Дагьал церег1ан соназ СССРалда абулаан ц1алдолезул улкаян.
Лъик1аб т1охьода хадуб библиотекабазда очередалда хъвалеб замана лъала нилъеда.
Интеллигенция г1емераб, ц1алдолел г1адамазул район бук1ана Хунзахъги. Кинаб
х1ал бугеб жакъа? Дагьлъун бугищ ц1алдолезул къадар? Жакъа ц1алдолел кинаб г1ел
кколеб? Щиб гьез ц1алулеб? Аваразул авторазул литератураялде т1алаб бугищ
ц1алдолезул? Гьединал суалалгун дун гьал къояз щвана районалъул централияб
библиотекаялде (ЦБ). Гьел ва цогидалги суалазе дие жаваб кьуна З. Х1амзатовалъ.
З. Х1амзатова йиго х1албихьи бугей библиотекаялъул х1алт1ухъан. 1976 соналдаса
байбихьун, х1алт1улей йиго гьей библиотекаялда т1ахьал ц1алулезе хъулухъалда.
З. Х1амзатовалъ лъуг1изабуна библиотекаразул техникум. Лъалеб ва бокьулеб буго
жиндирго х1алт1и.
Гара-ч1вариялда гьединал баянал кьуна мухбирасе З.
Х1амзатовалъ.
Лъаг1алие 3000 г1анасев чияс босулеб буго ц1ализе т1ехь.
2011 соналъ т1ахьал ц1алулезул къадар, цересел соназде данде ккун, дагьабго
ц1ик1к1ун буго. Лъаг1алие библиотекаялде рач1унеб къадар (посещений) 21
азаргоялде бахунеб буго. Гьелъул маг1на ккола щибаб къоялъ библиотекаялде
гьоркьохъеб къаг1идаялъ 57 чи вач1унев вугин абураб. Щалха гьел кколел?
Аслияб къаг1идаялъ гьел кколел руго ц1алдохъаби ва
студентал-заочникал. Гьел рач1унел руго библиотекаялде рефератал, контролиял ва
курсазулал х1алт1аби х1адуризе. Гьезие х1ажатаб материалги бугила
библиотекаялда. Ахириял саназ ц1ик1к1анила гьезие х1ажалъулеб социологиял,
политикиял, экономикиял темабазда, правоялда хурхараб литература. Хунзахъ
гьоркьохъел школазул цо-цо учительзаби рач1унел руго жидерго ц1алдохъабигун
бит1ахъего библитекаялда дарсал кьезеги. Т1ехьгун х1алт1изе ц1алдохъан ругьун
гьавизе лъик1аб форма батун бугин учительзабаздаян рак1алде ккана дида. Гьеб
гуребги т1охьол пропаганда гьабизеги лъик1аб формалъун бук1ина гьеб.
Х1албихьарал, рахъи бугел т1ехьалъул пропаганда гьабулел
формаби руго ЦБялъул. Щибаб соналъ ЦБялъ т1орит1ула Расул гьавураб соналда,
«Хъах1ал къункърабазул къоялда» хурхарал тадбирал. Гьел къоязда хурхун гьарула
к1удияв поэтасул творчествоялда хурхарал вечерал, поэтасул асаразул выставкаби.
Дагъистаналъул ва Россиялъул машгьурал хъвадарухъабазул творчествоялда хурхун
т1орит1улел дандеруссинал г1уц1улел руго гьенире рач1арал разияб,
хъвадарухъабазул творчествоялде интерес ц1ик1к1унеб куцалъ. Т1обит1ун буго
Салтыков Щедринил творчествоялдасан вечер. Г1уц1ун буго «Есенинские чтения».
Гьел къоязде х1адурулаго цебеккунго гьарулел руго хъвадарухъабазул асаразул
выставкаби. Выставкаби гьарулел руго ц1иял рач1арал т1ахьазулги.
ЦБялъул аслиял ц1алдолеллъун кколел руго г1олохъанаб г1ел.
Г1олохъаби ц1алдолел рук1ин рохизе ккараб х1ужжа бугоан. Амма пашман гьавулев
вуго гьез г1урус ва советияб классикал Пушкин, Лермонтов, Тургенев, Шолохов ва
гь. ц. Ц1алич1ого, г1олохъабазул моралалдеги г1амал-хасияталдеги
хьвада-ч1вадиялдеги квешаб асар гьабулеб гьанжесел детективалги, рокьул
романалги ц1алулел рук1иналъги. Маг1арулазе данде кколареб, хасиятаб гьеч1еб,
г1амал-хасият куцала ч1вай-хъвай, би, хъах1балъи, зиначилъиги гьарзаяб
коммерциялъул мурадалда хъвараб гьеб тайпаялъул литератураялъ ва искусствоялъ.
Гьайгьай, библиотекарасда бажариларо жакъасеб г1олохъанлъиялъул телевизоразги,
интернетазги т1адч1ун, к1вах1-свак тун куцалел ругел лъик1аллъун рик1к1унарел
интересал хисизарун. Цебесеб макъалаялда рехсон бук1ана ЦБялда ц1акъ дагьлъун
бугин авар авторазул асаралан. З. Х1амзатовалъ абуна Дагъистаналъул, хасго аваразул
литература гьеч1ин абун ц1алдолел нахъч1вазе, бит1ахъе намуслъун йик1унилан.
Ц1акъ г1емер ц1ехолила Мусал трилогия «Ч1ег1ераб гамач1». Ах1мадхан Абубакаровасул
хабариял асарал. Амма гьел гьеч1о библиотекаялда.
Цох1о литература гуребги т1олабго культураго чорок гьабун,
кризисалъул ах1вал-х1алалде ккезабун бажарана «демократияйин» ц1ар лъураб гьаб
г1алагъважаялдаги хъублъиялдаги.
P.S. Гьаб материал хъван лъуг1идал, лъана мунагьал
чураяв Мусал васаз жидерго харжаздалъун нилъеца т1адехун рехсараб трилогия,
«Къисас», «Кьалбаз ккола гъут1би», «Лъукъарал кьураби» (гьединаб низамалда рук1анищ
трилогияли к1очон буго) ва цогидалги асарал печаталде х1адурулел рук1ин. Мусал
творчество бокьулезе гьеб бук1инаан къиматаб сайигъатлъун. Хьул буго ЦБялъги гьел къват1ире рач1иналда хадуб хъаравуллъи
ккун, асарал ричун росизе х1аракат бахъилилан. Кинаб библиотекаялде щваниги,
Мусал асаразде г1адамазул ц1ик1к1араб т1алаб бук1иналъул бицуна.
Г1иса Г1исаев.
|