго сапарал такрар гьаризе руго. Районалда вугевг1ан къоялъ дир кабинеталъул нуц1би рагьарал руго бокьарав чиясе. Щибаб къоялъ анц1-анц1 чи къабул гьавула дица. Х1аракат бахъула гьезул мурадал т1уразе, зах1малъаби, къварилъаби лъуг1изаризе. Гьоркьо-гьоркьоб, дирго пресс-хъулухъ: газетал, телевидение гьоркьоб ккун, гьабурабги гьабизе бугебги х1алт1ул районцоязе х1исаб кьун бицуна. Планалде босун буго кват1ич1ого к1иго соналъ гьабураб х1алт1ул бицине ва гьабизе бугеб районцоязда дандги базе. Дун нужеца вищана нужеего хъулухъалъе. Дун гьелъие х1адуравги вуго. К1иябго соналда жаниб раг1а-ракьанде щун, лъазаруна дица хъулухъ гьабизе кколел росабазул г1узраби, къварилъаби. Дир х1алт1ул аслияб мурад буго гьел лъуг1изари, дица жидее хъулухъ гьабулеб бугел г1адамазул г1умру гьабиялъул, бет1ербахъиялъул шарт1ал лъик1лъизаризе, даража борхизабизе. Дир т1олабго х1аракат гьелде буссараб бук1ана ва бук1ине буго.

Г1иса Г1исаев-районалъул бет1ерасул пресс-секретарь.                         


Просмотров: 699 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz