Главная » Архив материалов
Автор.Пат1имат Гунашева.Апрель 2012г.
Дагьал церег1ан къоязда «Одаренный
ребенок» централъ районалъул школлъималазда
гьоркьоб т1обит1ана техникияб ва художественниябгун прикладнияб творчествоялъул выставка. Районалъул выставкаялда
лъик1ал х1асилал ккарал х1алт1аби
г1ахьаллъана гьединабго
республикаялъул выставкаялда.
|
Автор.Пат1имат Х1ажиева.Апрель 2012г.
Гьудуллъиялъул квер бегьана цойги нухалъ ГIарани школалъ гьалбадерихъе. 8-абилеб апрелалъ ГIарани школалде рачIун рукIана АнсалтIаса 11-абилеб классалъул цIалдохъаби жидерго учитель Зугьрагун цадахъ.
|
Киса-кибго улкаялда рагьун ва рагьулел руго «Единая Россия» партиялъул жамг1иял приемниял. Гьенире рач1унел руго жиде-жидер
г1унгут1аби – масъалабигун, кумек гьарун
г1адамал. Гьал г1агарал къоязда Хунзах райадминистрациялъул бет1ерасул х1укмуялдалъун ва республикаялъул т1алъиялъул
бихьизабиялдалъун, Хунзахъ
районалдаги рагьана ДРялъул
халкъияб собраниялда вугев нилъер
ракьцояв депутат Мух1амад
Мух1амадовасул жамг1ияб приемная («Единая Россия» партиялъул ).
|
Автор. Мух1амад Патах1ов.Апрель 2012г.
Араб г1асруялъул лъабкъоялда анц1абилелги ункъоабилелги соназда
Дагъучпедгизалъ къват1ире риччарал т1ахьазда редактор абурабги, Дагъгизалъ
рахъарал т1ахьазда корректор абурабги раг1абазда хадуб батула М.-К. Гимбатов
абун хъван. Жибго т1ехьалъулги, гьеб ц1алидал гьабулеб асаралъулги, гьеб
хъварав авторасулги гурони, нилъеца г1емерисеб мехалъ х1исабцин гьабуларо
гьадаб к1иябго раг1иялъулги гьезда хадуб бук1унеб ц1аралъулги. Х1исаб
гьабуларо, хъвадарухъанасул куч1дул, харбал ва цогидалги асарал маг1на-г1иналде
рачиналъе редакторасги корректорасги гьабулеб х1алт1ул, гьезул
х1аракатчилъиялъул. Гьелъиеги х1ажалъула дов хъвадарулев чиясулго г1адаб,
гьевгицин цо пикру щвеч1еб бак1алде кант1изавулеб махщел. Гьединаб махщелги
бокьа-бокьарав чиясул бук1унаро. Мух1амадкамилие Аллагьас гьеб кьун буго. Гьеб
нилъеда бихьула, бич1ч1ула, лъала гьанже бат1и-бат1иял типографиязда къват1ире
риччалел цо-цо гьес редакторлъи гьабурал т1ахьал, цоги-цоги редактор гьеч1елги,
гьезда релълъаралги т1ахьазде дандеккведал.
|
Автор.Г1иса Г1исаев.Апрель 2012г.
12 апрелалда «Хунзахъ район» муниципалияб
г1уц1иялъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессиялда 2011 соналъул х1алт1ул х1асилалгун к1алъазе вахъана райадминистрациялъул бет1ер
Х1.М.Дарбишев. Доклад къокъ гьабун
кьолеб буго гъоркьехун.
|
Моим учителям: живым и безвременно ушедшим посвящается
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Апрель 2012г.
Араб соналъул марталъ нилъедаса ватIалъана ДРялъул искусствалъул мустахIикъав хIаракатчи, махщел камилав кьурдухъан, гIадамазда гъорлъ восарав лъикIав инсан, ГьоцIалъ росулъа Мусалаев Жамал МуртазагIалиевич. Дагьал церегIан къоязда Жамалги ракIалде щвезавун «Одаренный ребенок» централъул директор ХIалимат МухIамадовалъ пагьму-гьунар бугел школлъималазда гьоркьоб районалъул халкъияб творчествалъул рокъоб гIуцIун букIана кьурдабазул къец.
|
Дун дуда бахиллъула, ахираталъул г1алим,
Исламалъухъ рух1ги кьун Х1абибгун данделъарав,
Х1айранлъиларел кин дур къокъаб г1умруялда,
Г1асруялъ баччулареб раччи жиндихъ борхараб.
|
Автор.Пат1имат Гунашева.Март 2012г.
Дагьал церег1ан къояз райцентралда Расул Х1амзатовасул
ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1орит1ана г1олилазул комитеталъ г1уц1арал
зах1маталъул Бах1арч1ужу Хажа Локаловалъул призалъе г1оло школлъимал-ясазда
гьоркьор волейболалъул къецал.
|
Автор.Пат1имат Гунашева. Март 2012г.
Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мах1амадица исана
т1убана 80 сон. Кидагоги гьалбал г1емерал Г1абасиласулги, Савдатилги, юбилейги
х1алае ккун, гьел дагьалги ц1ик1к1ана-щибаб къоялъ г1адин районалъул г1емерисел
школазул учительзабиги ц1алдохъабиги щолел руго гьезул г1адатияб хъизаналъухъе
гьоболлъухъ.
|
Кидаго г1ат1идаб бук1ана ва къойидаса къойиде г1ат1илъулеб буго «Росдал
зах1матчи» газеталъул география. Районалда, республикаялда гуребги гьеб ц1алула
Москваялдацин. Интернеталда сайт рагьидал нилъер газеталде к1вар кьолел
къват1исел улкабаздаги ратана. Хундерил т1алъиялда кколеб лъик1аб-квешалъул
бицун жидехъ рещт1унеб, г1агараб ракьалъул мах1ги хинлъиги босун рик1к1адасан
бач1араб чапарин толин абула гьелде къват1ир ругел районцояз.
Гьединазул цояв, Москваялда ч1арав Г1ебут1аса Къурбанг1алил Х1осенил
Мух1амадилгун лъай-хъвайги гьабулаго, г1урусалъ хъварал рук1аниги гьесул
рак1алдещвеял кьолел руго жакъасеб номералдасан байбихьун.
|
Автор.Написат Г1алиева.Март 2012г.
Гьал къоязда районалъул лъайкьеялъул управлениялъул
методикияб централда х1асилал гьаруна «Лъаг1алил учитель-2012» ва «Лъаг1алил
воспитатель-2012» конкурсазул.Кидаго г1адин конкурсазул аслияб мурадлъун бук1ана
педагогасул профессиялъул къадру борхизаби, махщел камилал педагогал т1атинари,
цебет1ураб педагогикияб х1албихьи цоцазухъе кьей.
|
Автор.
Хъазанбиева Шамай,
Т1ануси росу.Март 2012г.
Дун яч1индал, маг1уги бац1ц1унаго, цо т1ехьалде т1аде къулун
йигоан Сулейманова Умужат Къасумовна, Г1арани школалъул тарихалъул муг1алим.
Умужат кутакалда йохана ва абуна дун бит1ун къвариг1араб мехалда, ах1арай
г1анги, яч1анилан. Гьелъ бегулеб бугоан Мах1муд-Апандил ц1ияб т1ехь…
|
Автор.Дибирх1ажиева Г1аишат, Г1орут1а школалъул
учительница.Март 2012г.
Х1акъикъаталдаги, гьеб гьедин буго. Хасго миллатаздехун
гьоркьоблъиги чучараб, чилъиги хвараб, нилъее рахьдалаб, нилъер умумузул хирияб
мац1алдеги квер хьваг1араб заманаялъ.
Рорхатал муг1руцаги, г1асиял кьурабазги, г1урччинаб нак1к1ил
рохьалъги жанибе сверараб ва ц1унараб Лъаг1илухъ росу лъаларев чиго ватиларо
жакъа. Гьеб росулъ руго лъик1ал г1адамалги, лъик1ал учительзабиги, лъик1аб
хъулухъ-ишалда ругел г1адамалги, Г1абасил Мах1амадги. Гьеб росулъе щаялиго
лъелго ине бокьула дие. Берг1орц1улареб т1абиг1аталъул берцинлъиги, бац1ц1адаб
рохьилаб гьаваги, ц1акъго ц1орорал, муг1рул т1огьисан чвахун рач1унел рик1к1ен
г1емерал лъимаздасан лъугьараб лъарал чил-чилиги. Гьеб киналъго цо лъик1аб асар
гьабулеб батила гьеб росулъе рач1унел г1адамазеги.
|
Автор.Написат Г1алиева.Март 2012г.
Гьал къоязда районалъул культураялъул рокъоб т1обит1ана руччабазул
гьайбатаб байрам-8 Марталъул х1урматалда рохалилаб данделъи.
|
« 1 2 ... 77 78 79 80 81 ... 87 88 » |