Воскресенье, 19.05.2024, 02:44 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 21 » М. Г1АБДУЛБАСИРОВ «ДИР АСЛИЯБ МУРАД-РОСУ ГЪУНКИЗАБИ»
18:40
М. Г1АБДУЛБАСИРОВ «ДИР АСЛИЯБ МУРАД-РОСУ ГЪУНКИЗАБИ»

Росабалъ г1аммал маг1ишатал г1уц1изе байбихьаралдаса росуги районги машгьур гьабурал г1адамазул росу бук1ана Бакьагьеч1и. Зах1мат бокьулел, к1вах1-свак гьеч1ел хурухъабаз, г1и-боц1ухъабаз бечед гьабун бук1ана К. Марксил ц1аралда бук1араб колхоз Бакьагьеч1и г1уна машгьурал г1алимзаби, учительзаби, врачал, халкъалъе жидеца рак1бац1ц1адаб хъулухъ гьабурал, халкъалъул унго-унгояб адабалъеги, рокьуеги мустах1икълъарал росдал церехъаби. К. Марксил ц1аралда бугеб колхоз бечелъиялъулги цебет1еялъулги т1огьибе бахинабурал Горол Г1абдулкъадирил, РАЙЗО Г1умарил (дица гьезул х1акъалъулъ «Х1акъикъат» газеталда хъван бук1ана) Дударил ва гьез нухмалъи гьабураб колхозалъул бекьеч1дерил дол соназул колхозчаг1аз бадиб маг1у хулун бицуна. Бажарарал, рит1ухъал, халкъалъе г1оло рух1ги сахлъиги кьун х1алт1арал церехъабаз гъункизабун, цолъизабун бук1ана росуги росдал г1адамалги. Рук1инч1о гьанже гьадинал рикьаби, дандеккунгут1иял.

Абула заман хисун бугин, заманаялъ г1адамалги хисизарун ругилан. К1оларо гьелда разилъизе. Заман добго буго. Суткаялъе буго добго 24 саг1ат, лъаг1алие-365 сутка. Бакъги добасанго баккула, добасанго т1ерхьуна. Хисана пачалихъалъул г1уц1и-нилъ рачун гъуна хъант1араб г1орц1и лъалареб, ц1огьабазулги жулик1азулги капитализмаялде. Г1емерал балагьазде бачана г1алам гъурущ кьоч1ое лъун г1уц1араб капитализмаялъ. Цойгидал г1адамазулго г1адин, хисана бекьеч1дерил г1умру.

Ц1иял шарт1азда, гьаб баракат бахъараб заманаялъ, росдае цебехъанлъи гьабулеб буго. 30 соналъул г1умруялда вугев г1олохъанчи Г1абдулбасиров Мух1амад Жамалудиновичас. Гьесул буго т1адег1анаб лъай. Мух1амадилги дирги бук1араб рак1-рак1алъул гара-ч1вари кьолеб буго гъоркьехун.

-Мух1амад, Бакьагьеч1и г1адаб лъай бугел г1адамал г1емераб росдал бет1ерлъиялде щиб мурадгун мун вач1арав? Т1убалеб бугищ дур мурад?

-Рищияз ва колхоз сабаблъун ц1акъ гъункараб бук1араб росу бикь-бикьизабун буго. Дир аслияб мурад буго росу, хасго г1олохъанаб г1ел-росдал бук1инесеб, цолъизе, гъункизе гьаби. Гъункараб, цолъараб росдада к1ола жамаг1аталъул ч1ах1иялги зах1малъаби, къварилъаби къезаризе, лъуг1изаризе. Г1адада гурелъул росдал газа кьурда рек1унилан аби бугеб. Гъункиялъе, цолъиялъе кьуч1лъун бук1ине ккола росдал бищун жигараб, бажарараб бут1а-г1олохъанаб г1ел. Г1олохъабазул жигарги, жанги, бажариги, ч1ах1ияб г1елалъул г1умруялъул х1албихьиги г1акълуги жубазабизе къасд буго дир.

-Бажарулеб бугищха дуда гьеб къасд раг1алде бахъинабун?

