Ц1алулъги, хьвада-ч1вадиялъулъги,
ч1ах1иязул адаб-хъатир гьабиялъулъги ц1алдохъабазул х1аракатчилъи
борхизабиялъул мурадалда г1емераб ва кидагосеб х1алт1и гьабула Уздалросулъ
гьоркьохъеб школалъул учительзабацаги, умумузги. Школалда г1емер т1орит1ула
х1алт1ул ветераназулгун, школалда гьоркьохъеб лъайги босун гьанже бат1и-бат1иял
х1алт1абазда ругел мисалияб хьвада-ч1вадиялъул г1адамазулгун дандч1ваял.
Учительзабазул коллективалъ школалда дарсал кьей гуребги гьоркьоса къот1изе
толаро ц1алдохъабазул умумузулгун гьабулеб х1алт1и, жалго ц1алдохъабазги
т1орит1ула бат1и-б1ат1иял темабазда вечерал, анкьал. Гьедин 27
февралалдаса 2 марталде щвезег1ан т1обит1ана Психологиялъул анкь.Гьеб
тадбир г1уц1ун бук1ана школалъул психолог
Х1осенова Саидал х1аракатчилъиялдалъун. Анкь лъуг1изег1ан Саидаца т1орит1ана
бат1и-бат1иял тадбирал. Т1оцебесеб
къоялъ ана акция «Винни пух и все-все-все» Гьелда г1ахьаллъи гьабуна
учительзабазги , лъималазги.
К1иабилеб
къоялъ гьеб тадбиралъул х1асилалги
гьарун баянал ч1вана школалъул коридоралъуб.Гьединго10-11 классазул
ц1алдохъабазда гьоркьоб «Психология – это серьёзно» темаялда КВНалъул х1ай
т1обит1ана.Гьелго классазулгун гьабуна
«Своя игра»
4-6
классалда кьуна «Ежели вы вежливы»абураб темаялдасан рагьараб дарс. Гьединго
3-4 классалда т1обитана «Умники и умницы» викторина.
К1иабилеб классалда кьуна дарс «Развитие
вооображения»,гьединго т1оцебесеб
классалда бихьизабуна «Мы теперь не просто дети, мы теперь ученики»
презентация.
Щибаб
классалъул ц1алдохъабазул гьариял хъварал т1анхазул г1уц1ун бук1ана гьариязул гъвет1,бищун лъик1аб гьариялъул
т1амах бук1ана 3 классалъул.
Анкьил программаялда рекъон учительзабазе
гьаруна х1аял: «Учитель в школе», «Интеллектуальный ринг» ва гь.ц.
Школалда т1обит1араб гьеб тадбиралъул рак1алда
ч1олеблъун бук1ана «Следопыт»абураб х1ай. Гьеб х1аялда 6—11 классазул
ц1алдохъабаз цо ц1алул къоялда жаниб балагьизе кколаан школалда хурхараб 15
суалалъе жавабал. Лъималазе ц1акъго рек1ее г1уна сурат-суал. Учительзабазул церегосел
суратаздан ц1алдохъабазда лъазе кколааан
гьанжесел учительзаби.Бергьана 11абилеб классалъул ц1алдохъаби, гьезие кьуна
диплом «Следопыт»
Анкьалъ
квер бакъана лъималазулги, учительзабазулги психологияб лъай борхиялъе.
Школалда т1обит1араб анкь ана г1уц1адгго
ва ц1алдохъабазда к1очон толареблъун.
|