Воскресенье, 19.05.2024, 05:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 14 » ЛЪАГ1АЛИЛ ЮБИЛЯРАЛ. МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ.
19:39
ЛЪАГ1АЛИЛ ЮБИЛЯРАЛ. МАГ1АРУЛАЗУЛ ХАЛКЪИЯВ.


Дур ункъого сонищ к1икъого сонищ,

К1инусго кьун тезе рекъарав шаг1ир

 

Щванищ Лъаг1илухъе маг1арул ц1арал,

Ц1ва бортун рещт1араб росу бихьизе.

Хьваданищ нужер х1ет1 х1икматасухъе,

Х1айранлъун хут1изе, хаган руссине.

 

Вихьанищ нужеда жавгьарул гъамас,

Гъулбасун нилъее тарав Г1абасов.

Г1акълуялъул ралъад, лъаялъул амир,

Аск1ой г1агарлъич1ел ч1агоялъ ругищ.

 

Ч1валеб дазу гуро досул реццалъе,

Роцен къвариг1арав къайис гуро гьев.

Гургинаб дуниял довгун бук1адго,

К1вах1аллъуге ине эсул сверуде.

 

Гъугъадила дуе досул коч1ол зоб,

Зоб-ракь х1айранлъулеб х1икматги рагьун.

Гьулаклъун гьелчела дур рек1ел бок1нал,

Раг1абазул гугьар гаргадулелъул.

 

Жеги тамашалъи, шаг1ирас тараб,

Тире нуж ч1агояб музей бихьизе.

Г1ажаиблъана дун дове ваккидал,

Досул музеялъуб дуниял бугин.

 

Кеч1 хъвач1еб замана загьрулъун кколес,

Музеялъул килас кинан г1уц1араб.

Ракьалда г1унщинав шаг1ирги гьанив,

Щибаб г1елмуялъул г1алимги гьанив.

 

Нилъер умумуца ирсалъе тараб,

Пикру т1ад биунеб т1аг1елги гьаниб.

Т1ок1аб гьунаралъул устарзабаца,

Икъоналъун тараб махщелги гьаниб.

 

Гьелт1е нуц1а къана къалмил х1ал г1еч1о,

Къарнуялъул маржан жан бохаги дур.

Дуниял сверила х1ос бекизег1ан,

Ц1ар бакъгун хут1ила хазиналъун дур.

 

Дур сахлъи гьеч1олъи ссудула рек1елъ,

Саназул гъуназул гъаяз камилищ.

Какда хадуб г1умру гьарула дуе,

Гьеч1о аск1ой ине мун г1адав г1акъил.

 

Дур санал баркизе бокьун гьеч1о дий,

Ч1ух1и г1олохъанлъи г1ужт1а гьеч1илан.

Г1олохъанав ваче дур хьолбохъ ч1езе,

Ч1агояб нур буго жеги дуда т1ад.


Гьеб х1асратаб рек1ел рокьул сариназ,

Сородизе гьабе гьайбатаб наслу.

Гьурилъун гьелчолеб гьагаб г1елалъе,

Хвел гьеч1еб сатира симис бан бикье.

 

Меседил саназде сахлъиги рещт1ун,

Нусилал сонаца салам кьеги дуй.

Кьурулъ бисил г1адаб ч1ух1игун къарт1гун,

Къудратав Аллагьас ц1унун таги мун.

Х1усенов Мух1амад.

 

 

Г1абасил Мах1амадиде

(Ц1алдохъабаз хъварал раг1аби)

 

Г1абасил Мах1амад ворхалъана мун,

Борхалъи босула къвек1аб ц1удуца.

Г1абасил Мах1амад гъварилъана мун,

Гъваридаб бук1уна к1удияб ралъад.

 

Халкъияв дир поэт пасих1лъана мун,

Пасих1ав вук1ана х1асратав Мах1муд.

Г1абасил Мах1амад берцин г1уна мун,

Берцинав вук1ана Камалил Башир.

 

Г1абасил Мах1амад г1адатлъана мун,

Г1адатлъиг1ан гучаб щиб гьаб ракьалда.

Г1абасил Мах1амад ц1вабзалъ вуго мун,

Ц1ваби тун т1адехун т1ок1аб жо бугищ?

Омарова Зайнаб 10 класс, Гьамущи гьоркьохъеб школа.



Г1абасил Мах1амадил музеялда

Ниж, Гьамущи гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъаби ун рук1ана Г1абасил Мах1амадихъе гьоболлъухъ. Гьев лъадигун цадахъ нижеда ц1акъ разиго дандч1вана. Лъималаз гьезие куч1дулги рик1к1ана. Г1абасил Мах1амадил музеялъ пана гьарун рук1ана киналго. Гьенир нижеда рихьана бат1и-бат1иял цересел т1аг1алаби. Гьединго гьенир руго г1емерал т1ахьал, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул гурелги цогидазулги. Киналго хъвадарухъабазул суртаз берцин гьабун буго цояб къед. Нижее ц1акъ бокьана музей.

Нижее бищунго бокьана гьенир рук1арал цебесеб заманалъул самоварал. Гьединго гьенир рук1ана жеги нижеда рихьич1ел цебесеб заманаялъул т1аг1елал-мат1у, диван, цагъур. Гьениб цо т1убараб рукъ ц1ун т1ахьал руго. Гьел т1ахьал гьеч1еб гьумералда ран руго хъвадарухъабазул суртал. Гьел суртазда гьоркьоб бук1ана нижер росдал поэт Х1осенил Мух1амадил суратги. М. Х1усеновас гьарун рук1ана Г1абасил Мах1амадиде г1емерал куч1дул. Гьел куч1дулги нижеца гьесие рик1к1ана. Гьел куч1дузда гьоркьоса дие бищунго бокьана гьесул ч1ужу Савдатиде гьабураб кеч1. Гьезул рокъоре лъугьунеб бак1алда буго х1айваназул г1исинал лълъурдузул гьабураб вешалка.

Г1абдулзапирова Н. 8 классалъул ц1алдохъан.



Савдат-эбелалде

Куч1дузул гъансито берцин гьабурай,

Борхалъи кьун шаг1ир щула гьавурай.

Щий гьеян гьикъани, гьей йиго Савдат

Г1абасиласул ц1ар, ц1вабзалъ угьарай.

 

Т1аде гьобол щвани рагьараб рак1гун

Рагьт1а данд ч1валей ч1ужу йиго гьей.

Ч1умалъа хъирщани щвезе зах1матаб

Жавгьар бижун буго жаниб Лъаг1илухъ.

 

Ц1аруй рецц гьабизе гьунар г1еларо,

Г1овухъе ц1ар кьуни ц1ваби гъвегъина.

Гьобол-гьудул вокьун, рос к1одо гьавун

К1ал гьикъун Алжанги, элъие щолеб.

 

Ч1ужуг1аданалъул хьвадидул мисал

Наслабазе т1ехь хъвай Савдатил ц1аргун,

Ч1агого хваразе мисал бук1ине

Хвани ч1агоязулъ, ч1унги йихьизе.

 

Цинги мун нижерги г1агарай Савдат

Г1орц1изег1ан г1умру кьун йохаги мун

Г1асраби сверила, свинаро дур ц1ва

Ц1алила томалъ мун Г1абасиласул.

Х1усенил Мух1амад.



Г1абасиласе сайгъат гьабуна.

Лъалеб бук1ахъе исанасеб сон нилъер районалда лъазабун буго Дагъистаналъул халкъияв поэт-нилъер ракьцояв Г1абасил Мах1амадил сонлъун. Гьелда хурхун нижер Харахьи гьоркьохъеб школалдаги унеб буго цо къадаралъул х1алт1и. Т1орит1ана гьесул г1умруялда т1асан гара-ч1вариял, риччана къадал газетал, ц1алана гьесул асарал. 

Дагьаб цебег1ан школалда т1обит1ана авар мац1алъул ва литератураялъул анкь. Гьеб бухьинабун бук1ана Г1абасил Мах1амадил хъвадарухъанлъиялда. Ц1акъ лъик1 ана шаг1ирасул куч1дул пасих1го ц1алиялъул къец. Гьеб къецалда бищунго гьунар бугеллъун рик1к1ана 6 классалъул ц1алдохъаби Х1ажиева Шамсият ва Саг1идова Пат1имат.

Г1уц1адго ана Г1абасил Мах1амадил раг1абазда кеч1 ах1иялъул къецги. Г1емерал ц1алдохъабаз г1ахьаллъи гьабуна гьелда. Музыкаялъул учительница Написат Дибировнаялъул кумекалдалъун гьез ах1ана г1агараб ракьалде, Ват1аналде, эбелалде гьарурал куч1дул. Балагьараз къимат кьуна Х1асанова Пат1иматил, Хайрулаева Г1айшатил, Г1умарова Пат1иматил, Гъазимух1амадов Г1алиханил, Мух1амадов Сапил кеч1 ах1изе бугеб гьунаралъе.

Рак1алдаса унареблъун бук1ана Г1абасил Мах1амадил асаразда т1асан, сценкаби лъун, гьел рихьизарулеб къо. Гьениб жигараб г1ахьаллъи гьабуна 7 классалъул ц1алдохъабаз. Ролал х1азе махщел бихьизабуна Исмаг1илова Пат1иматица, Мух1амадова Бажуца, Дибирова Сапиятица, Шаг1банов Х1айдарица ва гь. ц.

Балагьаразе ц1акъ бокьана 8 а классалъул ц1алдохъабаз бихьизабураб «Хералъул чай»ва 11б классалъул ц1алдохъабаз бихьизабураб «Бищунго бечедав» абурал х1аял.

Нижее рес щвана живго поэтгун дандч1вазеги. Ниж щвана шаг1ирасул ват1аналде-Лъаг1илухъ росулъе, щвана гьесул музеялде, гара-ч1варана поэтгун. Г1ажаиблъизаруна музеялъул к1одолъиялъги, берцинлъиялъги, гьенир ругел цересел т1аг1елазги, т1ахьазул г1емерлъиялъги.

Нижее к1удияб асар гьабуна халкъияв шаг1ирасул г1адатлъиялъги, Савдатил х1еренлъиялъги сахаватлъиялъги.

Нужер газета гьоркьоб ккун бокьун буго баркала кьезе гьел лъик1ал г1адамазе-Г1абасил Мах1амадие ва Савдатие нижгун дандч1вазе заман батаралъухъ, нижее гьабураб гьоболлъиялъухъ.

К1иго г1асруялъул г1ишкъудул шаг1ир,

Асирал г1емерал дур асаразул.

Гьедин г1адатав дур г1адатлъич1еб мац1

Мац1алда хъвалаго рек1елъ рекъолеб.

 

Нижер ц1алдохъаби гьоболлъухъ щведал,

Х1акимзаби г1адин къабул гьарурав.

Х1урмат г1ун бук1ана, х1икматав инсан,

Накъищ т1ад биччараб т1ехь кьеч1ониги.

 

Кьеги дуе сахлъи г1емерал соназ

Ц1иял асараз ниж рохизаризе.

Хут1аги бах1арго жеги г1асруялъ

Г1аламалъул рак1ал хинлъизаризе.

Харахьи школа. Авар мац1алъул ва литератураялъул кружокалъул членал.



Шаг1ирасухъе сапар

Ват1ан байбихьула нилъер гъаст1асан,

Гъансито ккола дир Лъаг1илухъ росу.

Хундерил борхатаб т1алуялдасан

Т1ун к1к1алал ракьанда рек1араб к1арсу.

Цевесев г1агарав чиясдаса, г1агарда вугев мадугьал лъик1илан буго нилъер умумузул кици. Киг1ан г1агарда Дагъистаналъул халкъияв поэт, прозаик. Драматург Г1абасил Мух1амад вук1аниги, нижее рес ккеч1о гьесухъе ине.

Гьале гьал г1агарал къоязда Гьамущи гьоркьохъеб школалъул завуч Исланов Мух1амад Х1абибовасул ва …. Организатор Мух1амадова Пат1иматил нухмалъиялда гъоркь Гьамущи гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъабаз сапар бухьана Г1абасиласухъе.

Анищ бук1ана кици-биценаздалъун гьарзаяб, г1акъилаб каламалъухъ г1енеккизе. Амма гьеб къоялъ, чорхол сахлъи заг1иплъиялъ нижеда данде яч1ана лъуг1и гьеч1еб гьалбадерил чваххи къабул гьабулей, гьезул щивасе данде кколеб раг1и батизеги лъалей, кидаго гьими гьурмалъ бессарай «унго-унгояй маг1арул ч1ужуг1адан» Савдат-эбел. Нуж дида хадур рач1а «Бабалилан», гьелъ т1оцере ниж рачана Г1абасилас г1уц1араб Музей-авар адабияталъул ва маданияталъул рокъоре. Ц1алдохъаби ц1акъ к1вар кьун г1енеккана Савдат-эбелалъ музеялъул щибаб рокъор ругел цересел т1аг1елазул т1ахьазул, бат1и-бат1иял сайгъатазул бицунелъул. Гьенир рак1алде щвеялъе рахъана сураталги.

Гьелдаса хадуб ниж щвана шаг1ирасухъе. Гьес гъираялда къабул гьабуна ц1алдохъабазул къокъа ва гьесда сверухъги ч1ун, ц1алдохъабаз рик1к1ана гьесул маг1на гъваридал куч1дул. Хасго гьесие рек1ее г1уна ц1алдохъабаз ва Савдат-эбелалде гьарурал куч1дул. Ц1алдохъабаз шаг1ирасда цадахъ рахъана сураталги. Жинца гьарураздасаги нужеца нижеде гьаруразул маг1на гъваридаб бугилан, ц1алдохъабазе рецц-бакъги гьабулаго, Г1абасилав жиндирго рокъовехун ана. Гьелдаса хадуб Савдат-эбелалъ нижее лъик1аб гьоболлъиги гьабуна. Ц1алдохъаби ц1акъ рази рук1ана гьеб сапаралдаса.

Жакъа газета гьоркьоб ккун, бокьун буго баркизе халкъияв шаг1ирасда г1умруялъул 80 сон т1убай. Гьаризе Г1абасиласе ва Савдат-эбелалъе чорхое щулияб сахлъиги, г1умрудул халатал соналги, талих1ги рохелги.

Гьединго бокьун буго рак1-рак1алъ баркизе гьайбатай, г1адатай ч1ужуг1адан-Савдат-эбелалда т1аде щвараб 8-абилеб марталъул байрамги. Хут1аги мун ч1аго поэтасул коч1ол гъанситухъ кунч1араб ц1алъун.

Гьими гьурмалъ бессарай

Шаг1ирасул х1урулг1ин

Г1абасиласул коч1ол

Гъасда ц1а свине тоге!

Макъала х1адурана Гьамущи гьоркьохъеб школалъул завуч М. Ислановас ва авар адабияталъул учительница Ж. Мух1амадсулт1ановалъ.

 


Г1абасил Мах1амадиде

Г1абасил Мах1амад, халкъияв поэт

Изну кье баркизе дуда юбилей.

Чорхое гьаризе щулияб сахлъи

Сахал асаралгун, халатаб г1умру.

 

Нижер гьамщадерил жамаг1аталъул,

Учительзабазул коллективалъул,

Дуда лъалезулги мун лъалезулги

Къабул гьабе дуца боркьараб салам!

 

Дур рокьул асараз асир гьавич1ев

Гьеч1о цониги чи Дагъистаналда

«Анищазул хурзал, хиялазул ах»

Херлъи бач1инадай дур гьел мухъазде.

 

Авар театралъул артистаз х1арал

Дур гьел пьесаби лъида к1оченел

«Рокьул г1ащикъ Мах1муд», «Саба-меседо»

«Камалил Баширил» берцинаб сипат.

 

Дун йохарай йиго, халкъияв поэт

Дур маг1на гъваридал асараздаса.

«Халкъияв поэтан» кват1ун кьураб ц1ар

Кьун бук1ана дуе нек1ого халкъалъ.

 

Хвел гьеч1ел г1акъилал дур асаразе

Къимат кьезе к1олей шаг1ир дун гуро.

Аман жан бежулеб жаниб Лъаг1илухъ

Вижарав дудаса ч1ух1арал руго.

Малламух1амадова Айсират.

 

Просмотров: 2160 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 3.0/2

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz