Г1адада
гуро Р. Х1амзатовас хъвараб: «Метер маг1арул мац1 хвезе батани, хваги дун
жакъаго жаниб рак1 кьвагьун»-ан. Эбел-инсуца жалгоги г1одорег1ан гьарун,
жидерго мац1алдаса чияр мац1 к1одо гьабулеб бугони, лъималазда г1айиб щиб?
Т1оцебе мац1 лъангут1иялъе г1айибиял руго маг1арулал-улбул. Гьанже
маг1арухъгицин умумул лъималазда к1алъалел руго г1урус мац1алда, гьеб лъач1ого
хут1илилан. Г1урус мац1алъ к1алъач1огоян гьеб лъач1ого хут1уларо!
Г1агараб
мац1алде литератураялде, т1олабго культураялде рокьи бижизабун бажарулел
чаг1илъун бищун цебе ккола умумул ва рахьдал мац1алъул учительзаби. Г1ун
бач1унеб г1елалъе рух1ияб тарбия кьеялъе, гьел г1аданлъи, ях1-намус чорхолъ
бессараллъун лъугьиналде, г1адлу низам, иман бугеллъун куцаялде к1удияб к1вар
кьола нижер школалда.
Дида
ккола гьеб кинабго цадахъ жаниб бачараб поэмалъун кколин Ц1адаса Х1амзатил
«Г1умруялъул дарсал»-ян.
Гьединлъидал
дида лъик1аблъун бихьула ц1алдохъабазда ц1иял тетрадазда хъвазе гьабизе 15-20
куплет поэмаялъул. Ц1алдохъабаз жиб-жиб дарсиде лъазе гьабун бач1уна цо-цо
куплет. Гьедин цо чанго нухалъ хъвани лъаг1алил ахиралда гьезда гьеб поэма
рек1ехъе лъала.
Гьеб
поэмаялъул щибаб мухъилъ буго лъималазе малъа-хъваял. «Г1умруялъул дарсаз»
лъимал, х1атта к1удиялгицин ах1улел руго лъик1алда къвал базе, квешалда мал
базе.
Рекъал-бецал,
заг1ипазде
Зияратал
г1емер гьаре,
Заманаялъ
мугъ рехарал
Харабазда
гурх1ел гьабе.
Хал
гьабун бихье Ц1адаса Х1амзатида батун бугеб рек1елъе бортулеб х1урмат
гьабиялъул хит1аб. Гьеб поэма кидагосеб заманаялъул поэма бук1ин нилъеда киназдаго
бихьула ва бич1ч1ула гьеб ц1алараб мехалъ. Гьеб поэмаялъул мисалалдалъун ругьун
гьаризе бегьула лъимал г1адамазда гъорлъ г1умру гьабизе, г1исиназе кумек
гьабизе ва лъик1ал г1адамаллъун г1умру т1амизе. Дица ц1алдохъаби реэдаралг1ан,
гьел дарсида лъик1 х1алт1ула, х1аракатчилъи бихьизабула. Творчествоялде рокьи
бижизабизе х1аракат бахъула, жив-жив хъвадарухъанасул г1умруялъул х1акъалъулъ
интересал баянал ц1алидал.
Дида
ккола лъималазе тарбия щвеялъе пайдалъун бук1унин хъвадарухъабазул творчество
гъваридго лъазабуни. Гьезул г1умруялъул цо-цо лъугьа-бахъинал, хъвадариялъул
хаслъаби рицани, лъималаз гьелдаса лъик1абщинаб босила. Кинха мунпаг1ат
гьеч1ого бук1унеб Инхоса Г1алих1ажиясул творчествоялда т1ад х1алт1улеб мехалъ?
К1удияб к1вар кьезе ккелин ккола Г1алих1ажиясул кицабиял алфазазде, гьесул
куч1дузул мухъал кицабилъун т1ирит1ун ругелъул халкъалда гьоркьор. Киналго
кицабазул бицинарин, цох1о гьаб кици г1еларищ, гьадиг1ан гъваридаб маг1на
гъорлъ бугеб:
Зах1мат
бихьич1ого рах1ат бокьарас,
Бекьич1ого
лъилъе нилъ гьеч1ого хур.
Ц1акъго
машгьураб буго гьесул «Хъах1аб рас» абураб кеч1. Гьелъги бич1ч1изабулеб буго
херлъизег1ан щивав чи жиндир заманалда, халкъалъе г1емераб лъик1аб х1алт1иги
гьабун, хъах1аб рас баккиялдаса нечолареб куцалда вук1ине ккеялъул.
Г1алих1ажиясул сатириял куч1дул ккола: «Гьекъел-мехтел», «Исрапчиясде», «Яс
бечедасе кьезе бокьарасде» ва гь.ц. Гьес гьел куч1дузулъ къват1ир ч1вазарулел
руго чияр гъин кваналел бечедал, мискинзаби гуккулел будун-дибирзаби, ниг1мат
исрап гьабулел, мехтун г1адаллъулел.
Г1алих1ажияс
жиндирго лирикаялъулъ гвангъун бицунеб буго г1адатай маг1арулалъул
берцинлъиялъул, недегьлъиялъул, х1еренлъиялъул, х1алт1улъ бажариялъул,
г1аданлъиялъул, къох1ехьеялъул, къвак1иялъул, рух1ияб бечелъиялъул х1акъалъулъ.
Программаялда рихьизарурал асаразда г1ей гьабун ч1езе
бегьуларо учитель, ц1алдохъабазул маг1арул адабияталде рокьи бижизабиялъул
ишалъулъ къват1ире рахъарал ц1иял т1ахьал,газет-журналал-гьел
киналго ч1езе ккола муг1алимасе божарал кумекчаг1илъун, х1алт1уе пайдаяб
жидедаса босулел алаталлъун.
Дица
школалде г1емер росула лъималазе ц1ализе «Х1акъикъат», «Росдал зах1матчи»
маг1арул мац1алда рахъулел газетал, «Гьудуллъи» журнал. Класстун къват1исеб
ц1алиялъул дарсида малъизе бегьула куч1дулги, харбалги, ц1езе регьулел
кроссвордалги дагьалищ гьезда рук1унел. Х1алт1улъ к1удияб кумек бук1уна
«Муг1алим» гьумералъулги.
Рахьдал
мац1 ц1унизеги, лъималазе гьеб бокьизабизеги ккани, х1алт1изаризе ккола киналго
ресал, гурони, метерисеб къоялъ нилъ рек1екълъизе ккезе бегьула нилъерго миллат
лъуг1ун ине теялдаса.
|