Главная » Архив материалов
Автор.Къурбанг1али Патах1ов. июль 2011 г. МагӀаруллъи гьаниб, хьиндаллъи гьаниб.Хьибил цун гьайбатаб накӀкӀил рохь гьаниб,Кинабго тӀабигӀат, тӀолго берцинлъи ТӀадегӀанас кьураб росуги гьаниб.
Гьедин хъвана жиндирго кочӀолъ хирияб Сивухъ росдал хӀакъалъулъ гьелъул унго-унгояв патриот КъурбангӀали ПатахӀовас. Т1оцебе бихьулел хӀайранлъулел гӀажаибаб, гьайбатаб, цӀакъго берцинаб тӀабигӀат буго сахъадерие ТӀадегӀанас кьун. Россиялъул шагьаразда гӀумру гьабун рук1аниги щибаб соналъ риидал росулъе рачӀинчӀого рукӀунаро сахъал. Гьал къоязда гьанжесеб Сивухъ росу гӀуцӀаралдаса 600 сон тӀубай к1одо гьабизе росулъе рак1арун рук1ана къватӀир гӀумру гьабун ругел, рачӀине бажаранщинал росуцоял, гьединго Лаваша районалъул Чуни (сахъал гӀатӀиракьалде ун лъугьараб росу) росулъа гӀадамалги. Росдал юбилей кӀодо гьабуна чанго къоялъ: тӀоцебесеб къоялъ росдада баркат рещтӀине тӀобитӀана мавлид, к1иабилеб ва хадубккунисеб къояз жибго юбилей.
|
Районалъул телевизоралъухъ балагьулезда лъала гьал
ахирисел анкьаз бак1алъулаб телевидениялъул х1алт1и ч1ун хут1ун бук1араблъи.
Гьеб бук1ана нижеда рач1ел г1иллабаздалъун ккараб г1унгут1и
|
Автор.
Т1ануси росу. Хъазанбиева Шамай (Асият Г1абдулат1ипова).
Гьале дида цебе «Миллат» газеталъул т1оцебесеб номер. Гьелъул редакторалъул М. Бисавг1алиевасул цебераг1и
ц1алулаго, гьес жинцаго абухъе, унтараб миллат сах гьабизе гьел журналистазул
гъира-шавкъ бихьидал, йохизе бач1ана.Ама гьеб батана, гьадингоги чучлъараб миллат дагьабги
чучлъизе т1амураб иргадулаб гали.
|
Автор.Пат1имат Мух1амадова.июнь 2011 год.
Гьал г1агарал къоязда гIорхъалаби ц1унулезул Хунзахъ отрядалъул командир С. В. Ниценкол, «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер ХӀ. М. Дарбишевасул бет1ерлъуда гъоркь х1урматияб делегация щвана Хунзахъ росулъа бах1арчи, араб соналъул август моц1алда вах1шиял гъачагъазул квердасан цунт1адерил рохьахъ къадаралде щварав, прапорщик Х1асанх1усейнов Мух1амадил эбел-инсухъе гьоболлъухъ.
|
Автор.
ТӀАЛХӀАТ АХЪБЕРДИЕВ, Кизилюрт шагьар.
июнь 2011 год.
Шамсудинова Пат1имат Х1амзатовна гьаюна ва г1уна Хунзахъ районалъул Буц1ра росулъ, учитель, К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи Шамсудинов Х1амзат Палиевичасул хъизаналда. Жиндир мунагьал чураяв Пат1иматил эмен Х1амзат Палиевичас жигараб г1ахьаллъи гьабуна К1удияб Ват1анияб рагъда, гьеб байбихьаралдаса ахиралде щвезег1ан, ва бергьенлъиги босун каранда шапакъаталгун, Ват1аналде т1ад вуссана, ва х1алт1улев вук1ана учительлъун. (Хвана 2000 соналъ).
|
Автор.Будун
Т1агьиров, рагъул ва зах1маталъул ветеран.К1арат1а
росу.май 2011 год.
Бах1арчилъиялъе
роценлъун бук1ана К1удияб Ват1анияб рагъул замана. Ват1ан ц1унизе щулияб
ниятгун къеркьана т1олабго советияб халкъ ва гьелъул къуватлъун бук1ана щивав
чиясул бах1арчилъи, жигар ва тушманасде рокьукъаб ццим.Нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1изе
цере фашистал г1емер х1адурлъана гьелъие. Гьез кверде росана Европаялъул
г1емерисел пачалихъал, гьезул бечелъи ва техника х1алт1изабуна жидерго рагъулаб
гуч цебет1езабизе. Фашистаз х1исабал гьаруна танказул, самолетазул, рагъулал
гумузул, г1арадабазул, солдатазул ва гьезул х1укму ккана къокъабго болжалалда
СССР т1аг1инабизе. Гьез х1исабалде босич1о советиял г1адамазул бах1арчилъи.
Патриотизм батана советияб халкъалъул аслияб къуватлъун. Гьелъ къезе гьабуна
фашизм ва дунялалда т1адго эркенлъи ц1унана. Гьелъие мисаллъун рехсезе бокьун
буго цо г1адатияв маг1аруласул къисмат.
|
Райадминистрациялъул
пресс-хъулухъ.
май 2011 год.
Районалъул
Собраниялъул сессиялда 2010 соналъ райадминистрациялъ гьабураб х1алт1ул
х1акъалъулъ «Хунзахъ район» муниципалияб г1уц1иялъул администрациялъул бет1ер
Х1. Дарбишевасул х1исаб кьеялдасан:
|
Автор. Гара-ч1вари гьабуна Мух1амад Патах1овас. май 2011 год.
Исана 5 маялда 85 сон
т1убана Х1ажи Х1амзатов гьавуралдаса. Г1езег1ан г1ат1идго, байрамалъул
даражаялда к1одо гьабуна гьесул юбилей нилъер республикаялдаги Москваялдаги.
Г1ахьаллъана гьенир Россиялъулги къват1исел улкабазулги машгьурал г1алимзабиги
хъвадарухъабиги политикиялгун жамг1иял х1аракатчаг1иги. Гьеб лъалеб жоги буго.
Х1ажи Х1амзатов-Северияб Кавказалдаса Россиялъул Г1елмабазул Академиялъул
т1оцевесев академик, анц1гог1ан соналъ Дагъистаналъул Г1елмияб Централъеги,
лъебергоялдасаги ц1ик1к1арал соназ Тарихалъул, мац1алъул ва адабияталъул
институталъеги нухмалъи гьабурав нилъер улка тун къват1ивехунги лъалев к1удияб
г1алимчи ва г1уц1арухъан, Россиялъулги къват1исел пачалихъазулги къадруял
г1елмиял премиязул лауреат, г1елмиялги жамг1иялги ц1ар раг1арал бат1и-бат1иял
г1уц1абазул член… кинабго рехсон бажариларо, гьеб сиях1 г1езег1ан к1удияб буго.
Гьелъул бицине г1езег1ан заман х1ажалъила.Гьеб киналъулго
г1ат1идго, мух1канго бицина Х1ажи Х1амзатовасул юбилей к1одо гьабулел
дандеруссиназдаги, газеталдагун журналазда ва цогидалги басмабазда рахъарал
г1алимчиясул х1алт1уе мустах1икъаб къимат кьурал макъалабаздаги. Х1ажиясулгун
нижер гара-ч1вари байбихьана гьесул лъимерлъиялъул биценаздасан, Дагъистан
х1айран гьабурав шаг1ирги, г1акъилги Ц1адаса Х1амзатил вас ва дунялалда
раг1арав поэт Расул Х1амзатовасул гьит1инав вац х1исабалда гьесул рак1алде щвеяздасан.
|
Автор. Расул Х1амзатов. май 2011 год.
Районалда цебегоялдаса батараб лъик1ал г1адатазул
цояб ккола Ват1анияб рагъул г1ахьалчаг1иги к1одо гьарун гьезул адаб-х1урматалда
8-9 маялъ байрамалъул тадбир т1обит1и. Т1олго районцоял, мадугьалихъ
районаздаса г1адамалги г1ахьаллъун, художественниял х1аракатчаг1азул церерахъиналгун,
спортивиял къецалгун, к1удияб рохел-аваданлъиялда уна гьел къоял Хунзахъ
т1алъиялда.
|
Автор. Написат Г1алиева.май 2011 год.
Гьал ахирал соназда гӀадатлъун
лъугьун буго тӀолабго республикаялдаго гӀадин, нилъер районалдаги мугӀалимзабазда
гьоркьоб «Рахьдал мацӀалъул бищунго лъикӀав учитель» абураб конкурс тӀобитӀи.
Гьелъул мурадлъун ккола миллатазул мацӀазде кӀвар кьей, гьел цӀуни ва церетӀезари.
МацӀалъул цебетӀеялда, гьелъул даражаялда бараб букӀуна миллияб культураги,
гьеб мацӀ бицунев инсанасул пикруги.
|
Автор. Г1обода росдал жамаг1ат.май 2011 год.
ГӀемераб мех гьечӀо ГӀобода
росдал администрациялъул бегавуллъун МухӀамадов Сидикъ ХӀажиевич вачӀаралдаса.
ГьечӀониги, гьев гӀолохъанчияс кӀудияб хӀалтӀи гьабуна советалде гьоркьоре унел
ГӀобода, Гъоркьколо ва Гозоколо росабазул гӀадамал рази гьариялъе, гьезул
мурадал т1ураялъе.
|
Автор.Г1иса Г1исаев. апрель 2011 год.
Г1емер больницабазде ккаразда лъала, рук1уна
кидадай палатаялъуре рач1инаян унтарал жидехъ балагьун ч1арал,
рохел-аваданлъигун, х1еренаб, х1алимаб раг1игун гьезухъе рач1унел тохтурзаби.
|
Баянаб бук1ахъе дагьаб цебе районалда т1обит1араб
«Лъаг1алил учитель-2011» конкурсалда т1оцебесеб бак1 ккуна Лъаг1илухъ
гьоркьохъеб школалъул биологиялъул учительница Султ1анбегова Саидаца ва гьелъие
рес щвана республикаялъул роцада т1обит1улеб гьебго конкурсалда г1ахьаллъизе.
|
Автор.
Росдал маг1ишаталъул пресс-группа. апрель 2011 год.
Районалъул росдал маг1ишаталъул управлениялда данде росана
2011 соналъул т1оцебесеб кварталалъул х1асилал. Гьениб т1оцебесеб бак1
Бакьагьеч1и росдал Дудар Г1алиевичасул, к1иабилеб Г1ахьалч1и росдал Энгельсил
ц1аразда ругел маг1ишатазе кьуна. Лъабабилеб бак1 х1арисезул «Баг1арав
партизан» ва Хунзахъ Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозазда гьоркьоб бикьана.
|
Автор.
Р. Г1амирханов, ДРялъул мустах1икъав учитель.апрель 2011 год.
Гьит1инабго гьаб макъалаялда бокьун буго дирго
байбихьул классазда йик1арай учительница Мух1амадова Хатиматил (Сергейил Хади)
х1акъалъулъ хъвазе. Умумузул аби буго кьуч1 щулияб бугони къед бихуларилан.
|
« 1 2 ... 80 81 82 83 84 » |