-Жеги, абухъе, къо радалго буго. Х1алт1изе лъугьунги цо лъаг1елги моц1алги гурого ун гьеч1елъул. Дагьабниги багъа-башари лъугьун бугин ккола дида. Гьаб квачараб хасалоги г1олохъаби спортзалалде хьвадулел руго. Гьел ругьун гьарулел руго волейболалъе ва реч1ч1ухъ лъугьине. Столалда т1ад х1алеб теннисалъе гьабуна 3 стол. Гьединал цадахъал ишаз г1олохъабазулъ гьудуллъи, вацлъи бижизабула, гьел къват1ул квешаб асаралдаса, гьекъел-мехтелалдаса рат1а гьарула, гьезул жигарги къуватги пайдаяб ишалде буссинабун бажарула. Волейболалъе г1олохъаби ругьун гьарулел руго машгьурал волейболистал М. Шаг1бановас ва А. Дибировас. Хъутаналда г1олохъаби спорталде ц1аялъе жигар бахъулеб буго росдал администрациялъул хъутаналда вугев заместитель Х-М. Х1усеновас. Маг1арухъ ва хъутаналда ТУОялда 1-себ бак1алги ккун, волейболистазул командабаз бекьеч1 рохизаруна. Рак1алда буго г1олохъаби х1алт1и-ишалде руссинаризе. Гьеб ишалъулъ бицине х1асил кколеб гьеч1о-2 чиясе гурого х1алт1и балагьун бажарич1о.

-Хъутаналдаги маг1арухъги руго лъайкьеялъул, сахлъи ц1униялъул ва культураялъул 9 идара. Гьезул кинал зах1малъаби ругел?

-Т1оцебесеб иргаялда, х1ажат буго ремонт: хисизе кколеб х1алалда руго гордал. Масала, чара гьеч1ого ремонт гьабизе кколедухъ буго маг1арухъ школалъул щитазулаб корпус, хъутаналда бугеб культураялъул рукъалъул чердак хисич1ого г1олеб х1ал гьеч1о. Маг1арухъ садикалда гьеч1о лъим, х1ажат буго пищеблок г1ат1ид гьабизе. Исана т1урччи ц1улалъул рук1ана зах1малъаби.

Нижер ругел проблемаби лъала райадминистрациялъул бет1ер Х1. Дарбишевасда. Гьес бажарараб кумек гьабизе раг1и кьун буго.

-Бекьеч1дерил колхоз (СПК) буго лъик1аланго ресалда бугеб маг1ишат. Хъутаналда ругел колхозалъул членазе х1ухьбахъиялъе бугеб клубги, сахлъи ц1униялъе бугеб ФАПги, маг1арухъ садикалде лъимги колхозалъ щай бачине кколареб? Гьел идарабаз бекьеч1дерие гурищ хъулухъ гьабулеб бугеб?

-Гьайгьай, рехсарал ишазе колхозалъул рес буго, колхозалъул председателасе бокьани, рехсарал идарабазул г1узраби лъуг1изаризеги бажарилаан. Квеш ккараб жо буго бокьунгут1и. Колхоз г1уц1арал, гьеб бечед гьабурал машгьур гьабурал г1адамалин абун бекьеч1дерие колхозалъул бигьалъи-т1ок1лъи щибго гьеч1о.

-Росдал г1адамазе, абилин, колхоз бечелъиялъулги машгьурлъиялъулги борхалъуде бачарал пенсионеразе щиб пайда бугеб жакъасеб колхозалъул?

-Жидецаго г1уц1араб, бечед гьабураб колхоз жеги ц1унун хут1иялъул рохел хут1ун буго гьезие. Т1ок1аб бат1ияб кепкил пайда гьеч1о. Гьайгьай, доб цебе г1адинаб бечелъи, г1адлу-низам гьеч1олъиялъ пашманги гьарулел руго цебесеб колхозалъул членал-лъие бокьилеб жинцаго бараб мина биххизабизе.

-Колхозалъул (СПКялъул) кьоч1окь буго цересел умумузул г1и-боц1и, хур-хер, г1адатаб х1алт1ул аллатцин: пуруц-рукь ва гь. ц. Гьезул лъималазул бак1аб зах1мат, г1ет1, сахлъи. Гьез г1уц1ана Бакьагьеч1и колхозалъул к1удияб бечелъи. Гьезул зах1маталдалъун, г1ет1алдалъун мустах1икълъун бук1ана К. Марксил колхоз рецц-бакъалъе, машгьурлъи-ц1аралъе. Гьанже законияб гуреб СПКаян ц1ар лъураб х1акъикъаталда гьеблъун кколареб маг1ишаталъ гьеб х1акъикъиял бет1ергьаби гьелдаса мах1рум гьари рит1ухъаблъун рик1к1унищ дуца?

-Х1акъикъаталдаги, СПК г1уц1иялдалъун к1удияб бечелъиялдаса мах1рум гьаруна гьелъул бет1ергьаби-цересел колхозникал. Жакъасел колхозниказе щолеб мухьги ц1акъго г1одог1анасеб буго. Цере гъираялда гьабулеб бук1араб х1алт1и жакъа рескъот1араз гурого гьабулеб гьеч1о. Масала, колхозалъул вехьлъи, дояркалъи бук1ана х1урматаб иш, жакъа гьел ишал т1уразе г1адамал щвезе зах1матаб иш, жакъа гьел ишал т1уразе г1адамал щвезе зах1матаб иш буго, мухь дагьаб бук1иналъ. Цебе бах1арчияб зах1маталдалъун колхозалъул бечелъи г1уц1аразеги жакъасел колхозниказеги колхозалъул ниг1матал ричулел руго базар багьаялде. Жидерго росдал г1адамазеги мадугьалихъ росабазул г1адамазеги ниг1матал цого багьаялда ричи колхозникал,росдал жамаг1ат инжит гьаби, т1ад релъи ккеларищ? Бакьагьеч1и вахъана Россиялъул чемпионги Европаялъул к1иго призерги. Колхозалъ цо гьит1инаьниги данделъи г1уц1ун гьел к1одо гьарич1олъи росуги росдал г1адамалги рик1к1унгут1и кколарищ?

Байбихьудаго дица абуна дун жамаг1ат гъункизаби мурадгун вач1ун вугилан. Дир хьул бук1ана сабруялда, г1одоре риччан колхозалъул председательгун г1аммаб мац1ги батун, маг1ишаталъул бечелъиялъул бут1а гьеб бечед гьабуразеги росдал жамаг1аталъеги пайдаялъе буссинабун бажаризе. Гьанжелъаг1ан гьеб дида бажарич1о. Гьедин бугониги росдал рикьаби г1емер гьабиларилан дун вуц1ун ч1ун вук1ана лъаг1елги хадугиялъ. Марталда буго колхозалъул председателасул отчет. Гьениб дица т1алаб гьабизе буго щибаб соналъ обороталъул 3 процент жамаг1аталъе пайдаялъе. Председатель разилъич1они, суал бат1айиса лъезе буго.

-Бекьеч1дерица, анкьумумулъанго машгьурал г1ияхъабаз г1и-боц1и дагьлъизе биччалебцин гьеч1ищ?

-Г1еме-г1емераб г1и-боц1и маг1арухъ хьихьун гьеч1о: гьоркьохъеб къаг1идаялъ 15-20 лемаг бук1унеб батила. Кинабниги маг1арухъ 1300 бет1ер буго (цодагьал соназ цебеги маг1арухъ иргадал г1иялъ бук1ана 3000 бет1ер г1и-ц1аназул П. П.). Ч1ег1ер боц1иги маг1арухъ г1емер гьеч1о: гьезул къадар 250 гурого бахунаро. Хъутаналъул г1адамаз хьихьун буго аслияб къаг1идаялъ ч1ег1ербоц1и. Хъутаналда г1адамазул бет1ербахъи рахь ва рахьдал ниг1матал ричун гьабулеб буго.

-Кагътил гурел х1акъикъиял ниг1матал г1езарулеб г1адамазе х1алт1и кьолеб г1исинаб предпринимательство гьеч1ищ Бакьагьеч1и?

-Мухьдахъ ккурал г1адамал х1алт1улел предпринимателал Бакьагьеч1и гьеч1о. Жидерго хъизамалъулаб ишалъул г1адамалги дагьал руго. Буго 1 пекарня, 1 мебель къач1алеб мастерская ва Г1аранире ричаризе хьвадулел дагьа-макъалго г1адамал. Буго 10 г1анасеб фермеразул маг1ишатги.

-Цебе Советалъе кумекалъе бук1ана бечедаб колхоз, росдал лъик1алщинал г1адамал цолъараб партком. Колхозалъ бачунаан лъим, къач1алаан нухал, ай жамаг1аталъе х1ажатабщинаб жо жиндего босун бук1ана колхозаз. Бич1ч1улеб буго колхозалъул дуй кумек гьеч1олъи. Жакъа лъиде дуца мугъч1вай гьабулеб, щал дур кумекчаг1и.

