Бит1араб бицани, берцинго рет1а-къарай, х1еренай, сабурай
ясалъухъ балагьизе г1емерго лъик1 бук1ана. Гьединал ясал цо-цо мехалда
маргьабалъ рук1унел принцессабазда (х1урулг1ин) релъуна.
Тарбия щварал ясал ц1акъ берцинго к1алъала лъалелги, лъаларелги
г1адамалгун. Гьел киданиги ах1доларо ва къацандуларо, абуларо хъач1ал, сурукъал
раг1аби. Цойги кинайха йик1ине кколей унго-унгояб тарбия щварай яс? Гьединай
ясалда эбелалъ гьарани, гьит1инав
вацасда яги яцалда хадуб хал гьабеян. Гьелъ гьел йохуца холаго хьихьизе ккола,
ах1ила кеч1, кьела карш, расанк1абиги кьун руссине гьарила.
Тарбия щварай яс рокъой унго-унгояй хозяйка ккола. Гьелъ
киданиги жиндирго т1ахьазда яги столалда т1ад х1ур толаро, кванан яхъун хадуб
ц1а-раг1 чурула, рукъ бац1ц1уна, т1угьдул лъалъала, картошкаялдаса хъал
бахъула, жиндирго фартук яги щватаби чурула. Гьединай яс киданиги гогьдарула.
Гьудулзабигун кидаго йоха-хинлъун йик1уна ва кидаго т1алаб-агъаз гьабула
г1агаразул. Узухъда, гьединай яс киназего йокьизе йиго.
Васалги ясалги рук1ине ккола цоцазда гъорлъ лъик1, рит1ухъал
гьудулзабилъун.
Гьудулзаби нилъеда лъалеб бук1ахъе-ц1унизе ккола. Гьелгун
киданиги рагъизе, къацандизе бегьуларо. Ясалгун х1еренго рук1ине ккола. Тарбия
щварав васас кидаго автобусалда бук1аниги, трамваялда бук1аниги г1одор рук1ине
бак1 кьезе ккола ясазе. Васал ясалги рахъун ч1ун киданиги столалда нахъа г1одор
ч1езе бегьуларо.
Тарбия щварав васас кумек гьабула эбелалъе, к1одоэбелалъе
рокъоб х1алт1и гьабизе.
Дурго гьудулзаби г1емерлъизе ккани, киданиги хъач1го
к1алъаге гьудулзабазда. Гьезда цере ккарал ц1аралги лъоге. Гьел тенкезаризе
гьезда кьабизе лъугьунге.
К1очон тоге гьудул-гьалмагъзабазда берцинго к1алъазе. Сундуялиго
г1оло мун гьудулгун барщани, жигар бахъе гьесда т1аса лъугьине. Ццим бахъунге.
Гьудулас дуда гьарани кинаб бук1аниги т1ехь ц1ализе, расанк1о х1азе кьеян
гьесие инкар гьабуге. Барахщуге. Дуда лъихъаниги ц1ализе т1ехь босун бук1ун
батани, гьеб хвезабуге, духъе кьураб х1алалда т1адги буссинабе.
«Бит1араб тарбия» абураб т1ехьалдаса буссинабураб.
|