Воскресенье, 28.04.2024, 23:37 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Март » 14 » БАЛАГЬАРАЛ РАЗИ ХУТ1АНА.
18:07
БАЛАГЬАРАЛ РАЗИ ХУТ1АНА.

Ват1ан ц1унулезул къоялде Г1арани гьоркьохъеб школалда т1обит1ана байрамалъулаб тадбир. Школалде лъималгун дандч1вазе ах1ун вук1ана Х1айбулаев Мух1амадрасул. Гьес бицана рагъул заман жиндир лъимерлъиялде кканилан: «Дун вуго рагъул лъимер».

Лъимерлъи бук1ана ц1акъго къваридаб, кисадай щиб бугониги кваназе жоян рук1унеб.

Ихх кидадай щвелаян рук1унаан ниж 7-8 сон барал чаг1и, гьеб мехалъ бегьулаан ракь бик1а-бишизе хут1араб картошка гьеч1ищали, г1абк1ил т1амахалъул кьалбал рахъулаан.

Т1ад рет1ине хьитал къанаг1ат гурони рук1инч1олъиялъ хьвадулаан дуниял хинлъаралдаса нахъе х1ат1ал г1иц1го. Х1ат1ал рук1унаан хъарс-хъарсун, кьват1-кьват1ун, къаси чурулеб мехалъ ссудулаан. Гьединан ракъиялъги, зах1малъиялъги льадарун рук1ана лъималги, г1олохъабиги.

Квине жо бокьараб мехалъ гьеч1олъиялъ, дагьа-макъаб жоги босун гьабихъе гьеб ххине унаан, гьенир рук1унаан г1емерал руччаби-г1ат1 ххине рач1ун.

Хасалихълъиялдехун бач1унаан дагьаб бигьалъи, барщулаан гьоло, горох, къвали, картошка кваналаан цо-цо гъуниялда хьибилалдасан бик1ун ракьгун, кинабго бахъич1ого.

Гьединаб зах1матаб заман бук1аниги г1адамал цоцаздехун лъик1 рук1унаан, гьанжейин абуни бокьараб квине, рет1ине буго, амма г1адамал хъач1лъун руго.

-Лъимал, нужеда бихьизе хъван батугеги рагъги «ракъи-къечги». Мух1амадрасулил к1алъаялдаса хадуб 7-абилеб классалъул васаз ах1ана кеч1. Хадуб рук1ана 10-11-абилел классазда гьоркьор Сайгидов Мух1амадица х1адурарал къецал. Автомат биххулеб-бак1арулеб къецалда бищунго лъик1аб заман бихьизабуна 11 б классалъул ц1алдохъан Мух1амадов Сайгидх1осеница, гьевго ц1алдохъанасе ккана бищун ц1ик1к1арал баллал г1ужт1е кьвагьиялъеги. Бищун ц1ик1к1ун турникалда ц1ана 11 б классалъул ц1алдохъан Т1алх1атов Мах1муд, отжиманиялъе бищун лъик1ал х1асилал рихьизаруна 11а классалдаса Мух1амадов Х1амзатица.

Ч1ах1иял классазул ц1алдохъабаз бихьизабуна жидерго махщел, къуват, г1ужиллъи. Гьезул къецазда гьоркьоб 8-9 классазул лъималаз ах1ана рагъухъабазул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ куч1дул.

Къецазул ахиралда х1асилал гьаридал бергьана 11 б классалъул команда, к1иабилеб бак1 щвана 10а классалъе, лъабабилеб бак1 11 а классалъул командаялъе. ОБЖ-ялъул учитель мух1амад Мух1амадсайгидовичас къецазда г1ахьаллъарал командабазе г1арцул сайгъатал кьуна. Гьел кьуна директор С. Мусаевас ц1алдохъабазда бергьенлъиги баркулаго абуна: «Цере рук1арал ц1алдохъаби къуватал рук1ана, дагьабги лъик1 кинабниги бажаризе, лъазе х1аракат бахъизе ккела»- ян. Гьеб байрамалдаса разиго хут1ана ц1алдохъабиги, учительзабиги, т1аде рач1арал гьалбалги.

Школалъул рахъалдасан киназдаго баркула араб 23-абилеб февралалъул ва гьединго 8-абилеб марталъул байрамал. Гьарула киназего сахлъигун рохел.

П. Х1ажиева, школалъул учительница.

 

Просмотров: 651 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz