Воскресенье, 19.05.2024, 05:56 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 21 » ЛЪИК1АЛДЕ ХЬУЛ ЛЪУНА.
18:34
ЛЪИК1АЛДЕ ХЬУЛ ЛЪУНА.

Дагьал церег1ан къояз гьоц1дерил г1арцул устарзабазул х1акъалъулъ телепередача г1уц1изе Мах1ачхъалаялдаса рач1арал гьалбалгун СМИязул Централъул нухмалъулев Х1амзат Мух1умаевги гьал мухъазул авторги щвана Гьоц1алъе. Ц1идасан х1икмалъизавуна гьоц1дерил устарзабазул махщелалъ, вохизавуна гьоц1дерил художественниял т1аг1алабазул комбинат биххизабуниги, гьеб г1ажаибаб махщел нахъе ц1унун хут1ун бук1иналъ. Бокьун буго гьеб махщалил кьолболъе ваккун цо чанго мухъ хъвазе. 

Гьанжеялдаса 200-ялдасаги ц1ик1к1араб соналъ цебе Гьоц1алъе вач1ун вуго Сугъралъа г1арцул устар Мусал Гъазияв. Инсул махщел босун буго гьесул лъималазги. Масала, Гъазиясул вас Мух1амад вахъун вуго доб мехалъ ц1ар арав Гъамсукьа месед-г1арацалъул устар Чаландарикьа гьунаралъукьа къоларев, г1арцул т1аг1ел гьабизе Китаялде щвезег1ан арав устарлъун. Мух1амадил вас Шамилги вук1ун вуго камилаб махщелалъул устар.

Гьоц1дерил мащел ц1ик1к1арал устарзабазул рахсилъ рехсола Г1алибегги гьесул вас Салих1ги. Рагъда мег1ер къот1арав Шамилил бах1арчияв мурид Хунзахъа Нурмух1амадил Мух1амадие г1арцул мег1ер гьабурав устар ккола Салих1. Доб заманаялъ ц1ар гьабулев, машгьурав Бухараялде щвезег1ан х1алт1арав устар вук1ун вуго Салих1ил вас Мух1умирза. Гьесул яс Разият ккола т1оцебе г1арцул устарлъун Гьоц1алъ яхъарай ч1ужуг1адан. Гьоц1дерил г1арцул устарзабазул рахас гьезда къокълъуларо. Цебесеб Гьоц1алъ вахъун вуго 35 г1арцул устар.

К1инусго соналдасан доб рахсилъ ц1ар рехсана цоги гьоц1алъесул. Гьевги ккола нилъеца бицен гьабураб устарзабазул доб тухумалъул Китаялде г1унт1унги жиндир т1аг1ел-г1уч1 щварав устар Гъазиясул Мух1амадил васасул вас Жамалудинил Мух1амад. Гьесул ц1аралда хурхараб буго Гьоц1алъ г1арцул устарлъи ц1ияб киданиги бук1инч1еб борхалъуде бахин ва машгьурлъиялъул ц1ар т1ибит1и. Жамалудинил Мух1амадица 1958 соналъ рагьана художественниял т1аг1алабазул артель. Хадуб гьеб сверана Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб ц1ар араб художественниял т1аг1алабазул комбинаталде. Чанго анц1-анц1 г1олохъанчи махщел кьун, г1арцул устарлъиялде ругьун гьавуна Жамалудинил Мух1амадица. Гьезда гьоркьоса г1иц1го цоясул ц1ар рехселин. Гьиматил Базарган комбинаталде вач1ана мухъилав устарлъун. Махщел ц1ик1к1арав устар кват1ич1ого т1амуна цехалъул начальниклъун, хадув бет1ерав инженерлъун. Бажари бугев г1уц1арухъан, гъваридго производство лъалев руководитель т1амуна комбинаталъул директорлъун. 9 соналъ нухмалъи гьабуна Базарганица комбинаталъул к1удияб коллективалъе. Гьес ургъана «Гьиматовасул» абун ц1ар кьураб ц1ияб накъищ, мустах1икълъана «Дагъистаналъул искусствалъул мустах1икъав х1аракатчи» абураб х1урматияб ц1аралъе, Репинил ц1аралда бугеб пачалихъияб премиялъе, «РСФСРалъул мустах1икъав художник» абураб ц1аралъе. Жамалудинил Мух1амадица х1адурана машгьурал г1арцул устарзаби: Батирг1алиев Мух1амад, Х1ажимирзаев Темирбулат, Шамилов Абулмуслим, Г1алих1ажиева Зумурат, Х1ажимирзаева Пат1имат ва анц1-анц1 цогидалги. Гьезги г1арцул устарлъиялде ругьун гьаруна гьоц1дерил васал ва ясал.

Дида лъик1 лъалаан гьоц1дерил Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб художественниял т1аг1елазул комбинаталда х1алт1и гьалделеб, берелеб бугел сонал. Дун г1емер щолаан дол соназ Гьоц1алъе ва гьудулзабазухъе комбинаталде. Дида комбинаталда рихьулаан талих1-рохелалъул гьурмал ц1урал г1олохъанал ясал ва васал. Замана жибгоги бук1ана метер къоялъул ургъел гьеч1еб, талих1аб, щулияб гьудул-гьалмагълъи г1адамазда гьоркьоб бугеб.

 

Жакъасеб комбинаталда

Гьедин бук1ана, амма гьанже гьеч1о. Сих1къот1и ва г1одобе биччай буго цебе релъи-рохелалъул ц1ун бук1араб комбинаталъул азбаралда ва г1умру гьалделеб бук1арал цехазда. Сверухълъиялъухъ къваридго валагьун вугин азбар бакьулъ вугев ганч1ил Ц1адаса Х1амзатгицинан ккана дида. Гьеб бугин жакъасеб т1олабго Россиялъулго г1аламатан пикру бач1ана дирго рек1елъе. Гьединаб ч1унтелалде ва ч1унхут1иялде Россия бачарал гьересидемократазул баракат гьеч1олъиялъул г1аркьел щвана гьоц1дерил комбинаталдеги. Баракат бахъарасул баракат гьеч1олъи ралъдалъе ччуг1идеги щолилан г1адада гуро абулеб. Х1алт1улел руго нефть ва газ г1орхъи бахун къват1ибе кьабг1улел алатал, лъилалиго чунтбухъе чвахулеб буго долларазул г1ор, ц1огьода ва коррупциялъул ралъдалъ чвердолел руго власть кодосел, «купи-продаялда» бет1ербахъиялъе ч1ва-ч1вадилеб буго г1алам, ч1ороголъун руго маг1арул росаби ва гьоц1дерил ц1ар раг1араб комбинатги. Нижеда цехалда ратана Нурмух1амадов Нурмух1амад ва Шамилова Написат. Нурмух1амад устарзабазул тухумалдаса чи кколев гьеч1о. Гьайбатал т1аг1елал гьаризе Нурмух1амад ругьун гьавун вуго цогидал устарзабаз. 4-5 соналъ цебе гьит1инабго рокъоб рагьун буго Нурмух1амадица гьаб эксперименталиябан абун ц1ар бугеб цех. Цехалъе нухмалъулевлъунги кколев вуго Нурмух1амад. Цехалда гьабулеб буго цересел чахъма тунк1ал, ц1ун кьвагьулел тунчул, к1илк1ал, баргъичал, курхьаби, г1арцул рахсал г1адал ясаз берцинлъиялъе ралел г1арцул т1аг1алаби.

Цебег1адин пачалихъалъул заказал рук1унарила. Х1адурараб къайи бичиялъул т1алаб-агъаз устарзабаз жидецаго гьабизе кколила. Г1емераб зах1матги, заманги т1ад хвезабун, г1емераб г1арац харж гьабун босараб материалалъул гьабураб т1аг1ел бичун инч1ого хут1араб заманги кколила. Пачалихъалъ материалги кьолеб гьеч1они, х1адурараб продукцияги бичун босулеб гьеч1они, обороталъе г1арац бук1унарила, гьеб гьеч1они, х1алт1изеги бажаруларила. Гьединлъидал х1адурараб продукция хехго бичун бажари бук1унила устарасул мурад: бук1унила обороталъе г1арацги, ц1ияб къайи гьабизе ресги. Нурмух1амадица ва цогидал устарзабаз г1арцул къайи х1адурулеб буго заказаздалъун, гьеб х1ажатал г1адамал рач1ун, бичун босун унебги буго. Багьа хираго бук1унищан ц1ехедал, Нурмух1амадица велъулаго жаваб кьуна гьеб клиентасулги заказчикасулги чвантида бараб бук1унила. Масала, баргъичалъул багьа 400 гъурщидаса 1000 гъурщиде щвезег1ан бук1унеб буго. Нурмух1амадица абухъе чванта биццатав чиясул рес бук1унила бриллиантаз берцин гьабураб баргъич, заказ гьабизеги. Гьединго цогидаб къайидулги ч1езабулеб буго багьа-къимат. Чахъма танк1ил багьа бук1унеб буго 250 азарго гъурущ. Гьединаб туманк1 х1адурулеб буго 8-9 моц1алъ. Гьеб х1адурулаго г1ахьаллъулев вуго 3-4 устар. Къач1араб, х1адурараб лълъарал багьа 3-5 азарго гъурщиде бахунеб буго.

Написат г1арцул устарлъиялъул махщалие гьит1инго ругьунлъун йиго. Гьелъул эмен Шамилов Мух1амадрасулги вац Г1абдурах1манги г1арцул устарзаби раг1ула. Гьездасан Написатиеги щун буго гьеб г1адан бахилаб махщел.

Баракат бахъараб заманаялъги гьединалго ишазги ч1унталиде бачараб комбинаталъулгун къо-лъик1 гьабуна пашманлъигун жубараб лъик1алде хьулгун. Комбинаталъул азбаралда бан лъуг1ун буго цехалъе лъик1аб рукъ. Бицана гьениб лъезе ц1ияб т1аг1ел-г1уч1ги бач1ун бугилан. Вохизавуна, лъик1ал хьулал щула гьаруна. Комбинат ц1и гьаби жиндаго т1аде босун бугин т1адехун нилъеца бицен гьабурав Гьиматов Базарганил вас Гьиматица. Нух бит1аги, саг1ат лъик1аб батаги, гьоболасул вас дуе.

Г1иса Г1исаев.     

Просмотров: 836 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz