Главная » Архив материалов
Автор.Г1иса Г1исаев.Март 2012г.
Абула заман хисун бугин, заманаялъ г1адамалги хисизарун
ругилан. К1оларо гьелда разилъизе. Заман добго буго. Суткаялъе буго добго 24
саг1ат, лъаг1алие-365 сутка. Бакъги добасанго баккула, добасанго т1ерхьуна. Хисана
пачалихъалъул г1уц1и-нилъ рачун гъуна хъант1араб г1орц1и лъалареб,
ц1огьабазулги жулик1азулги капитализмаялде. Г1емерал балагьазде бачана г1алам
гъурущ кьоч1ое лъун г1уц1араб капитализмаялъ. Цойгидал г1адамазулго г1адин,
хисана бекьеч1дерил г1умру.
Ц1иял шарт1азда, гьаб баракат бахъараб заманаялъ, росдае
цебехъанлъи гьабулеб буго. 30 соналъул г1умруялда вугев г1олохъанчи
Г1абдулбасиров Мух1амад Жамалудиновичас. Гьесул буго т1адег1анаб лъай.
Мух1амадилги дирги бук1араб рак1-рак1алъул гара-ч1вари кьолеб буго гъоркьехун.
|
Автор. Г1иса Г1исаев.Март 2012г.
Дагьал церег1ан къояз гьоц1дерил г1арцул устарзабазул
х1акъалъулъ телепередача г1уц1изе Мах1ачхъалаялдаса рач1арал гьалбалгун СМИязул
Централъул нухмалъулев Х1амзат Мух1умаевги гьал мухъазул авторги щвана
Гьоц1алъе. Ц1идасан х1икмалъизавуна гьоц1дерил устарзабазул махщелалъ, вохизавуна
гьоц1дерил художественниял т1аг1алабазул комбинат биххизабуниги, гьеб г1ажаибаб
махщел нахъе ц1унун хут1ун бук1иналъ. Бокьун буго гьеб махщалил кьолболъе
ваккун цо чанго мухъ хъвазе.
|
Автор.
Баширова Х1. культураялъул рукъалъул директор.Март 2012г.
Гьоц1алъ культураялъул рукъалъул х1алт1ухъабаз кидагосеб
к1вар кьола К1удияб Ват1анияб рагъул ва цогидал рагъулал тунка-г1усиязул
г1ахьалчаг1и байрамалъулал тадбирал т1орит1ун к1одо гьариялъе. Гьедин
Афганистаналъул рагъул г1ахьалчаг1азул х1урматалда Ват1ан ц1унулезул къо-23
февралалде т1обит1араб тадбир ана рохалилаб ах1вал-х1алалда. Дандеруссин
г1уц1ун бук1ана Гъоркьагьоц1алъ росдал библиотекаялъул х1алт1ухъабиги г1ахьал
гьарун.
|
Автор.
Халилбегов М-Х1.Март 2012г.
Дида г1емер раг1улаан бицунеб Харахьи участкаялъул
больницаялъул х1акъалъулъ. Раг1улаан г1емерал рецц-бакъалъул раг1аби гьенир
х1алт1улел ругел тохтурзабазул ц1аралги
рехсон, толаан гьеб батилин жидер сахлъи гьениб лъик1аб даражаялде бач1индал
роххиялъ бицунеб понц1ораб хабарилан.
|
Автор.
Х. Г1абдулкъадирова, СДКялъул директор.Март 2012г.
23 февралалъул х1урматалда т1обит1араб вечералде ах1ун
рук1ана Чачан рагъулал тунка-г1усиязул г1ахьалчаг1и-ветеранал, Г1арани бугеб
погранотрядалда хъулухъ гьабулел ва цогидалги. Байрам баркун к1алъаял гьаруна
Х1ариколо росдал бегавул Х. Макъсудовас, Чачан рагъул г1ахьалчаг1и Н.
Малламух1амадовас, Х1. Г1абдулкъадировас, погранотрядалдаса А. Къебедовас,
Х1ариколо СДКялъул директор Х. Г1абдурах1мановалъ.
|
…Аваразул поэзиялда Г1абасил Мах1амад вуго г1иц1го Г1абасил
Мах1амадида релълъарав поэт. Гьесул буго жиндирго нух, жиндирго хат1, жиндирго
раг1и.Гьесул куч1дул ц1алулаго нилъеда раг1ула Г1абасил Мах1амадил
гьаракь, бихьула Г1абасил Мах1амадил къисмат, якъинлъула Г1абасил Мах1амадил
г1умру, рагьула гьесул рух1ияб дунял, к1алъала даимаб х1алхьигьеч1олъи,
х1акълъула рек1ел бах1арчилъи, бич1ч1ула чилъи ц1унизе, инсан инсанлъун хут1изе
поэтасул жугьабаз балеб ах1и…
К1удияв Расулил маг1на гъваридал гьал раг1абаздалъун байбихьулеб буго маг1арулазул шаг1ир, Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мах1амад гьавуралдаса 80 сон т1убаялда хурхун исана районалъул школлъималазда гьоркьоб «Г1абасиласул сонлъун» лъазабураб конкурс. Жакъасеб номералда кьолел руго Харахьи ва Гьамущи гьоркьохъел школазул ц1алдохъабаз х1адур гьарурал материалал. Гьанибго нужеда ратила Мущулиса Х1осенил Мух1амадица Г1абасиласе, Савдатие сайигъат гьарурал куч1дулги.
«Росдал зах1матчи» газеталъул коллективалъги баркула шаг1ирасда 80 сонилаб юбилей ва жеги бащдаб г1умруялъги жигар-жаналда гьес хъварал асарал ц1ализе рук1ин мурадгун рагьулеб буго жакъасеб рубрика.
|
Автор.Написат Г1алиева.Март 2012г.
Гьал къоязда районалъул лъималазул библиотекаялда
т1обит1ана Афгъанистаналда рагъулаб хъулухъги т1убан т1ад руссарал
Г1абдулкъадиров Х1ажимурад Г1абдулвах1идовичасулгун, Мух1амадов Мух1амад
Г1ариповичасулгун дандч1вай. Гьеб х1адурун бук1ана библиотекаялъул
х1алт1ухъабазда цадахъ хъизаназе ва лъималазе социалияб кумек гьабиялъул
централъул психологиялъулгин педагогикияб отделалъул (ЦСПСД) х1алт1ухъабазул
нухмалъиялда гъоркь.
|
Ц1алулъги, хьвада-ч1вадиялъулъги, ч1ах1иязул
адаб-хъатир гьабиялъулъги ц1алдохъабазул х1аракатчилъи борхизабиялъул мурадалда
г1емераб ва кидагосеб х1алт1и гьабула Уздалросулъ гьоркьохъеб школалъул
учительзабацаги, умумузги. Школалда г1емер т1орит1ула х1алт1ул ветераназулгун,
школалда гьоркьохъеб лъайги босун гьанже бат1и-бат1иял х1алт1абазда ругел
мисалияб хьвада-ч1вадиялъул г1адамазулгун дандч1ваял. Учительзабазул
коллективалъ школалда дарсал кьей гуребги гьоркьоса къот1изе толаро
ц1алдохъабазул умумузулгун гьабулеб х1алт1и, жалго ц1алдохъабазги т1орит1ула
бат1и-б1ат1иял темабазда вечерал, анкьал.
|
Автор.Хисаметдинова Сулпан,Гимбатова Джамиля, 7 кл.Ученицы Аранинской средней школы.
1. Цебесезул кьеразулъ.
2.
Сколько у нас генералиссимусов.
3.
Орден
«Победа».
|
Автор. Районалъул администрациялъул бет1ерасул пресс-секретарь Г1.
Г1исаев.Март 2012г.
«О ходе разграничения работ по разграничению муниципальной
собственности на землю в районе», «Об установлении опеки над
несовершеннолетними Хайбулаевым Русланом Музалалиевичем и Хайбулаевым Музалали
Музалалиевичем, Абдулаевым Магомедов Абдулаевичем и Абдулаевой Патина Абдулаевной,
Далгатовым Шамилем Шамиловичем и Далгатовым Магомедали Шамиловичем» абурал
суалалгун 22 февралалда данделъана «Хунзахъ район» МОялъул администрациялъул
коллегиялъул данделъи.
|
Автор.
Халилбегов М-Х1.Март 2012г.
Микьабилеб марталъул х1урматалда роххалилаб тадбир
т1обит1ана Моч1охъ гьоркьохъеб школалда. «Жея ясал» абураб ах1иялда гъоркь гьеб тадбир т1обит1изе моц1алъго цебе
х1адурлъана ясаздасан г1уц1араб к1иго команда.
|
Автор.
«Бит1араб тарбия» абураб т1ехьалдаса буссинабураб.
Бит1араб бицани, берцинго рет1а-къарай, х1еренай, сабурай
ясалъухъ балагьизе г1емерго лъик1 бук1ана. Гьединал ясал цо-цо мехалда
маргьабалъ рук1унел принцессабазда (х1урулг1ин) релъуна.
|
Автор.П.Х1ажиева.Г1арани школалъул учительница.Март 2012г.
Ват1ан ц1унулезул къоялде Г1арани гьоркьохъеб школалда
т1обит1ана байрамалъулаб тадбир. Школалде лъималгун дандч1вазе ах1ун вук1ана
Х1айбулаев Мух1амадрасул. Гьес бицана рагъул заман жиндир лъимерлъиялде
кканилан: «Дун вуго рагъул лъимер».
|
Автор.Г1абасил Мах1амад.Март 2012г.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Март 2012г.
Хунзахъ т1алъи Дагъистаналда бищунго квачараб бак1
бук1ин лъиениги балъголъи кколаро. Хаселги гьаниб 7 моц1алъниги халалъула.
Риидалил бакьулъ г1азу баялъги гьанив щивниги г1ажаиблъизавуларо.
|
« 1 2 ... 78 79 80 81 82 ... 87 88 » |