-Дир аслияб мугъч1валеб бак1 буго росдал г1олохъанаб г1ел. Кумек щола депутатал Х1. Г1абдурах1мановасул, С-Х1 Къурбанг1алиевасул, Х1. Х1адисовасул. Г1арцулаб кумек гьабула С. Х1. Сайгидовас, Х1. Х1амзатовас (х1адис), Къ. Бариновас, Х1. Мах1мудовас, Лъ. Камиловас (мунагьал чураги) П. Нурасул, А. Х1ажимурадовас ва гь. ц. Физическияб х1алт1улъ кумекалъе ратула Б. Къадиев, Х1. Г1абдурах1манов, М. Таймасханов ва росдал т1олалго г1олохъаби.

Ригь арал чаг1и ругониги гьоркьосеб х1алт1улъ ц1акъ к1удияб кумек росдае буго М. Мансуровасул, Мух1амадов Гъазил, Мазгарил, Къадиев Г1алиасх1абил ва гь. ц.

К1удияб кумек диеги росдаеги буго сварщикал Казбеков Х1ажул, Индухов Казбекил, Ях1яев Ах1мадил, Манапов Жамалил. Кида х1ажалъаниги, инкар гьеч1ого, лъел мухъал къач1азе къват1ире рахъуна гьел.

-«Ниж-гинчал, бекьеч1, ц1игьул ц1акъ лъехъ г1ащикъал росабиян» хъван бук1ана Ц1. Х1амзатица. Жеги лъехъ г1ащикълъун ругищ бекьеч1?

-Гьайгьай, Х1амзатица гьедин хъваралдаса бекьеч1дерил къулг1абазул краназухъан г1емер лъим чвахана. Росулъ буго кидасеб т1алабалда бук1ине кколеб 14 къулг1а, 40-50 процент г1адамазул рокъобе бачараб лъинги. Вуго росулъ лъел т1алабалъе тарав чиги. Амма кин бугониги лъеда хурхарал проблемаби лъуг1ун гьеч1о. Лъел турбаби турун басралъун руго. Гьел, хасго хасало, рихъулел, кьвагьулел руго. Гьединаб мехалъин дол церехун ц1арал рехсарал сварщиказул кумекалде ниж х1ажалъулел. Гьеб цо.

Цоги, росдал г1адамазул лъеде х1ажатал ц1ик1к1унел руго, щибав чиясе бокьулеб буго рокъоб баняги, канализация бугеб туалетги бук1ине. Х1ажат буго г1адамазул т1алабал т1уразе. Гьелъие х1ажат буго т1адеги лъим. Гьеб бачине жамаг1аталъе къот1и гьабуна районалъул цеве Халкъияб Собраниялда вук1арав депутат Г1абдуразакъов Сайгидг1алица. Ниж гьес т1аде боси т1убаялда божула.

-Райадминистрациялъулгун кинал гьоркьорлъаби ругел?

-Дун вуго райадминистрациялъул бет1ер Х1. Дарбишевасул командаялъул чи. Нижер мурадал цого руго: росуги районги цебет1ей, районалъул г1адамазул г1умруялъул даража борхи, районалда г1одобе биччараб ах1вал-х1ал ц1уни.

-Ахиралда щиб абизе бокьилаан?

-Районалъул ва росабазул бет1ерлъуде къасд гьабурал бергьаразулги къуразулги мурад бук1уна цогояб: росаби ва район цебет1ей. Дида бич1ч1уларо рищиязда хадуб щай гьеб мурад хисулебали, щай бергьарасда хьолбохъ ч1ун, гъеж гурун жиндирго мурадал г1умруялде рахъинаризе лъугьинч1ого рик1аризе, тенкезе гьабулеб х1алт1уе квалквал гьабизе лъугьунелали, оппозициял г1уц1улелали. Дица росабазул ва районалъул нухмалъулезе квалквалал гьарич1ого, гьелгун цадахъ рекъон х1алт1иялде ах1ула оппозициялда ругел.

Бакьагьеч1и Советалъул автотранспорт гьеч1олъиялъул дие ч1ах1иял квалквалал руго. Ине ккола хъутабазде, Илълъаве, Ч1андадерил маг1арде лъеде. Анкьие цо-к1иго нухалъ арал къоялги рук1уна. Хьул буго райадминистрациялде.

Г1иса Г1исаев.          

Просмотров: 856 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz