Суббота, 27.07.2024, 12:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 4
Гостей: 4
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 14 » БАЙРАМАЛДА ДАНДЧ1ВАЙ РОХХАЛИДА АНА.
18:22
БАЙРАМАЛДА ДАНДЧ1ВАЙ РОХХАЛИДА АНА.

Микьабилеб марталъул х1урматалда роххалилаб тадбир т1обит1ана Моч1охъ гьоркьохъеб школалда. «Жея ясал» абураб ах1иялда гъоркь  гьеб тадбир т1обит1изе моц1алъго цебе х1адурлъана ясаздасан г1уц1араб к1иго команда.

Т1оцебесеб командаялъул капитанлъун йик1ана 11 абилеб классалъул ц1алдохъан Х1ажимах1амадова Шуг1анат ва гьельул командаялда ц1ар бук1ана «Аваданал ясал»-абураб. Гьединго цойгидаб командаяльул капитан 9 абилеб классалъул ц1алдохъан Чупанилаева Наидаца жиндирго команда х1адурун бук1ана «Винкс» абураб ц1аралда гъоркь. К1иябго команда къецазде х1адурлъиялъе г1аммаб нухманлъи ва квербакъи  гьабуна школалъул социалияй педагог Г1умардибирова Багисултаница. Къецазул программа  г1уц1ун бук1ана 23-го бат1ияб тадбиралдасан.

Гьеб роххалилаб байрам байбихьана командабаз цоцаздехун гьабураб саламалъул к1алъаяздалъун ва жиде-жидер девизалдалъун.  Щибаб командаялъул рук1ана жидерго командаялда данде кколел эблемабиги.. Хадусеб иргаялда щибаб командаялъул г1ахьалчияс ц1алана ц1акъ берцинго ва цок1алго 8-марталде гьабураб кеч1.

Гьелдаса хадур байбихьана къецазде. Хъапинирги лъугъун щибав г1ахьалчи хасаб манзилалда рекеризе кколаан, черхалда сверун гор хенезабиялъул къец гьабуна. Т1обит1ана капитаназул къецал.  Щибаб командаялъул г1ахьалчаг1азда гьоркьоб т1обит1ана: картошкаялдаса хъал бахъиялъул, эбелалда 8-марталъул байрамги баркун, ц1араб заманалда, кагъат хъваялъул, белъараб хоно г1абулалдаса бац1ад гьабиялъул, берцинго бот1рол рас къач1аялъул, миллиял квенал х1адур гьариялъул, рет1ел-т1ехалъул бихъараб бак1 мух1канго ва хехго букъиялъул, болельщиказул, бак1 сверун кьурдиялъул, вач1арав гьоболасда данд ч1ваялъул, махсародул, кьурдиялъул,  рокъобе кьураб х1алт1иялъул (торт), байрамалъул стол-тепси берцинго г1уц1иялъул ва гь. ц.

Гьеб байрамалдаса хадуб рак1 ч1ун абизе бегьула к1иябго команда къецазде х1адурун бук1анилан кутакалда т1ад ч1унилан. Хасго «Винкс» командаялдаса т1оцебесеб классалъул ц1алдохъан  Сайпулаева Халуница гор хенезабиялда, хъапиние лъугьун йекериялда ва гь. ц. бихьизабуна жиндирго бугеб к1удияб гьунар.  Лъик1аб церерахъин бук1ана «Аваданал ясал» командаялдаса Г1абдурах1манова Пат1иматил, Нурмах1амадова Марипатил, Х1ажиева Хадижатил, гьебго командаялдаса Сайпулаева Камилаца бихьизабуна кеч1 рик1к1ине жиндирго бугеб гьунар.

Балагьаразе бокьана «Винкс» командаялдаса  Г1умарова Саниятил, Халилбегова Асиятил ва Чупанилаева Сакинатил церерахъин.  Х1алуцарал гьел къецал ана аваданаб ах1вал-х1алалда. Гьеб байрам берцин гьабун бук1ана ц1алдохъабаз улбузе сайгъат гьарун ах1улел х1айранал макъназул куч1дуздалъун ва гьезие гьарулел гьара-рахьияздалъун.

Ахиралда к1алъазе рахъарал умумуз рак1-рак1алъул баркала кьуна гьеб байрамалъул т1олго г1ахьалчаг1азе ва гьедин гьеб т1обит1иялъе квербакъарай Г1умардибирова Багисултание. Гьай-гьай х1асилал гьаризелъун г1уц1ун бук1ана кьварараб, ц1ац1а-рахъай гьеч1еб жюриги. Гьелъ щибаб церерахъиналъе кьолеб бук1ана мустах1икъаб къимат ва балл. Ахиралда баллалги т1аде рехун х1асил гьабидал к1иябго командаялъул цого х1асил ккун батана. Цо-цояз абулеб бук1ана т1адеги цойги къец гьабизе т1амизе бугин  к1иябго командаян, амма х1укмо ккана к1иябго командаялъе т1оцебесеб бак1 ва цого сайгъат кьезе.

Тавпикъ кьеги командаялъул г1ахьалчаг1азе нахъе ккунги гьединал байрамал берцинго т1обит1иялъе жигараб ва балагьарал разияб церерахъин х1адуризе.

Халилбегов М-Х1.

 

 

                                                                   

Просмотров: 806 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz